Авторизация

ЦIаналъ росдал рохьов – 120 базарган

Дагъистан цебетIезабиялъул суалал


ЦIаналъ росдал рохьов – 120 базарган


Республикаялъул даранчагIазул кIиабилеб данделъиялда хIалтIул рахъи борхизабиялъул масъалаби цере лъуна


2018 соналъул 21-22 июлалда Бакълъулазул мухъалъул ЦIаналъ росулъ тIобитIана Дагъистаналъул базаргабазул республикаялъулаб кIиабилеб данделъи, форум. МахIачхъалаялъул базаргабазул цолъиялъ (БИСОМ) ва Бакълъулазул ракьалъул нухмалъулез цадахъ рекъон гIуцIараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана 120 чи. Дагъистан цебетIезабиялъул суалал гьоркьор лъураб, кIудияб кIваралъул лъугьа-бахъинлъун лъугьана гьеб дандеруссин.


Жидер хIаракаталде цIикIкIун кIвар кьеян лъазабуна базаргабаз


КIиго къоялъ халатбахъараб базаргабазул, даранчагIазул, предпринимателазул данделъиялда бицана Дагъистаналъул магIишатияб рахъ, экономика борхизе ккани ва къуватал, хайир кьолел гIуцIаби гIемерлъизе, ишалъулал гIадамазул рахъкквезе ккани, гьаризесел тадбиразул.


21 июлалда ЦIаналъе вачIана 120 даранчи. МахIачхъалаялдаса гьенире рачIунаго, нухда гьез зиярат гьабун буго АхIулгохIдеги. Гьалбал къабул гьариялъе кIудияб хIадурлъи гьабун бугоан Бакълъулазул мухъалъул администрациялъ ва идарабаз. Нухалги къачIа-кIатIан ругоан. Цебесеб сордоялъ кутакаб чвахунцIадги бан, иххаз ва лъараз хвезарурал нухал радакье рахъун цIидасан къачIана Бакълъулазул нухлул хIалтIухъабаз. Гьеб форум лъикI тIобитIиялъе квербакъун буго Бакълъулазул ракьалъул нухмалъиялъ,экономикаялъул ва росдал магIишаталъул идараялъ, Игьали росдал администрациялъ, ЦIаналъ аслияб школалъ ва цоги гIуцIабаз.


Форумалда кIалъаял гьаруна Бакълъулазул мухъалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовас, БИСОМ абураб гIуцIиялъул нухмалъулев ГIабдулхIаким Пахрудиновас, Дагъистаналъул Руччабазул цолъиялъул цеехъан Интизар Мамутаевалъ, экономикиял гIелмабазул доктор Сергей Дохоляница ва цогидазги.


ЦIаналъ росу игьелдерил росабазул администрациялда гьоркьобе уна. Гьеб росу буго рохьоб. Гьуърул унтарал гIадамазе сахлъиялъе рукIине кколел шартIал руго гьенир. Лъелго ине ккани, гIезегIан кIудияб ракьги бугоан гьеб росдал. Гьалбал разиго хутIана ЦIаналъ тIобитIараб тадбиралдаса ва гьезул ракIгIатIилъиялдаса.


КIиябго къоялъ форумалъул кIалъаял, малъа-хъваял, мастер-классал, тренингал тIоритIана, хIалхьи гьабиялъул ва черх лъадариялъул тадбиралги гьоркьоре ккезарун. Гьеб къагIидаялъ форум жеги камилаблъун, чIамучIлъи гъорлъе биччачIеблъун лъугьана.

Базаргабазул гIемерал суалал ругоан Дагъистаналъул ва Россиялъул тIалъиялдехун. Гьезул каламалъухъ гIенеккидал, бичIчIулеб букIана базаргабазул унго-унгояб куцалда рахъкколел идараби гIемер гьечIолъи.


Ричарухъабилъун щал рищизе кколел?


Арсен Акавовас, ХIажи Зулумхановас, МухIамад Штанчаевас ва цогидазги гIолохъанал базаргабазда бицана даран-базар, иш гIуцIулелъул, хIисабалде росизе кколелщинал рахъазул. Идараялде, фирмаялде, предприятиялде, тукаде, ашбазалде гIадамал хIалтIизе росулелъул, сунде кIвар кьезе кколабали баян гьабуна гьез ва цоги кIалъазе рахъараз. Къайи босизе рачIарал чагIаздехун лъикI кIалъалев, гьезул бокьарал суалазе жавабал кьун бажарулев, гьимун гурони кIалъаларев, чIагояв чи восизе кколин вичарухъанлъунилан абуна Арсен Акавовас. ГIадамазулгун калам-хабар гьабизе гъира гьечIев чи рекъолила кассаялда ялъуни складалда, нахърател цIунулев чилъун.


«Пирамидабазул» къорал…


Интернеталдаса пайдаги босун, иш бачиналъул, даран-базар гьабиялъул хIакъалъулъ гIатIидал баянал кьуна ХIажи Зулумхановас. Гьединаб куцалда кIуди-кIудияб магIишат данде гьабурал дунялалъулго вакилзабазул рехсейги гьабун, гьезул хIалбихьиялъул мисалал рачана гьес. Гьединго форумалда пайдаял кIалъаял гьаруна ВТБялъул, Связь-банкалъул ва цоги банказул хIалтIухъабазги. «Пирамидабазул» гурдакье ккезе чIогеян абуна банказул вакилзабаз, гьеб куцалда «даран гьабулеб» «цо халкъ» бугин Дагъистаналдаянги абуна гьениб. Гьединазе тамихI гьабичIого толарила пачалихъалъ.


Гьеб форумалда Дагъистаналъул Руччабазул цолъиялъул нухмалъулей Интизар Мамутаевалъ баркалаялъул кагъат кьуна БИСОМалъул цевехъан ГIабдулхIаким Пахрудиновасе. Гьединго гьесие хIурматалъул грамота кьуна ЦIаналъ росдал аслияб школалъул директор СагIидбег МутагIиловасги.


Чвахукье сапар, нух къосарал гьалбал…


21 июлалъул бакъанида форумалъул гIахьалчагIаз сапар бухьана ЦIаналъ росдада гIагарлъухъ бугеб лъарада лъугьараб чвахукье. РекIун хьвадун ругьунал базаргабазе бигьаго чIун батиларо гьеб «чабхъен». Амма, 3-4 километрги тун, лъарахъа тIаде захIматгоги рахун, чвахукье щведал, гьалбадерил ракI бохана ва хIалхьана – багIари кIочене, гIолохъаби партIан лъадалъе лъугьана.


ТIадруссун рачIунаго, сапарчагIазул къокъаби рикь-рикьана ва ЦIаналъ росдал бахчабазда ва къватIазда нух къосун ккана.  Гьенир минаби руго цIакъго цоцаздаса рикIкIад. Щибаб батараб рукъалъул нуцIидаги кIутIун, цIехолеб букIана школалдехун нух… Цо-цояз ишан босун букIана рикIкIада бихьулеб шашликIал режулеб цIадул кIкIуялде… Квеш-лъикI, къасиялде киналго чодрокье ракIана. ТIагьир Къурачевасул кучIдузухъ гIенеккана ва шашликIазда кьабуна. Гьелдаса хадуб Грузиялда лъимал рикъиялъул бицунеб кинофильмги биччан букIана, школалъул кIитIалаяб минаялъул нахъисеб къададаги речIчIизабун.


МагIаруллъи цIунизе тIадаб буго


«ЗахIмат-рахIаталъул аваданаб бакI», – абун таржама гьабун буго ЦIадаса ХIамзатица Александр Пушкинил «Росу» абураб кечIалъул цо мухъалъе. Гьединаб бакI бугоан ЦIаналъ. Амма гьеб росуги, цоги магIарул росабиго гIадин, чIобоголъулеб бугоан. ЦIаналъа гIадамазда гьикъидал, цохIо школаги фельдшерлъиялъул пунктги гурони, тIокIаб хIалтIи бугеб бакI гьениб гьечIилан абуна. БетIербахъиялъе къватIире рахъунел руго гIолохъаби. Цоцазда данде торгIо хIазе кIиго команда гIуцIизе гIолилал хутIун гьечIин росулъилан бицана гьез. Амма цо команда лъезе гIурал гIоркьилал ругоан гьезул. Форумалъул ункъо командаялда гьоркьоб тIоцебесеб бакI щвана ЦIаналъ росдал волейболалъул къокъаялъе.


Ризаб рохьалда жаниб бугеб, берцинаб, беричаб бакI бугоан ЦIаналъ. Дунго щварал ЧIегIерралъдал рагIаллъуда ва Европаялда ругел шагьарал, курортал ракIалде щолел рукIана, ЦIаналъ росулъан унаго.


Къаси, гвангъун щвараб моцIрол канлъухъе валагьидал, дандритIун паркъолел ругоан ЦIияб Аргъвани росдал чирахъал. ТIадехун буго ризаб накIкIил рохь. Багъилаб бакI буго ЦIаналъ. Хасго пикру гьабизе, тIахьал хъвазе ва цIализе санагIатаб бакI бугилан тана, гIодобе биччараб, хIалхьараб, сасараб.


22 июлалда форумалъул гIахьалчагIаз дандеруссиналъул хIасилал гьаруна, тIадчагIаздехун хитIаб хъвазе хIукмуги ккана гьезул. ЛъикIаб гьоболлъиялъухъ бакълъулазе баркалаги кьолаго, гьел тIадруссун ана.


Нилъее хIажат буго бацIцIадаб даран-базарги цебетIезе магIарул росабиги цIунун хутIизе. Щибаб росдал буго такрарлъи гьечIеб тарих. Нилъеда тIадаб буго магIаруллъи цIунизе. МагIарухъги. РекIелъги. Кибго.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +14
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook