Авторизация

Кьолбол мугьру


 

Къалам, дуца щуре щакъиялдехун


Кьолбол мугьру


Фазу ГIалиевалъул цIар кьуна МахIачхъалаялъул Гьудуллъиялъул паркалъе


2017 соналъул 11 декабралда Дагъистаналда кIодо гьабуна машгьурай шагIир, хъвадарухъан, публицист, жамгIияй хIаракатчIужу, инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул вакил, Дунялалъул ракълил комитеталъул Дагъистаналъул отделениялъул нухмалъулей, улкаялъулги халкъалда гьоркьоселги премиязул лауреат Фазу ГIалиевалъ 85 сон тIубай.


 «Дица дур рухIалъе битIулеб буго…»


11 декабралъул радал Фазу ГIалиевалъул асарал цIалулел ва гьелъул гIага-божарал гIадамал щвана МахIачхъалаялъул МухIамад Танкаевасул цIар кьураб къотIноб бугеб гьелъул хабатIе. Гьабуна гьениб дугIа-алхIам. Хадуб, къаденахъе, 15.00 заманалда Дагъистаналъул нухмалъулел, Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса гьалбал ва Фазул асаразул асирал ракIарана шагIиралъул цIар Гьудуллъиялъул ахалъе, сквералъе кьолеб дандеруссиналде.


ШагIиралъул хIакъалъулъ лъикIал, мустахIикъал рагIаби абуна Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуразарулев Владимир Васильевас, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул секретарь, «Московский литератор» газеталъул бетIерав редактор Иван Голубничияс, хъвадарухъаналъул вас, Дагъистаналъул «Лезгинка» ансамблялъул нухмалъулев Жамбулат МухIамадовас, МахIачхъалаялъул мэр Муса Мусаевас ва цогидазги.


Дагъистаналдасан баккула бакъ…


Хадуб, 16.00 заманалда, Максим Горькиясул цIар лъураб ГIурус театралда МахIачхъалаялда тIобитIана Фазу ГIалиевалъ 85 сон тIубаялда хурхун, литературияб данделъи.


Россиялъул Федерациялъул Советалъул нухмалъулей Валентина Матвиенкоца, Фазу ГIалиевалъул юбилей баркун, бачIараб телеграмма цIалана Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер Камил Давдиевас. Хъвадарухъаналъул асаразул ва жамгIияб хIаракаталъул бицун, калам гьабуна Дагъистаналъул вице-премьерасул ишал тIуразарулев Анатолий Карибовас. Гьединго шагIиралъул хIакъалъулъ рекIелъе бортулеб куцалда кIалъаял гьаруна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас, Чачан Республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв хъвадарухъан Канта Ибрагьимовас, Хунзахъ мухъалъул бетIер СагIид Юсуповас, Фазу ГIалиевалъул вас МахIач МухIамадовас ва цогидазги.


Канта Ибрагьимовас абуна жидеца сундасанго дагъистанияздаса ва Дагъистаналдаса мисал босулилан, бакъги Чачанлъиялде Дагъистаналдасан баккулилан. Халкъазул гьоркьорлъаби лъикIлъизариялде, адабияталъул ва маданияталъул хIаракатчагIазги миллатазда гьоркьор цоцазул адаб-хIурмат цIунарал хурхенал рукIинариялде буссараб калам букIана Канта Ибрагьимовасул.

Фазу ГIалиева дунялалдаго машгьурлъана  «ГанчIида накъищал», «АнцIила микьабилеб их», «Ракьул гIерекъ гьороца босун унаро», «Кьолбол мугьру», «ХъахIилаб цIад» ва цогидалги тIахьаздалъун ва асараздалъун. Ракълил идараялъул вакил хIисабалдаги, жамгIияй хIаракатчIужу ва инсанасул ихтиярал цIунулей гIадан хIисабалдаги, гIемерал батIи-батIиял континентазде ва улкабазде щвана гьей, махлукъаталъулго масъалаби, гIурзаби, суалал рорхун руго гьелъул асаразда жанир.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +44
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook