Авторизация

Тарихияб музей ва дагъал хисизе хIадурарал гIурусал

Дахадаевасулгун Йирчи Хъазахъил къватI цолъулеб бакIалда бан буго цIияб музей. "Россия - моя история" абун хъван буго гьеб музеялда тIад. Гьениб жаниб рагIула бищунго некIсияб заманалдаса бахъараб, жакъа къоялде щвезегIан улкаялъул тарих бихьизабулел гIаламатал: картаби, суратал, ретIел-хьит, аудио ва видео файлал ва гIемераб цогидаб. Гьеб музей бан буго тIоцебе базар букIараб, хадуб Амировас гьелги хъамун спортзал базеянги байбихьун, къого соналъ чIобого букIараб бакIалда. Музей буго кIудияб ва берцинаб. Гьеб бана цохIо лъагIалида жаниб, цIакъго хехго. Гьеб баялъе аслияб хIаракат бахъана Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьев вукIана музеял, кьурди-квара, кечI-бакъан хирияв чи. ГIемерал гьединал бакIал рана ГIабдулатIиповас Дагъистаналда. Гьеб щиб гьабизе хIажатаб жо, гьелдаса кIвар бугел суалал гьечIищ Дагъистаналдаян гьикъила гIемерисез. ГIунги тIокI руго хIажатал бакIал, гьеб гIурус тарих жаниб бачараб музеялъул кинабгIаги хIажалъиги гьечIо Дагъистаналъе. Амма гьеб балаго республикаялъул нухмалъиялъул гъира базабулеб кIиго хIужа букIана: тIоцебесеб – гьенибе биччараб гIезегIан гIарац, хIалтIизе бакIал ва магъалаби республикаялъул бюджеталъе ва хасал чагIазе щвей. КIиабилеб - Москваялда цебе Дагъистан гIурусаздехун гьетIараб ва централъе ритIухъаб республика букIин бихьизаби. Гьеле гьеб музей рагьана хамиз къоялъул къаси. Лента къотIизе В.Васильев вачIинчIо. Гьесул бакIалда кагътидаса, рагIи къосинчIого, баркиялъул кагъат цIалана ГI.ХIамидовас. Хадувго кIалъазе вахъана насраниязул кашиш Варлаамги, бусурбабазул цевехъан, муфтий ва шайих АхIмадхIажи ГIабдулаевги. Киназго бицунеб букIана музей рагьи лъикIаб иш бугин. Кинаб квешлъи- гиха букIинеб музеялъул? Амма политикияб рахъ хIисабалда, республикаялъул бетIерасул гьеб тадбиралде вачIунгутIиялъе къимат кьуни, дир хIисабалда, гьеб буго гьесул битIараб гали. Ургъунго вачIинчIев ватаниха. ГIадамаз жидеда къанагIат гурони вихьизе щоларев чиясул рахъалъ жидецаго цо гIажаибаб образ ургъула. Гьесие гьечIелги тIокIлъаби хъвала, гIемер цеве вахъани гьеб кинабгоги щущахъ бан, хIакъикъияв чи вачIуна цеве жиндирго гIунгIутIабигун. 


Масала, Рамазан ГIабдулатIиповас гьабурабщинаб жо къотIнор сураталги чIвачIого, прямой эфиралгун цевевахъиналги гьаричIого гьабун букIарабани, гьесул рахъалъ чанги легенда ургъилаан халкъалъ. ХIикматав, гIадан чиясда кIвечIел ишал гьарурав цевехъанлъун рикIкIинаан. Гьесул кинабго жо хвана тукаби рагьулеб бакIалда лентаби къотIизе иналдаса байбихьараб, ункъабго соналъ киналго сухIмат - кучIдузулъ гIахьаллъун, гIемер цеве вахъун. Гьес квал-квал гьабуна гIадамазе жиндир рахъалъ халкъалъе къваригIараб образ гIуцIизе. Гьеб хIакъикъат бичIчIун лъаларо, цогидаб кIудияб ва кIвар бугеб суалалъ лъаларо, Васильев вачIинчIо музей рагьизе. Дир хIисабалда вачIинчIого лъикI гьесие жиндиего. Гьевго Васильевас, гьале кIиябго анкь сверулеб буго, жеги кьечIо Дагъистаналъул хIукуматалъул премьерасул кандидатура. Законалда рекъон кIиго анкьил болжалалда кьезе ккола. Метер буго ахирисеб къо, рузман къоялъул данделъиялда лъазе рес буго щив премьерлъун вихьизавуравали. Премьерлъун вачIине вуго я 2018 абилеб соналъул сентябралде щвезегIан киналгIаги политикиял хIаял гьечIого нухмалъиялъул гьоко цIалев чи, ялъуни гьев вукIине вуго жиндир заманалда Путинидаса тIоцеве премьер, хадув президент гьавуравго гIадин иргадулаб болжалалде ишангун витIулев чи. Кинабго бараб букIина кандидатураялда ва гьесда цебе лъураб масъалаялда. Руго харбал Васильевас бищунго кIвар бугел отраслязде Москваялдаса жиндир чагIи рачун рачIине ругин абуралги. Щивалиго Иванов вачIун вугила республикаялъул бетIерасул администрациялъул бетIерлъун вукIине. Жеги гьенив чи хисун гьечIо. Гьединго интернеталда тIибитIана щивалиго Иван Овчиниковасул хитIаб жив Дагъистаналъул финансазул министрлъун хIалтIизе хIадур вугин абураб. Гьеб жо буго Чукмекистаналда хъвай-цIали лъалел чагIиго хутIун рагIуларин, батIаго Васильев бегьарав дунги щай бегьиларевин абураб жо. Васильевни политикияб кризисалъул ва Дагъистаналъул политикиял ва финансовиял къокъабазул къеркьей чIалгIарав В.Путиница бугеб ахIвал-хIал хвасар гьабизе витIун ватила. Цониги къокъаялда гъорлъ гьечIев чи хIисабалда. ХутIарал кире? Гьанир гIурал махщелчагIи гьечIогойищ? Дир хIисабалда миллияб ращалъиго цIуничIого къватIиса гIадамал нухмалъиялде рачани гьеб букIина тIоцебесеб иргаялда дагъистаниял къабихI гьарураб ишлъун. ГIабдулатIиповас ракьцоязе кьурал харжихъ балагьарал хъулухъазул бицунел чагIаз киндай къабул гьарулел ругел Овчиниковал? ГIеладай гьезул бихьинчилъи нуж гьечIого Дагъистан тIубан бугин, гIун бугин ахIичIел гьалдбадерида абизе? Хабар лъикIаб рагIайги.



Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook