Авторизация

КватIун гьабураб хитIабалъул ва цIиял тIалабазул хIакъалъулъ


Арбагкъоялъул радал МахIачхъалаялъул аслияб байдан цIун букIана республикаялъул бетIерас парламенталде 

ва халкъалде гьабизе бугеб хитIабалъухъ гIенеккизе бачIунеб гIаламалъЦебехун кидаго гьеб хитIаб 

республикаялъул бетIерас гьабулаан парламенталъул минаялъубГьенир рукIунаан депутаталреспубликаялъул 

хIукуматжамгIиял хIаракатчагIи ва журналисталГьаб нухалда щаялиго хIукму гьабун буго тIасан дагьаб 

гIатIидаб форматалдагIемер чагIиги ахIунгьабизе


Магъало бахъиялъул къиса


Гьединлъидал жанив азаргогIан чи унеб «Дом Дружбы» абураб бакIалде рачIунел рукIана гIадамал. Гьенир рукIана хIукуматгун парламент, шагьаразулгун районазул бутIрул, культураялъул, спорталъул, халкъияб информациялъул алатазул, жамгIиял гIуцIабазул вакилзаби, диниял церехъаби, ай республикаялъул гIумруялъулъ дагьалниги халкъалда рихьулел, лъалел киналго гIадамал ракIарун ругоан. Данделъи рагьана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовас. Хизри ШихсагIидов вукIинчIо данделъиялда, СайгидахIмадица, баркиялъул рагIиги абун, хитIабгун халкъалда цеве вахъине ахIана республикаялъул бетIер 

Владимир Васильев.



Гьаниб Васильевас республикаялъул гIумруялъулъ жиндир командаялъ гьабураб хIалтIулги, рарал бакIазулги, ракIарарал магъалабазулги, жеги хIисабалде росун ругел ишазулги мухIканго бицана тарихаздалъун ва хIужабаздалъун кIиго сагIаталдасаги цIикIкIун заманаялъ. Гьел нужеда рагIун ратила социалиял гьиназдасанги, телевидениялдасанги, цогидал каналаздасанги. Лъугьинаро гьел тарихал гьанир такрар гьаризе. Дица бицина кинаб сигнал кьураб тIалъиялъ жамгIияталъе ва власталда ругезе гьаб хитIабалдалъун ва сунде гьелъ нилъ рачине ругелали, дир пикруялда.


ХIикматаб «экономия» ва хъат чIван рахъарал пинкьал


В. Васильев гьаниве централъ бетIерлъун витIиялъухъги витIун хадув гьес гьаниб гьабулеб бугеб хIалтIухъги балагьун, якъинго цебе реххулеб буго цохIо масъала. Гьесда цебе лъун буго, бокьараб къагIида хIалтIизабун, кIванагIан дагьал сурсатаздалъун республикаялда нухмалъи гьабизеги жаниб власталъул вертикаль щула гьабизеги. Гьеле гьеб ишалъе квал-квал гьабурал, кодоб гIемераб гIарац букIарал чагIи политикияб аренаялдаса ана. ЦIиял рачIаразда цебе масъала лъуна, нужеца кIванагIан дагьаб гIарцул къадаралдалъун кIванагIан гIемераб иш гьабизе кколин. Гьеб масъалаялъулъ цо-цо мехалда гьабулеб хIалтIул объемалдасаги цIикIкIараб кIвар бугин харж гьабичIого цIунараб гIарцул. Масала, хитIабалда В.Васильевас рецц гьабуна кIиго министрасе. Нухазул ва транспорталъул министр Ширухан ХIажимурадовасе ва тIабигIиял бечелъабазул министр Набиюла Карачаевасе. Сундухъ азие рецц? ТIоцевесес чанго миллиард нухазул гIарац «экономия» гьабун рагIула (дида бихьулеб бакIалдаса, гьаричIого нухалги тун, масала, ЛъаратIа районалде хъил тIезе 210 миллион бихьизабун букIана араб соналъ, цо капек харж гьабичIо, исанаги бихьизабун гьечIо).  Карачаевасе рецц гьабулеб буго магъало кьоларел рукIарал карьерал, канлъудеги рачун, гьел магъалаби кьезариялъухъ, рищни-къулалъул операторазда хурхараб хIалтIи рукIалиде бачин ва цогидал «экономиязухъ». Гьел экономия гьабиялъул, магъалаби ракIариялъул суалазда цадахъго Васильевас бицунеб букIана рарал школазулгун лъималазул ахазул, больницабазулгун хехаб кумекалъул машинабазул, республикаялда операциял гьарун хвасарлъарал гIадамазул, нухазда камераби лъеялдалъун аварияздаса цIунараб гIадамазул гIумруялъул. ГIемерал тарихал, хIужаби, схемаби ва диаграммаби рукIана экраналда. Иргадулаб сурат паркъарабго яги арабго, хъат чIвалеб залги букIана. Цо санагIат гьечIев чи вукIана дида цеве гIодов чIун, кколелъубги кколарелъубги хъат чIвалев. Гьев дида Дедил заманалдаса нахъе вихьана сессиязда хъат чIвалев.


Бищун дагьаб гIарац кьолеб регион


Цойги В.Васильевасул хитIабалдаса дида бичIчIараб жо ккана цебехун Рамазан ГIабдулатIиповас абураб «Дагестан кормили, но не лечили» абураб жо дос гуреб, Васильевас гьабулеб букIин. Балагьараб мехалда, ГIабдулатIиповасда цебеги централъ лъун букIун буго гьебго «лечениялъул» масъала. Гьелъул магIна ккола жанисел сурсатал рати, бецIлъукь бугеб экономика канлъуде бачин, федералияб централъ кьолел дотацияздаса республикаялъул жанисел сурсатал цIикIкIинари.

 ГIабдулатIиповас гьеб гьабичIо, гьесда лъикIаблъун бихьана, магъалабаздалъун халкъ къакъачIого, кIванагIан цIикIкIун Москваялдасаги тIалаб гьабун, кваналеб къагIида. Дида ккола, кIалалъ щиб абуниги, гьесда бичIчIулеб букIанин гьадинги Москваялъ 85 субъекталда жаниб бищунго дагьаб гIарац Дагъистаналъе кьолеб букIин. Кинал магъалаби гьелда тIадеги? Гьеб масъала тIубачIолъиялъ ун ватула гьев хъулухъалдасаги, гьелъул хIасилалда байбихьун ратула гьанир туснахъалги, уголовниял делабиги, диваналги


Канлъухъ ва газихъ налъи – 70 миллиард гъурущ


Жакъа В.Васильевас абулеб буго республикаялъулила 70 миллиард газалъулгун токалъул налъи бугила. Гьеб халкъалъ бикъараб ялъуни кьечIеб гIарац гурила. Жидецаго нухмалъулез бикъизеги бикъун, Дагъистаналда тIад лъураб налъи бугила гьеб. Лъалеб букIахъе, газалъулги токалъулги нухмалъи буго Москваялда, бикъараб гIарацги дора ругезгун бикьун батула. Гьелъул хIасилалда гурищ дагьав цевегIан 30 миллиард газалъул гIарац бикъун бугин жанив лъурав черкесазул сенатор Арашуков?

ХIасил калам, кинниги законалъул нухдеги рачIине ккун ратани, республика аслияб къагIидаялда жибго жинцагоги хьихьизе ккун батани, гьабсагIаталда В.Васильевасул нухмалъиялда гъоркь унеб жо буго гьеб «лечение», «терапия», абизе бегьула «шоковая терапияйиланги» - бизнес канлъуде бачин, магъалаби кьезе тIами ва бикъулеб гIарцуе гIурхъи чIвай гьаби. Гьеб якъинго бихьулеб буго хитIабалдаса.


30 соналъ кватIараб хитIаб


«ТIоцебе малъула магъало кьезе кколин, законалъул тIалабазда рекъон, хадуб тIалаб гьабула, жеги хадур тIамула, гьелъулги жо кколеб гьечIони, букIине рес бугеб жо нужеда лъалеб батила», - ян абуна генералас гIодор чIаразда, Лефортоваялде ккаразул къисматги ракIалде щвезабун. ХIажат букIанищ Дагъистаналъе гьадинаб тIалабин гьикъани, букIана. Жакъа гуребха, жакъаялдаса 30 соналъ цебе. Жиндир заманаялда Дагъистан цIогьаздасаги цIунун, бикъараб гIарацги Москваялде баччизе течIого, законалъул гIорхъабазда лъун букIарабани, жакъа экономикияб рахъалъ тIегьалеб республикаги букIинаан, аза-азар чиги чIаго хутIилаан, жамгIияталъул батIиял тIалабалги рукIинаан. Жакъасеб В.Васильевасул хитIаб кватIун буго 30 соналъ. 


Хабар лъикIаб рагIаги.



Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook