Авторизация

ХьвагIараб хвалчаца чаран къотIулел


Къалам, дуца щуре щакъиялдехун…


ХьвагIараб хвалчаца чаран къотIулел


Инхоса ГIали-хIажиясул пикрабазул ралъад


ХIурматиял «Миллаталъул» гьудулзаби, газета цIалулел! «Миллаталъул» редколлегиялъул гIахьалчагIазул чанго хIалтIи буго, цадахъ бачунеб, гьел хIалтIабазул гIемерисел руго жамгIиял, халкъалъул ургъалида тIоритIулел, рухIияб рохел щвей гурони, нижее квине хинкI кьоларел. Гьедин букIаниги, ниж чIаго рукIаго, гьел хIалтIаби цере рачине руго, иншааллагь. 


Гьаб анкьалда «Миллаталъул» редакциялда тIобитIана кIиабилеб «Адабияталъул сагIатги» – Дагъистаналъул адабияталъул классик, шагIир, гIакъил, гIалим Инхоса ГIали-хIажиясул асаразул бугеб тарихияб ва жамгIияб кIваралъул бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовас, ГIали-хIажиясул ирсилав, полковник ГIабдулатIип ГIабдулатIиповас ва РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул грамматикиял цIех-рехазул идараялъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул кандидат ГIабдулкъадирил МухIамадица.


Гьеб передачаялъухъ ралагьизе бегьула «Ютуб» видеохостингалда бугеб «Миллаталъул» бокIоналда гьаб адресалда:


https://www.youtube.com/watch?v=nN5AkBXTjxU

Передача къватIибе бачIуна моцIида жаниб цо нухалда. Исана июлалда Гьигьалъа ХIажимухIаммад ХIусайниясул хIакъалъулъ бицине хIисабалде босун буго.


«Адабияталъул сагIат» проекталда рекъон къватIире риччарал передачабазул дискал гьаризеги хIисабалде босун буго «Миллаталъул» редколлегиялъ. Тавпикъ кьеги магIарулазе магIарул яхIги махIги, мацIги цIарги, гIелмуги шигIруги цIунизе. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +92
  • Нравится
Оставить комментарий
Валагьана,бокьана!Баркала киназего,бокьилаан хадур ругел шаг1ирзабазул лъазе,сундул х1акъалъулъ жеги бахъизе бугеб?
Аслияб куцалда «Адабияталъул сагIаталда» бицине буго инкъилабалда цебесеб авар адабияталъул. Загьир гьаричIел ва гIемерисеб халкъалда кIочон толел ругел цIарал цIидасан миллаталъухъе тIадруссинаризе руго, Аллагьас хъван батани.
Hamzatavari,Амин


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook