Авторизация

«Гьудуллъи» – магIарулазул рухIияб хазина

«Гьудуллъи» – магIарулазул рухIияб хазина 


Ассаламу гIалайкум, хIурматиял магIарулал!


Бащдаб гIасруялъ цебе жиндир мунагьал чураяв ХIамзатил Расулица кьучI тIамураб, магIарул мацIалъулги, адабияталъулги, маданияталъулги гъанситолъун лъугьараб «Гьудуллъи» журналалъулгун гьудуллъи кквезе ахIулел руго миллатцоял гьелъул редколлегиялъ.


«Гьудуллъи» буго хасго гьаб заманалда магIарулазе хIажатаб журнал. «Кинабго чурпа лъугьараб» нилъер гIасруялда гьеб журналалъул гьурмазда нилъеда батула магIнаяб калам, камилал асарал, ицц гIадин кенчIолеб ва чилчилиялда чвахулеб магIарул мацI, нилъер халкъалъул тарих, жакъасеб къо ва букIинеселъул хIакъалъулъ пикраби.


«Гьудуллъи» журналалъул редактор ккола аваразул гьунар цIубарав шагIир, хъвадарухъан, публицист, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул Пачалихъияб шапакъаталъул лауреат МухIамад ПатахIов.


«Гьудуллъи» журналалъул авторазда ва редколлегиялда гъорлъ руго магIарулазул машгьурал хъвадарухъаби, шагIирзаби, рагIул устарзаби: Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадов, жамгIияв хIаракатчи, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаев, филологиял гIелмабазул доктор, профессор Ибрагьимил МухIамад, халкъиял шагIирзаби Залму Батирова, КъурбанмухIамад МухIамадов, хъвадарухъаби МухIамад ГIабдулхIалимов, ГIайшат ГIалиева, ПатIимат ГIабдурахIманова, шагIирзаби ГIайшат Малачиева, ТубхIат Зургьалова, МахIмуд-Апанди МухIамадов ва цогидалги.


МагIарулазул гьанжесеб адабият буго «Гьудуллъи» журналалъул гьурмазда. Халкъалъул къисматалъул хIакъалъулъ пикраби, тарихиял макъалаби, цIиял асарал – бечедаб буго гьеб басмаялъул хазина.


Журналалъул редактор МухIамад ПатахIовас гIуцIана «ШигIрабазул годекIан» абураб, Дагъистаналъул миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул къайимлъиялдалъун биччараб гьанжесеб авар литератураялъул антология ва  гIумруялде рахъинарулел руго жеги чанги батIи-батIиял пайдаял ишал, проектал.


Аралда таманча речIчIани, бачIунеселъ гIарада речIчIулилан хъвана «Дир Дагъистаналда» ХIамзатил Расулица. «Гьудуллъи» журнал цIалулев, гьелъие подписка гьабурав чиясда киданиги кIочене гьечIо жиндир халкъги, мацIги, адабиятгун маданиятги. Миллаталъул рухIияб бечелъи буго гьаб басмаялда. Нилъедаса ратIалъарал, Дагъистаналъул, Россиялъул ва дунялалъулго литератураялда лъалкI тарал шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул асаразегун гIумруялъе цIияб куцалда къимат кьурал, гьезул тIахьал цIия-цIиял гIелазе рагьулел хасал номералги риччала «Гьудуллъиялъул» редколлегиялъ.


Гьединал спецвыпускал, хасал номерал риччана Расул ХIамзатовасул, Фазу ГIалиевалъул, Муса МухIамадовасул, ГIабасил МухIамадил ва цогидалги рагIул устарзабазул юбилеязде.


Нилъер халкъалъул ургъел бугев, миллаталъул рухIияб гIумруялдаса ва адабияб хазинаялдаса ватIа тIезе бокьичIев, магIарул мацIги цIарги, яхIги махIги тIубан жиндилъа тIагIинчIев магIарул чи «Гьудуллъи» хъвазе гIедегIизе вуго.

Нилъер халкъалъул буго дунялго асир гьабураб адабият. Гьелъул хIурмат гьабизе тIадаб буго бищун цебе нилъеда. Аваразул рагIул устарзабазул щвалде щварал асараз инсан куцала, чаран кинигин, лъадарула, гIаданасулъ гIаданлъи тIирщизабула, пикру гьабизе, гIакълу босизе ахIула, бечедаб нилъер авар мацIалъул тIадегIанлъи цIунула ва гьурщула.


Бокьилаан «Гьудуллъи» журнал хъвазе бищун цебе хIаракат бахъани школаз, хасго авар мацIалъул мугIалимзабаз, районазул ва шагьаразул маданиял гIуцIабаз, клубаз, библиотекабаз. Гьеб ишалъулъ цебехъанлъи бихьизабизе мустахIикъаб букIинаан магIарулаз гIумру гьабулел районазул нухмалъулезги.


Адабияталъ, литератураялъ цIунула ва борхалъиялде бахинабула миллияб мацI, мацI гьечIони, халкъ букIунаро.

Жакъа нилъер халкъалъул бищун кIвар бугел суалазул цояб ккола рахьдал мацIалъул суал. Цо-цоял авар мацI бицине «нечолел» руго. Дурго халкъалдаса ва мацIалдаса нечезе гуро кколел, роххизе ва чIухIизе ккола. Гьедин гьабула дунялалъул тIолго миллатазги.

«Гьудуллъи» журналалъул жилдалда нилъеда ратула гьадинал рагIаби:


БацIцIадаб магIарул мацI,

МагIнаяб адабият,

Арабги, гьанжесебги –

Гьале дуе «Гьудулъи».

Нилъерго гIадат, гIамал,

Кици, бицен, махсаро;

Хабар гьуинаб гьобол –

Гьудуллъун ккве «Гьудуллъи».


Тавпикъ кьеги магIарулазе «Гьудуллъиялъулгун» гьудуллъи гьабизе ва нилъер мацIги беричаб, бечедаб, гьайбатаб рухIияб дунялги цIунизе. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +43
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook