Авторизация

Сагъри кьодухъ гьабураб Гьима гIурухъ батулеб


МагIарул росаби


Сагъри кьодухъ гьабураб Гьима гIурухъ батулеб


Игьали росулъе ва гьеб росдал тарихалъулъе сапар


2017 соналъул 31 октябралда, гьаб анкьалъул талат къоялъ, щвана магIарулазул Игьали ва гьарадирил лъабабго росулъе. «Миллат» басма цIалулел магIарулазда лъала ниж халкъалда гъорлъ ругьунал, гIадамазухъе сапарал рухьулел, гьезул масъалаби, гIузраби, суалал рорхулел, гьел тIураялъе квербакъи гьабулел журналистал кколеллъи. «Миллаталъул» редколлегиялъ хIаракат бахъула жамгIиялги, маданиялги, тарихиялги, цогидал кIвар бугелщиналги суалал бегIерго газеталъул гьурмаздасан гьоркьор лъезе. Гьаб макъалаялда бицен гьабизе буго Игьали росулъ бугеб ахIвал-хIалалъул.


Исламалъе ва Кавказалъе гIоло рухIал кьуна


Игьали росдал администрациялда гъорлъе уна жибго Игьали, Кунзахъ, Лъанлъари ва ЦIаналъ росаби. ГIаммго гьел росабалъ гIумру гьабун буго ункъазаргогIан чияс. Гьеб ккола магIарулазул кIудиял жамагIатазул цояб ва Бакълъул мухъалда бищун кIудияб росу. Тарихалдаги кIудияб лъалкI тана игьилдерица. ГIарабазул сапарчагIазул ва тарихчагIазул хIалтIабазулъги ратула игьилдерил хIакъалъулъ мухъал. Масала, Ибн Рустаца хъвалеб буго VIII гIасруялдаго букIараб кIвар бугеб Аргъвани – Игьали – ТIануси  нухалъул хIакъалъулъ.


Шамил имамас 220 сон тIубалеб лъагIел кколелъул, Кавказалъул КIудияб рагъул заманалда ва Имамат гIуцIиялъулъ игьилдерица гьабураб гIахьаллъиялъулги рехсей гьабизе бокьун буго гьаб макъалаялда. Игьалиса КIудияв СагIид вукIана кавказиязул къеркьеялъул церехъабазул цояв. Имамлъун вищизе мустахIикъав вугилан, гьесул рахъккурал гIалимзабиги рукIун руго. Чачанлъиялда боял ракIарулаго, шагьидлъун вуго гьев. АнцI-анцI игьалисев шагьидлъана 1832 соналъул 17 октябралда Гендерил къварилъухъ ккараб рагъулъ, ГъазимухIаммад имамасда цадахъ. Гьединго исламалъе ва Кавказалъе гIоло рухIал кьуна игьилдерица 1839 соналда АхIулгохIдаги цоги гIемерал гъазаваталъул кьалазулъги. 1842 соналъул июналда Игьали росулъги ккана кIудияб рагъ. ЦохIо жиндицаго гIемерал тушбаби чIварав Игьалиса рагъухъанасул къиса хадуб Булач ХIажиевас тIехьалдаги бахъун букIана.


Имамат цIунун рагъ ккана машгьураб Сагъри кьодухъги. ГIор данде къараб бакI буго гьеб. Игьалисес абурал рагIаби руго: «Сагъри кьодухъ гьабураб Гьима гIурухъ батулеб», –  абураб, авар кицилъун лъугьараб каламги. Гьанже Сагъри кьода аскIоб буго чабах гъурулеб завод ва Хунзахъе бачараб газил рогIоро. Бакълъулазул гIарзал рукIуна, Хунзахъ, Болъихъ, ЦIумада мухъазде жидер районалдасан кIиго газил рогIоро лъуниги, жидее гьеб нигIмат хIалтIизабизе щвечIилан. Иццул кIалтIаги рукIун, къечон холезул мисал буго гьаб мухъалъул жамагIатазул.


169 игьалисев


Россиялъулгун Япониялъул рагъда гIахьаллъун вуго анкьго игьалисев. Гьеб росдал вакилзаби рагъана ТIоцебесеб дунялалъул кьалда ва граждан рагъул тунка-гIусиязда.


КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъана 169 игьалисев, гьезул 51 чи гурони тIадвуссинчIо. Мичуринил цIар бугеб колхозги букIана советияб заманалда гьеб росдал. Рана школал, участкаялъул больница ва цоги идарабазул минаби. ГIемерлъизаруна ахаз ккурал гектарал. КъанагIатал ва пайдаял пихъал рижула игьилдерил жаниблъиялда. Амма гьеб пихъ кьезе завод яги цех гьечIо районалда. Цо заманалда ЧIиркъатIа хIалтIулеб букIана консервабазул завод. Гьанже гьеб чIун буго, инвестициял абурал жал гьечIолъиялъ.

1972 соналда Игьалиб адабияталъул байрам букIана. ГIачIила байданалда гьабураб гьеб тадбиралда гIахьаллъана Расул ХIамзатов, Ян Френкель, ГIумар-хIажи Шахтаманов, Даку Асадулаев ва цоги машгьурал гIадамал.


Игьали буго гьединго шагIирзабазул, композиторазул ва кочIохъабазул рахъалъ кIудияб тарих бугеб росу. ЦIадаса ХIамзатица абулеб букIун буго ГIарашил ГIумар гIадав кочIохъан магIарулазул вахъинчIилан. Игьалиса (ЦIаналъа) ккола аваразул машгьурав кочIохъан Сайгидсалим Жамалудиновги.


Игьалиса Чупалав, чураги дур мунагьал…


 «Гумбет» басмаялъ бакълъулазул ракьалда 2017 сон рагIизабун буго гIалим, шагIир, гIакъил, философ Игьалиса Чупаласул лъагIеллъун. Исана гьес тIубала 140 сон. Россиялъул ГIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъ, «Гумбет» басмаялъул редакциялъ ва шагIирасул ирсилаз къватIибе биччазе хIадурулеб буго Игьалиса Чупаласул асаразул тIехь. Сиражудин ХIайбулаевас, МухIамад ХIамзаевас ва цоги машгьурал адабияталъул ва маданияталъул хIаракатчагIаз тIадегIанаб къимат кьуна Чупаласул асаразе. Бищун кIудияб хIурмат гьел назмабазул гьабуна халкъалъ, гIадамазда рекIехъе лъала ва, гIажам-тIахьаздасан цоцазде хъван, цIунана захIматал соназда гьесул асарал.


…ГьабсагIат Игьали росдал ругел суалазда гъорлъ руго гьекъолеб лъим гIунгутIи, пихъ кьезе бакI гьечIолъи, школалъул мина басралъун букIин ва цоги масъалаби. Ахал лъалъаялъеги гьеб суал тIаде кколел идарабаз кидаго гуро квербакъи гьабулеб.


Р.S.


Гьарадирил росабазул тарихалъул ва жакъасеб къоялъул хIакъалъулъ цIализе бегьула «Миллаталъул» хадусеб номералда.

ГIизудинил ХIамзат,

Игьали – МахIачхъала


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +42
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook