Авторизация

Данхъал «ГIалхулаб дивизиялда»


Кверал къотIаниги, къали багъулеб


Данхъал «ГIалхулаб дивизиялда»


Данхъал ва тIоцебесеб дунялалъул рагъ


  1914 соналда байбихьана тIоцебесеб дунялалъул рагъ. Гьеб рагъде, жиндирго хасаб мурадгун, гъорлъе лъугьана Россияги. Амма рагъул тIоцересел къояздаго пачаясда ва гьесул сверухълъиялда бичIчIана, лъикIго яргъид хьарал,  лъикIаб рагъулаб хIадурлъи бугел Австро-Венгриялъул аскаралгун  рагъун бажарилареблъи. 


Антанта ва «ГIалхулаб дивизия»


Гьеле гьеб мехалъ, гIурус армиялъул бетIер пача Николай II-лес буюрухъ кьола рагъде битIизе хасаб Кавказалъул рекIаразул дивизия гIуцIизе, жибги анлъго полкалдасан  (кабардиназул, дагъистаниязул, чачаназул, ингушазул, татаразул, черкесазул) данде гьабураб.  Гьеб дивизиялъул хIакъалъулъ ХIажи-Мурад Доногъоца хъвалеб буго: « Гьеб букIана гIуцIиялъул рахъалъ гIажаибаб, гIемер миллатазул гIадамаздасан данделъараб, рагъулаб вацлъиялъул рекIарал ва офицерал гъорлъ ругеб, Россиялъул армиялъул чIухIилъун кколеб рагъулаб цолъи. Гьеб дивизиялъул тарихалда ккечIо рокъоре цонигиял лъутиялъул хIужа», - абун.


   Гьебго дивизиялъул хIакъалъулъ Лев Николаевич Толстоясул вас Илья Львович Толстояс жиндирго «БагIарал башлихъал» абураб очеркалда хъвалеб буго: «Кавказалдаса рекIаразул дивизиялъулгун дир тIоцебе лъай-хъвай ккана Львовалда, корпусалъул командирас гьелъул халгьабулеб мехалда. Гьеб букIана шагьаралда бакьулъ, лъикIаблъун рикIкIунеб отелалда аскIоб, къад сагIат 12-ялда, кIудияб шагьаралъул къватIахъ халкъ гIемерлъараб заманалда. Чуяздаги рекIун, полкалъулал унел рукIана, цоязда хадур цоял гьарун. Цояздаса цоял берцинал гьезда хадур ралагьаразе гIажаибаб асар гьабулеб букIана», - абун.


  Бихьулищ гIурусазул хъвадарухъанасул васас гьеб «Кавказалъул рекIаразул  дивизиялъе» кьолеб тIадегIанаб къимат. БитIахъе чIухIизе ва рохизе бачIунеб гьечIищ гьелдаса. ЧIухIичIогоги кинан рукIинел, гьеб дивизиялде гьоркьобе унеб Дагъистаналъул полкалда нижер Данухъ росулъа бихьиназги хъулухъ гьабун бугеб мехалъ. Амма гьелъул хIакъалъулъ хъвалелде дие бокьун буго гьеб дивизиялъул хIакъалъулъ дагьабги гIатIидго бицине.


КIал ккун ва хIатIида гIицIго багъулеб дивизия


  «ГIалхулаб дивизия» тIоцебе рагъде лъугьиналъул хIакъалъулъ ХIажи-Мурад Доногъоца хъвалеб буго: «Кавказалъул рекIаразул дивизия багъана цин Югалъулабгун БакътIерхьул микьабилеб, хадуб ичIабилеб аскаралда гъорлъ. 1915 соналъул февралалде щвезегIан гьелъул полказ захIматал рагъал гьаруна Карпаталъул мугIрузда  ва расалъабазда. Кавказалъул полказ намус бацIцIадго тIубазабулеб буго рагъулаб масъала, гьел ругеб бакIалдасан тушман цевехун инчIо, гьел тIаде кIанцIараб бакIалда тушбаби щущахъ риххизаруна», - йилан.


   Гьебго дивизиялъул ва гьелда гъорлъе унеб Дагъистаналъул ва кабардиназул рекIаразул полказул хIакъалъулъ пачаясул вац Михаил Александровичасухъе полковник Воронцов- Дашковас хъвалеб буго: «Хасаб разилъиялдалъун рихьизаризе ккола полказул бахIарчиял ишал. Чвахун цIадаз риччарал, тIубараб сордоялъ рагъулел, ункъо къоялъ тIатIалаго кIалал ккурал рекIарал, биччараб, хъещтIолеб ракьалдасан церехун уна гуллил цIадалда гъоркь ва тушманас гьезул къеркьей хIехьолеб гьечIо. Цо-цо рекIараз-дагъистанияз, тIаде кIанцIи хехго гьабизелъун, хьитал рахъулаан ва гьужумалъ хIатIида гIицIго рекерулаан», - абун.


  Гьебго дивизиялъул хIакъалъулъ Брешко-Брешковскиясги хъвалеб буго кавказалъулазул рагъулаб формаялъцин тушбабазулъ рихха-хочи багъаризабулаанилан.


  «ГIалхулаб дивизияйилан»  абулеб букIун буго гьезда гIурусаз. «Къохьол тахтабазул тIагърал лъурал шайтIаби»,  - ян абулеб букIун буго австриялъулаз. Гьел рачIунел рихьарабго, битIахъе тIури щолеб  букIун буго австриялъулазде.


ХъахIабросулъа МахIмудги щуго данухъевги


  Гьеле гьединаб, тушбабазцин  тIадегIанаб къимат кьураб, бахIарчилъиялъул ва къохIехьеялъул рахъалъ абадиялъго мисаллъун хутIараб гьеб дивизиялъул Дагъистаналъул полкалда хъулухъ гьабулеб букIун буго данхъадерицаги. Гьел ккола Исубил Дибир, ГIисал Даци, Дадагиши, Давуд, Аминтаза. Жидедаса мисал босизе мустахIикъал руго гьел. Цогидаб жоялъул бицинчIониги, цебехун рехсохъе, кигIан захIматал рагъулал шартIаздаги ккураб кIал биччан гьечIо гьез. ТIокIабги гIолеб гIелалъе мисал босизе мустахIикъаб щиб букIинеб?


  Цоги щибха лъалеб нилъеда Кавказалъул рекIаразул полкалъул хIакъалъулъ? Лъала  полкалъул къадилъун ХъахIабросулъа МахIмуд вукIараблъи. Гьесул хIакъалъулъ гIемер бицунеб букIун буго Исубил Дибирас. Гьесда МахIмудил гIемерал кучIдулги рекIехъе лъалел рукIун руго.  


    Лъала гьединго гьел рагъда ругебгIан заманалъ гьезие пачаясул хIукуматалъ кьолеб гIарац босизе, гьезул хъизаби Болъихъе унел рукIараблъиги.  Лъала полкалда хъулухъ гьабуразул гIемерисезда гIурус ва чачан мацIал лъалел рукIараблъиги. Доб заманалда  батIиял мацIал лъалел чагIи цIакъго къанагIат гурони рукIун гьечIо.


  Лъала тIоцебесеб дунялалъул рагъул гIахьалчагIазухъе щвезе Данухъе ХъахIабросулъа МахIмуд вачIунеб вукIараблъиги. Амма лъалареб жоги гIемер буго.      


2014  сон

                   МухIамадмансур МухIамадмансуров,

                   филологиял гIелмабазул кандидат, Данухъ росу


Автор: МухIамадмансур МухIамадмансуров, филологиял гIелмабазул кандидат, Данухъ росу

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +81
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьеле гьединаб ах1вал-х1алалде ,жакъасел г1олилал ккун рук1аралани,кин дай эз гьеб къо баччизе бук1араб?( grin 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook