Дагъистаналъул тарихалда киданиги цебехун букIинчIеб спортивияб лъугьа-бахъин байбихьулеб буго гьал къоязда. Каспийскиялда ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорталъул кIалгIаялъуб рагьулеб буго эркенабги, эркенаб гуребги, руччабазулги, бихьиназулги гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат.
Дагъистаналдаса бихьиназул гьенив гIахьаллъулев вуго 7 речIчIухъан. Гьездаса лъабгояв вуго магIарулав: Заур Угуев, МухIамад КъурбангIалиев ва ГIабдулрашид СагIадулаев. Руго жеги магIарулал батIиял улкабаздаса цере рахъунелги. Масала, Азербайжаналъул тIаса бищараб командаялъул капитан вуго классикияб гугариялъул рахъалъ Дунялалъул ва Европаялъул чемпион, Олимпиадаялъул призер Расул Чунаев. Гьезулго командаялдаса гугаризе вуго Мазгарул призер ва Олимпиялъул чемпион Шарип Шарипов. Белоруссиялдаса цеве вахъине вуго ГIали ШагIбанов.
ХIасил калам, батIи-батIиял улкабаздаса гIемерал магIарулал къеркьезе руго Европаялъул чемпионасул цIаралъе гIоло. Гьал дир мухъалги цIалун, чанги магIарулас хIисаб гьабун батила, щай гьаниб хас гьабун магIарулазул бицунеб бугеб, киналго миллатал рехсечIого абун.
МагIарулазул аби буго, щибго гIилла гьечIого гIучIги багъаруларин абураб. Гьеб гIадада гьабулеб жо гуро. Щайгурелъул дие хутIарал миллатазул кIудияб ургъел гьечIого. Ургъел букIунгутIизе гIиллаги буго. Дагьаб цебегIан Россиялъул спорталъул тарихалда тIоцебе Америкаялда UFC-иялъул рачел босана магIарулав ХIабиб НурмухIамадовас. Дида магIарулал гурони, Дагъистаналъул социалиял гьиназул сегменталда гьеб роххел загьир гьабун пост хъварав цониги батIияб миллаталъул чи вихьичIо.
Гьесда бергьенлъи баркулезги критика гьабуна, В. Путинида бергьенлъи щайила баркараб абун. Гьеб буго инжитаб, гIисинаб жахIдаялъул гIаламат. ЦохIо магIарулал лъугьун руго кIудиял «интернационалистал», кигIан каканиги гьебги хIехьолел, тIаде жоялъе нилъеца нилъедаго тIасан мацIал гьарунцин хъвадарулел.
Гьелъие цо мисал:
Араб рузман къоялъ къватIибе бачIараб «Республика» газеталда Б.Узунаев абурав цо вахьнаяс гъегъ балеб буго аваразде ва ХIабиб НурмухIамадовасде. ХIабибидаса гьанже политик гьавизе вугила, депутатлъун вищизе вугила авараз, гьединаб хасият хутIарал миллатазул гьечIила, аваразул гурони. Чармил хIобода хIедул гулби речIчIулев гьев лъарагIазул «бахIарчияс» хIисабалде босулеб гьечIо ХIабиб НурмухIамадовасул дунялалда гIужилал квералги, камилаб лагаги, къвакIараб, хIинкъи лъалареб ракIги бугебго гIадин, роцIцIараб, гIакъилаб бетIер ва лъикIаб лъай букIинги. ГIумру чед кьуразе кьурдухъанлъи гьабун арав «интеллигент» Узунаевасдаса ХIабиб НурмухIамадовас лъикI ингилис мацI бицунеблъиги, кIалдиса унеб калам гIакъилаб букIинги, гIакълуялъ ва лъаялъ нахъе ккарав гьечIолъиги.
Жакъа НурмухIамадов вуго дунялалда бищунго машгьурав дагъистанияв. Гьев вихьизавичIого, цIа батаралъуве кIкIвелун, кIкIуй батаралъуве гьелун, гьерсида жубан миллатчилъи бикьулев Узунаевищ вихьизавизе кколев парламенталде? Щай гьединаб инжитаб жо хъвараб гьес?
ЦохIо гIиллаялъ. ХIабиб НурмухIамадов аварав вукIун. Гьеб бахчулебги гьечIо. ТIадежоялъе хъвалеб буго 2008 абилеб соналъ Олимпиадаялдаса вуссунев Бахтияр АхIмадов абурав лъарагIазул речIчIухъанасда дандчIвазе вачIинчIила МухIу ГIалиев, гьев лъарагIав вукIун. Бахтияр гьениса вуссарабго Олимпиялъул чемпионги вукIинчIо, гьесие меседил медаль кьуна Олимпиада лъугIун лъабго соналдасан, гьесдаса бергьарав Артур Таймазовасул кинабалиго гьукъараб препарат батанин бидул анализазулъ абун. Живго Таймазовасдаса лъарагIазул бахIарчи Бахтияр цониги нухалда халкъазда гьоркьосеб гугариялъул дандчIваялда бергьинчIо.
Гьеле гьев щакав чемпион хас гьавун кIодо гьавизе кколев вукIун рагIула МухIуца, гьев лъарагIав вукIун. Дагъистаналъул спорталъул тарихалда тIоцебе кIицIул Олимпиялъул медаль босарав Мавлет Батировги рикIкIинчIого, лъабцIул босарав Бувайсар Сайтиевги хIачIого, меседцин щвечIев лъарагIав дандчIвазе кколев вукIун вуго МухIуца. Гьеб бугила аваразул миллатчилъи. Дида гьаб чIанда мекъи бугин хъварав я цониги аварав, я цониги лъарагIав, яги батIияб миллаталъул чи вихьичIо. Гьаб дица хъвалеб жоги босун багу-чIамалазул къвачIил гьардухъабаздаса рахъарал, бетIер кьурарав гIахьваласде гIунтIун миллаталъул хиянатчаг1иги, гIабдалзабиги рекеризе руго «Миллаталдаса» гIарз гьабизе, гьаниб миллатчилъи бугин.
Дие гьезул гIарзазул ГъалбацIовас абухъе, ХъахIабросулъа МахIмудие косинусалъулгIанги ургъел гьечIо. Бокьани, цадахъги босун жидер инсул хабада ц1але абе, рукъ-рукъалде хьвадун ц1алун, маг1ирукъ лъе абе. Гьеб буго гьезул иш. Нилъеца бергьенлъаби росизеги руго, гьеб бергьенлъиялъе киг1ан бокьич1ониги хъат ч1вазе хут1аралги т1амизе руго, Аллагьас риччани.
Гьеди-гьединал жалаз т1амуна дун аваразул гурони, бергьенлъабазул ургъел гьабичIого тезе. ХутIаразул ургъел гьабулел «интернационалистал» ругелъул нилъер хIарщ гIадин. Нилъеца ургъел гьабизе кколеб буго жал бергьун узунаевазда чIегIер базабулел аваразул речIчIухъабазул.
Лъалеб букIахъе, дунялалда бищунго къуватаб эркенаб гугариялъул школаги бугеб, халкъалда гьоркьоб бищунго машгьураб спорталъул тайпа гугариги бугеб бакI буго Дагъистан.
Гугари байбихьилелде моцIалъ цебего 5 азарго чи жанив унеб Спорталъул КIалгIаялъур билетал дагьал жал гурони хутIун гьечIоан. Жакъа Дагъистаналда киназдего гIагарун спорталъул залал цIун руго квер жубараб рагъул, дзюдоялъул, самбоялъул, хасго эркенаб гугариялъе ругьун гьарулел гIолилаца. Дагъистаналда гугариялъул рахъалъ чемпион абурав чи цохIо гугариялъул чемпион гурев, цIикIкIараб къадруялъул чи ккола. Хасго гьеб щулалъана басриябги биххараб, цIиябги гIуцIичIеб 90 абилел соназда. Республикаялъул тIалъиялда киназдего гIагарун тахбакIал ккун рукIана гIундул рекарал гIадамаца. Гьел рукIана ва руго министраллъун, депутаталлъун, шагьаразул ва районазул бутIруллъун.
Гьелъие цойги мисал:
МухIамадгIалица цIакъ кIодо гьаруна речIчухъабиги, бокьараб бакIалда бахъун таманча кьвагьизе кIолел чагIиги. МухIулги гьезда дагIба букIинчIо, гьесги тана гьел хъулухъазда. ХIатта, жив философ вугин чIарав ГIабдулатIиповасги цIакъ кIодо гьаруна гIундул рекарал гIадамал. Цониги гьес мандат кьурав шахматист, яги гIелмуялъулгун культураялъул чиго лъаларо дида. Гьесул заманалдагицин бищунго мухIканаб социалияб лифт (хъулухъалъ тIаде унеб къагIида) букIана гугари. Гьеб киналъго гъуна гIолохъаби спортзалазде, библиотека гьикъулев чи къанагIат гурони ватуларо.
Амма гьабсагIаталда тIалъиялде рачIарал гIурусазги хъазан-татаразги дагьаб иш хисизабизехъин гIадинаб жо буго. Азие ишги лъалел, малълъарабги гьабулел технарал къваригIун рагIула, реч1ч1ухъабигун крутоял гурел. Гьеб лъикIищ нилъее квешищали лъаларо, амма иш гьедин буго.
Дида божулел ратичIони, хIукуматалъул председатель А. Здуновас 2018 абилеб соналъул 19 абилеб апрелалда №73 бахъараб хIукму цIале Дагъистаналда татаразул байрам Сабантуй гьабизе кколин. Гьеб буго нилъ ине кколеб нух бихьизабулеб г1адаб г1аламат.
Щакаб жо буго сабантуязул хIукмабазда ва цIиял политикиял тIалабал цере лъун хадур жакъасеб нухмалъиялъ лъидасаялиго чамалиго балл босанилан ц1иял г1олилазе депутатлъи яги министерлъи кьей, микьго бак1алдаса гьесул г1ин бекун бугониги.
Амма эркенаб гугари Дагъистаналда букIине буго халкъалда гьоркьоб къиматалда бугеб спорталъул тайпалъун. Кин бугониги, речIчIухъанлъиги, къеркьохъанлъиги буго щулияб кверги, чармилаб ракIги, дандиясда къуркьизабизе кIолареб бихьинчилъиги чорхолъ бугел васазул иш. Гьелъие нилъ, аварал, Кавказалдаго цере рукIана кидаго ва жакъаги руго. Аллагьас иргадулаб Европаялъул чемпионатги аваразе бергьенлъабиги росун бачIараб батайги. Нилъ рокьуларезул бокьобе гIазуги байги, гIадатIе гъегъги байги, иргадулал аваразул бергьенлъабаца татуги хвезабеги.
Хабарал лъикIал рагIайги киналго магIарулазда.
Суратал: www. kaspeuro2018.ru сайталдаса
Автор: МухIамад БисавгIалиев
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала