Авторизация

Хъудула, гIор гIадин, миллияб гьаракь!


Къалам, дуца щуре щакъиялдехун…

 

Хъудула, гIор гIадин, миллияб гьаракь!

 

ХIамзат ГIизудиновасул асараздасан гIуцIараб авар мацIалъул къо тIобитIана Бакълъулазул ракьалда

 

  2019 соналъул 20 марталда Бакълъулазул мухъалъул администрациялъул кIудияб кIалгIаялъуб тIобитIана «Гумбет» газеталъул ва «Аварпресса.ру» порталалъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХIамзат ГIизудиновасул асаразул сордо.


  Гьеб маданиябгун тадбир гIуцIана районалъул администрациялъул рахъкквейгун, Чалаби МухIамадовасул цIаралда бегеб МелъелтIа гьоркьохъеб школалъ. Творческияб сордо тIобитIана ООНалъул Генералияб Ассамблеялъ лъазабураб кьолбол халкъазул мацIазул халкъазда гьоркьосеб къоялъул хIурматалда.


  Бакълъулазул районалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовасул цIаралдасан,  дандеруссиналда гIахьаллъаразда баркиялъулаб кIалъай гьабуна муниципалитеталъул администрациялъул бетIерасул заместитель МухIамад Хъарагишиевас.


  Вечералда кIалъазе рахъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель, халкъияв поэт МухIамад АхIмадов, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, литературияб «Гьудуллъи» журналалъул редактор МухIамад ПатахIов, Аваразул СМИязул Ассоциациялъул нухмалъулев, РАНалъул ДНЦялъул цIех-рехчи МухIамадрасул ГIумаров, филологиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадов, МелъелтIа гьоркьохъеб школалъул нухмалъулей Эльмира МухIамадова, Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул член ГIиса Шарапудинов, районалъул культураялъул ва туризмалъул отделалъул нухмалъулев ХIайбула ГIабдурахIманов ва цогидалги.

 

Кинидахъ дий ахIана авар мацIалда назму


  МухIамад АхIмадовас абуна ХIамзат ГIизудинов махщел камилав шагIир, гъваридаб магIнаялъул асарал хъвалеб хъвадарухъан, халкъалъе хIажатал ва кIвар бугел суалал рорхулев жамгIияв хIаракатчи, жигараб гражданскияб позициялъул публицист вугин.


  «ХIамзат ГIизудиновас асарал хъвала ракI-ракIалъ, махщалида, жиндир хаслъиялда. Ваккула тарихиял темабазде, загьир гьабула гьанжесеб заман, вуго халкъалъулъ гIумруялъулъ, жамгIиял лъугьа-бахъиназул бакьулъ. ГIизудиновас мустахIикъаб куцалъ бихьизабула Дагъистан халкъазда гьоркьосел литературиял, тарихиялгун маданиял, этнополитикиял фестивалазда, форумазда, конференциязда ва симпозиумазда. Дун вохула, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цIияб гIелалда гьоркьов ГIизудинов гIадав пагьму-гьунар бугев чи гIун вачIиналдаса. Гьес лъикIал асарал рачIунел руго Дагъистаналъул маданияталъулъе. Баркала кьола гьаб творческияб сордо гIуцIаразе, Бакълъулазул районалъул нухмалъулезе, МелъелтIа гьоркьохъеб школалъе, киналго гIахьаллъаразе. Гьарула дирго гьудул, къаламцояв ХIамзат ГIизудиновасе кинабго лъикIабщинаб ва тIадеги цIия-цIиял тIахьал», – ян абуна МухIамад АхIмадовас.


  ШагIир ва публицист МухIамад ПатахIовасги бицана ГIизудиновасул творчествоялъул батIи-батIиял рахъазул ва жамгIияб хIаракатчилъиялъул.


  «Дун вохарав лъугьа-бахъинлъун лъугьана ГIизудинов Дагъистаналъул адабияталъул гIумруялъулъе вачIин. Гьесулгун 1999 соналдаса буго дир гьудуллъи. Гьесулгун дандбала маданиял, адабияталда хурхарал кIвар бугел суалал. ГIизудиновас «Гумбет» газета республикаялъул муниципалиял басмабазул бищун лъикIаздасан цояблъун лъугьинабуна. Дагъистан маданиял тадбиразда, улкаялда гуребги, гьеб тун къватIибехунги бихьизабула, загьир гьабула гьес. ХIамзат ГIизудиновасул асарал гъираялда къабул гьарула цIалдолез, гьесул буго бечедаб авар мацIалда асарал хъвазе гьунар-махщел. Нижеца ГIизудинов рикIкIуна гIолохъанав ва гьелдаго цадахъ цIубарав, щвалде щварав хъвадарухъанлъун», – ян абуна МухIамад ПатахIовас.


– Халкъ цIуне, мацI цIуне, гIорхъаби цIуне!


  Авар басмабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаровас бицана гьеб гIуцIиялъул хIалтIулъ ГIизудиновас гьабулеб жигараб гIахьаллъиялъул, журналистазул ихтиярал ва эркенлъи цIуниялде буссараб хIаракатчилъиялъул, авар мацIалда «Аварпресса.ру» портал, «Адабияталъул сагIат» передачаби ва цогидалги проектал гьес рачунел рукIиналъул.


  Лингвист МухIамад МухIамадовас кIвар буссинабуна мацI цIуниялъе ГIизудиновас гьабулеб хIалтIуде.


  ХIамзат ГIизудиновас цIалана жиндирго цIиял кучIдул, бицана басмаялде бахъизе тIехь хIадуриялъул, 1999 соналъул лъугьа-бахъиназул, Рекъав Тимурица Дагъистаналде чабхъенал гьариялъул ва цогидалги темабазда асарал хъван ва хъвалел рукIиналъул.


  Бакълъулазул мухъалъул бетIер ХIажимурад МухIамадовасул цIаралдасан гьесул заместитель МухIамад Хъарагишиевас ХIамзат ГIизудиновасе кьуна хIурматалъул грамота ва гIарцулаб сайгъат. Районалъул цо-цо гIуцIабазул вакилзабазги баркана шагIирасда.


  Художественниял номераздалъун  тадбир берцин гьабуна Россиялъул халкъазул гIадатияб маданияталъул бакълъулазул централъул концерталъулгун театралияб коллективалъул актераз ва кочIохъабаз. ГIизудиновасул асарал цIалана МелъелтIа гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабаз. Гьел лъикI хIадурун ругоан авар мацIалъул ва литератураялъул мугIалимзаби ХIабизат Амагаевалъ ва ХIабизат Бекмирзаевалъ. Кьурдуе махщел бихьизабуна районалъул лъималазул искусствоялъул школалъул «ГьитIинал магIарулал» кьурдул ансамблялъ.                       


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +22
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook