Авторизация

Пачалихъалдаса "балъго" гьарурал такъсиразул ва тамихIалъул хIакъалъулъ




Араб анкьил цIиял харбазулъ аслияб бакI ккунин абизе Москваялда жанив лъурав Карачаево-Черкессиялдаса сенатор Рауф Арашуковасул цIияб хабаралъ. 


Информациялъул алатаз кьолел баяназда рекъон, сенатор туснахъ гьавун вуго Федералияб Собраниялъул минаялъуб данделъи тIобитIулеб мехалда. Цевеккун Россиялъул генералияв прокурор Чайкаца сенаторазде хитIаб гьабун буго гьев сенаторасул кверщалидаса махIрум гьавеян, хадувго жанивги лъун вуго. Гьениб щибниги гIажаибаб жо гьечIин, коррупциялъулгун рагъ унеб буго улкаялдаян телаан нилъеца гьеб иш. Щакаб жо буго Арашуков малаик гIадав мунагь гьечIев чи ватинги, хасго жакъасеб Россиялъул ахIвал-хIалалда. Амма суалал рачIунел руго гIемерал. Суалал рачIунел руго тIубанго пачалихъалъул системаго, кьучIго жагъаллъун букIиналъул гIаламатал загьир гьарулел. 


Масала, абулеб буго цереккун цIех-рехалъул комитеталъ кьурал баяназда рекъон, Арашуковасда щаклъи букIанила 20I0 абилеб соналдаго гьес гIадамал чIван рукIиналда. Абулеб буго гьесдаго гIунтIизабулеб бугила гIайиб 30 миллиардалде гIагараб къадар газалъул гIарац бикъиялъул.


Кин ав 2010 абилеб соналда гIадамал чIваялда щаклъи букIарав чи эркенлъиялда хутIарав? Щай гьес гIадамал чIван ратичIони гьедигIан кIудияб бугьтан чиясда лъолеб? Щай гIадамал чIван ратани ав Федералияб Собраниялде сенаторлъун кколев маххул хьуриялда нахъе рохь къотIизе кколев вукIарав чи? Кире ралагьун рукIарал улкаялъул бюджеталдаса нус-нус миллирадал жидеда тIад харж гьабулел къуваталъул структураби: МВД, ФСБ, прокуратура ва цогидал гIурхъи тун гIемерал хасаб хъулухъалъул къуватал?


ГIадамални тохлъукьего чIван, азда рихьичIого рукъун ратилин тела, кин аздаса балъго бикъараб 30 миллиард? Гьаб кинаб пачалихъ гIанкIу бикъарасе кьварараб гIадул бугеб, миллиардал рикъарал анцI-анцI лъагIелаца рихьичIого хутIулеб?


Дида кIоларо Арашуков я такъсирчи вукIанин, ялъуни вукIинчIин чIезабизе. Амма мухIканго абизе кIола гьев чи хIалтIулев вукIун ватула улкаялда бугеб, анцI-анцI сонаца билълъараб, киназдаго лъалеб коррупциялъул нухда. Гьел чIахIиял, миллиардазул туснахъалги, цIех-рехалги, гьезие гьабулеб диванги жакъасеб Россиялда гIемерисеб мехалда пачалихъалъул коррупциялъул рагъ гуро букIунеб, коррупциялъул коррупциялъулгун рагъ букIуна. Цоясул хиял цогидасул гIарцуде лъурабго байбихьула гьаб тайпаялъул къеркьей. Гьебго сериялдаса букIана "Сумма" компаниялъулгун ва вацал МухIамадовазулгун рагъги. АрбагI къоялъ нахъойги 30 абилеб марталде щун халат бахъана гьезул туснахъ гьариялъул болжал.


Гьенив кIалъазе рагIи кьурав Зиявудин МухIамадовас абуна жинца ахираб 15 соналда жаниб Россилъул экономикаялда I50-I70 миллиард гIарац харж гьабунин. "Гьаб сагIаталда "Сумма" компаниялда хIалтIулев вуго 35 азарго хIалтIухъан, компаниялда унел руго чIухьбаял, аресталда буго 350 миллиард гъурущ", - илан.



Гьеб буго тIубараб бизнес-империя гъоркьлъалиеги босун пачалихъалъ жидего бокьухъе чурхъулеб гIадаб жо. Кин кколеб нужеда, ахIун Кремлиялдегун гьелго МухIамадовазда жавабиял чагIаца абуни нуж гьалги, гьалги шартIазда хIалтIизе кколин гьел разилъилаандай? Разилъилаан. Щайха абичIеб гьедин? Щайгурелъул гьездаса цо бутIа босиялдаса тIубан кинабго бахъизе бокьиялъ гьезул бизнесалда хиял лъурал чагIазе. Улкаялда киназего гIаммаб закон, такъсиралъухъ тамихIги гьечIеб мехалда ккола гьадинал ишал. Бихьуларо анцI-анцI сонаца гIадамал чIван рукIинги, газалъул гIарац бикъиги, магъалаби кьунгутIиги. Гьеб бихьула гIицIго жидее бихьизе хIажалъараб мехалда. Гьелъ хун буго гIадлуги.


Хабар лъикIаб рагIайги.


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook