Авторизация

Нужго тIаде къулараб тIокIкIараб ицц кIочонге



Номералъул редакторасул пикру


Нужго тIаде къулараб тIокIкIараб ицц кIочонге


Неофашизмалъул аздагьо-борохь


22 июналда 76 сон тIубала инсанияталъул тарихалда жаниб бищунго гIасияб рагъ байбихьаналдаса. Гьеб вахIшилъи ургъарал ва гьабурал чагIи ккола немцазул фашистал, миллиял террористал. Диналъул цIаралдасайилан гIадамал чIвалездасаги квешал руго миллаталъул цIаралдасанилан инсаниятго чурхъизе лъугьарал кIихIатIилал жанаварал. Неофашизмалъ бетIер борхулеб буго дунялалда. Гьезда нуж гьал чагIи ругоян, сахлъизе гIамал гьабеян абуни, гьезда рагIи абураздеги тIаде рала гьел, чакъалал гIадин, къокъаби ккун. Амма гьеб нахъегIанаб идеология дунялалда киданиги бергьине гьечIо.


Гьелдаго цадахъ магIарул халкъалда рикIарулел, аваразул тарихалда сентIолел, лахIгIан чIегIерал гьерсал тIиритIизарулел къватIулъажалги камуларо. Цо-цояз болмацIалде гьарчал риччала, цогидаз росаби какула, лъабабилез магIарул миллаталъул хIубаллъун ругел гIадамазде гъегъ базе хIалбихьула.


БолмацIалъе ва гIаммго авар миллаталъе баркала кьезе ккола дагъистанияз. БолмацI букIана аза-азар соналъ халкъазда гьоркьосеб мацIлъун ва жакъаги буго. Грузиялда Тбилисиялда бан буго гуржи мацIалъе ва алфавиталъе памятник. Гьеб буго лъикIаб мисал. МагIарул мацIги мустахIикъаб буго бокьараб памятник базе.


Интернеталъул квачI базе щварабщинаб бакIалда аваралги авар мацIги какулел цо-цо гIаламатал кIихIатIилал жал загьирлъана ахираб заманалда. МагIарулазги магIарул мацIалъги жал чIвалел ругилан хъвалеб буго гьез. БолмацIалъ ва авар миллаталъ аза-азар соназ цIунана Дагъистан, тарих, гIадатгун гIамал. БолмацIалда букIана нус-нус соназ гIелмуги, назмуги, динги, рукIа-рахъинги, пикруги, анищги. Жидеца лъим гьекъолел иццазде тударулел цо-цо хIарамзадаби рахъун руго гьанже. Гьелни квер хьвагIун тезе бегьилаан, гьезул рахъ кколел нус-нус чагIиги раккулел гьечIелани, загьру жубараб гьеб гьерсилаб агитациялъ жидер бутIрул сверизарурал.


БолмацIалъ нус-нус сон бана, гьеб лъазабуна, хIалихъе гуреб, гьелъул хIажалъи букIун. Нилъер халкъ чIухIизе бегьула болмацIалдасаги, тарихалдасаги, миллаталъул сахал гIадамаздасаги. Гьеб буго нилъер миллаталъул къанунияб ихтияр.


ГьечIеб тарих  ургъизе лъугьунелги руго жидедаса, зарал гурони, пайда гьечIел чагIи. МагIарулазулги Африкаялъул халкъазулги цого кьалбал ругилан, жагьилал ва гIелмуялъ ритIухъ гьаруларел, тIаса-масагоял жалги жанир къазарун, таманаб рохьги гъурун гьабураб кагъатги хвезабун, «тIахьал» риччалел руго. Кутакал тIахьалилан хадуб гьел чIандахарбазе реццалъул рецензиялги хъвалел руго. ГIелмуялда жаниб маргьабазул къагIида букIунаро. Цогидал нилъеда релъи гурони, гьединаб «хIаракаталъ» тIокIаб хIасил кьоларо.


Дагъистаналъул цо халкъ Грециялъул пуланаб чIинкIиллъиялда бугеб къавмалдасан лъугьараб бугиланги руго томал хъван. Гьеб ккола фантастикаялъул жанралда кьабул гьабизе бегьулеб, амма хIакъикъияб ва гIелмияб кьучI гьечIеб, гIададисеб шура-хъури.


ХIажат буго ритIухъаб балагьиги унго-унгояб пикруги. Мекъал пикрабаз рижизарула фашизмги, неофашизмги, терроризмги, манкуртизмги, цоги захIматал гIузрабиги. Аллагьас гьездаса цIунаги инсаният.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +61
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook