Авторизация

«Тарихиял гIорхъаби»?


Сиясат


«Тарихиял гIорхъаби»?


Дагъистаналъулги Чачанлъиялъулги гьоркьорлъаби: щиб бикьулеб бугеб?


«Тарихалъул кьучIалда чIезаризе руго Дагъистаналъулги Чачанлъиялъулги гIорхъаби», – гьединаб лъазаби гьабуна араб анкьалда Дагъистаналъул тIадчагIазул вакилзабаз. Гьелда цебе Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатас абун букIана чачаназе миллияб район гIуцIизе кколин Дагъистаналдаян. Гьединал, улка бикьа-биххизабиялде гьесизарулел рагIаби рехулел руго тIадчагIаз. Гьединал рагIаби унго-унгоял жалилан ккун, щибаб миллат къватIибе бахъани, хIасилал пашманал ккезе бегьула.


«Кавказалда гIорхъабазда хъвазе бегьуларо!»


Кинал тарихиял гIорхъабазул нилъеда бицунеб бугеб? Цо заманалда аваразул нуцал ГIумаханасе мутIигIлъулаан Кавказалъул гIемерисеб бутIа. Имаматалъул заманалдаги рукIана хасал гIорхъаби. 1944-1956 соназдаги рукIана пуланал гIорхъаби. Сариралъул гIасрабаздаги рукIана магIарулазул гIезегIан гIатIидал гIорхъаби… «Тарихалъул кьучIалда» жакъа гIорхъаби чIезаризе лъугьани, гьаб дунялалда гьоркьор къотIи гьечIел питнаби рагъарула.


Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевас абун букIана: «Кавказалда гIорхъабазда хъвазе бегьуларо!» – йилан. Гьединал, гIумруги бихьарал, Кавказги лъалел политиказул пикруги хIалеб гьечIо жакъа.


«Тарихиял ракьазде тIадруссунел ругилан абун», ГIизраилалъул тIадчагIаз гIакъуба кьолеб буго кьолболаб гIараб халкъалъе Палестинаялда. АнцI-анцI соназ гIодобе буссунареб питна буго гьениб, ракьул суал сабаблъун. ЖакъалъизегIан щибго къварилъи гьечIого букIараб Дагъистаналъулги Чачанлъиялъулги гIорхъабазул суал, жакъа щай балъаргъулеб бугеб? Россиялъул Конституциялда хъван буго улкаялъул киналго халкъал ращадал ругилан. Амма Северияб Кавказалда халкъазда гьоркьоб батIалъи гьабулеб букIиналъул гIаламатал халлъулел руго.


Магьра-маргьа-цидули…


Тарихияб гIелмуги буго мадугьалзабаз жидее лагълъи гьабизе тIамун. Жидерав щварабщинаб ракь жидерилан чIолеб гIадаб хIисаб буго. Мадугьалзабазул вакилас Англиялда хIетIе чIун батани, Англиялъул чIинкIиллъиги гьеб Кавказалъул халкъалъул бакI кколеб бугилан абизе рахъинчIони гьезул цо-цоял. «Чачанлъиялъул тарихияб гIорхъи букIана, Сулахъ гIоралде щвезегIан. Дагъистаналъул гIатIиракь чачаназул ккола. Каспий ралъдалъ бугеб Чечен чIинкIиллъи буго чачаназул ракь», – гьеб бакъаналда хъвадарулел руго цо-цо чагIи, сордо-къоялъ чIечIого. Гурин, гьел маргьаби тарихалда данде кколарилан гьезие жаваб гьабурав чиги гьез жидер халкъалъул тушманлъун рагIизавулев вуго, вухилин, чIвалин хIинкъаби кьолел руго.


РухIарал миллатцоял


Бороздиновская росулъ рукIарал магIарулазул чанги чи, цIаги гъун, вухIана. Гьеб такъсир жеги рагьун гьечIо. Гьединал такъсирал таманал руго. Исана 20 сон тIубалеб буго мадугьалихъа халкъазда гьоркьосел хъачагъал Дагъистаналда тIаде кIанцIаралдаса. XX гIасруялъул 90-абилел соназда букIараб чачаназул рагъул заманалда рокъор хьихьана дагъистанияз мадугьалихъа кьалдаса лъутун рачIарал чагIи, рахIму-цIоб гьабун, жидеего гьечIеб чед-хинкI кьун. Гьанже гьеб лъикIлъиялъухъ кьолеб бугеб «баркала» бихьуларищ?


Хъачагъаллъун рукIарал чагIи руго жакъа мадугьалихъ тIалъиялда. Щибха гьелъ бицунеб бугеб? Нужеца хъачагълъи гьабе – цинги нужее бокьарабщинаб кьезе буго – гьединаб магIнайищ бугеб гьеб политикаялъул?


Дагъистаниязе гьабураб депортация


Дагьабго бицен гьабилин дагъистаниязул хIакъалъулъ бакътIерхьуда ругел мадугьалзабазул цо-цояз тIиритIизарулел гьерсазул хIакъалъулъги. Чачаназе депортация гьабуна, СССРалъул нухмалъиялъул буюриялда рекъон. Чачанлъиялде гочинарурал дагъистаниялги рукIана гьединабго депортациялъул къурбанал. Дагъистаналдаса цониги хъизан бокьун Чачанлъиялде гочинчIо.


Гьал мухъазул авторасда лъикI лъалел мисалал рачинин. Цебеккунги чанцIулго гьаб темаялда хъванги букIана. Гъоркьа ва ТIаса Гьарадирихъ росаби гочинаруна Чачанлъиялде. Жакъасеб Ножай-Юрталъул районалда гъорлъ буго Бас-Гордали абураб росу. 1944 соналда чачаналги ингушалги Гьоркьохъеб Азиялдеги гочинарун, ЧИАССРги биххизабун хадуб, Бас-Гордали росулъе гочинаруна гьарал ва гьеб росдада Гьарадирихъ абун цIар лъуна. 1956 соналдаса хадуб чачанал тIадруссана ва гьаралги жидер мугIрузде рачIана.


ЧIунтарал росаби цIигьаризе ккана


 Гьоркьа ва ТIаса Гьарадирихъ росаби гьел соназда чIунтана, хадур кьучIдасанго цIигьаризе ккана. Гьава-бакъ рекъечIого, Чачанлъиялда гьарадирил анцI-анцI чи хвана. Гьал мухъазул авторасул кIудияв инсул эбелги юкъун йиго Чачаналъ. Гьединаб балагь рещтIана магIарулазда тIадги. Чачанлъиялда хвезе «анищалда» рукIун ратиларищха гьарал. Гьанже рахъун гьездеги гьел гIадиназдеги кьучI гьечIел бугьтанал гIунтIизарулел руго, «чачаназул хинкIал кваназе, ракьал рахъизе рачIанилан». Депортациялъул къурбаналлъун ккарал магIарулазде гьабичIого гIайиб, гьеб депортация гьабураб улкаялъул тIалъиялде гьабизе ккела. Гьеб мехалъ букIина битIун.


Жаваб щолареб суал


Жеги мухIкан гьабун гIорхъабазда щиб гьабизехъин бугебилан Дагъистаналъул халкъалда абулев хъулухъчи вахъинчIо. Гьеб темаялда гьанжелъизегIан тIадчагIаз гьарурал кIалъаялги цIакъго тату хварал, букIинеселда божилъи гьабизе захIматал руго. Ингушетиялъе гьабураб тIекълъи цебеги буго. Тарихалда жаниб тIекълъи хIехьон ругьунаб халкъ букIинчIо Дагъистаналъул. Гьанже балъаргъулеб бугеб гьаб суалалъ Кавказ кибе бачинебали лъаларо. Суал рагьухъе буго.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +25
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook