Авторизация

Шагьидлъун батула дида авар мацI


Пикру


Шагьидлъун батула дида авар мацI


АнцI-анцI халкъазе хобал рухъулел руго


Россиялъул халкъазул мацIаз гIурус мацIалъе квалквал гьабулеб бугилан хъвалеб буго жинда сверухъ кор боркьарал бахIсал рагъарараб цIияб законопроекталда. ВахI. Аб ингилис мацIалъ гьабулеб гьечIищ гIурус мацIалъе квекIен? Ингилис рагIабазул кьабун цIун буго гурищ «кIудияб, бергьараб» абун сипат гьабулеб Россиялъул пачалихъалъул аслияб мацI? Англия гIадин, Россиялда данде бахъулеб улкаги тарихалда жаниб къанагIат батила. Амма гьеб халкъалъул мацI гьабулеб буго Россиялъул школазда аслияблъун ва ЕГЭ кьолеблъун. Россия цIунулел ва улкаялъул хIубаллъун ругел кьолболал халкъазул мацIалин абуни малаца чIвалел руго.


МацIаз цоцазе зарал гьабуларо


Цониги мацI лъаялъ цоги мацI лъаялъе квалквал гьабизе рес гьечIо, кумек гьабун гурони. Гьединлъидал, гьел «мацIаз зарал гьабулеб буго» абурал рагIаби ккола лахIчIегIерал гьерсал. Гьедин батани, школалъул программаялда цохIо гIурус мацI тезе ккелаха, «гьелъие зарал гьабичIого букIине», цогидал предметал, дарсал нахъеги рахъун! Щай цIалдохъанас химия, физика, математика, география, история цIализе заман хвазабулеб, гьел дарсал лъазарулел сагIтал гIурус мацIалъе кьезе ккеларищ – «аслияб мацIалъе зиян гьабичIого букIине».


 Гьеб цIияб законопроекталдаса миллатчилъиялъул рокьукъаб махI бахъун буго, кIотинчIого рукIине, килщаз магIарзулкъалал кквезе кколеб яги противогаз ххезе кколеб хIал буго.


ГIурус мацIалдеги маданияталдеги данде гьечIо дун. Дунялалъул тарихалда жаниб кIудияб бакI ккола гьез. Амма къадар дагьал халкъал ва гьезул мацIалгун маданият лъугIизаризе ккелин, гьел къулчIизе, рилъун тIагIинаризе хIажат бугин абураб пикру кинго къабуллъуларо.


Аслиял дарсал лъугIун хадуб, факультатив хIисабалда, умумузеги бокьани, лъималазеги бокьани, прокуратураялъ рахьдал мацIазул тIахьалги рахъичIони, школазул директорзабазги лъайкьеялъул идарабазги танани… бегьулила миллиял мацIал школазда лъазаризе…

Гьелъул магIна ккола, ресги бугони, резги бугони, ичичIалисес чан бокьаниги гьабулин гIеретIилан абураб. Амма я рес, я рез, я гIадамазул гьел гIертIал росизе гъира гьанже гIемерисеб мехалда букIунароха. Нужее бокьани, моцIродеги роржун, дора гIумру гьабизе лъугьайила нуж, къануналъ нужее гьединаб ихтияр кьолилан аби гIадаб законопроект буго гьеб. Ракетаги гьечIев кьварун вакъварав мискинчи моцIроде кин воржунев? Гьаваго гьечIеб бакIалда гIумру кин гьабулеб? Школазул дарсаздаса улкаялъ рачахъарал мацIал факультатив хIисабалда лъица кьолел?


ТIагъур босун вачIаян абурав цо-цо чи, цогидасул бетIерги къотIун, вачIунин абула. Гьединал, цIакъго наку чIвазе гIедерал хъулухъчагIиги ругони, гьединаб рокьукъаб бербалагьи халкъаздеги мацIаздеги бугони, лъица ва киб факультатив хIисабалда мацIал кьезе ругел? Ия?


Педагогазда лъала анкьабилеб ва микьабилеб дарс лъималаз босулареблъи ва гьедин зулму цIалдохъабазда гьабизе бегьулареблъи. Гьединго гIодоркъояз лъимал расандулел ва цIалудаса эркенго рукIине кколеблъи. Гьа, кида ва кин малъулел цинги гъол миллиял мацIал?


Абухъего, чанцIул борцаниги, царал рачIалда цого натI батула – Россиялъул халкъал ва мацIал малакь мерхьунеб, тIагIинарулеб законопроект буго гьеб. Кинал рагIаби гьеб документалда хъван ратаниги, кигIан лъикIал мухъал данде росун ратаниги, гьелъул аслияб мурад ва хIасил цо буго – улкаялъул халкъал ва мацIал рилъун тIагIинари, миллатазе ассимиляция гьаби. Гьеб буго пачалихъалъул сиясаталъул гъалатI. Гьединаб нухалъ лъикIалде рачунаро, тIалъиялда данде разарула халкъал, загьирлъула социалиял шура-хъуриял ва багъа-бачариял, улкаялда гIодобиччараб гIумруялъе ахир лъолеб проект буго гьеб.


Репрессия гIадаб проект


«Ани…» абураб жо гIемерлъун буго гьеб законопроекталда. Гьединги букIаго, рехсараб къануналъул проект щибниги жо гьукъулеб гурила, биччалеб, ихтиярал кьолеб бугилан кIалъалев вуго чанго анкьалъ цевеги гьеб мацIазда къоно чIвалеб пикруялда данде чIун вукIарав Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СапаргIалиевги.


Гьеб законопроект буго репрессия гIадаб жо. БатIайиса гьеб къабул гьабизе ресги гьечIо. МацIал церетIезаризе ругилан, маргьабиги хъурун, гIадамалги гуккун, гьеб проект къуваталде ине ва къабул гьабизе гъоркьбакI хIадурулеб буго улкаялда.


Рахьдал мацIазда хъвазеги цIализеги школазда малъулеб гьечIони, гьел мацIалги халкъалги загIиплъула, лъугьун уна. ЦIалдезе лъаларел гIадамаз тIахьал росилищ, газеталгун журналал хъвалищ? Гьеб проект къабул гьабуни, халкъал цин цIидасан сверун уна хъвай-хъвагIай гьечIел миллатазде, хадур рилъун, зодоб кIкIуй гIадин, тIагIун уна. Гьаб законопроект буго чIегIераб проект, нагагь гьеб къабул гьабуни, гьеб къоги букIине буго чIегIераб къо, чIегIарбараб къо, чIегIераб къо чIараб къо, анцI-анцI халкъазе, гьезул мацIазе, маданияталъе ва тарихалъе хвалил диван къотIараб къо, гьезие хобал рухъараб къо. Аллагьас гьеб къо бихьизе тогеги нилъеда.


МагIарулазул гьунар бугев шагIир, мунагьал чураяв МухIамад Гунащевас хъван букIана «Шагьидлъун батула дида авар мацI» абураб асар. Гьаб законопроект буссараб буго Россиялъул халкъазул 99 проценталъул мацIал ва гьездаго цадахъ маданиятал шагьидлъиялде, хвезариялде, тIагIинариялде. Аллагьас нилъ киналго цIунаги гьеб балагьалдаса.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +38
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook