Авторизация

Гьарадирихъев – дихъе космосан


ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго. 12 апрель – ТIолгодунялалъул авиациялъул ва космонавтикаялъул къо

 

Гьарадирихъев – дихъе космосан

 

Гумбет районалда тIобитIана летчик МухIамад Хъазанбиевасулгун дандчIвай

 

Авиациялъул   ва  космонавтикаялъул тIолгодунялалъул къоялъул хIурматалда, 12 апрелалда Гумбет районалъул администрациялъул вакилзабаз тIобитIана летчик-истребитель, Юрий Гагаринил курсцояв МухIамад Хъазанбиевасулгун дандчIвай.

 

2017 соналъ 60 сон тIубала ракьалда сверун космосалде тIоцебесеб искусственнияб спутник боржине биччаралдаса. 1961 соналъул 12 апрелалда, 56 соналъ цебеккун дунял сверун воржана тIоцевесев космонавт Юрий Гагарин.


Летчик-истребитель, хIалхьиялда вугев майор МухIамад Хъазанбиев Юрий Гагаринида цадахъ цIалулев вукIана 1952-1955 соназда К. Е. Ворошиловасул цIаралда бугеб Чкаловасул рагъулабгун авиациялъул летчикал хIадурулеб училищеялда. БакIалъул тIалъиялъул вакилзабазда летчикас рицана гьенив цIалулел ва хъулухъ гьабулел соназул ракIалдещвеял.


Районалъул  администрациялъул вакилзаби ветеранасул рокъоре ана. ДандчIвай гIуцIана гьесул гIагараб росулъ – Бакьулъ Гьарадирихъ.

«Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев ГIабдулахIажи ГIабдулкъадировасул цIаралдасан авиациялъул ва космонавтикаялъул къо МухIамад Хъазанбиевасда баркана информациялъул «Гумбет» отделалъул нухмалъулев ХIамзат ГIизудиновас, Россиялъул халкъазул гIадатияб маданияталъул Гумбеталъул централъул нухмалъулев Набигула АхIмадибировас ва цогидазги.


  Гумбет районалъул нухмалъулез МухIамад Хъазанбиевасе кьуна «Улка цIуниялъул гуч щула гьабиялъулъ лъураб бутIаялъе, цIиял гIелал ВатIан бокьулеллъун куцаялъе, спорт машгьур гьабиялъе, Гумбет районалъул жамгIияб гIумруялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабиялъе гIоло, гьединго махщалилаб байрам – Авиациялъул ва космонатикаялъул тIолгодунялалъул къоялъул хIурматалда»  грамота.


Летчикасда гьединго баркана Цолъизабураб библиотекаялъул гIуцIиялъул хIалтIухъабаз, МелъелтIа гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабаз, «Сельсовет “Арадирихский”» росдал администрациялде гъорлъе кколел гIуцIабазул нухмалъулез, Гьарадирихъ гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабаз ва цогидазги.


Гьарадирихъ гьоркьохъеб школалъул директорасул тарбия кьеялъул рахъалъ заместитель ТIалхIат МуртазагIалиевас бицана Хъазанбиевасул биография. «МухIамад Хъазанбиев гьавуна 1931 соналъул 31 декабралда Бакьулъ Гьарадирихъ росулъ. 1952 соналда цIализе лъугьана Чкаловасул рагъулабгун авиациялъул летчикал хIадурулеб училищеялде ва гьеб лъугIизабуна лейтенантасул цIаргун 1955 соналда. Хъулухъ гьабуна советияб армиялда Закавказьеялъул рагъулаб округалда, Украинаялда, Уралалда ва Гьоркьохъеб Азиялда. ХIалтIана рагъулал «МиГ» самолетазда, вертолетазда. ЛъугIизаруна ингилис мацIалда радиобухьен ракьалъулгун гьабиялъул Аэрофлоталъул курсал. Лъала МухIамадида гIараб, гуржиязул, украиназул ва авар мацIалги.


Закавказьеялъул рагъулаб округалда хъулухъ тIубазабулаго, космонавтазул отрядалде восизе комиссия тIубазабуна, амма, гьесда рачIел гIиллабаз, аслияб къокъаялда гъорлъе ккечIо. Лъай-хъвай букIана Гагаринилгун, Титовасулгун, Бондаренколгун. МухIамад Хъазанбиев ккола самбоялъул рахъалъ спорталъул мастерги.


1973 соналда хъулухъ гьабизе витIана Гьоркьохъеб Азиялде, къватIисел пачалихъазе авиациялъул махщалилал хIадурулеб курсалъул нухмалъулевлъун. Роржиналъул махщелалъе гьеб школалда хIадурана Африкаялдаса, ГIагараб Бакъбаккудаса ва Централияб Азиялдаса вакилзаби.


1980 соналда хIалхьиялде ана авиациялъул майорасул цIаргун. Щвана пачалихъиял шапакъатал ва ВВСалъул нухмалъиялъул рахъалдасан баркалаби. Щибаб соналъ 9 маялда Россиялъул Федерациялъул президент Владимир Путинил рахъалдасан баркиялъул кагъталги рачIуна. Чанахъанлъи, найихъанлъи бокьула. ХIеж борхана».


ДандчIваялда цIалдохъабаз цIалана космонавтикаялда, авиациялда хурхарал кучIдул, бицана КIудияб ВатIанияб рагъул машгьурал летчиказул, улкаялъул чанцIулго бахIарзазул гьунаразул хIакъалъулъ.


ХадурагIи

 

Амма гьаб соналда гьарадирихъев гьедулев дандчIвана – дихъе космосан, - абун хъван буго Расул ХIамзатовас цо сонеталда. Щиб лъалеб, МухIамад Хъазанбиевасул бицен рагIун, хъварал мухъал рукIун ратизеги бегьула гьел. Гьелъул хIакъалъулъ ХIамзатил Расулида цIехечIого хутIана. Амма космосалде гIагараб борхалъиялде вахана самолетазда гьарадирихъев МухIамад Хъазанбиев. Жиндир гIумруялдалъун ВатIаналъеги халкъалъеги хъулухъ кин гьабизе кколебали мисал бихьизабуна гьес. Аллагьас гьесул сахлъи щула гьабеги ва гIумру халалъаги. Амин.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +85
  • Нравится
Оставить комментарий
Аллагьас сахлъи кьеги Мух1аммадие!


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook