Авторизация

Дагьал цIекIлъулел гьечIищ гьанже гьал гIолохъаби?

Анкьил хIасилал

Дагьал цIекIлъулел гьечIищ гьанже гьал гIолохъаби?


Къеркьохъабазулги кочIохъабазулги бахIсал, Дагъистаналъул бетIер вищи, къункърабазул гIоди…


Араб анкь Дагъистаналъе букIана хIабургъарабги, боргьарабги, батIи-батIиял ишаздалъун цIурабги, понцIорабги, чIехьарабги. Нилъ рохизесеб хIужа букIана ЦIадаса ХIамзатил Расулил цIаралъ нилъер республикаялда гIемерал гIадамал данде гьари, дунялалдаго гьесул асаразул магIнагун кIвар цIидасанги бихьи, гьесул адабияб хазинаялъ Дагъистан тIадегIанаб, пикру гъваридаб улка букIин цIидасанги тасдикъ гьаби. Гьелдаго цадахъ, камичIо гIиси-бикъинаб хъус-кIутIги, дагIба-гIарзги, гьитIинал лъимал чIваялъул вахIшиял харбалги…


Амма гьитIинаб ракь, ракьа кинигин, 

Бокьун гьечIо бацIил кIалдиб бихьизе


Кинаб хабаралдасан рагIи байбихьилебан гьикъидал, гIемерисезе бокьула рохалилаб, ракI разияб хабаралдасан калам гьабизе. БукIа абе гьаб макъалаялъул авалалдаги Расул ХIамзатовас 95 сон тIубаялъул кIудияб байрамалъул хинлъи.

ГIаммго босани, Расулил асаразул цIа Дагъистаналъул гъасда гвангьараб байрам лъугьана ХъахIал къункърабазул къоял. МагIарул мацIалда, Расулил мацIалда, нус-нус нилъер миллатцояз ракIалдасан цIалана гьесул асарал, гьедин кучIдул цIалулел гьаркьал, видеоял тIиритIизаруна, халкъалда гьоркьоб магIнаяб, гъваридаб рагIул тавуш жеги инабуна. Гьеб рахъалъги лъикIаб, нилъее чара гьечIого хIажатаб тадбир букIана Расулил юбилей.


Киналго пикру гьабулел гIадамал тIад рекъарал, гъваридал кIалъаял гьаруна ХIамзатовасул юбилеялда ГIурус театралъул кIудияб кIалгIаялъуб Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул гIуцIиялъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас ва Чачан Республикаялъул Хъвадарухъабазул цолъиялъул бетIер Канта Ибрагьимовас. ДандчIваял рукIана университетазда, школазда, росабалъ ва шагьаразда, ияхI бугевщинав чияс хIурмат гьабуна шагIирасул адабияб нахърателалъул, цIалана гьесул асарал, пикру гьабуна гьесул хIисабазда ва ургъелазда тIад.


Лъаларо, МухIамад, цогидазул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила:

– Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб ракI кьвагьун.


ХIамзатил Расулил гьал мухъалги ракIалде щвезаруна ЦIада росулъ гьабураб кIалъаялда. Гьаб заманалда хасго бищунго кIвар бугел рагIабазул цояллъун лъугьун руго гьел. Аллагьас кантIи тIеги нилъер лъайкьеялъул хъулухъчагIазул ракIазулъе, мактабазда рахьдал мацIалъул дарсал дагь гьаричIого рукIине. Гьедин нилъер бахIарчияб мацI нахъе къабиялъул харбал раккулел руго цо-цо мухъаздасан. НагIана кьей лъикIаб иш гуро, амма халкъалъул цIаралдасан нагIана букIина гьединал цIукIаял, нахъегIанал, хIалихьатал, инжитал хъулухъчагIазе.


Амма гьитIинаб ракь, ракьа кинигин,

Бокьун гьечIо бацIил кIалдиб бихьизе, –


гьедин хъван букIана гIумрудул ахирал соназда Дагъистаналъул хIакъалъулъ ХIамзатил Расулица. Кинаб макьу бихьаниги, «лъикIалъеян» къотIула магIарулаз. ЛъикIалъе батагиха кколеб-толебщинаб… ЛъикIаб рахъалде сверизе хъван батаги…


АхIулгохIалъул дарсал


Микьабилеб  сентябралда бусурбабаз зиярат гьабуна нилъер мукъадасаб АхIулгохIалде. Аллагьас аза-азариде бахинабун, гьенибе бахъараб галиги, гьениб гьабураб къулгьу-алхIамги, лъикIабщинаб гIамалги къабул гьабеги! Шамил имамасул ва АхIулгохIалъул дарсал, къо бахъанагIан, хIажалъизе, гIагарлъизе, хиралъизе ва ричIчIизе руго гIадамазда, хасго магIарулазда.


Исанасеб мажлисалда гIахьаллъана Дагъистаналъул муфтиясул тIоцевесев заместитель ГIабдуллагь Аджимоллаев, МугIрузул рахъалда Муфтияталъул вугев ихтиярал кодосев вакил Магьди-хIажи ГIабидов, Унсоколо мухъалъул имам ГъазимухIаммад-хIажи Абакаров ва цогидалги, аза-азар бусурбанчи.


179 сон сверана АхIулгохIалда гъазават гьабуралдаса. Аллагьас гьенир накълулъарал шагьидзабазул баракатги шапагIатги камун хутIугеги нилъ.


Дуэлазул хIакъалъулъ къанун…


ЛДПР абураб цо Кавказ бокьулареб партиялъ Пачалихъияб Думаялда босун буго Дуэлалъул кодекс. Росгвардиялъул нухмалъулев Виктор Золотовас оппозициялъул чи Алексей Навальниясде хитIаб гьабуна, жиндица мун дуэлалде, кьабгIезе ахIулев вугилан, ва дудаса квешго «хIур кIутIизе бугилан». Араб анкьалда гьединал дуэлазул харбаз кьабгIун цIун букIана интернет. Гьел харбал дагь-дагьккун халкъиял информациялъул алатаздеги раккана, Россиялъул аслиял лъугьа-бахъиназул кьердеги ккана. Кутакаб ахIи-хIур бухъун буго Дагъистаналдаса машгьурав спортсмен, UFC гIуцIиялъул тIадагьаб цIайиялда вугев чемпион ХIабиб НурмухIамадовас, Россиялъул цо-цо кочIохъаби нилъер республикаялде рачIинчIониги, кIудияб ками гьечIилан абураб гIадатияб калам сабаблъун. Гьаб гIодобе биччараб рагIи гIочIода чIван, жидеего реклама абураб жо гьабизе лъугьана цо-цо шоу-бизнесалъул вакилзаби. БитIараб бицани, гьеб рэп абураб жо дир рекIелъе унаро. Гьединлъидал, ХIабиб НурмухIамадовасул пикру дие гIагараб буго. Амма дагьаб хъачIго кьуна гьесги пакъирал рэперазе жаваб. Дозулги гIамал кIодолъун буго, Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасул азбаралъуб рэп рикIкIине щвеялъ. Рамзан Къадировги гъорлъе жувана гьеб бахIсалде. Велъа-вохун хъвараб видеохитIаб буго гьесул. Цониги дагъистанияс Чачанлъиялдехун гьединаб хитIаб хъван букIарабани, зоб бихъараб ахIи букIунаан. «Призываю дагестанцев не заниматься ерундой», – гьедин абулеб буго Къадировас. Щиб гьабилеб. Жакъа нилъ гьадин ругоха.


ХIабиб НурмухIамадовасул рахъккун, хитIабал гьаруна «Анжи» футболалъул клубалъул хважаин ГIусман Къадиевас, машгьурал спортсменал МухIамадхан ХIамзатхановас  (БацIханица), Александр Шлеменкоца ва цогидазги. Чорокал рагIаби кечIилан абун ахIулел артистаз Дагъистаналъе пайда кьеларо. Нилъерго мацIги, цIарги, динги, гIамал-хасиятги цIунун лъикI нилъее. «Дагьал цIекIлъулел гьечIищ гьанже гьал гIолохъаби?» - абун хъван букIана ХIамзатил Расулица. ЦIекIлъун лъикI гуро.


ХадурагIи


Цебесеб номералда «Миллат» газета гIуцIарав журналист, хъвадарухъан ва жамгIияв  хIаракатчи МухIамад БисавгIалиевас хъван букIана, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъ республикаялъул бетIерлъун, Владимир Васильев гурев, Камил Давдиев вищани, газеталъул иргадулаб гуреб номер къватIибе биччазе бугилан. Гьедин ккечIо. ИчIабилеб сентябралда Дагъистаналъул бетIерлъун вищана Владимир Васильев. АнцI-анцI соназ цо-цояз рехсолеб букIараб «къватIисеб нухмалъи» къарарлъана жакъа Дагъистаналъе. Хабар лъикIаб рагIаги.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +39
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook