Авторизация

РагIалда сангар бараб Сурхайил Щулияб гохI…


Къалам, дуца щуре…


РагIалда сангар бараб Сурхайил Щулияб гохI…


ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул асаразул аслияб тема – Кавказалъул рагъ


Щибаб моцIалда къватIибе бачIунеб «Миллат» басмаялъул «Адабияталъул сагIат» передачаялда 2017 соналъул июлалда гьоркьоб лъуна гIалимчи ва шагIир ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул гIелмиябгун назмияб хазина.


«Адабияталъул сагIат: ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажи» абураб гьеб гургинаб столалда «Миллаталъул» редакциялда гIахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор МухIамад ПатахIов, МагIарул басмабазул цолъиялъул нухмалъулев, РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул соискатель, литературовед МухIамадрасул ГIумаров ва ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул наслуялъул чи, тIадегIанаб категориялъул тохтур ГъазимухIамад ГъазимухIамадов.


Данделъиялъул гIахьалчагIаз бицана ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул асаразул аслияб тема КIудияб Кавказалъул рагъ букIанилан, живго шагIир гьеб рагъулъ гъазаваталда вагъулевги вукIанин. Кьалда бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ Шамил имамас шапакъатги кьун букIун буго гьесие.


«Имамзабазде» абураб машгьураб тарихияб поэмаялда 1839 соналъул риидал АхIулгохIда рагъда букIараб гьадинаб сипат-сурат, жакъа бугеб гIадин, цебечIезабулеб буго ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажияс.


…Лъабабизе вахъарав имам Шамил вукIана,

Жигьадалъе къвал бана, къварилъаби раччана,

Диналде халкъ ахIизе, рухI бичун, кIвекIарана.

Диналъул тушбабазул боял риххизаруна,

Гьезул хъалаби рахъун, нахъегIан чIезаруна.

Сордо борчIун, къо рукIкIун, къварилъи тIаде босун,

Расуласул шаригIат тIибитIизе гьабуна.

ГIурус пачаясулгун ссунареб кьалги ахIун,

Бугъа гIадин, къеркьолев къоло щуго сон бана.

Кваркьи-милъир гьечIони, цIудуца чан чIваларо,

ЦIудуе куркьби гIадин, агIваналги рукIана.

ХIабибасул бол бетIер багьадур Халид гIадин,

Халкъалда цIар рагIарав ХIажимурад вукIана.

Алжаналъул тахида таги мун, ХIажимурад,

 Мун камидал гурони, капурлъи тIаде къачIо.

… Имам Шамилил шамлу шагьрабазда бикьарав,
ШаригIаталъул дугъал дияназулъ рорхарав,

Мугьажиразул бетIер, боязулги цевехъан

Ахъбердил МухIамадги вукIаравинха цо вас.

Накъира пун, къали чIван, къойилго тIаде гъолел

ТIавагъитазул бидулъ хвалчаби лъадарарал

Хириясул ГIалибег, дов Колоса Сурхайги

Кинал ратанайилан гьикъе АхIулгIохIалда.

РагIалда сангар бараб Сурхайил Щулияб гохI,

Сурхай, мун чIваралдаса чIегIер бараб бахъичIо.

Хунзахъа ГIалибегил бахIарчилъи бихьидал,

Бихьинасги цIуясги гIажаиблъи гьабуна.

ГIарадаялъ тIураб гъеж тIомода бан хутIидал,

Хвалчаца цояб квералъ, хIатIикье ккун, къотIана.

КIиябго гъеж гъуригIан гъазаваталъ чучичIев,

Чорхолъа рухI босзегIан хIал хисизе биччачIев

Щулалъул гохIил шагьид, Рихьуниса багьадур
Балал МухIамад анищ цо хвалченгун виччазе.

ГIашилтIаса Малачи, чармил ракI гъураб гъалбацI,

Чан капурчиясулдай дуца бетIер къотIараб?


Гьеб асаралда рехсон руго исламалъул ва Кавказалъул тарихалъулъе жидер цIарал арал, эркенлъиялъе ва диналъе гIоло рухIал ричарал бахIарзазул цIарал. Гьеб хIужаялъ жеги борхизабула рехсараб назмуялъул даража, литературияб гуребги, тарихиябгун документалияб асарлъун, заманаялъул нугIлъун гьабула гьеб къасидат.


Имам Шамилил шавкат кутакалда билълъана,

Щун бачIунеб гIор гIадин, гIажаибго бачIана.

Цо лъагIалида жаниб анцIго хъала бахъана,

БетIергьанас патхIу кьун, путухIатал лъугьана.

Рорхатал мугIрул гIадал, гIалимзаби рукIана,

ГIелму тагIаллумалъул таж ботIрода букIана.


Имаматалъул къуват бергьарал соназул хIакъалъулъ гьал тIадехун рехсарал мухъал хъван руго ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажияс. Киналго мукIураб хIакъикъат ккола Имаматалъул заманалда Кавказалда кутакалда гIелму цебетIун букIин. Шамил имамас кIудияб кIвар кьолаан цIиял гIелазда гIелму лъазабиялде. Академик ХIамзатил ХIажияс хасаб мажмугI хъвана Имаматалда адабият цIилъиялъул (ренессанс) хIакъалъулъ. Гьеб заманалда нилъер халкъалда жанир загьирлъарал гIалимзабазул ва шагIирзабазул кьерда мустахIикъаб бакI ккола ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажияс.


1826 соналда гьавурав МуртазагIали-хIажи къадаралде щвана 1925 соналда. Гьесда бихьана кIиго гIасру ва чанго батIияб гIуцIи, амма бищунго гьесие рекъолеб низам, гьайгьай, Имаматалъул букIана.


ЛъабцIул лъелго хIежги борхун буго МуртазагIали-хIажияс. Гьесда лъалаан  Шамил имамги, цоги машгьурал пачалихъиялгун гIелмиял хIаракатчагIиги. Гьесул гьудуллъи-гьалмагълъи букIана Инхоса ГIали-хIажиясулгун, Игьалиса Чупаласулгун, БакьайчIиса ЧIанкIалгун ва цогидалги гIалимзабазулгун ва шагIирзабазулгун. Агьлуялъ агьлу балагьула. «Ябуялъ – ябу, юргъаялъ – юргъа», – гьединаб аби буго магIарулазул.


«Адабияталъул сагIат: ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажи» абураб данделъиялда гьев гIалимасул ва шагIирасул рухIияб дунялалде дагьабго гордо къирана «Миллаталъ». Тавпикъ кьеги нилъее халкъалъул рухIияб хазина лъазе, цIунизе, гьеб байрахълъун кквезе. ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул ва цоги гIалимзабазул баракатги шапагIатги камугеги нилъее. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +108
  • Нравится
Оставить комментарий
Аллагь разилъаги нужедаса лъикӏаб хӏалтӏи гьабулеб буго.
Амин. Исламалъеги халкъалъеги хъулухъ гьабурал чIахIиял гIалимзаби ва шагIирзаби кIочене бегьуларо.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook