Авторизация

Авар гIурухъа – Волга гIурухъе


Дунялалде рагьараб гордо


Авар гIурухъа – Волга гIурухъе


Турулел цIулал росаби ва цIиял стадионал


Боржунеб жоялда сапар бухьани, нилъ тIасан арал ракьазда бугеб гIумру нилъеда бихьуларо. ТIадгьаваялдасан, космосалдасан гIадин, рихьула гIорал, хурзал, заводал, шагьарал ва росаби ралъдал гьумералдаса къоазарго натIалъ эхедегIан боржунеб самолеталъул гордухъан. Амма ракьалдасан сапар гьабурав чиясда гIадамазул яшав ва гьелъул даража цебе рехун бихьула. Россиялъул бакъуллъиялда, Поволжье абулеб бакIалда, Гъоркьияб Новгород тахшагьарги бугеб Нижегородалъулаб областалда, икълималда руго ресалда ругелги ресукъалги, гьанжесел чIухIарал кIалгIабиги, къуларал, турарал цIулал минабиги.


2018 соналъул 3-5 ноябралда Россиялъул Гъоркьияб Новгород шагьаралда ва гьезул областалда тIобитIана Россиялъул халкъазул миллиял литературабазул фестиваль. Гьал мухъазул авторги гIахьаллъана гьенив. ТIоцеве щвана гьеб мухъ-рахъалде. Дунялалъул адабияталда жаниб кIудияб лъалкI тарав Александр Пушкинил анкьумумузулго букIараб КIудияб Болдино абураб росулъги рещтIен гьабуна. Гьел сапаразда рижарал мухъал ва пикраби газета цIалулезулгун гIахьал гьарилин ракIалде ккана.


ТIоцебесеб къо. МахIачхъала – Москва – Гъоркьияб Новгород


Дагъистаналъул тахшагьаралъул Амет-Хан Султанил цIар лъураб халкъазда гьоркьосеб аэропорталдаса цин Москваялъул Внуково аэропорталде роржана нилъер республикаялъул вакилзаби. Гьениса Гъоркьияб Новгородалдеги бухьана гьаваялъулаб сапар. Гьаниса Москваялде кIиго сагIатгин 20 минут балеб батани, Москваялдаса Гъоркьияб Новгородалде сагIат бана рорженалда. Гъоркьияб Новгородалъул Стригино аэропорталдаса Советская къотIноб бугеб Marins Park Hotel абураб гьоболлъул минаялде гьокочияс 600 гъурущ босана.


Гьеб отель бугоан советияб заманалдаго бараб, амма исана, 2018 соналъул футболалъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталде къачIараб. Европаялъулазе бокьула цо-цо чи жанив чIолел номерал, рукъзал. ГIурусгун ингилис мацIалда щибаб тIагIелалда аскIоб хъван бугоан сундуе ва кин гьеб хIалтIизабулебали. Гьеб отелалда дандбитIун 2018 соналде бан лъугIизабун буго «Гъоркьияб Новгород» абун цIар лъураб, чIухIараб, ФИФАялъул тIалабазда данде кколеб стадион. Гьенире роржун рачIунелъул сардилъ чирахъаз къалъизабун бихьулеб букIана гьеб.


Лъалеб букIахъе, Россиялда тарихалда жаниб тIоцебе тIобитIун буго 2018 соналда футболалъул рахъалъ дунялалъул къецал (мундиаль). Бакъбаккул Европаялдаго тIоцебесеб мундиаль букIун буго исана. Гьел къецал тIоритIана 14 июналдаса 15 июлалде щвезегIан Европаялъулги Азиялъулги рахъазда, Россиялъул гьеб кIиябго континенталда гъорлъе унел шагьаразда. Россиялъул 11 шагьаралъул 12 стадионалда рукIана хIаял. ФИФАялъ исанасеб чемпионат рикIкIана тарихалда жанибго бищун лъикIабиланги. Гьенир чемпионаллъун парангал рахъана. Россиялъул 11 шагьаралъе гIезегIан кверчIвай щвана, ЧМ хIалай ккун.


Цо-цо жамгIиял хIаракатчагIаз цебеккун суал борхулеб букIана, Дагъистаналдаги хIан лъикIила гьеб чемпионаталъул гIахьалчагIи. Дербенталда цIияб стадион базе кколилан хъвай-хъвагIаялцин рукIана. Амма Северияб Кавказалъул цониги шагьаралъе гьеб чемпионаталъул пайда бахинчIо. ГIицIго «нух къосарал» Мексикаялдаса футболалъул рахъкколел рещтIана нилъехъ.


Улкаялъул бакъулълъиялда гIатIидал ва щвалде щварал нухалги, спортивиял бакIалги, туризмалъул ва цоги рахъазул кIалгIабиги эхетун руго чемпионаталде. Кибали гIорхъада бугеб Кавказ щайилан тун батизеги бегьула. ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул суал гIиллалъун бачун батани, гьеб рахъ гьедигIан квеш бугилан абизеги захIмат буго.


КIиабилеб къо. КIудияб Болдино – Пушкинил росу


Гьанже футболалдаса адабияталде, маданиталде, рукIа-рахъиналде ва цоги суалазде рачIинин. КIиабилеб ноябралда МахIачхъалаялдаса Гъоркьияб Новгородалде къатIире рахъарал Дагъистаналъул къалмилал, гьеб шагьаралда сордо бан, садал 09.00 сагIаталда сапаралде рахъана Александр Пушкинил КIудияб Болдино росулъе Фестивалалде ракIарарал Россиялъул 40-йидасаги цIикIкIун халкъазул вакилзабаз кIиго кIудияб автобус цIезабуна. 3-4 сагIат бана нухда. Гьеб областалъул югалъул гIорхъодегIан бугоан КIудияб Болдино. Автобусалъул гордухъан рихьулел рукIана гIатIидал авлахъал, хурзал, шагьарал, росаби, рохьал, махил гъутIби, накIкIил гъутIби…


Бищун кIудияб асар гьабуна цIулал минабаз. Лъалеб букIахъе, гIурус халкъалъул гьунар буго цIулал минаби разе, гьединал ригьзал ккола гьезул культураялъул ва тарихалъул кIвар цIикIкIарал гIаламатал, памятникал. Амма гIемерал цIулал минаби ругоан турулел, рехун тун, къулун, ракьалда щущан, гьетIун, кIичIун… Росабазул къисмат киса-кибего къо бахъанагIан захIмалъулеб буго. Амма, росу гьечIого, чи хIебтIуларо. Росдаца кваназабулеб буго дунял. Росабалъ хьихьула рукъалъул хIайванал, росабалъ рекьула хурзал, гIезарула нигIматал. Росаби гьечIони, инсаният хвасарлъуларо. ХIажат буго пачалихъалъ росу цIунизе. Росу цIунани, цIунула мацIги, цIарги, гIадат-гIамалги, улкаги, тIолабго дунялги.


Берцинаб бакI бугоан КIудияб Болдино. Александр Пушкинил музей-заповедник буго гьениб. Гьеб буго 8,5 гектар бугеб, сверун къараб бакI. Пушкинил умумузул кIиазарго гьезде вухьарав (крепостной) векьарухъан вукIун вуго. Пушкинил кьибилалъул гIадамал налъукье ккедал, гьел рекьарухъабиги гъоркьлъалие лъолел рукIун руго банказда, налъи тIубаялъе. Лев Толстояс гIемерал бигьалъаби гьаруна жиндирго рекьарухъабазе, рана школа ва азарханаби, цIализегун лъай босизе малъана. Гьедин гьабизе Пушкинида бажаризе букIинчIищилан кьураб суалалъе жаваб щвана, Россиялда рекьарухъабазе эркенлъи щвечIеб заман букIанин гьебилан. Лъалеб хIужа бугоха император Александр КIиабилес 1861 соналда тархъан гьари Россиялъул империялъул рекьарухъаби.


Пушкинил заповедникалда руго цIакъ гIажаибал минаби, рукъзал, тIагIалаби… ШагIирасул заманалдаго рукIарал рицIцIилгун миккил гъутIи руго гьенир. Гьес ургъарал гьесул асаразул багьадурзабазе, персонажазе гьарурал сипатал, памятникал, скульптураби руго.

ЦIакъ ракI гIодобе биччазабулеб, шигIруялъе ва хIайранал асаразе бижараб бакI бугоан КIудияб Болдино. КIиго хIорги буго гьениб, гьезда тIаде къулун, лъадал матIуялъуре гъалал гьурщарал гъутIбиги руго…


Лъабабилеб къо. Адабияталъул байрам ва Мининилгун Пожарскиясул байданалда «ГIакаро» ансамбль


Фестивалалъул лъабабилеб къо ана Гъоркьияб Новгородалда. Россиялъул халкъазул литературабазул дандеруссинал, докладал, асарал цIали, тIахьал ричи, хъвадарухъабазулгун дандчIваял – гIемерал тадбираздалъун гьарзаяб къо букIана.


Россиялъул халкъал цолъиялъул къоялде Мининил ва Пожарскиясул байданалда гьабураб тадбиралда цере рахъана Хунзахъ мухъалъул «ГIакаро» ансамбль, Дагъистаналъул халкъияй артиста ГIайшат Тажудинова  ва гь.ц.


Болдиноялде нухда автобусалда жанив вукIаго, кагътиде гирарал гьал мухъалги кьолел руго гьаб сапаралъул очеркалъул ахиралда.


Болдиноялде нухда


Болдиноялде нухда

Хергун чIахI бижиларо.

БукIа щибаб халкъалъул

Хасаб кочIол Болдино!


БолмацI – авар Болдино,

МагIарул Бородино, –

РухIияб тахшагьарги

Ахир гьечIеб къеркьейги.


РекIеда куркьбал гъураб,

Пикрабазда рухI лъураб,

ХIикматал лахIзатазул

Гъанситойин Болдино.


Болдино – рекIел ахIи,

Росдал гьавадул цIилъи,

Панаяб хIухьелги – гьеб,

ХъахIал къункърабиги – гьеб…


Болдино – кочIол мегIер,

Пикрабазул авлахъ, зоб,

Эркенал асаразул

Сири балеб борхалъи.

 

Росдал къисмат…


Маргьабазулъ кинигин, гьетIун буго цIулал рукъ,

Къисматалъул гьир бакIлъун, гьод буго гьелъул къулун.

Къваридго кIичIун руго гордал – рукъалъул берал,

Беццлъун руго гьел тIубан, магIу гIемераб тIеялъ.


…МагIарул росабазул къисмат бачIуна цебе –

ЧIунтарал, рехун тарал нус-нус цIудул бусаби.

Инсул рокъоб мичIчI бижи – божиялъе хилиплъи,

Хирияб ВатIан бичи – бищун кIудияб рогьо.

 

НакIкIил гъутIбузул рукIкIби…


Махил гъутIбуздаса тIамах гъенараб

КватIараб хаслихълъи – Болдино росулъ.

Меседил ретIелги тIутIун бортун ун,

ТолохIочал гъутIби руго соролел.


Хисуларел рукIкIби къватIирги хучун,

НакIкIил гъутIби руго гIурччинаб кьергун,

ГIужрукъил тIом гIадал гIаркьалабаца

ГIумру къеркьей бугин хьвагIулеб буго.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +27
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook