Авторизация

Зодобе буссараб Рулдаб росулъан некIсиял гIасраби кIалъалел руго

МагIарулазул росаби. Рорхатал мугIрузда руго гIадамал


Зодобе буссараб Рулдаб росулъан

НекIсиял гIасраби кIалъалел руго


ВатIаналъул кIкIуйцин гIагараб букIуна


ЧIарада мухъалъул ГIириб росдал свериялда гъорлъе унеб Рулдаб росулъе сапар бухьана «Миллаталъул» вакилзабаз араб анкьалда. Ралъдал гьумералдаса ункъазаридасаги цIикIкIун натIалъ (2280 метр) борхалъуда бугеб гьеб росулъ дагьал соназ цебеги цо-кIиго гурони цIараки хутIун букIинчIо. Гьанже гьениб 3-4 цIияб мина бан буго ва цIидасанги гIумру цIилъулеб буго. 1980-абилел соназдайин абуни Рулдаб 80 цIаракиялъ гIумру гьабулаан ва хасало тIулбузухъан бурулеб кIкIуй кьарияб букIана.


«Дида бихьула цIа дир инсул гъасда...»


Рулдаб росдал годекIанире щваралго, гьалбадерида аскIоре рачIана жамагIатчагIиги кIиго залимаб гьойги. Гьабзазул кIудияб ва ццидалаб гIадаб, чIегIерчараб жанавар тIох биххараб минаялъул къададе бухьана гIолохъабаз.


Рулдаб росу цIигьабиялъе квербакъана Гъизляр мухъалдаса ЧIараде подполковник Шамсудин МухIамадов тIадвуссиналъги. Россиялъул МВДялъул ЧIарада районалда бугеб отделалъул нухмалъулев Шамсудин МухIамадовас чIваданалде сверун букIараб умумузул мина цIигьабун эхетана. Гьев ккола магIарулазда лъикI лъалев гIалимчи, филологиял гIелмабазул доктор, профессор, гIемерал соназ Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул МацIазул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъе нухмалъи гьабурав Ибрагьимил МухIамадил вац. «Дагъистан» ГТРКаялъ Ибрагьимил МухIамадица 60 сон тIубаялде документалияб фильм хIадурулеб буго. Гьелъиеги хIалтIи гьабуна гьаб сапаралда Рулдаб росулъ.


Гьесдасан мисал босун, цоги чанго умумузул ригьги чIаго гьабун буго Рулдаб. ГьабсагIаталда ункъо цIаракиялда 6-7 чияс гIумру гьабулеб буго гьениб. НекIсияб тарихалъул росу ккола Рулдаб. Гьеб уна магIарулазул кьесеразул жамагIаталда гъорлъе. Советияб заманалда ГIириб, Хьинуб ва Нукъущ росабазда цадахъаб Серго Орджоникидзел цIар кьураб колхозги букIана рулдасезул.


Араб гIасруялъул 90-абилел соназда магIарухъа гIатIиракьалде гочана гIемерисел рулдасел. Гьез гIумру гьабулеб буго Шамхал поселокалда, Гъизляр, Гъизилюрт, МахIачхъала ва цогидалги шагьаразда. Дунялалда тIад рулдасезул вуго лъабнусидаса цIикIкIун чи, гьезул буго нусидаса тIаде борчIараб цIараки.


Кида магIарухъе нахъруссунел нилъ?


ГьабсагIат Рулдаб росулъ гIумру гьабун ругел гIадамаз хьихьула гIиялги, чIегIербоцIиги, чуялги. Амма бищунго берда цере рехулел рукъалъул рухIчIаголъаби ругон… гургурал ва хъазал! ГIадамазухъ урхъун ругон гьел! Хаду-хадур рачIун, фотокамераялда цере чIун, чIаголъи гьабуна хасго гургураз. Гьезие квине жо кьезе рачIарал чагIийин нижиланищ ккарабали лъаларо, хадур-цере рилълъунел рукIана хъахIал хIулабузул рухIчIаголъаби. Амма, цо-цо чIахIиял гьаркьалгун рачIун, хъазаз гьужумалги гьарулел ругоан гьезде.

Гьединаб, эркенаб, тIабигIаталъул бакьулъ гьабулеб, гIадатияб ва хIикматаб гIумруялда руго жакъа Рулдаб росулъе нахъруссарал магIарулал.


ЧIунтараб школалъул дарсал


Рулдаса гIолохъанчи Шамилица бихьизабуна гьал мухъалъул авторасда гьеб росу ва сверухълъи. Румазул Виргилий кинигин, чIунтарал авалазул къисаби рицунев вукIана гьев. Гьале ниж щвана ункъо сонилаб школа букIараб минаялъуре. Гьениб хъарщиялда, доскаялда гьарурал хъвай-хъвагIаял, жубай-бахъиялгун бикьи-кьабиял жеги нахъе рацIцIун гьечIоан. Мактабалъул минаялъул тIох бащдаб биххун бугоан. ТIун ун, тIохда лъугьарал чIахIиял картIазухъан партабазда бакъул чIорал речIчIулел рукIана. Хасалил цIороялъ, тIоцебесеб гIаздаца гъутIбуздаса гъенарурал тIамхал гIадин, тIатIале ран, кабинетазда жанир тIиритIун ругоан цIалдохъабаз ва мугIалимзабаз пайда босарал тIахьал.


ЦIер гьечIеб, рамка гьечIеб гордоялъул картIинисан бихьула чIунталиде буссараб росдал панаяб сипат-сурат. Гьуриги гIазугун цIадги руго гьаб школалда ханлъи гьабулел. Гъамсукь ва цогидалги магIарул росаби гIадин, тIубанго чIобоголъичIого, гIадамал тIадруссун, Рулдаб цIилъулеб букIиналъ цо хинлъи ва хьул рещтIинабула рекIелъе.


Цо-цо хIалтIулеб школалъ кьолездаса гъваридал, гIакъилал ва хIажатал дарсал кьолел руго нилъер халкъалъе Рулдаб росдал чIунтараб байбихьул мактабалъ. Гьадин чIунтила ва хвела нилъер миллат, нилъецаго милат гьабичIони, росаби рехун тани, цоцазул ургъел гьабичIони, гIаммал масъалаби тIурачIони, рикь-рикьун, «умматилан» ахIичIого, «напсилан» ахIизе журани. Лъимер гьимичIони, чIунтула дунял. ЦIи-цIиял гIелал авар мацIалъулги нилъер миллияб хасияталъулги тарбиялда гIолел гьечIони, нилъер букIинесеб гьечIо. «Дир ракьалда кьалда гIадан холаро, хварасул цIар лъола цIигьаруразда», - абун хъвана шагIирас. Нилъер миллаталъул хазинаби кьезе ккола гIолел гIелазухъе, мадиро гьабун, гвай гьабун.


Накку баччулеб гьегь…


Рулдаб росдал къватIалги тирун, ниж рахана щулалъи гIадаб гохIде. Росу цебе лъун бихьулеб, кьурул хъинс бугоан гьениб. Гьелдаса хадур къокъана рулдасезул музеялъуре. Нилъер халкъалъул рукIа-рахъин, тарих рихьизарулел анцI-анцI тIагIалаби ругоан гьенире данде гьарун. ГIезегIан кIудияб гьегь бугоан, руччабаз накку баччулеб. Гьединго музеялъур рихьана дадал, хьонбакI, гъансал; халичаби, кварал, гIертIил къвалал, таргьаби рессулел алатал, гIучIалтIамал, сахIал, къалал, гъасда рукIунел тIагIелал, хурухъанлъиялъул алатал, рукь, нагьра ва гь.ц.


КIудияб махщалида рарал минаби рукIун руго Рулдаб росулъ. ГIемерал руго кIармалги. Махщел камилал къадахъабаз эхетарал гьел ригьзал риххулел рукIиналъ ракI пашманлъизабула. Гьедин чIунтIулел некIсиял минабазда цадахъ нилъехъа тIагIун, рахъун унел руго тарихалъул гъатал, бутIаби…


Ниж Рулдаре щвараб къо букIана МагIаруллъиялда 2018 соналъул тIоцебесеб гIазу бараб мехел. ХъахIлъун букIана сверухълъи. Мерхьулаго цIияб гIазугун, рахана росда тIаде балагьараб цоги борхалъиялде. Гьеб мегIералъул тIогьиб чIван бугоан зани. Рулдаб росдал гIадамазда къилба бихьизабулеб зани бугин гьебилан бицана. Гьединго гьеб магIарда бакIарулеб букIун буго жамагIат, цIакъго ракъдаллъун, нигIматаздаса махIрумлъизе, хурзабахъ бижараб жо бакъван хвезе ва боцIуе кваназе хер камизе байбихьидал, цIад гьаризе.

Гьеб борхалъиялдасан бихьула кIкIалал тIинда бугеб Нукъущ росу. Гьединго къилбаялдехун, югалдехун ругел мугIрузул гIодоблъиялда буго эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул лъабцIул чемпион ва Олимпиялъул чемпион ГIубдулрашид СагIадулаевасул Гьилиб росуги.

БоцIи кваназе мугIрул гьарзаго руго рулдасезул. Фермаялъе минаги бан, гьениб боцIи хьихьизе квер барал чагIиги ругоан. МугIрул мегIелиялда, расалъиялда бараб Рулдаб росдада сверухъ руго, кьерал гьарун, нилъер умумуз гIуцIарал хурзал. Гьезул гIемерисел гьанже чIунтIун, гIурдаде руссун ругоан. Векьарухъанасухъ урхъун ратила гьел…


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +24
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook