Авторизация

Гьанже гIоде, гIадамал, гIодой бутIрулги къулун, ГIешдерил Щулалъул гохI щванин тушбабазухъе

Аралда таманча речIчIани…


Гьанже гIоде, гIадамал, гIодой бутIрулги къулун,

ГIешдерил Щулалъул гохI щванин тушбабазухъе


Авартеатралда – «Дир Дагъистан» моноспектакль


Араб анкьалъул ахиралда ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб магIарулазул драмаялъул театралда бихьизабуна Россиялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиевасул «Дир Дагъистан» абураб, Расул ХIамзатовас 95 сон тIубаялде хIадурараб спектакль.


Паналъи ва кIодолъи…


МагIарул маданияталъулги адабияталъулги кIалгIа ккола Авартеатр. Гьединаб бакIлъун букIин буго гьелъул борч, магIна, масъала. Гьединаблъун букIине, гражданазул налогаздасан сурсаталги риччан, хIалтIулебги буго гьеб. Авартеатралъ лъикIаб спектакль лъуни ва гьениб лъикIаб тадбир гьабуни, магIарулал рохула. Авартеатралда «Viva» дискотека рагьани ялъуни «Маймалаказул церерахъин» моцIаз лъун бугони, магIарулал пашманлъула.


 ХIамзатил Расулил «Дир Дагъистан» тIехьалдасан гIуцIараб Россиялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиевасул моноспектакль гIадамаз лъикI къабул гьабуна. Нилъер халкъалъул, Дагъистаналъул, Кавказалъул къисмат рагьулеб асар буго гьеб.


РакIалда буго, ХIамзатил Расул тIаде вачIаравго ялъуни гьес асар цIаларабго, зал цIурал гIадамал тIаде рахъунаан. Гьеб буго нилъер халкъалъ кIудияв инсанасул ракI-ракIалъго гьабулеб хIурматалъул гIаламат. ХIусен Казиевасул «Дир Дагъистан» моноспектаклялъеги, тIаде рахъун, хIурмат гьабуна гIадамаз. Ралагьаразе хасго кIудияб асар гьабуна, нилъер имамул агIзам, Кавказалъул миллияв бахIарчи, исламалъул багьадур, шайих Шамилил къеркьеялъул бицарал мухъал актерас цIалулелъул.


Гьанже гIоде, гIадамал, гIодой бутIрулги къулун,

ГIешдерил Щулалъул гохI щванин тушбабазухъе, –


гьел мухъал цIалулел рукIун руго Шамил имамасе жиндирго руччабаз, АхIулгохI толагоги, Гъуниб магIардаги, Маккагун Мадинаялъул салул авлахъаздаги…  Гьедин хъван буго ХIамзатил Расулица «Дир Дагъистаналда» имамзабиги, исламги, диналги какулел захIматал соназда. Буго цо бергьараб паналъи ва зодобе гIунтIараб кIодолъи гьел рагIабазулъ.


Щибизе вахарав борхатаб Гъунив…


Щибизе вахарав борхатаб Гъунив,

ГъалбацI асирлъараб ссанда берчIвазе,

ХъвахIав пачаясул чукъа – фельдмаршал

ЧIухIун гIодоб чIараб гамачI бихьизе.


Долго согIал соназ гьединги хъвана ХIамзатил Расулица. Гьел мухъалги руго шагIирасул ва хъвадарухъанасул бищун машгьурал асаразул цояблъун кколеб, камилаб ва хIикматаб «Дир Дагъистан» абураб тIехьалда.


ЦIакъ лъикIаб хIужа ккола магIарул театр магIарул халкъалъул гIаламаталлъун кколел хIаракатчагIаздехун гьумер битIун буссин, ХIамзатил Расулил адабияб ирс гIадамазда цIидасанги ракIалде щвезаби, гьесул асаразул инсан лъадарулеб магIна гьурщизе жигар бахъи. Бокьилаан гьеб къагIидаялда цоги авторазул ва нилъер кIудиял хIаракатчагIазул гIумру ва къеркьей бихьизабулел асарал нилъерго театралъул сценаялда рихьизе.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +35
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook