Авторизация

Бадру-УхIудалда рагъал релълъараб чанги тунки ккана Дагъистаналда


Къалам, дуца щуре…


Бадру-УхIудалда рагъал релълъараб

Чанги тунки ккана Дагъистаналда


Бакълъулазул ракьалда тIобитIана Игьалиса Чупаласул асарал рикIкIиналъул къец


   Игьалиса шагIир ва гIалим Бияхъайил Чупалав гьавуралдаса 140 сон тIубаялъул хIурматалда ракIалде щвеялъул тадбирал тIоритIана 2017 соналъул 24 декабралда гьесул ватIаналда. Чупаласул асарал рикIкIиналъул къец тIобитIана 1-11 классазул цIалдохъабазда гьоркьоб. Бакълъулазул районалъул росабазул школаздаса 50-гIан цIалдохъанас гIахьаллъи гьабуна гьениб.


Шамил гьечIеб лъайдал, лълъурдул рижана,

БахIарзал тIагIиндал, тIадегIан къана


   ШагIир, гIалим, философ Игьалиса Чупалав гьавуралдаса 140 сон тIубаялъул данделъиялда гIахьаллъана Бакълъулазул районалъул администрациялъул бетIерасул заместитель АхIмад Сулайманов, «Гумбет» газеталъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХIамзат ГIизудинов, районалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Муса КъурамухIамадов, культураялъул, физическияб культураялъул, спорталъул, гIолилазул политикаялъул ва туризмалъул отделалъул нухмалъулев МухIамад ГIумардибиров, Россиялъул халкъазул гIадатияб маданияталъул Гумбеталъул централъул нухмалъулев Набигула АхIмадибиров ва цогидалги.


   Юбилеялъулал тадбирал рагьана ва рачана «Гумбет» газеталъул ва «Аварпресса.ру» порталалъул бетIерав редактор ХIамзат ГIизудиновас.


   «Игьалиса Чупалав ккола халкъияв поэт, гьесул асарал халкъалда рекIехъе лъала. Чупаласул поэмаби ва кучIдул, гIажам-тIахьаздасан хъван, гIадамаз цоцахъе кьолаан. Диниял ва дунявиял тадбиразда пайда босулаан шагIирас ва гIалимас МухIамад аварагасул (с. т. гI. в.) гIумруялъул, Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ ва цогидалги темабазда хъварал асараздаса. Чупаласул асаразул тIоцебесеб тIехь къватIибе биччана XX гIасруялъул 90-абилел соназул байбихьуда Гьарадирихъа шагIир ГIабдулпатахI Ибрагьимовасул хIаракаталда. ТIехьалъе цеберагIи хъвана литературовод, филологиял гIелмабазул доктор, профессор Сиражудин ХIайбулаевас. ДНЦялъул РАНалъул МацIазул, литератураялъул, искусствоялъул институталда Чупаласул литературияб ирсалъул халгьабулеб буго, гьесул асаразул тIехь къватIибе биччазе хIадур гьабулеб буго», – ян абуна жиндирго кIалъаялда ХIамзат ГIизудиновас.


ТIолго ГIарабустан жидей мукIурал

РукIана магIарухъ гIелмудал курмул


   Игьалиса Чупаласул асарал цIалулезул къецалъул низамалъул, цIалдохъабазе къимат кьеялъул къагIидабазул, гьезде ругел тIалабазул бицана районалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Муса КъурамухIамадовас.


   Тадбиралда кIалъазе рахъана гьединго «Сельсовет “Игалинский”» росдал бетIер ХIажимурад МухIамадов, Россиялъул Федерациялъул мустахIикъав учитель, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ГIиса Шарапудинов, Игьали гьоркьохъеб школалъул гIурус мацIалъул ва литератураялъул учитель Муртаза Эфендиев, Чупаласул ясазул васал МухIамад ХIасанов, СайгидгIали Бибулатов ва цогидалги.


   Чупаласул асарал цIалулезул конкурс тIобитIун хадуб бергьенлъи босаразе шапакъатал кьуна. ТIоцебесеб, кIиабилеб ва лъабабилеб бакIал ккуразе, конкурсалъул жигарчагIазе Бакълъулазул районалъул нухмалъулезул, Игьали росдал администрациялъул цIаралдасан, гьединго Игьалиса Чупаласул наслуялъул чагIазул рахъалдасан кьуна ХIурматалъул грамотаби, гIарцулал сайгъатал, тIахьал ва цогидалги шапакъатал.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +43
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook