Авторизация

Беццаб бадисаги магIу баккила


Пикру


Беццаб бадисаги магIу баккила


Гьогьомизе гъоркь чIараб гъветIалъул рагIад буго…


… «Миллат» казияталъул иргадулай редактор, магIарул халкъалъул саламатай яс Баху МухIидиновалъ ругьел бачIана иргадулаб номералъе макъала хъваларищилан… ЧIахIи-чIахIиял темаби рорхизе заманги гьечIо… Гьанир херхунел руго цо-цо гIумруялдаса росарал лъугьа-бахъинал ва хIисабал…


Инсан чIаго вугебгIан мехалъ гьабуни лъикIаб букIуна гьесул адаб-хъатир, хIурмат… Чангиял ругьунлъун руго, чIаго рукIаго, цоцазул би цIцIузе, цоцазул гьан кваназе… Жиндир бакIалда махщелчи гьечIолъиги буго кутакаб балагь. Гьелъ нахъе ккезабулеб буго улка…

Гьал къоязда диргун лъай-хъвай ккарав чи Аллагьас ахIун ана. КIиго къоялъ гурони ниж цоцазда лъалароан. КIиабилеб къоялда гьес нилъ тана… Аллагьас ахират лъикIаб кьун батаги, мунагьал чураги…


Гьев чиясул сипат-сурат хутIана дир рекIелъ… ТIубан берзул канлъи ун букIана гьесул. Амма бергьун гвангъараб рекIел канлъи бугоан, гьесдасан бачIунеб… Гьес бицунеб букIана диналъул, исламалъул бахIарзазул… Гьесул беццаб бадисан магIу бачIунеб букIана, Дагъистаналда ахирал соназда камурал гIалимзабазулги сахалщинал гIадамазулги бицунаго…


Камуна Дагъистаналъе ва магIарулазе гIемерал сахал васал, бахIарзал, гIелмудул ралъадал. Гьанжеги бикь-бикьизабун, цоцазулъ базабун, сахаб къо бихьизе толеб гьечIо халкъалда. Машгьурав магIарул шагIирас АхIулгохIалъул хIакъалъулъ хъван букIана: «Огь, дир гьитIинаб халкъ, дур хутIараб щиб, ханжар ккуравщинав гьанив щапидал. –ХутIана, хутIана! – рагIана гьаркьал, – Ханжарги хутIана, халкъги хутIана…»


Синусоида гIадин тирулин тарихилан абула. Гьанжеги иргадулаб гор, свери хисана гьеб тарихалъ. ЦIидасанги байбихьана миллатал чIваялъул, мацIал лъугIизариялъул квешал пикраби тIиритIизаризе. ХIамзатил Расулил даражаялъул миллиял вакилзабиги гьечIо жакъа Россиялда. Щибдай ккела улкаялъул ва халкъазул къисмат?


Россиялъул Конституциялда гурищ хъван бугеб гIемермиллатазулаб Россиялъул халкъ кколин гьаниб тIалъиян. Халкъалги мацIалги рилъун тIагIинаризе къасд гьаби пачалихъ щущазабизе гьелъул чохьокь кьвагьулеб жо лъей кколарищ? Цинги кибе рехилеб Россиялъул Федерация абураб цIар? Федерациялда регионазухъ ва халкъазухъ ихтиярал рукIуна. Добго Америкаялъул щибаб штаталъул цIикIкIун ихтиярал руго, Россиялъул Федерациялъул республикабазулаздаса. Россия Федерация батани, гьитIинал халкъазул мацIалги школазда малъизе ва лъазаризе тIадаб буго.


МацI гьечIеб миллат релълъуна гьаб макъалаялъул авалалда рехсарав дов беццав херасда. Амма, беццлъиялда тIадеги, гьединаб халкъ гIинкъабги, мацI лъаларебги букIуна… Миллаталъухъа мацI бахъи буго гьеб халкъ квешаб зулмуялдалъун дагь-дагьккун чIвай.

«ЦIуне, Аллагь, Дагъистан!», – абун хъван букIана лъикIав магIарул хъвадарухъанас. Аллагьас цIунаги нилъ.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +46
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook