Авторизация

Бидулъ бессараб мацI, миллат ккураб мацI


ГIорал гаргадула авар мацIалда

Бидулъ бессараб мацI, миллат ккураб мацI


2019 соналъул 21-24 февралалда МахIачхъалаялда тIобитIана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къоялде гIуцIараб Авар мацIалъул анлъабилеб фестиваль


Исанасеб фестивалалъул тадбирал байбихьана Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул миллияб библиотекаялда ГъазимухIамад ГъалбацIовасул «Тирулеб, сверулеб гьобоги буго» абураб, МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху МухIидиновалъ гIуцIараб презентациялдасан.


РахьгIан гIагараб мацI, рухIгIан тIокIаб мацI


23-24 февралалда фестивалалъул тадбирал тIоритIана ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Авартеатралда. Цересел соназдаго гIадин, исанаги фестиваль гIумруялде бахъинабуна МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ, Авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъ ва Авар басмабазул цолъиялъ. Гьеб иш лъикI иналъе квербакъана Авартеатралъул хIалтIухъабазги.

Санайилго гIадин, гьеб фестивалалда данделъана магIарул мацIги, адабиятги, маданиятги хириял гIадамал. ХIажатаз росизе цере тIиритIун рукIана ансадерил месед тIад бекьарал цIулал тIагIелал, гьоцIдерил гIарцул алатал, ичичIалисезул гIертIал ва цоги халкъияб гьунаралъ гьабураб къайи-цIа.


Фестиваль рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев ШагIбан ХIапизов, Дагъистаналъул миллияб сиясаталъул министр Татьяна Гамалей, Авар басмабазул цолъиялъул бетIер МухIамадрасул ГIумаров, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалъул вакилзаби, Гъуниб мухъалъул бетIер МудунхIажи ТIагьиров ва цогидалги.


ГьитIинго кинида дуруслъараб мацI


ТIоцебесеб къо букIана МагIарул мацIалъул мугIалимзабазул тадбиразе тун. Авартеатралъул сценаялдасан художествиял номерал рихьизаруна, сценкаби хIана, кучIдул ахIана ва рикIкIана школазул цIалдохъабаз ва мугIалимзабаз. Цересел соназда гьарурал тадбиразулъ тIокIлъи загьир гьабуразе ва лъагIел халаса лъикIаб хIалтIи гIуцIаразе шапакъаталги кьуна. Анкьида жаниб ункъоги щугоги сагIат авар мацIалъул цIунизе кIварал школазул директорзабазе хасаб баркала загьир гьабуна Баху МухIидиновалъ. ХIакъикъаталдаги гьанжесеб ахIвал-хIалалда гьединал директорзаби бахIарзаллъун рикIкIине бегьила. «Миллат» казияталъул редколлегиялъги баркала кьолеб буго нужее. Нуж гIадинал, гIагараб халкъ хириял нухмалъулел гIемерлъаги Дагъистаналда!


Ссун ракIгун, каранлъе биун тIураб мацI


КIиабилеб къоялъ Авартеатралда тIоритIана Авар басмабазул цолъиялъул тадбирал, кIалъаял, дандчIваял ва цоги лъугьа-бахъинал. Авар мацIалда рачIунел казиятазул ва журналазул редакторзабаз бицана жакъа миллияб печаталъул бугеб ахIвал-хIалалъул. Гъваридаб, цере чIарал масъалаби тIуразе пайда босизе бегьулеб калам гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, «Гьудуллъи» журналалъул редактор МухIамад ПатахIовас, «Цолъи» газеталъул бетIерай редактор ПатIимат ГьитIиновалъ, «Гъуниб» басмаялъул бетIерав редактор МухIамад Къебедовас ва цогидазги.


Санайилго фестивалалда лъикIаб гIахьаллъи гьабула Унсоколо мухъалъул «ГIияхъан» казияталъ (бетIерай редактор – Саният КъебедмухIамадова), ЧIарада мухъалъул «ЧIарада» басмаялъ (бетIерай редактор – Аминат Ибрагьимова), Лаваша авар мацIалда биччалеб казияталъ (редактор – Мадина Сайгидова) ва цогидазги.


Исана Авар мацI цIунизелъун гIуцIарал гьел тадбиразда чIаголъи бихьизабуна Дагъистаналъул миллиял казиятазда гьоркьоб бищун тираж цIикIкIараб магIарул мацIалда къватIибе биччалеб «Ас-салам» казияталъги (редактор – ГIабдуллагь-хIажи МухIаммадов).

ЦIар-цIарккун рехсечIониги, лъикIаб хIалтIи бихьизабуна магIарулазул районазул публицистаз. Амма гьеб нилъер миллаталъего гIаммаб ишалда гьоркьор тасамахIлъи биччалел чагIиги руго. Бокьилаан гьелги миллиял суалал рорхулел мажлисазда ва дандеруссиназда цогидазда аскIор кьерда чIани, гъеж гурун, гвай бан, киназдаго хъинтIулел гIазраби лъугIизариялда тIад хIалтIани.


Миллаталъул чIухIи


МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ халкъалъе кIвар бугел, кIудияб магIна ва чара гьечIеб хIажалъи бугел ишал, проектал гIумруялде рахъинарулел гIадамазе шапакъаталги кьуна фестивалалда.


2011 соналдаса чияда бачIеб, эркенаб, халкъалъул масъалаби рорхулеб «Миллат» казият къватIибе биччалев вугев МухIамад БисавгIалиевасе кьуна «Миллаталъул чухIи» абураб тIадегIанаб шапакъат. «Миллат» басмаялъул редколлегиялъ баркула МухIамадида гьеб мустахIикъаб шапакъат ва гьарула сундулъги битIккей, лъикIабщинаб!


Гьединго «Миллаталъул чIухIи» абураб шапакъат щвана Дагъистаналъул халкъияв шагIир, машгьурав хъвадарухъан ва жамгIияв хIаракатчи МухIамад ХIамзаевасе ва «Концерн КЭМЗ» ОАОялъул нухмалъулев Ибрагьим АхIматIовасе.


Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовасе кьуна Шамил имамасул орден.

Киналго шапакъатал щваразда ракI-ракIалъ баркула ва гьарула хадубккунги кинабго сахабщинаб насиблъагиян.


Фестивалалда рихьизаризе видеосюжеталги хIадур гьарун рукIана «Аварпресса.ру» сайталъ. Гьезие хъварал ва цо-цо лауреатазул хIаракат цебе чIезабулел гьитIиналго макъалабиги рахъулел руго «Миллаталъул» гьаб номералда.


ГIаммаб куцалда босани, Авар мацIалъул анлъабилеб фестиваль лъикI ана. Гьенир кIалъана Бузнасан нух бахъулел ругел хIаракатчагIиги, нилъер халкъалъе кIвар бугел цоги суалал рорхизе кIварал миллатцоялги. Хадусел соназги, тIаса чи камичIого, нилъерго мацIгун, рагIигун, хасиятгун, хатIгун гьадинал пайдаял тадбиразда гIахьаллъизе хъван батани нилъ. Амин.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +26
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook