Авторизация

Узденал умумузул азарил сонил руссен


МагIарул росаби


Узденал умумузул азарил сонил руссен


Гьарадирихъ росдал тарих ва жакъасеб къо


«Миллаталъул» цебесеб номералда бицен гьабун букIана Игьалибе ва гьарадирил росабалъе бухьараб сапаралъул. Игьали росдал тарихалъул ва гьанжесеб хIалалъул къокъабго баян кьуна араб номералда. Гьаб нухалда нилъ руссунел руго гьарадирил росабазул араб ва жакъасеб тарихалъул къисматалде.


Сси бугел наслабазул меседил кверзул расен


Гьанжесел  Бакълъулазул, Хунзахъ ва Унсоколо мухъазул гIорхъоде ккола гьарадирил лъабабго росу. Инкъилаб ккаралдаса 1967 соналде щвезегIан гьарадирил росаби Хунзахъ районалда гъорлъ рукIана. 1967 соналдаса гьарал руго Бакълъул (Гумбет) районалда гъорлъ.

Ралъдал гьумералдаса 1700 - 1900 метралъ тIадегIан руго гьарадирил росаби, ТIохмугIрул расабалъазда, цIудул бусаби гIадин, рихьула гьел, Хунзахъ районалдасан ралагьани.


Аза-азар соназ цебего инсанас гIумру гьабулеб букIана гьарадирил ракьазда. 3-5-азарго соналъ цебе, мазгарул гIасрабазда, бараб хъалаялъул хутIелал ратана археологазда ТIохмугIрул рагIаллъуда. Гьединго Бакьулъ ва ТIаса Гьарадирихъ росабазда гьоркьоб, ЛъагIалила абураб гIатIилъуда руго тарихиял тIахьазде росарал, насраниязул ва бусурбан динал тIиритIилелде рукIарал хобал.

Жакъа «Сельсовет “Арадирихский”»  абураб  муниципалияб гIуцIиялда гъорлъе уна Гъоркьа Гьарадирихъ, Бакьулъ Гьарадирихъ ва ТIаса Гьарадирихъ росаби, гьединго ижараялъе хъутабазда хIалтIизарулел ругел ракьал. Гьарадирил хъутаби руго Гъизилюрт (Кучкар) ва Хасавюрт (Шпренгель) мухъазда. «Комминтерн» абун цIар букIараб колхоз гьанже сверизабун буго «Гьудуллъи» СПКялде. Гьарадирил къадар азаридасаги цIикIкIун буго жакъа.


ЧIикIаб росдал тарихалъул тIехьалда баянал руго Гьарадирихъа Жанмирзаги вукIанин гьеб росдае кьучI лъуразда гъоркьов. ЧIикIасез росдаца азарго сон тIубай кIодо гьабуна. Гьарадирил тарих жеги некIсияб букIин бихьулеб буго. Гьоркьохъел къарнабазда Хунзахъ цо хIукму къотIараб кагъаталда гъоркь гъулбасарал къадизабазда гъорлъ буго гIалимчи Гьарадирихъа Закарикал цIарги (1699 сон). Гьедин хъвалеб буго Тимур Айтберовас «Хунзахъ ва хунз» абураб тIехьалда.


Шамил имамасул наиб НургIали ва муридзаби


КIудияб Кавказалъул рагъда ва Имамат гIуцIиялъулъги жигараб гIахьаллъи гьабуна гьарадирица. Шамил имамасул кумекчи, гIалим ва тарихчи Къарахъа МухIамадтIагьирица хъвараб «Шамил имамасул цо-цо рагъазулъ дагъистаниязул хвалчабазул паркъи» абураб мажмугIалда АхIулгохIда шагьидлъаразда гьоркьор рехсон вуго Гьарадирихъа Уцав. Гьединго АхIулгохIил гъазизабазда гъорлъ тарихчияс бицен гьабун буго Гьарадирихъа рагъухъабазулги: «Шоботив Шамил имамасда цадахъ вукIана микьго мурид. Гьезда гъорлъ рукIана: имамасул божарав чи ЧIикIаса Юнус, гьесул кумекчи СалихI, лъукъарав Худанатил МухIамад, ГьоцIалъа Билал, ГьоцIалъа Гьимат, лъукъарав Гьарадирихъа НургIали, Гьарадирихъа МуртазагIали ва лъукъарав Балахьуниса Муса».


Хадубги Къарахъа МухIамадтIагьирица хъвалеб буго: «Шамил имамасул вагIза-насихIаталъухъ гIенеккизе рачIине лъугьана Шоботи росдал гIадамал. Гьениве вачIана Гьарадирихъа МухIуги. Цо росдае имамлъи гьабизе тIадкъана Шамил имамас гьесда».


МагIарулазул хъвадарухъан МухIамад ХIамзаевас хъвараб «Имам Шамил» абураб тIехьалда «Шамил имамасул машгьурал наибзаби» абураб бутIаялда рехсон буго Гьарадирихъа НургIалил цIарги:


«Гьарадирихъа НургIали. Гьев вукIана Шамилида цадахъ АхIулгохIдаса Чачаналъе аразда гъорлъ. БахIарчияв, ритIухъав ва гIадамазда гьоркьоб къимат бугев чи вукIана НургIали. Имамас гьев ТIадбуртиялъ, цинги Шоботив наиблъун тIамуна. Шамилие мутIигIав ва гьесие хирияв чи вукIана НургIали».


Гьенир авторас эпиграфалъе росун руго Игьалиса Чупаласул мухъал:


Нилъер нус-нус чиясул чухъа жидер багьаял

Чанги багьадур чIвана, Дагъистан цIунулаго…


ЦIа гIадал шагьидазул шапагIат камугеги


Гьарадирил гIолохъабаз хадуб гIахьаллъи гьабуна япониязулгун ккараб рагъдаги, инкъилабалдаги, КIудияб ВатIанияб рагъдаги. Граждан рагъул заманалда гIемерисел гьарал большевиказда данде рагъулезда гъорлъ рукIана. Гьаб макъалаялъул авторлъун кколев дир кIудаэбелалъул эмен Инусил СагIадулагь вукъун вуго Гъоркьа Инхо росдал хабалалъ, гьев шагьидлъана (иншааллагь) исламияб диналъе гIоло. Гьединго ТIануси ккараб рагъда шагьидлъана (иншааллагь) дир эбелалъул инсул эмен, Гъоркьа Гьарадирихъа Тарихилазул МухIамад. Гьев вукъун вуго тIанусдерил кьурабалъ.


«Бидулал» абураб асаралда гьадин хъван букIана дица:


Дир кIодол дада чIвана

Бидул кьерал хъачагъаз.

Дир кIодол даци чIвана

Долго бидулал квераз.


Дир кIодо доб мехалда

КIодо гуро йикIарай –

КIалъазе ругьунлъулеб,

Ункъо сон бараб рижи…


Жакъа къисматалъ кьураб

Ункъоялда анцIилъги

Щакъраххуна дир кIодо:

«Дада, дада», - ян абун.


Бицуна жий йикIанин

Дадай бищун хирияй.

«Мун лъил яс?» - ин цIехедал,

«Дадал», - букIанин жаваб.


Бицуна, бидул кьераз

Бица ххуларав дацил

Михъал хутIун рукъинчIин,

Ццидалъ гIемер рукъиялъ.


Къисматалъ еэдичIо

Эмен чIварай бесдалай,

СССРалъ хьихьичIо

ИмгIал чIварай ятимай.


Дир кIудадал дадаги

Долго бидулаз чIвана,

Доз, расги гурхIичIого,

Бесдал гьабуна лъимер.


Гьедин хвана умумул,

Исламгун ватIан цIунун,

 ЦIа гIадал шагьидазул

ШапагIат камугеги.


Граждан рагъдаса хадуб гьарадирил росабалъги байбихьана коллективизация абураб жо. ГIадамазухъа жидер хIалалаб магIишат бахъана ва колхоз гIуцана. «Кулакал» абун, щибго гIайиб гьечIел гIадамазе гIакъуба кьуна.


ХIамзатил Расул Гьарадирихъ гьавуна


1922-1923 соназда Гьарадирихъ дибирлъи гьабуна ЦIадаса ХIамзатица. Гьенив гьавуна Расул ХIамзатовги. 2008 соналда къватIибе биччараб ЦIадаса ХIамзатил асаразул анлъабилеб томалда гIатIидго хъван буго магIарулазул машгьураб гьеб хъизаналъул Бакьулъ Гьарадирихъ букIараб гIумру-яшавалъулъ хIакъалъулъ. ХIамзатил Расулицаги, ХIажиясги, гьезул хъизаналъул цогидазги тасдикъ гьабулаан Расул Бакьулъ Гьарадирихъ гьавиялъул хIужа. Гьеб тема цоги макъалабаздаги хъван букIиндал, жакъа халат гьабулеб гьечIо.

КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъана 71 гьарадирихъев, гьезул 42 тIадвуссинчIо.


Депортация ва росаби цIигьари


1944 соналда Гъоркьа ва ТIаса Гьарадирихъ росабазул гIадамал Чачанлъиялде гочинаруна. Гьеб депортациялъул хIасилалда, батIи-батIиял унтабаз кIвекIун, къадаралде щвана гIемерал гьарал. Гьезда гъорлъ йиго гьаб макъалаялъул авторасул кIудияв инсул эбел Таибатги. Гьарал гочинаруна Саясан мухъалде, Бас-Гордали росулъе. Хадуб гьеб районалде ДАССРалъул Рилъаб мухъилан цIар хисана ва Бас-Гордали росдаде Гьарадирихъ абун цIар тана. Амма 1957 соналда нахъеги рукIел биххизабуна гьарадирил. Гьезул гIемерисел умумузул росабалъе гочана, чанги хъизанал гIатIиракьалда, шагьараздаги чIана.


Гьарадирихъ байбихьул школа рагьана 1927 соналда, 1979 соналда гьеб сверизабуна гьоркьохъеб школалде. ГIемерал соназ школалъе директорлъи гьабуна ХIасан Ибрагьимовас (1968-1979 сс.) ва ПатIимат МухIамаднабиевалъ (1991-2013 сс.). ГьабсагIат школалъул директор ккола ХIассан ГIалихIажиев.


Гьарадирихъа рахъана машгьурал гIалимзабиги: лъелго хIеж борхарав КIудияв Инус-хIажи, КъурамухIамадил ГIизудин, ГIусманил Хъазами, ХIажимухIамадил Салман-хIажи ва цогидалги. Бакьулъ Гьарадирихъ бугеб, советияб заманалдаги цIунун хутIараб бекIкIараб ганчIил мажгит бана ГIумарил НурмухIамадица (Ханикалас) (1882-1960). Дагъистаналъул цоги росабалъги ран руго гьев устарас мажгитал.

Машгьурал гьарадирида гъорлъ рехсезе бегьула: кочIохъаби Шигьабудин ХIасанов (1893-1974), МухIумагIали НургIалиев, Пайзуллагь ГъазимухIамадов (1915-1993), гамихъан ГIумардада ХIажидадаев (1932-1969), летчик МухIамад Хъазанбиев (1931), шагIирзаби ГIабдулпатахI Ибрагьимов (1924-1998), Юсуп МухIамадов (1934) ва гь.ц.


Жакъа гьарадерил руго цоги магIарул росабазего хасиятал гIузраби: росабалъа къватIире гIумру гьабизе рахъунел гIадамал цIикIкIунел руго, хурзал чIунтулел ва минаби чIвадназде сверулел руго. Амма умумузул ракьалде рокьи бугел гIадамалги камулел гьечIо: гьез чIунтарал ригьзал цIигьарулел руго, росдае шагьаралъул низамалда щибаб минаялъубе лъим букIинабизе, хIавуз бана ва цоги хIалтIаби гьарулел руго. Аллагьас гьабураб, гьабулеб бугеб ва гьабизе ракIалде ккараб лъикIаб ишалда баракат лъеги. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +49
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook