Авторизация

Бакълъулазул басма: 2017 соналъул хIасилал

Бакълъулазул басма: 2017 соналъул хIасилал


Бакълъулазул басмаялъ, цересел соназдаго гIадин, 2017 соналдаги жигараб хIалтIи гьабуна магIарул мацIги, цIарги, адабиятги, маданиятги, хасиятги цIуниялъе ва цIиял наслабахъе кьеялъе.


2017 соналда бакълъулазул басмаялъ 65 тIубаялде гьабуна МагIарул мацIалъулги, адабияталъулги, маданияталъулги фестиваль.

Шамил имамас 220 сон тIубаялде бакълъулазул росабалъе Авар басмабазул цолъиялъ бухьана сапар, гьабуна пресс-тур, рахъана макъалаби, рорхана кIвар бугел суалал.


Бакълъулазул басмаялъул цадахъал проектал руго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъулгун, МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъулгун, Авар басмабазул цолъиялъулгун, МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъулгун, «Миллат» басмаялъулгун ва цоги идарабазулгун.


2017 соналъул маялда нижеца кьучI тIамуна «Миллат» басмагун цадахъ гьабулеб «Адабияталъул сагIат» абураб проекталъе. Гьеб моцIалдаса бахъараб къватIире риччана аваразул шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул хIакъалъулъ телеочеркал. Гьоркьоб лъуна Инхоса ГIали-хIажиясул, Игьалиса Чупаласул, ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул, ХъахIабросулъа МахIмудил, ЦIадаса ХIамзатил, Расул ХIамзатовасул, Муса МухIамадовасул, Фазу ГIалиевалъул, Машидат Гъайирбеговалъул, ГIабасил МухIамадил рухIияб, литературияб ирс.

Гьединго «Миллат» басмагун цадахъ нижеца гIумруялде рахъинарулел руго «МагIарул росаби», «МагIарухъе нухал» ва цогидалги халкъалъе пайдаял проектал.


2017 соналда ниж гIахьаллъана Москваялдаги, Пятигорскалдаги, МахIачхъалаялдаги, цоги бакIаздаги тIоритIарал литературиял ва жамгIиял тадбиразда. Бакълъулазул авторазул асарал рахъана улкаялъул батIи-батIиял журналазда ва газетазда.


Васас эбел чIвараб рукълъун бихьула

Рахьдал мацI кIочараб Дагъистан дида.

Чохьол эбел чIварав васлъун бихьула

Инсул мацI лъалареб цIияб гIел дида.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +51
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook