Авторизация

Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал…

Къалам, дуца щуре щакъиялдехун


Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал…


«Миллаталъул» «Адабияталъул сагIат»


«Миллат» газета буго сапаралда, нухда, гIадамазухъе, нужер ракIазухъе, пикрабазухъе гIедегIун. «Миллаталъул» редколлегиялъул хIаракаталдалъун хIалтIулеб буго киналго магIарул газеталгун журналал гъорлъе рачараб МагIарул басмабазул цолъи ва «МагIарухъ» сайт. 2017 соналъул маялдаса байбихьун, «Миллат» газеталъ биччалеб буго цIияб проект – моцIида жаниб цо нухалъ къватIибе бачIунеб «Адабияталъул сагIат» абураб телепередача. Гьеб проекталда аслияб кIвар кьезе буго нилъедаса ратIалъарал, цересел гIасрабазда рукIарал, гьединго жакъа къалмиде чучулел ругел, магIнаял асарал халкъалъе тарал магIарул хъвадарухъабазул ва шагIирзабазул асараздеги гIумру лъазабиялдеги.


Исана 20-абилеб маялда «Миллат» басмаялъул редакциялда тIобитIана «Адабияталъул сагIат» передачаялъул тIоцебесеб данделъи, «гургинаб стол». Гьениб гьоркьоб лъуна хъвадарухъан ва гIалимчи Игьалиса Чупаласул (1877 -1937) гIелмиябгун адабияб ирс. Данделъиялда гIахьаллъана Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор МухIамад ПатахIов, МагIарул басмабазул ассоциациялъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаров, Бакълъул мухъалъул администрациялъул бетIерасул заместитель АхIмад Сулайманов, Игьалиса Чупаласул ирсилал СайгидгIали Бибулатов ва МухIамад ХIасанов.


«Адабияталъул сагIат» проекталъул передачаби лъун руго «Ютубалда» «Миллат» басмаялъул гьумералда. Гьел ратула гьаб адресалда: https://www.youtube.com/channel/UCYry9AanrFtw7JR4qV0_m_A


Тохтур ва жамгIияв хIаракатчи ГIабдуллагь ХIажиевас, «Миллат» басмаялъул «Адабияталъул сагIат» передачаялда хурхун, гьадинаб пикру загьир гьабуна:


 «Кутакалда рекIее гIуна, «Адабияталъул сагIат» проект гьоркьоб ккун, кIудияв гIалимчи ва шагIир Игьалиса Чупаласул (жинда Аллагь гурхIаяв) хIакъалъулъ гьабураб передача. Аллагь разилъаги гьесул асарал халкъалъухъе щвезе данде гьаруразда, передача гIуцIаразда ва юбилей тIобитIиялъе квербакъулезда. Гьеб рахъалъ кIудияб хIалтIи гьабуразда гьоркьов вукIана гIалимчи-филолог Сиражудин ХIайбулаевги (Аллагьас жиндир мунагьал чураяв).


Игьалиса Чупалав гьоболги гьудулги вукIун вуго дир кIудияв инсул, ГIахьвахъа ДегIенчо-хIажиясул вас ХIажияв-дибирил. Гьевги 1937-абилеб соналда НКВД-ялъул «тройкаялъ» «халкъалъул тушманилан» туснахъ гьавун вуго ва 1938-абилеб соналъ чIван вуго.

Умумузул баракаталдалъун, Игьалиса Чупаласул ирсилав СайгидгIали Бибулатовасулгун ва гьезул гIагарлъиялъулгун нижер щулияб гьоболлъи-гьудуллъи буго. Щибаб дандчIваялда СайгидгIали Бибулатовас гIемер бицуна жиндирго кIудияв инсул хIакъалъулъ, гIемер рикIкIула гьесул шигIраби ва назмаби... ТIоцеве дун Игьаливе гьоболлъухъе шведал, жеги чIаго йикIана СайгидгIали Бибулатовасул эбел НагIали (Аллагьас гьелъул мунагьал чураги). Нусиде сонал рахарай гьей дида йихьана Къуръан цIалулей... РакIалде щвезавуна жиндирго эменги. «Дир дада», – ян кутакаб хIеренлъи-рокьигун такрар гьабулеб букIана гьелъ, жиндирго инсул гIумру ва кьогIаб къисмат ракIалде щвезабулаго».


ГIемерал соназ Гъуниб мухъалъул имамлъун хIалтIарав, цересел гIалимзабазул, хъвадарухъабазул ва тарихалъул тIахьал хъварав Гьонодаса Каримуллагь МухIамадовас гьадинаб къимат кьуна «Миллаталъ» къватIибе биччалеб бугеб «Адабияталъул сагIат» проекталъе: «ЛъикIаб хIалтIи гьабулеб буго. Умумузул цIарал ракIалде щвезариялде бахараб хIалтIи букIунаро. Игьалиса Тажудинил къо тIобитIизеги рекъараб букIинаан».


«Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал, хваралги ракIалде щун, шигIру гьабун бихьизин», – абун хъвана Игьалиса Чупалас «Цересел бахIарзазде» абураб асаралда. Гьев гIалимчиясул ва шагIирасул цIар нилъер халкъалъул рекIелъ буго. «ГIажам-тIехьалдасан» цIалун, рекIехъе лъала чIахIияб гIелалда Чупаласул назмабиги, туркабиги, цоги асаралги. ЦIиял гIелаздаги лъазе мустахIикъал руго Чупалав ва гьесул гIелмиябгун литературияб ирс. Хрестоматияздаги рекъела гьесул асарал. «Адабияталъул сагIаталъ» гьединал цIарал тIадруссинариялъе ва гьезул асаралгун гIумру лъазабиялъе хадубккунги хIалтIи гьабизе буго, иншаАллагь.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +137
  • Нравится
Оставить комментарий
Лъик1аб пикру буго,бит1 ккеги,Чупаласулги,гьесда релъарал анц1-анц1 т1аг1инаруразул асарал рт1ад руссинаризе т1адаб буго нилъеда.
Амин. Гьединаб хIалтIи гьабулеб буго, хадубккун гьабизе нигатги буго. Игьалиса Чупаласул жеги къватIире рахъичIел асаралги гъорлъе журан, цIияб мажмугI бахъиялда тIадги хIалтIулел руго.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook