Авторизация

АхIулгохIда аскIоб нухде кьуру тIуна

МагIарухъе нухал


АхIулгохIда аскIоб нухде кьуру тIуна


Кьварарал шартIазда


2018 соналъул 17-абилеб январалда цIидасанги АхIулгохIда аскIоб республикаялъул кIваралъул шагьранухде кьуру тIуна ва чанго сагIаталъ нух къан букIана. Нусазаридасаги цIикIкIун чияс гIумру гьабулеб магIарул 6-7 районалде хьвадулеб гьеб нухалъул кIудияб хIажалъи ва магIна буго. Амма, гьеб нух бахъулаго, гьенибе биччараб гIарац пачалихъиял хъулухъчагIаз къанцIон, букIине кколеб куцалда, инсанасе хIинкъи гьечIеб хIалалда гьеб шагьра гьабун гьечIилан абулел цIех-рехчагIиги руго.


Шагьидзабазул мегIер


АхIулгохIалдасан бахъараб шагьранухалда тIасан анцI-анцI соназ бахIсал унел руго магIарулазда гьоркьорги. Араб гIасруялда, XX къарнуялдаго рукIана, гьеб нух бахъизе бегьулилан цоял, бегьуларилан цогидал, гьеб хIажат бугин лъабабилел, къваригIунго гьечIин ункъабилел хъвадарулел, пикраби загьир гьарулел. Ахирги нилъер халкъалъул машгьурал ва гIелму-лъай гъваридал гIемерисел гIалимзабаз изну, патва кьуна гьенисан нух бахъизе. АхIулгохI кидаго букIана ва хутIила магIарулазе, бусурбабазе, миллатцоязегун динцоязе мукъадисаб, тIадегIанаб  бакIлъун. Гьединлъидалин гьеб мегIер, гьеб шагьидзабазул гIаммаб хоб ва гьезие алжаналде бугеб рагьу кидаго кIудияб хIурматалда рехсолеб ва гьенире зияратал гьарулел.


Аслияб суал букIана гьединаб мукъадисаб ракьалда квербагъари гьабизе бегьиладай, гьениб ракь бухъизе, кьураби кьвагьизе, нух лъезе, тоннель бахъизе рекъараб бугодаян абураб. ЧIахIиял гIалимзабаз гьеб иш бегьизабуна. Гьедин нух бахъидал, аза-азар гIадамазе АхIулгохIил ахаде зияраталъ хьвадизе, гьенисан унаго, «ПатихIа» рехизе санагIалъиги ресги ккана.


АхIулгохIдасан бахъараб нухлул магIишатияб рахъ


Лъиениги балъголъи кколаро, гьаб инсаният бижаралдаса, чIахIиял нухал ругел бакIазда росабигун шагьарал гIун рачIин, гьелъ гIадамазул магIишат, даран-базар борхизаби. Гьедин живго Рекъав Тимурицацин чабхъенал гьаруна, КIудияб Чиллаялъул (Дарайдул) нухалда тIад кверщел гьабизелъун. Римазул империялъул кьучI букIана, гIурул ханаз ва ганчIаз бокьараб, гIатIидаб нух.


АхIулгохIдасан нух бахъиялда данде чIун рукIана, гьенисан аза-азар чи хьвадани, жидер тукаби ва ашбазал чIорого хутIизе ругилан ракIалде ккарал, Унсоколо районалъул цо-цо росабазул гIадамал. Амма щивав чи, ТIадегIанав Аллагьас рикъзиги кьун, вижун вуго. Гьединал базаргабаздаги ратана нухлул рагIалде лъугьине ва даран-базар гьабизе санагIат. БацIцIадаб даран гьаби ккола нилъер исламияб диналъги беццулеб гIамал. Нухда ралел тукабазги кваналел бакIазги сапарчагIазулги гьел бакIазул бетIергьабазулги къваригIелал тIурала. Амма, даран сабаблъун, къокъаб ва битIараб нух хIажалъуларилан аби кинго гIакълуялъ босуларо. Гьанжеги харбал раккун руго, АхIулгохIдасан бугеб шагьра квешаб букIиналда бан, республикаялъулаб нух ГIашилтIасан, цебего букIараб бакIалдасан бищизе кколилан. Гьеб ГIашилтIасан бугеб нух кколаха цIакъго эхетараб, хасало цIер ва гIазу къалеб, нус-нус машина хъещтIон, гьезул читIирал лъугьунеб шагьра. Рес гьечIодай, гьалгощинал миллиардалги хвезарун, хъилги тIун, АхIулгохIдасан бахъараб нух жеги хIинкъи гьечIеблъун ва щулияблъун гьабизе? Гьенире тIаде гъенолел кьураби жеги кьвагьизарун, гъаларал ганчIал ва тIалаби течIого, хIалтIи гьабизе рес буго. Бокьани, гIоралги нахъруссинарун, чIахIиял ГЭСал гьаризе ва хIорал къазецин кIола гьаб пачалихъалда. Бикъулеб жо дагьлъулебани, гIемерал суалал тIуразе бажарилаан.


ЦIумадаса Шарой районалъул Кванхи росулъе – шагьранух


Гьаб анкьалда «Миллаталъул» редакциялъулгун бухьен ккуна Чачан Республикаялъул Шарой мухъалда бугеб магIарулазул Кванхи росулъа цо-цо хIаракатчагIаз. Гьез борхулеб буго ЦIумада районалдасан гьеб Кванхи росулъе транспорт хьвадулеб шагьранух бахъизе ккеялъул суал.


Гьеб росдал агьлуялъул гьари бугоан магIарулазул рагIи билълъарал гIадамаздехун, политик Сайгидпаша ГIумахановасдехун, ЦIумада районалъул нухмалъиялдехун, магIарул журналистаздехун, жидер гьеб масъала тIубаялъе квербакъеян.

ЦIумадаса Кванхибе шагьранух бахъани, Агъвалире базаралде хьвадизеги, гьенир ругел гIага-божаразухъе щвезеги рес букIинилан абулеб буго жидерго хитIабалда кванхисез.


«Чачаназул тIалъиялъул вакилзабазе бокьун букIана нижер Кванхи росдал школалдаги миллияб мацI хIисабалда чачан мацI малъизе, нужер жидерго мацI бугин, нуж аварал кколарилан, билълъанхъизабулеб политика букIана гьеб. ЖамгIияв хIаракатчи Рамазан Жалалдиновас улкаялъул президент Владимир Путинихъе хитIабал гьаридал, хIалгьабун чачан мацI школалда малъи жибго тана бакIалъул тIадчагIаз. ЦIумадехун машинадул нух бахъани, магIарулаздехун жеги рокьигун хинлъи цIикIкIина, нилъер халкъалда гъорлъе журала, росабазда гьоркьосел ригьнал лъугьина, цIумадисезул росабалъ нижер гIагарлъи жеги цIикIкIина. ГьабсагIатин абуни ассимиляция буго Кванхи росулъ. Чачан миллаталъул руччаби рачунел руго, гьезул гIолохъабазе ясал ригьнаде кьолел руго, гьел хъизанал чачанлъулел руго, халкъалдаса тIолел руго. 70-80 соналдасан гIемерисел кванхисел чачаназде сверизе гурилан борхулеб суал буго гьаб. Нилъерго кьалбал, халкъ ва мацI тIагIин кутакаб балагь ккола. КIудияб гьари буго нижер къисматалде ва гьаб борхулеб суалалде кIвар кьечIого тогеян», – гьедин лъугIизабулеб буго кванхисез жидерго хитIаб.


Кванхисезул ракIал рохулеб жаваб гьабизе тавпикь кьеги магIарулазул ва Дагъистаналъул жавабиял гIадамазе.


 Бузнасан нух цIигьабулеб буго


Дагьал церегIан къояз «Миллат» басмаялъул хIалтIухъаби щун рукIана нилъер умумуз XX гIасруялъул авалалда бахъун букIараб Бузнасан нух XXI къарнуялда, ЧIикIаб ралъдал рагIал чIван, цIигьабулеб бакIалде, гьеб баракатаб ишалде гъорлъе лъугьарал хIалтIухъабазухъе щвезе, гьезул ахIвал-хIал лъазабизе.


 Гьеб нухлул хIалтIаби гьаризе пикру ккарав ва гьеб иш тIаде босарав Болъихъа бакIал ралев чи МухIамадкамил Дибировас абулеб буго гьеб хIалтIул цIикIкIараб бутIа гьабун бахъун бугилан, амма гьеб шагьра лъугIизабизе гIадамазул кумек хIажат бугин жегиги.


Къокъабги санагIатабги нух кколин гьебилан баян гьабулеб буго махщалилаз, цIех-рехчагIаз. «Миллаталъ» гьеб нухда МухIамадкамил Дибировасулгун гьабураб гара-чIвариялъухъ ралагьизе бегьула «Ютуб» видеохостингалда редакциялъул  гьумералда:

 

https://www.youtube.com/watch?v=sacY5wamLlA 


Аллагьас киназулго нухал ритIаги! Нагагьаб балагьаздаса цIунун таги! Амин!


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +29
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook