Авторизация

Килалъ – авар мацIалъул роолаб мактаб

МагIарулазул росаби

Килалъ – авар мацIалъул роолаб мактаб


Росаби – магIарул мацIалъул, яхIалъул ва хасияталъул хъулби


– ЯхIалъул бицунеб цохIого хабар, хабалъ нилъ лъечIого, лъугIулеб гьечIо, – гьедин хъвана магIарулазул шагIирас. Нилъер, аваразул миллаталъул, суалал рукIалиде ккей бараб буго тIоцебесеб иргаялда нилъерго яхIалда. Гьеб буго аслияб жо, сундулго кьучI. Нилъеца нилъерго умумузулги, бахIарчияб тарихалъулги, гьаб ракьалъе ва халкъалъе гIоло рухIал кьурал миллатцоязулги хIурмат гьабуни, цогидаз нилъерги гьабула къимат.


Инсан лъадарулеб къебелъи


Араб анкьалда дунялалъул гIемерал харбазда гъорлъ ракI рази гьабуна Килалъ росулъ авар мацIалъул роолаб мактаб, къокъа, лагерь гIуцIун бугин абураб лъазабиялъ. ХIакъикъаталдаги, бачIинахъего гьитIинабилан кканиги, нилъер миллаталъе цIакъ кIудияб хабар буго гьеб. Гьаздасан мисал босун, цоги росабиги жамагIаталги хIалтIани, нилъер ахIвал-хIал гIемерго лъикIлъила, иншааллагь.

Росаби цIуни ва церетIезари ккола кутакалда кIвар бугеб иш. Росабалъ буго магIарул мацIалъул свери. Гьенир куцала унго-унгоял магIарулал. Гьел нус-нус, аза-азар сонал рарал нилъер халкъалъул хъулбуз гIезаруна саламатал гIадамал. Росаби риххани, нилъер миллатги биххула. «МагIарулазул росаби» абураб проект, тадбир билълъанхъизабулеб буго «Миллат» басмаялъ, гьеб масъалаялъул бугеб бергьараб кIварги, хIажалъиги, жавабчилъиги бичIчIун.


Килалъ росдал бегавул АхIмад Каримовас, «Миллат» басмаялъе баян кьолаго, бицана риидал росулъе рачIарал шагьаразда ва гIатIиракьалда гIурал килдерил лъималазда магIарул мацI малъулеб мактаб, къокъа, лагерь гIуцIун бугилан.


«Риидал хIалхьи гьабизе гьогьомараб магIарул росулъе рачIарал лъималазе пайда букIине, нижеца гьезие хасал шартIал ва низам гIуцIана. КъваригIел гьечIебщинаб жоялде руссун течIого, хасаб тартибалда, гьез росулъ бараб щибаб къо батIи-батIиял дарсаздалъун ва тадбираздалъун цIезабуна, чIаголъизабуна. Рогьалилъ цудунго, какалги ран, рекерула лъимал. Хадур байбихьула Къуръан малъиялъул, исламалъул аслаби лъазариялъул ва авар мацIалъул дарсал. Авалалда гIурус мацIалда гурони кIалъаларел рукIарал лъималги гьанже магIарул мацIалда гаргадизе лъугьана. Дида ккола, гьаб лагерь ва гьаб рии гьел лъималазда киданиги ракIалдаса инарилан ва гьел лъадариялъе, куцаялъе, сахалщинал тIабигIатал гьезулъ рессинариялъе гьал дарсаз кIудияб квербакъи гьабулеб бугилан. Цоги росабазги жамагIатазги гьединалго лагерал гIуцIани, гьелъ нилъер халкъалъул мацI загIиплъулеб букIиналъул гIузру бигьалъизабилаан», –  илан баян кьуна АхIмад Каримовас.


ХIал-зулму гьабун, щибниги билълъанхъизабизе кIоларо. Гьадинлъидал, нилъее, магIарулазе, нилъго, Аллагьас рижухъе, нилъерго мацIги, тарихги, цIарги бугел магIарулаллъун хутIизе бокьани, нилъецаго тIалаб гьабизе ккола халкъалъул къисматалъул.


ЦIвабзазул цIураб зоб тIаде къулана

Къасиги росулъе вуссарав дида


Араб анкьалда гьал мухъазул бетIергьанчияс цIидасан сапар бухьана гIураб ва гIагараб Бакьулъ Гьарадирихъ росулъе. Нилъ гьарураб ва нилъер лъимерлъи араб бакIалде, ватIаналде хасаб асар букIуна. Росдал къватIазухъан гали лъолаго, гIемерал ракIалдещвеял гьулчун рачIуна… 3 июлалда, талат къоялъ, нахъеги вахана ралъдал гьумералдаса 3600 натIалъ эхедегIан бугеб Бакьулъ Гьарадирихъе. Росдал свериялъухъ валагьун вукIаго, сардилъ рачIана гьадинал мухъал.


Росдал къватIалги къутIпуги…


1.

Дида рихьулел руго лъимерлъиялъул къватIал,

Дир гьуъруз цIалеб буго цIорораб мугIрул гьава.       

Гьанив векерахъдулев вас вуго цеве чIолев,

 Анищаз цIураб ракIгун вуго гьев гIун вачIунев...


 Къаси дун цIвабзазухъе цIакъго гIагарлъун вуго,

Лъимерлъуда кинигин, зодове вуссун вуго.

 …ГIисинал цIваби руго, чIахIиял цIваби руго,

 ЦохIо бакIалда чIараб къутIпу гьезул хан буго.


 Хисуларо гьелъ гIамал,  хисуларо гьелъ ватIан,

 ХутIарал цIваби гIадин,  тIурулеб гьечIо даим.

 Доб зодил бакъулъ буго кьварараб хъаравуллъун,

 Долъ квер бегьулеб буго нух къосаралщиназе.


КъутIпуялъ рикIкIадасан канлъи бикьулеб буго,

Беразул чIорал речIчIун, гIанчIго къенкIолеб буго,

Къваридаб сардил бецIлъи къалъазабулеб буго,

Къисмат мекъи ккаразе хвасарлъи кьолеб буго.


2.


ЦIвабзазул цIураб зоб тIаде къулана

Къасиги росулъе вуссарав дида.


Росу кьижун буго. Гьале дицаги

Азбаразда чирахъ свине гьабуна.

Сверухълъи тIолабго бецIлъухъ тIерхьана,

ЦIвабзазул рикIкIадаб канлъи хутIана.


…Дагь-дагьккун ТIохмугIрул мегIелиялда

Рещалъараб моцIалъ рещтIен гьабуна.

Гьелъул гвангъараб нур гохIазда чIвана,

ХIикматал кьераца ТIалъи белъана.


БоцIул пунщи буго чолода жаниб…

Черхалда речIчIула тIадагьаб гьури.

Гьогьомараб сардил сихIтарал сасаз

Сагьвилаб, панаяб гьабула асар.


РакIалде рачIуна моцIролал сардал,

Дуниял рагьулел рикIкIадал сонал…

Гьуърулъе бецIцIулеб бацIцIадаб гьава,

Лъимерлъул бацIцIалъи тIадбуссинабе...


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +21
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook