Авторизация

Дагъистанги Чачанги: ракьал, гIадамал, тарих




Риидал борохь бихьарав хасало гIарщикьа хIинкъаравилан абула магIарулазул. Жого гьечIеб бакIалда гьеб бижичIеблъи хIакъаб жо буго. 


Гьеб кици ракIалде бачIуна ахираб заманалда Дагъистан ва Чачан республикаялъул гIорхъабазда хурхун бахъун бугеб ахIи-хIуралъ. Щай кици ракIалде бачIунеб? Щайгурелъул гьеб Дагъистаналъулго гIадаб административияб гIорхъи Ингушетиялъулгун чIезабулаго, цо бутIа ингушазул ракьал чачаназул доре ккеялъ гIемераб ахIи-хъуйги, митингалги, диваналъул процессалги унел руго мадугьалзабазда гьоркьор. 


ГIага-шагарго гьебго къагIида Дагъистаналъул ракьазеги гьабилин рахIат хвараб жамгIияталъ ахираб чанго анкьида жаниб социалиял гьиназда гIемераб хъуй гьабуна нилъер ракьал чачаназе кьезе гурилан. Щай гьединаб хIинкъи бижараб?

Гьелъие руго гIезегIан гIиллаби. ТIоцебесеб: якъинаб жо буго жакъасев чачаназул цевехъан Рамзан Къадиров цевего федералияб масштабалъул политиклъун лъугьинги, гьесие цохIо жиндир республикаялъул гIорхъабазда жаниб бакI къварилъун букIинги.

КIиабилеб гIилла: Дагьаб цебегIан Пачалихъияб Думаялъул депутат Бувайсар Сайтиевас, гIавухъезул данделъиги гьабун, Дагъистаналда жаниб цохIо чачан миллаталъул район гIуцIизе кколин гьабураб хитIаб. Гьаниб гIемерисел дагъистаниязда бихьулеб буго политикияб гали ва букIинеселде гьеб район Чачан республикаялда жанибе ине букIин. ТарихчагIаца кьолел баяназда рекъон, жакъасеб Новолак, Казбек ва Хасавюрт районазул ракьазде чачанал араб гIасруялъул байбихьуда рачIарал чагIи руго, гьел гьезул умумузул ракьалги рагIуларо.


Жибго ГIавухъ районги I942 абилеб соналъул хаслихъе гIуцIараб, I943 абилеб соналъул хасало биххараб, гочинабураб, анлъго моцIил болжал гуреб район букIун буго. I992 абилеб соналда МухIамадгIали МухIамадов бетIерлъуда вукIаго съездалда гьабураб хIукмуялъул кьучIалда 70 соналъ бугеб Новолак, Казбек ва Хасавюрт районазул ракьалги кьун гIуцIизе кколеб рагIула анлъго моцIил тарих букIараб ГIавухъ район.


Лъабабилеб гIиллалъун буго дагъистаниязул гIорхъабазда хурхун рахIатхвеялъе, гьоркьоса къотIичIого Рамзание "сужда" гьабизе республикаялъул бутIруздаса рахъарал спортсменаздеги, артистаздеги ва цогидаздеги гIунтIун дагъистаниял Чачаналде рекерахъди. Тарихалда кидаго Кавказалда гьава-бакъ рекъезабулеб бакIлъун букIана Дагъистан. Нилъер гIадал гвангъарал цIарал хутIаразул дагь рукIана: исламалъул церехъаби, рагъухъаби, гIалимзаби, шагIирзаби, спорталъул, культураялъул ва искусствоялъул вакилзаби рукIана дагъистаниял. Жакъа, щаялиго, дагьавниги гIадамазда тIад гьаниб кверщел щваравги, машгьурлъи щваравги дагъистаниясда чара гьечIеб шартIлъун бихьулеб буго Къадировасулгун сурат бахъизе ин. Гьеб ахIвал-хIалалъ рахIат хварал дагъистанияз гьабуна хъуй социалиял гьиназда нилъер ракь чачаназе кьолеб бугин.


Кьолеб бугищха нилъер ракь дозие? ГьечIин ккола, щайгурелъул гъоркьгоги ингушазулгун ракьалъ гIемераб хъуй гьабураб Чачан республикаялъе мадугьалихъ цойги данде кколареб республикаги, тушманлъи бугел гIадамалги хIажат гьечIо. Дагъистан ккола лъабго миллионалдасаги халкъги бугеб, кIудияб ракьги бугеб республика. Амма гIорхъаби чIезаризе араб нилъер къокъаялъ Къадировасда рарал къвалазулги, цо-цо санагIат гьечIел суртазги цIезабун бугин жакъа интернетин абизе бегьула.


Щибха гьабилеб, гьединаб буго жакъа Дагъистаналъул къисмат, нилъер рухIалъулги, яхIалъулги роцен. МагIарулаца абула "хIанчIида рекъон букIуна би" ян. Нилъер чIаголъиялдаги, жакъасеб къадруялдаги рекъараб букIинарищха добе араб къокъаялъул хьвада-чIвадиги.

Тарихалда батIа-батIайиса букIана нилъергун чачаназулгун гьоркьорлъаби. Расул ХIамзатовас "Кавказалъул гьалдолел къоязул къиса" поэмаялда хъвалеб буго: "Аллагьас мун цIунайги, имам разияб Чачан" абун, гьебни поэтасул политикияб конъюктура ва дипломатия абун тела. Халкъияб кочIолъ батIиялгиха ругел мухъал. Гьезда магIаруллъиги, Дагъистанги батIияб даражаялда бихьизабулеб буго. Имам ГъазимухIамадиде хъвараб назмуялда руго гьадинал мухъал:


Аллагьасул гъази - ГъазимухIамад,

Гьижра гьабун ана доб Чачаналде,

БахьингIи гъурулеб гъалбацI кинниги,

Гъираялда щвана Гудермесалде.

Росаби чурхъана, Чачан тирана,

Чанги кашишасул бетIер къотIана...


Гьале ХIХ абилеб гIасруялда Дагъистаналъулги, магIарулазулги тарих. МагIаруллъи ва Дагъистан букIана Кавказалдаго бихьинчилъиялъулги, яхIалъулги, рухIалъулги тIогьлъун, мисаллъун, байрахълъун. Чачанал нилъер мадугьалзабиги, диналъул вацалги руго, гьезулгун рекъелги, лъикIаб гьоркьоблъиги цIунизеги тIадаб буго.


Амма гьел нилъер вацал ругин абурал рагIаби кидаго нилъеца абичIого, цо-цо гьезиеги абизе тезе ккола, тIадагьлъи рекъон гьечIо Дагъистаналъе ва хасго магIарулазе. Къадру цIунараб лъикIаб букIуна сундулъго. Щибха ккараб ахирги Чачан ва Дагъистан республикаялъул гIорхъабазул? Официалияб къагIидаялда жеги тасдикъ гьабураб жо гьечIо, живго Рамзан Къадировас хитIаб гьабуна Дагъистаналъул халкъалде киналгIаги гIорхъабазул дандеккунгутIиял гьечIин, цо метраниги нилъер ракь Чачаналдеги инарин, жидераб нилъееги кьеларин, ай гъоркь рукIарал гIорхъаби тасдикъ гьаризе ругилан.


"Нилъеда гьоркьол гIорхъаби рукIинего кколароан, гьеб пачалихъалъул тIалаб", - ин абуна Къадировас. Аллагьас битIараб нухде тIоритIайги киналго.


Хабар лъикIаб рагIайги.




Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook