Авторизация

Информациялъул «Гумбет» гIуцIи – улкаялъул ва республикаялъул шапакъатазул лауреат

Къалам, дуца щуре щакъиялдехун


Информациялъул «Гумбет» гIуцIи – улкаялъул ва республикаялъул шапакъатазул лауреат 


Гумбет районалъул администрациялъул данделъиялда гьабураб кIалъай


Ахираб 3-4 соналда жаниб халкъиял информациялъул алатазул суал гьоркьоб лъураб Гумбет районалъул администрациялъул лъабабилеб данделъи буго гьаб. Цересел соназда анцIго лъагIалида жаниб цо нухалъцин гьаб темаялда дандеруссин гьабичIеб мехги букIунаан. XXI гIасруялде информациялъул къарнуйиланги абулелъул, гьанже информациялъулаб сиясаталде, политикаялде жеги цIикIкIараб кIвар кьолеб буго халкъалъ ва тIалъиялъ.


Журналистика – фашизмалда данде


Аралда таманча речIчIани, бачIунеселъ гIарада речIчIулилан хъван буго ХIамзатил Расулица «Дир Дагъистан» абураб тIехьалда. Исана нусго сон тIубалеб буго Октябралъул инкъилаб ккаралдаса. Гьеб хIурияталдаса хадуб багъарараб граждан рагъул заманалда редакторзаби чIвалаан, тIалъи хисарабщинахъе. Журналистал кидаго цебесеб кьерда рукIуна: халкъалда церехун, заманалда церехун, фронталда церехун…


Юрий Левитан кколаан «СССРалъул аслияб гьаракь». Гьесул гьаракьалъ кьолел цIиял харбаз гIадамазул рекIелъ бахIарчилъи ва таваккал рижизарулел рукIун руго. Фашистазул бетIер Адольф Гитлерица жиндир тIоцевесев тушманлъун рагIизавун вуго Левитан, кIиабилев тушман СССРалъул бетIер Иосиф Сталин вукIун вуго. Левитан ккуралъухъ 250 азарго немцазул марка кьелин лъазабун буго Гитлерица. Москваги бахъун, бищун цеве гьев журналист гъанкъилилан хIинкъаби кьолев вукIун вуго фюрер. Левитан чIвазе хасаб къокъа хIадурун буго фашистаз. Тушбабаздаса журналист цIунизе, 1941 соналъул августалда гьев балъго Свердловск шагьаралде витIула. Совинформбюроялъул кIиазарго лъазаби цIалана Юрий Левитаница КIудияб ВатIанияб рагъул соназда. Гьесул харбал гьадин байбихьулаан: «ГIенекке! КIалъалеб буго Москва!...»   Берлин бахъиялъул ва КIудияб Бергьенлъи босиялъул рохалил хабарги Юрий Левитанил гьаракьалъ рагIизабуна дунялалда.

Бакълъулазул ракьалъул информациялъул алатазул жакъа бугеб ахIвал-хIалалъул ва гьел церетIеялъе ругел ресазул суалал рорхараб гьаб кIалъай байбихьана журналистикаялъул бугеб кIвар бихьизабиялдалъун, КIудияб ВатIанияб рагъдаги информация тIибитIизабиялъул букIараб хIажалъиялъул бициналдалъун.


КватIичIого тIаде щола 9 май – гIалхулаб фашизмалда тIад КIудияб Бергьенлъи босаралдаса 72 сон тIубалеб къо. Гьеб Бергьенлъи босана, миллионал рагъухъабазги партизаназги, фронталъги тылалъги гуребги, РагIуцаги Каламалъги, журналистазги хъвадарухъабазги. Азаридаса цIикIкIун рагъулав мухбир ва хъвадарухъан чIвана фронталда. Гьез жидер гьунарги гIумруги кьуна ВатIаналъе, гIаламалъе гIоло.

Рагъулав корреспондентлъун хIалтIана тумазул хъвадарухъан Эффенди Капиев. Фронталда чIвана магIарул хъвадарухъан ва журналист Ражаб ДинмухIамаев.


Гумбет районалдаса 1380 чи ана фронталде, улкаялъе гIоло  рухIги кьун, тIавуссинчIо 866  чи. Гьаб кIалъаялда цебе бокьун буго киназдаго КIудияб Бергьенлъиялъул къо баркизе.


Бакълъулазул басма – бакълъулазул тарих


Рагъда хадусел захIматал соназ рагьана бакълъулазул бищун цебегосеб информациялъул алат  - «Гумбет» басма. 1952 соналда биччана районалъул казияталъул тIоцебесеб номер. Дол соназда басмаялда цIар букIана «Гумбеталъул колхозчи». ТIоцевесев бетIерав редактор кколаан АсхIаб Киров. Исана 65 сонил юбилей кIодо гьабулеб буго бакълъулазул басмаялъ. 2017 соналъул авалалдасаго «Бакълъулазул басма – бакълъулазул тарих» абураб рубрикаялда гъоркь рахъулел руго, газеталъул  подшивкаби рорхун, гьарурал цIех-рехал, обзорал, бетIерал редакторазул биографиял ва цоги баянал.


КIудияб ВатIанияб рагъул тема ккола «Гумбет» басмаялъе аслиял темабазул цояб. Санайилго 9 маялде газеталъул гьурмазда рахъула доб кьалда гIахьаллъарал бакълъулазул хIакъалъулъ очеркал, ракIалдещвеял, харбал, баянал. Исанаги рахъана гьеб темаялда гIезегIан макъалаби.


Бакълъулазул ракьалъул информациялъулаб политика гьоркьоб лъурал районалъул администрациялъул данделъаби тIоритIана 2013 соналъул декабралда ва 2015 соналъул февралалда. Гьенибги лъикIаб къимат кьуна Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул хIалтIуе.


2015 ва 2016 соназда Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ гIагараб ракьалда кколел лъугьа-бахъинал рихьизари, гIадамазул суалал рорхи ва тIалъиялъул сиясат халкъалда бичIчIизаби гуребги, республикаялъул жамгIияб гIумруялъулъги жигараб гIахьаллъи гьабуна.


2015 соналъул августалда «ХIалтIулъ росарал бергьенлъабазухъ ва пайда бугеб жамгIияб хIаракаталъухъ»  номинациялда «Гумбет» отделалъул нухмалъулесе кьуна Дагъистаналъул ХIукуматалъул ХIурматалъул грамота.


«Гумбет» басмаялъ щибаб соналъ гIахьаллъи гьабула ЮНЕСКОялъ лъазабураб Халкъалда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къоялъ Авартеатралда тIобитIулеб МагIарул мацIалъул фестивалалда. Газета ва басмаялъул хIалтIухъаби мустахIикълъана гьеб фестивалалда кьолел гIезегIан шапакъатазе.


Араб 2016 соналъул хIасилал гьарун, исана февралалда тIобитIараб Авар мацIалъул фестивалалда МагIарул миллияб автономиялъул шапакъатал щвана «Гумбет» отделалъул нухмалъулесе, гьединго «Гумбет» басмаялъул жавабияй секретарь Къурмагъиз ХIадисовалъе ва фотомухбир Гебек Гебековасе.


Сапарал, цIех-рехал, пресс-турал…


Бакълъулазул район лъикIаб рахъалъ бихьизабиялъе, гьанибе туристазул ва инвесторазул кIвар буссинабиялъе, гIадамазул гIумру ва тIалъиялъул хIаракат загьир гьабиялъе «Гумбет» отделалъ гIуцIула хъвадарулел, фотосуратал ва видео рахъулел журналистазул сапарал, пресс-турал, фототурал, блог-турал.


Масала, араб 2016 соналъул январалда Гумбет районалъул росабалъе щвана ва  суратал рахъана машгьурал фотокорреспондентал МухIамад ХIажидадаевас, Мурад ХIамидовас ва Шамил ХIажидадаевас. Гьединал сапаразда рахъарал росабазул ва гIадамазул фотосуратал хадурккун хIалтIизарула газет-журналазда, сайтазда, гьединго – районалъул календарал гьарулелъул, блокнотал, даптарал ва цогидаб печаталъул продукция къватIибе биччалелъул.


2016 соналъул 23 апрелалда, МугIрузул соналда хурхун, МахIачхъалаялда Гьудуллъиялъул минаялъуб тIобитIана МагIарул басмабазул тIоцебесеб форум. Гьеб тадбиралда жигараб гIахьаллъи гьабуна бакълъулазул информациялъул алатазул вакилзабазги. Жакъа Дагъистаналъул ва магIарулазул журналистикаялъул бугеб хIалалъул бицараб кIалъай гьабуна Информациялъул «Гумбет»  гIуцIиялъул нухмалъулес. Гьеб дандеруссиналда кьучI лъуна МагIарул басмабазул цолъиялъе.


2016 соналъул 17 июлалда  бакълъулазул ракьалде сапар, пресс-тур гьабуна МагIарул басмабазул цолъиялъул гIахьалчагIаз. Журналистал ва хъвадарухъаби щвана ЧIиркъатIа бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб цолъизабураб тарихиябгун архитектурияб ГIалибег Тахо-Годил цIар лъураб музеялъул Гумбеталъул филиалалде, ЛъаратIа бугеб Зулумхановазул гьалдаберил музей-рокъоре, МелъелтIа бугеб Маданиябгун сахгьариялъул кIалгIаялде ва цоги бакIазде. Гумбет районалъул администрациялъул минаялъуб тIобитIараб дандеруссиналда, журналистикаялда цере чIарал суалал рорхун, кIалъана районалъул бетIерасул заместитель АхIмад Сулайманов, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь, авар секциялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, шагIир МухIамад ПатахIов, «Лачен» журналалъул редактор, хъвадарухъан ГIайшат Малачиева, «Миллат» газеталъул генералияв директор, «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиев, журналистал Зульфия ХIажиева, Зайнаб ГIалимирзаева, Шамил мухъалъул «Цолъи» басмаялъул бетIерай редактор ПатIимат ГьитIинова, Унсоколо ракьалъул «Ахихъан» газеталъул бетIерай редактор Саният КъебедмухIамадова ва цогидалги.


Гьединго араб соналъул 20 сентябралда «Бакъул улка журналистазул объективалда» абураб сапар, пресс-тур тIобитIана, Гумбет районалъул гIемерисел росабалъеги щун, Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ.


Районалде ахIун рукIана «Виар» медиа-студиялъул хIалтIухъаби. Гьез фото-, видео-  ва аэросъемка гьабун, батIи-батIиял рахъаздасан рахъана бакълъулазул росаби. Нилъер ракьалъул хIакъалъулъ документалиял фильмал ва цоги асарал хIадурулелъул, пайда босизе буго гьеб архивалдаса.


Информациялъул «Гумбет» идараялъул хIаракаталдалъун тIобитIараб гьеб пресс-туралъул хIасилалда фотосуратал ва видео рахъана районалъул росабазул, тарихиял ва тIабигIиял памятниказул. Гьединал сапараз рес кьола район лъикIаб куцалъ бихьизабизе, этнотуризм цебетIезабизе ва инвестициязул рахъ лъикIлъизабизе.


Гумбет районалъе кIвар бугел суалал рорхи гуребги, муниципалияб идара ва социалияб институт хIисабалда, Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ жамгIиятгун, батIи-батIиял учреждениялгун цадахъ тадбиралги тIоритIула. Масала, библиотекабазда, школазда, лъималазул ахазда.

2015 соналъул 26 октябралда бакълъулазул районалъул Аслияб библиотекаялда Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул нухмалъулев дандчIвана МелъелтIа росдал школазул цIалдохъабигун, гьединго 2015 соналъул 25 ноябралда «Халкъиял информациялъул алатазул жамгIияталъе бугеб кIвар» абураб лекция цIалана МелъелтIа гьоркьохъеб школалда. ГIолохъанал мухбирзабазул школа гIуцIиялъе бажарараб хIалтIи гьабуна.


Районалъул Аслияб библиотекаялда цIалдолезулгун дандчIвай тIобитIана 2016 соналъул 4 апрелалдаги. Гьединал тадбиразда цIалдолезе рикьула тIахьал, блокнотал ва печаталъул цоги продукция.


ТIолгороссиялъул къецазда бергьана Инхоса ГIали-хIажиясул проект


2016 соналда «ЧIагоял гьурмал: Гумбет мухъалъ ГIали-хIажиясул асарал цIалулел руго» абураб проект бергьана ТIолгороссиялъул Тимченкол цIаралда бугеб «ГьитIинал шагьаразул ва росабазул маданияб мозаика» абураб конкурсалда. Северияб Кавказалъул федералияб округалда гьеб къецалда гIицIго гьеб проект гурони бергьинчIо. Гьелъул хIасилалда Гумбет районалъе щвана ункънусазарго гъурущ. Рехсараб гранталъул сурсат хIалтIизабуна аваразул адабияталъе кьучI лъуразул цояв, литератураялъул классик Инхоса ГIали-хIажиясул асарал тIиритIизариялъе, хъвадарухъанасул цIар даим гьабиялъе. Гьеб проекталда рекъон, Гумбет районалъул Цолъизабураб библиотекаялъул гIуцIиялъе Инхоса ГIали-хIажиясул цIар кьуна, назмаби цIалиялъул къецал тIоритIана, Россиялъул гIадатияб маданияталъул Гумбеталъул централъул минаялъуб 2016 соналъул 29 декабралда шагIирасул рукъалъул макет рагьана ва цоги тадбирал гIумруялде рахъинаруна. Инхоса ГIали-хIажиясул назмиябгун гIелмияб ирсалъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас хъвараб тIехь басмаялда бахъизе хIадурулеб буго.


Москваялдаги Краснодар краялдаги тIоритIарал Тимченкол фондалъул данделъабазда жигараб гIахьаллъи гьабун, Инхоса ГIали-хIажиясул асаразда тIасан хъвараб проект бергьиналъе квербакъана Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул хIалтIухъабазги.


Россиялъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIазул, адабияталъул ва искусствоялъул институталда 2016 соналъул апрелалда тIобитIана Инхоса ГIали-хIажиясул литературияб ирсалда тIасан республикаялъул гIелмияб сессия. Гьеб данделъиялда кIалъай гьабуна Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул нухмалъулесги. Гьединго рехсараб дандеруссиналъул гIахьалчагIазе рикьана Инхоса ГIали-хIажиясул тIахьал, «Гумбет» басмаялъул кьер бугел номерал, шагIирасул афоризмаз ва суратаз къачIарал хасал даптарал.


2016 соналъул июлалда Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул нухмалъулесул асарал бергьана Северияб Кавказалъул гIолохъанал хъвадарухъабазул ичIабилеб совещаниялъул къецалда. Адыгеялда тIобитIараб рехсараб совещаниялда лъикIаб къимат кьуна гьел асаразе ва цадахъаб тIехьалда рахъизе хIукму гьабуна. Гьеб тадбир щибаб соналъ тIобитIула Филатовасул цIар кьураб Социалиялгун экономикиял ва гIелму-лъаялъул программабазул фондалъги Россиялъул Федерациялъул Печаталъул ва халкъиял бухьеназул федералияб агентствоялъги цадахъ.


МагIарул басмабазул цолъи ва «МагIарухъ» (avarpressa.ru) портал


2016 соналъул 23 ноябрялда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул республикаялъулаб миллияб библиотекаялда тIобитIана Аваразул басмабазул цолъиялъул «МагIарухъ» ( avarpressa.ru ) абураб портал рагьиялъул тадбир. Гьеб дандеруссин бачана Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул нухмалъулес. Рехсараб сайталъе редакторлъи гьабиги цадахъ бачунеб буго  Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ. Бакълъулазул тарихалъул ва гьанжесеб гIумруялъул бицунел макъалабиги рахъула гьеб порталалда. МагIарулазул гIаммаб годекIан ккола «МагIарухъ» сайт. Бокьилаан нилъер миллатцояз гьеб сайталдаса жеги цIикIкIун пайда босизе, гьенисан макъалаби цIалулезул къадар борхизе. Авар мацIалда къватIире рачIунелщинал газетазул ва журналазул нахърател ккола «МагIарухъ» сайт. «Гумбет» басмаялъул макъалабиги лъун руго гьеб порталалда.


Гьединго бакълъулазул росабазул сураталги руго хасал галереязда. Гьел ккола «Гумбет» басмаялъул фотомухбир Гебек Гебековас рахъарал фотосуратал.


13 январь ккола Россиялъул печаталъул къо. Гьеб махщалилаб байрам кIодо гьабун, щибаб соналъ Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ араб лъагIелалъ лъикIаб хIаракат бихьизабурал хIалтIухъабазе Инхоса ГIали-хIажиясул цIар лъураб журналистикаялъул шапакъат кьола. 2016 соналъул хIасилал гьарун, гьеб премия щвана «Гумбет» басмаялъул жавабияй секретарь Къурмагъиз ХIадисовалъе, фотомухбир Гебек Гебековасе ва дизайнер ГIабдулхIамид ГIабдулкадировасе. 2015 соналъул хIасилазда рекъон, гьеб шапакъат кьун букIана Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул хIалтIухъаби МухIамад МухIамадовасе, Марям МухIамадовалъе ва Раисат МухIамадовалъе. Санайилго Гумбет районалъул нухмалъулезги баркула бакълъулазул журналистазда Россиялъул печаталъул къо. Исана 13 январалда Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул хIалтIухъабазда махщалилаб байрам баркизе рачIун рукIана Гумбет районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев ГIабдулахIажи ГIабдулкъадиров, гьесул заместителал Малик Маликов, АхIмад Сулайманов ва цогидалги.


Районалъул бетIерас баркалаялъул грамотаби кьуна Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул нухмалъулесе, гьединго муниципалияб сайталъе информация хIадуриялъул иш гьабулел районалъул администрациялъул аппараталъул нухмалъулесул заместитель  ГIабдурахIман Дайтмирзаевасе ва администрациялъул бетIерав специалист  МухIамадхIабиб  МухIамадовасе.


Интернеталда бакълъулазул рагIи


«Гумбет» казият бакълъулазул районалъул бищун некIсияб алат батани, XXI гIасруялда загьирлъана сайтал ва социалиял къокъаби. Дунялалъул бокьараб бакIалдасан районалъул хIакъалъулъ информация балагьун бажарула, Гумбет районалъул официалияб сайталъул кумекалдалъун. Гьеб сайталъул адрес ккола mo-gumbet.ru . Анкьида жаниб 10-20 цIияб хабар лъола районалъул официалияб сайталда. Гьеб хIалтIулъ лъикIаб хIаракат бихьизабулеб буго Гумбет районалъул администрациялъул аппараталъул нухмалъулесул заместитель  ГIабдурахIман Дайтмирзаевас ва администрациялъул бетIерав специалист  МухIамадхIабиб  МухIамадовас. Амма районалъул киналго идарабаз гуро жиндир заманалда букIине кколеб информация сайталъе кьолеб. ЖамагIаталъул газа кьурдаги рекIунилан абураб авар аби ракIалде щвезабизе бокьун буго гьезда ва нилъеда киназдаго. Цадахъ лъугьун гьабуни, хIалтIи цебетIола. Информациялъул алатал ккола районалъул гьумер, нилъер матIу. Информациялъул алатазда ругел баяназда рекъон, кьола гIадамаз нилъер районалъе къимат. Гьединлъидал, сайталдеги газеталдеги кьолеб информация жеги цIикIкIинабизе, камиллъизабизе, мухIкан гьабизе ккун буго.


Информациялъул «Гумбет» отделалъул буго телестудияги. Гьенир хIадурарал сюжетал, документалиял фильмал къватIире кьола районалъул, республикаялъул ва цоги сурсатаздасан.  «Ютуб» абураб видеохостингалда буго Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул хасаб гьумер. Ахирал соназда районалда ккарал кIвар бугел лъугьа-бахъинал лъун руго гьенир.


Бакълъулазул ракьалъул официалиял аккаунтал, гьурмал гIуцIун руго машгьурал социалиял сайтаздаги: «Фейсбукалда», «Твиттералда», «Инстаграмалда», «Одноклассники» ва «Вконтакте» сайтазда ва цоги сурсатазда. Щибаб анкьалда 10-20 цIияб хабар лъола гьел сайтаздаги. «Фейсбукалда» гIуцIун руго «Бакълъулал», «Бакълъулазул басма. Гумбет», «Антитеррор. Дунялалъе – рекъел» абурал къокъаби. Гьел къокъабазул гIахьалчагIазул гIаммаб къадар анцIазаридасаги тIаде уна. АнцIаза-азар чияс цIалула Гумбет районалъул тарихалъул, жакъасеб къоялъул ва цебетIеялъул рицунел макъалаби. Гьеб ккола гIураб ракьалде рокьи букIиналъул ва гIагараб районалъул ургъел гьабиялъул хIасил.


БакIаздаса мухбирзаби – жамагIатазул берал, гIундул, кверал…


Советияб заманалда кутакаб кIвар кьолаан редакциялде рачIарал кагътазде, росабалъ хасал мухбирзаби рукIинариялде. Щибаб росулъ руго хъвадаризе гьунар бугел гIадамал. Бокьилаан районалъул информациялъул алатазулгун  бухьен нужеца жеги щулалъизабуни ва лъикIлъизабуни. Гьеб мурадалда нижеда бажарарабщинаб ва барабщинаб гьабизе ниж хIадур руго.


Россиялъул, Дагъистаналъул ва Гумбет районалъул нухмалъулезул политика халкъалда бичIчизабулеб буго Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ. Питнаби тIиритIизаризе ва рагъаризаризе бокьараздехун ритIухъаб, букIине кколеб рагIиги абулеб буго бакълъулазул журналистаз.


 Хасавюрт – Кьохъ шагьранухалъул МелъелтIа – Сагъри участкаялда хъил тIураб цIияб нух гьаби, гьелъул рагIаллъабазда гъутIби чIей, Маданиябгун сахгьариялъул кIалгIа рагьи ва цоги социалиял бакIал рай гIадал, Гумбет районалъе цIакъго кIвар бугел, муниципалитеталъул цебетIеялъул бицунел харбал, Дагъистаналъул гурелги, федералиял ва дунялалъулго сайтазда ва цоги информациялъул сурсатазда къватIире кьола.


Терроризмалда ва экстремизмалда данде гьоркьоб къотIи гьечIеб хIалтIи гьабулеб буго Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ. «Гумбет» басмаялда, администрациялъул официалияб сайталда ва цоги сурсатазда къватIире кьола терроризмалъул зарал бичIчIизабулел макъалаби, документалиял фильмал, роликал.


Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъул лъикIаб бухьен буго республикаялъул «Миллат» газеталъулгун, «Гьудуллъи» ва «Дагъистан» журналазулгун, «Москваялъул комсомолец», «Дагъистаналъул гIолилал» ва цогидал газетазулгун, «Дагъистан» РГВКялъулгун ва цоги каналазулгун. Бакълъулазул темабазда макъалаби рахъула ва передачаби рихьизарула гьел СМИяз.


Шамил имамас 220 ва Игьалиса Чупалас 140 сон тIубаялде


Гумбет районалъул администрациялъул культураялъул, физическияб культураялъул, спорталъул, гIолилазул политикаялъул ва туризмалъул отделалъулгун, лъайкьеялъул отделалъулгун ва цогидал идарабазулгун цадахъ рекъон хIалтIи гьабулеб буго Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ.


Нижеца гьединго гIахьаллъи гьабула республикаялда ва гьеб бахун къватIирехунги тIоритIулел литературиял тадбиразда, жюриялда гIахьаллъун, къимат кьола конкурсантазе ва цоги жамгIиял ишал тIурала.


 «Шамил имамас 220 сон тIубаялде» рубрикаялда 2017 соналда «Гумбет» басмаялда рахъулел руго КIудияб Кавказалъул рагъул темаялда макъалаби. Гьединго Информациялъул «Гумбет» гIуцIиялъ 2017 сон Гумбет районалда Игьалиса Бияхъайил Чупаласул лъагIеллъун рагIизабуна, гьев гIалимас ва шагIирас исана 140 сон балеб букIин хIисабалдеги босун. Чупаласул асарал ва гьесул гIелмиябгун шигIрияб ирсалъе къимат кьурал макъалаби рахъулел руго «Гумбет» басмаялъул гьурмазда.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +176
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркула Х1амзат,иргадулаб шапакъат,хадур г1емерлъаги,баракат бугеб батаги!
Амин. Баркала. ХIаракаталъулъ баракат букIуна.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook