Авторизация

ЦIумалъул рагIадгун рагъулел гьаби


«Миллаталъул» проект


ЦIумалъул рагIадгун рагъулел гьаби


«Адабияталъул сагIат»: ГIумар-хIажи Шахтамановасул ирс


Араб анкьалъул ахиралда «Миллат» басмаялъул редакциялда тIобитIана магIарулазул шагIир, хъвадарухъан ГIумар-хIажи Шахтамановасул асаразул ва гIумрудул бицараб гургинаб стол. «Адабияталъул сагIат» абураб проекталда рекъон, тIобитIулеб гьеб дандеруссиналъул хIасилалда «Ютуб» видеохостингалда къватIибе бахъана магIарул адабияталъул вакиласул хIакъалъулъ иргадулаб телеочерк.


ГIумар-хIажи Шахтамановасул литературияб ирсалъул ва гIумрудул бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас, «Гьудуллъи» журналалъул редактор, республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул кIудияв МухIамад ПатахIовас ва «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас.

КIудияб гьунаралъул ва гъваридаб, кIочон толареб шигIриябгун прозаикияб ирсалъул, унго-унголъунги магIарул адабияталъухъги, маданияталъухъги, тарихалъухъгун мацIалъухъги ракI бухIулев шагIир вукIана Шахтаманов.


ХIинкъуге: иццул бетIер

ТIокIкIараб буго нилъер…


«Адабияталъул сагIатлда» нижее бокьула хъвадарухъан живго цIикIкIун «кIалъазавизе». Гьаб гьитIинабго макъалаялдаги бокьун буго ГIумар-хIажи Шахтамановасул асаразулъа мухъал рехсезе. «Лъарахъ» абураб гьесул кочIолъ руго гьадинал рагIаби:


Ссанабалъан гирун, ганчIалъ кьуркьудун,

Кьураби нахъа тун, гIодоблъиялде

ГIедегIараб лъарахъ, лъимер кинигин,

ЛъагIелаз, лъагIелаз гIенеккун вуго.

…Бащадаб гIасруялъ дир гIумрудул тIехь

ТIинда гьелъул чIинхаз цIалана дие.

Жакъаги гьеб тIину, тIехь гIадин, рагьун,

ТIаде къулун вуго дун хIурупазде,

ХIисабалъ дир кIутIбуз лъарал чагрихъе

Лъалеб, некIсияб кечI ахIулеб буго:

Ганщаз, хIамуз бахуна,

Бакъулъа хIабургъуна…

ХIинкъуге: иццул бетIер

ТIокIкIараб буго нилъер.


«Ралъдахъ» абураб асаралда жанире росун руго сатириял сипатал ва жамгIияб кIваралъул чIахIиял пикраби:


…Къаси гьалаглъарал карачалабаз

Кинабго хъулхъалам рагIалде рехун,

Жиндирго къуватаб хIалтIуда буго

ХIалхьи гьечIеб ралъад рогьалил бакъукь.

Хирияб Дагъистан, дуе щвечIищ мех,

Ралъдаца кинигин, карачалахун,

Жанисан, ургьисан мунго бацIцIине,

Баракатал цIадаз гьумер чуризе?


Гьаби, рачIал далун, нахъе гьелана…


«ЦIумалъул рагIадгун рагъулел гьаби» абураб, кIочонареб, гвангъараб сипаталдалъун, метафораялдалъун хъвараб кочIолъ ратула гьадинал дандекквеял:


…Дир пажил тIохтIасан цIумалъул рагIад

ГIурдатIе кIанцIана, гьабзазда хъвана…

Огь, бахъараб хъуди!.. Гъугъай букIана,

Гъулдулъ цихIинтIаго рагъ ккараб гIадаб.

Гьаби рортанхъана, турщун гъанцIана,

ЦIумалъул рагIадгун рагъ байбихьана.

Гужбузул ццидалаб хIацIу хъванщинаб

Щубалъ чурараб тIегь кIотун тIецана.

Карачалахараб мугIрул гIодоблъи,

Лъедон унеб буго цIумалъул рагIад.

Гьеб кквелин, гъанкъилин жодоцайилан

ЖахIдаялъ мехтарал гьабзазул руккел.

ЦIумалъе гьабзазул гьечIо ургъелцин,

Гьеб даимлъиялъул пикрабалъ буго.

ТIасан – бакъул чIораз рессарал зобал,

Ахада – хирияб инсухъеяб ракь.

ЦохIо алхинчIого, цо лъалхъичIого,

Цо хъитI нахъа тана цIудул рагIадалъ.

Гьаби гьеб рахъалде руго гъанцIелел,

ЦIум бакъуда данде буго боржунеб…

ХIалуцараб ццидалъ цо хIапи гьабун,

Гьаби, рачIал далун, нахъе гьелана.

Чуридул ругьунаб росода аскIор,

Агьан хIухьел биччан, хIурулъ регана…


Гьединал камилал асарал руго ГIумар-хIажи Шахтамановасул. ШагIирасул хIакъалъулъ «Миллаталъ» бахъараб телеочеркалъухъ ралагьизе бегьула «Ютуб» видеохостингалда бугеб басмаялъул гьумералда гьаб адресалда:


https://www.youtube.com/watch?v=20F8nHJn9gQ


2017 соналда «Миллат» казияталъ къватIире кьуна Инхоса ГIали-хIажиясул, ГIахьалчIиса МуртазагIали-хIажиясул, Игьалиса Чупаласул, ХъахIабросулъа МахIмудил, ЦIадаса ХIамзатил, Расул ХIамзатовасул, Машидат Гъайирбеговалъул, Фазу ГIалиевалъул, Муса МухIамадовасул ва ГIабасил МухIамадил хIакъалъулъ документалиял фильмал. МагIарулазе тавпикь кьеги нилъерго халкъги, мацIги, тарихги, гьунаралги рокьизе ва миллаталъул рухIияб хазина, ясбер гIадин, цIунизе. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +49
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook