Авторизация

Манкуртазул макраби

Аваразул калам, гьелъул камиллъи!

Манкуртазул макраби


Васас эбел чIвараб рукълъун бихьула

Рахьдал мацI кIочараб Дагъистан дида


2017 соналъул 19 октябралда Бакълъул мухъалъул Кунзахъ росулъ районалъул лъай кьеялъул идараялъ гIуцIун букIана школазул директорзабазул данделъи. Школазда магIарул мацI малъиялъул бугеб хIалалъулги, гIаммго нилъер рахьдал мацIалъул ругел масъалабазулги, авар мацIалъул мугIалимзабазулгун «Гумбет» басмаялъ гьабизе хIисабалде босараб цадахъаб хIалтIулги бицун, гьеб дандеруссиналда гIахьаллъи гьабуна гьал мухъазул авторасги. Нилъго щалали лъалареб тIинде ккезе бокьичIони, нилъерго мацIалъулги, тарихалъулги, аралъулги, жакъаселъулги, букIинеселъулги тIалаб гьабизе ккола магIарулаз.


Чохьол эбел чIварав васлъун бихьула

Инсул мацI лъалареб цIияб гIел дида


ГьабсагIатги Россиялда руккелал, къуватал руго, улкаялда ругел гIемерал миллатал «къулчIизе» кколилан абураб пикруялъул рахъкколел. Россиялда букIине кколила цохIо гIурус халкъ, хутIарал халкъазул мацIалги, гIадаталги, гIамал-хасиятги лъугIизаризе кколилан рикIкIунел чагIи цIикIкIунел руго. Гьеб ассимиляция гьабиялъе ургъулел руго батIи-батIиял къагIидаби. Масала, гьал къоязда Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялда цо эливашас абун буго республикаялъул школазда миллиял мацIал малъизе кколарилан.


Умумуз гIарзаги хъван гурони, Дагъистаналъул халкъазул мацIал малъугеян абураб амру гьабун буго республикаялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъги. Гьеб сиясат буго Москваялдасан бачIараб жо. Умумуз гьарунищ школазда цоги гIелмаби, предметал малъулел? Пашманлъизе ккараб жо, умумулги кидаго гуро гIакълу цIикIкIарал, халкъ бокьулел рукIунел. Манкуртал гIемерлъун руго. Гьединлъидал, миллаталда тIаде къоно тIамулел чагIи гьарзаго руго. Нилъер халкъалъул хIалги беццизесеб куцалда гьечIо.


Миллаталда тIаде къоно тIамулел чагIи


Щивас жиндирго бакIалда авар мацIги, цIарги, гIадат-гIамалги цIуниялъе хIалтIи гьабулеб бугони, нилъер миллаталъе ками ккезе гьечIо. Гьединлъидал, бокьун буго магIарул мацIалда бачIунеб бакълъулазул мухъалъул «Гумбет» басма жеги чIаголъизабизе, районалъул школазул авар мацIалъул мугIалимзабазулгун цадахъаб хIаракат гьабун, батIи-батIиял суалал, масъалаби газеталъул гьурмаздасан рорхизе.


«Гумбет» басмаялъул ахирисеб гьумералда гIурус мацIалда рахъула чара гьечIого къватIире кьезе кколел документал ва цоги хасал макъалаби. ТIоцебесеб гьумералда гIурус мацIалъ районалъул администрациялъул хIукмаби рахъулеб заманги букIана газеталда. Гьедин гьабизе бегьуларо. Ахирисеб гьумералда рахъулел гьел документалцин, цIакъго чара гьечIел гурони, лъечIого тезе хIаракат бахъула нижеца.


Росабалъа харбал


«Гумбет» басма цIалулезде гьари буго, росабалъан бажарарас бажарараб хъван битIеян. Щибаб росулъ ругел авар мацIалъул мугIалимзабазги гьабизе буго гьеб рахъалъ хIалтIи. Редакциялъул чанго мухбирасул хIал гIоларо кирего щвезе ва киналъулго хъвазе. Щибаб росдал руго жиндирго хаслъи, гIадатал, биценал ва гIемерал цоги къватIире кьезе бегьулел темаби. Лъай кьеялъул, сахлъи цIуниялъул, гIолилазул сиясаталъул, росдал магIишаталъул, туризмалъул, базарганлъиялъул анцI-анцI темаби ва суалал руго. Гьел масъалаби рорхана, рохулел руго ва рорхизе ракIалда буго «Гумбет» басмаялда. Амма бокьун буго росабазулгун бухьен жеги щулалъизе. Цебе редакциялде хъвадарулел мухбирзаби рукIунаан щибаб росулъ. Гьезул гIемерисел Аллагьас ахIун ана. Мунагьал чураги гьезул. ЦIакъ пайдаяб, росдаеги, районалъеги, нилъер халкъалъеги хIажатаб хIалтIи буго бакIалъул мухбирзабазул. Бокьилаан гьеб хIаракат цIигьабизе.


Чвантаби гIатIидал ревизорал


Гьай-гьай, лъай кьеялъул гIуцIабазулги руго гIемерал гIузраби. Данделъаби гIемерлъун руго, ревизорал, хлестаковал цIикIкIун руго. Школазда лъикIаб хIал букIин мурадалда гурел, жиде-жидер чванта цIезаби хьулалда, рэкетлъи гьабулел хъачагъал кинигин, рещтIунел руго школазда анцI-анцI халгьабулел идараби. Киназего гIакIаби кьолев вукIун, цоги ишазе заманго хутIулеб гьечIо школалъул нухмалъулесул.


ЦIиял, киналго тIалабазда данде кколел, хIажаталщинал шартIал ругел школалги къанагIат руго Дагъистаналда. Ялъуни цин гьединал школал ран кьеха пачалихъалъ, цинги ритIе ревизорал, хIалтIуе къимат кьезе.

Кин бугониги, нилъерго динги миллатги цIуничIого нилъ тIураларо. Тавпикъ кьеги нилъее, манкуртазде сверичIого, унго-унгоял магIарулаллъунги бусурбабилъунги рукIине. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +81
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook