Авторизация

«Миллат» миллаталда кIалъалеб буго


«Миллат» миллаталда кIалъалеб буго


«Миллат» миллаталда кIалъалеб буго,

Миллаталъул милат гьабулеб буго,

БолмацIалъ, тарихалъ цолъизабураб

Авар халкъалъул хIал бицунеб буго.


Бадиса бадибе абулеб рагIи,

Рогьоги гьунарги цIалеб цIадиро,

БацIцIадаб авар мацI гIелахъе кьолеб,

МагIарул ракI бугеб «Миллат» казият.


Кавказалъул мугIрул цIунун къеркьараб

Халкъалъул тарихги цIарги рагьулеб,

ЦIоралда, Шамалда  –  кир ругониги,

Миллатцоязул рахъ кидаго кколеб.


Сиязда бакараб цIа гIадаб «Миллат»,

ГIасрабаз бекIкIараб къед гIадаб «Миллат»;

ХIинкъи-къай лъалареб, къалам бегIераб,

ГIумрудул матIулъун лъугьараб  «Миллат».


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +137
  • Нравится
Оставить комментарий
Лъикӏ хъван буго,Аллагь разилъаги
Амин. МагIарул мацIалда рахъулел басмаби цIикIкIанагIан, магIарул халкъалъе пайда цIикIкIуна, нилъер рахьдал мацI цIуниялъе ва цебетIеялъе квербакъула, миллияб хасият, гIелаз гIелазухъе кьун, нахъе хутIиялъе кумек гьабула.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook