Авторизация

Ракьул мацI лъазабизе ккола


Заманаялъул гьоко


Ракьул мацI лъазабизе ккола


БакIазул цIарал – гIелму, тарих, политика


 2012 соналъул 13 апрелалда РАНалъул ДНЦялда тIобитIана Дагъистаналъул географиял цIарал лъугьиналъул бицунеб гIелмияб данделъи. 


 XX гIасруялъул бащалъуда гIалимзабаз абулеб букIана нилъер республикаялда гьел цIаразул бащадал

 кIочанилан,  риланилан.



ТIадчIун гьел ракIариялъе гьанжегIаги хIалтIи гьабичIони, гьелъ нилъер тарихги, мацIги, халкъги мискин гьабулилан бицана гьениб цIех-рехчагIаз.


БакIазул цIаразул хазина


ДНЦялъул тарихиябгун маданияб ирсалъул масъалабазул рахъалъ ГIелмияб советалъул исанасеб гьеб дандеруссиналда кIалъалаго, централъул нухмалъулесул заместитель МуртазагIали ХIажиевас абуна, республикаялъул вузазда цадахъ, топонимазул (бакIазул цIаразул) гIелмияб цIех-рех жидецаги гьабулеб бугилан. ХIалкIванагIан цIикIкIун гьединал цIарал кагътиде росун, гьел киса рачIаралали лъазабун, топонимазул хасаб хазина (энциклопедия, фонд) гIуцIун, жеги гIемераб хIалтIи гьабизе ккезе бугилан бицана гьес: «Топонимал дандегьариялъул ва гьезие гIелмиял баянал кьеялъул хIалтIи жеги жагаралда гьабизе ккола. ЦIакъ кIвар бугеб тема буго гьеб. Жакъа тIолабго Северияб Кавказалда гьеб гIелму (топонимика) цебетIолеб буго. Гьединлъидал босана гьаб суал ГIелмияб советалъул данделъиялда гьоркьоб лъезеги. Аслияб кIалъай гьаниб гьабизе буго гIалимчи МухIамад МухIамадовас. БакътIерхьул Дагъистаналъул топонимазда тIасан гъваридал цIех-рехал гьарун руго гьес. Севералъулгун бакътIерхьул Кавказалда, Адыгеялда, Осетиялда, - киса-кирего топонимал лъазарулел руго. Осетияз киналго топонимал ракIарана, чачаназги георгафиял цIаразул кIиго том къватIибе биччана. Гьеб масъалаялда тIад гъеж гурун хIалтIизе ккола нилъги».


«Топонимазул бугеб кIвар цебечIезабулеб цо мисалалдасан байбихьулеб буго кIалъай. – илан абуна ИЯЛИялъул грамматикиял цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас. – Дагъистаналъул Централияб архивалда хIалтIулеб заманалда дица халгьабулеб букIана ракьазул гIорхъаби сабаблъун росабазда гьоркьор ккарал тунка-гIусиязул. Масала, гъагъадерилги чачаназулги, кьахъадерилги гьамщаредилги ва цогидалги ракьазда тIасан ккарал кьалазулъ, мегIер-гIалах лъилали чIезабулеб мехалъ, маслигIатчагIаз цIехолаан кинаб росдал ва щиб мацIалда пуланаб бакIалде цIар бугебилан… Географиял цIаразул цIех-рех гьабулеб гIелмуялде, топонимикайилан гуребги, ономастикайиланги абула. ТIоцебесеб Кавказалъул ономастикияб данделъи тIобитIана 1971 соналда машгьурав ономатолог, АНалъул этнографиялъул институталъул ономастикаялъул къокъаялъул нухмалъулев Владимир Никоновас… Ахирал соназда Дагъистаналъул гIалимзабаз ономастикиял цIех-рехазде цIикIкIараб кIвар кьолеб буго.  Хас гьабун гьеб темаялда хIалтIаби хъвана  Багомедовас, ГIабдулжалиловас, Исмаиловас, Жаватовас, ХIасановас, ГIабдусаламовас ва цогидазги. Гьезда гьоркьор рехсезе бокьун буго ИЯЛИялъул кIиго соискателасул цIарги. «Мавраевъ» абураб басмаханаялъул нухмалъулев, ИЯЛИялъул соискатель Дибир-ГIали Хазамовас кIудияб жигаралда ракIарулел руго топонимал. Дагъистаналъул гIемерал росабалъе щун, таманал георгафиял цIарал къалмиде росана гьес. Гъоркьиса Тбилисиялда Кетеван Ломпакидзеца нусго сон тIубаялъул хIурматалда тIобитIараб конференциялда гъваридаб гIелмияб калам гьабуна Хазамовас. ГIандаллъиялъул топонимал кин лъугьаралали бицана гьес конференциялда. ИЯЛИялъул аспирант МухIамад ХIажиевас хъвалеб буго магIарул мацIалъул бакълъадерил диалекталда тIасан диссертация. Шамил ва Гъуниб районазул щуго росу кIалъала гьеб диалекталда. Гьел росабалъа ракIарулел руго ХIажиевас топонимал».


Рекъав Тимур – Сталин – лингвоэкология


Рагъазул ва цоги политикиял лъугьа-бахъиназул хIасилалда топонимал тIагIиналъул мисалал тарихалда гIемерал рукIанилан абуна МухIамадовас. Рекъав Тимурица щущазарурал росабазул микротопонимия нилъехъе кодобе щвечIо. 1944 соналда Чачаналъе гочинарурал ва магIарухъе тIадруссинчIел росабазул бакIалъулал цIаразеги гьебго къисмат насиблъизе бегьула, гьел лъалел хараби чIаго рукIаго, цIех-рехал гьаричIони. Гьединал ва гьезда релълъарал мацIал ва топонимия цIуниялъул суалал лъазарулеб цIияб гIелму баккун буго –лингвоэкология.

МухIамадовас ва гьесда хадур кIалъарал цоги гIалимзабаз лъазабуна, киналго Кавказалъул мацIазулго гIадин, топонимазулги цо кьибил бугилан. Северияб Кавказалъул халкъазулги гуржиязулги географиял цIаралги дандеккун, гьезул аслу ва гIуцIи цоцазде гIагарал ругилан бицана ИЯЛИялъул профессор ГIиса ГIабдулаевас.


МагIарул миллаталъул мацIги цIарги


ГIага-шагарго нилъер эраялъул байбихьуда ратIалъула цо мацIалда гъорлъа авар ва гIанди лугъатал. МухIамадовасул цIех-рехаз бихьизабулеб буго гьанжесел Хунзахъ, Гумбет, Унсоколо районазда гIандисезул, гIахьвалазул ва цогидалги гIисинал мацIазул рагIабаздасан баян гьаризе кIолел топонимал рукIин. ГIалимчи Шиллингицаго гIадин, гьесги рикIкIунеб буго цебе гьел районазда гIандисезул жамагIатал рукIанилан, нилъер эраялъул авалалда авараз гьел бакътIерхьудегIан къазарунилан.

 ГIандисез жидедего гъIваннал абула. ГIандал абураб цIар аваразул гIоно (лабалаб бакI) абураб рагIудасан бачIанилан хIукму къотIулеб буго МухIамадовас. МагIаруллъиялда ратулел -гIан- кьибилалъул топонимал ккола ГIанди (росу), гIандалал (эркенаб жамагIат), ГIанада байдан (Надир-шагьасулгун рагъ ккараб ругъеждерил ракь), ГIандиицц (Гьонода бугеб), ГIандияла (Бакьулъ Гьарадерихъ росдал мегIер) ва гь.ц.

МухIамадовасул пикруялда, МелъелтIа росдал цIар бачIун буго гIандадерил «милъи» абураб рагIудасан (бакъ). Авараз гьеб мухъалъул жамагIаталде бакълъулалилан абула.

Мамайхан Агъларовас рикIкIунеб буго Гумбет районалъул Гъадари гIанди мацIалъул «гъадор» (лъар), Щабдухъ – «щеб» (си), Инхо – «инххи» (чвахи, гIор) рагIабаздасан лъугьанилан. Гьебго ракьалда авар рагIул кьибилалдасан гIуцIарал топонималги ругилан бицана МухIамадовас – Сивухъ, ЛъаратIа ва гь.ц. Гьанже Россиялъулги, Франциялъулги, цоги пачалихъазулги хъахIал рукъзабахъ рехсолеб буго «Макьасда» абураб рагIи. ГIахьвалазул мацIалда «микьалокъа» ккола пенкьели, гьелдасан лъугьун бугин «Макьасда» абураб топонимилан бицана МухIамадовас.


ЦIоралъул аваралги топонимияб зулмуги


ДГУялъул Бакъбаккул рахъ лъазабиялъул факультеталъул доцент Замир Закарьяевас докладчиясда цIехана дагъистаниязул топонимал гьанжесеб ДРялъул гIорхъабаздаса къватIирехунги ругилан, гьезул цIех-рехал гьиризе кколарищилан. Кколилан жаваб кьуна МухIамадовас. Амма Азербайжаналъул ва Грузиялъул тIадчагIазе цIакъ бокьуларила, гьединал гIелмиял масъалабиги цере лъун, гьенире рачIине. Азербайжаналда миллиял дагъистаниязул географиял цIарал къажар къагIидаялъ хисизарулел рукIиналъул ва гьединаб топонимияб тIадекIанцIи гьез Югалъулаб Дагъистаналдеги гьабулеб букIиналъул бицана Закарьяевас.


Алародиялги Дьяконовги


Араб эраялъул XXII гIасруялда рукIарал хуритазулгун урартазул мацIазул хутIелал ругин магIарулазул лугъатаздайилан абуна МуртазагIали ХIажиевас. Доб некIсияб заманалда Кавказалда рукIарал гьел халкъазда гIалимчи Дьяконовас «алародиял» (некIсиял сино-кавказиял) абун цIар лъуна. Жакъасеб авар миллаталъул жамагIатал (магIарулал) гьел алародиязул ирсилаллъун рикIкIуна гIалимзабаз.


«Дагъистаналъул топонимия хвасар гьабе»


 «1960 соналъул августалда тIобитIараб Бакъбаккул рахъ лъазабулел гIалимзабазул (востоковедазул) XXV конгрессалъ хIукму гьабун букIана: «Кавказалъул топонимиялъул бащалъи хвана, тIагIана. Нилъер масъала буго хутIараб бутIа хвасар гьаби», -йилан. Дида ккола ахираб 50 соналда жаниб гьеб рахъалъ букIине кколеб хIалтIи гьабичIилан, - бицана - профессор ГIиса ГIабдулаевас. – Дагъистаналъул топонимия хвасар гьабизе ккун буго. Тарихияб гIелмияб цIех-рехалъе нилъехъе щварал баянал гIемерисеб мехалда цохIо гьел географиял цIаразулъ цIунун ратула. Топонимал ккола ракьул мацI. Гьеб лъазабизе тIадаб буго нилъеда».


Палестинаялъул цIаралцин рухIана


ГIабдулаевас ракIалде щвезаруна дунялалда ккарал рагъазулъ халкъазул топонимия лъугIизабизе жигар бахъиялъул мисалалги: «1982 соналда Бейрут бахъун хадуб, ГIизраилалъул самолетаз топал рехун, хIур лъугьинабуна Ясир ГIарафатил буюрухъаллалъун гIалимзабаз данде гьарун рукIарал палестинаялъулазул топонимазул централъул.  ГIизраилалъ хIалгьабун рахъарал гIарабазул ракьазул топонимазул хазина 

букIана гьениб. Гьединго КIиабилеб Дунялалъул рагъдаса хадуб, анлъго миллион немцав нахъеги гочинавун, Германиялъул лъикIаланго ракь  Польшаялъе кьуна. Польшаялъул тIадчагIаз амру гьабуна немцазул топонимал ургъун рахъарал поляказул цIараздалъун хисеян».

Бищун щвалде щвараб ономастикияб центр буго Швециялда. Гьеб пачалихъалъул къираласул буюрухъалдалъун 1903 соналда гIуцIараб гьеб идараялъ данде гьабун буго 11 миллион географияб цIар. Щибаб цIаралъул цIех-рех гьабураб 11 миллион карточка буго Швециялъул гьеб картотекаялда. Гьединал мисалазда рекъон хIалтIизе кколин нилъилан бицана Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул дандеруссиналда. Хьул буго нилъехъа кодоса борчIулеб бугеб бечедаб тарихалъул гьеб рахъ (топонимия) лъазабиялъе ва цIуниялъе гIалимзабазги, гIадатиял гIадамазги, тIадчагIазги квербакъи гьабилилан.


2012 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +95
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook