Авторизация

Гъарачилъиялде сверараб гъазават

 

Балъгояб даптар


ХIурматиял «Миллат» казияталъул цIалдолел! Чанго соналъ социалиял гьиназда ва «Дагъистан» журналалъул гьурмазда гIурус мацIалда бахъулеб букIана МухIамад БисавгIалиевасул къисабигун харбаздаса, дневниказдасагун ракIалдещвеяздаса гIуцIараб «Тайная тетрадь» («Балъгояб даптар») абураб проект.

Гьеб цIакъ лъикI къабул гьабуна цIалдолеца гIурус мацIалда. Гьениса харбал рахъана Россиялъул «Литературияб газеталъги», гьелго харбал ун руго Россиялъул прозаялъул антологиялдеги. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, «Миллаталъул» редколлегиялъ хIукму гьабуна «Балъгояб даптар» щибаб номералда авар мацIалдаги кьезе. Гьалда тIасан нужерго пикраби, дандерижиял ратани, гьезие бакI батила казияталъул гьурмазда.


Адабгун, «Миллат» казияталъул редколлегия



Гъарачилъиялде сверараб гъазават


Шамил имамасул гIасруялъул ахиралда, 1859 соналъ байбихьана нахъеги рагъа-рачариял. ЛъугIана Кавказалъул рагъ. Амма кодоб ярагъгун хутIана рагъизе гуреб лъаларел рагъул лъимал. Диналде мугъчIвайги гьабун, хъачагълъи гьабизе лъугьана гьезул цо-цоял. Дагь-дагьккун гьезие мугъчIвай гьабизе бакIго къваригIинчIо. Цере-нахъе ралагьичIого, эркенго байбихьана бикъа-хъамизе ва чIвазе.

Ункъоялда анцIабилел соназул ахиралда «ХIакъикъат» журналалда къватIибе бачIун букIана дагьав цевегIан гIумруялдаса ватIалъарав, мунагьал чураяв дир эмен Салдаса ИсмагIилил «Гъарачилъиялде сверараб гъазават» абураб макъала. Цодагьал тIадежураялги гьарун гьелъул хIакъалъулъ бицине бокьун буго дие. Щаяли нужеда нахъа бичIчIила.


Гьел хъачагъазул бандаялда вукIана анкьго чи. Цевехъанги вукIана гьезул кинавалиго Кьенсерухъа МухIамадтIали. Гьесда цадахъ рукIана гьесулго вацасул вас Пахрудин, Лъебелубаялдаса Бахъал ГIабдулмажид, ЧIарахъа ЩугIайб ва цойги лъабго чи. Гьел рукIана ЦIоралъул рохьаздаги рахчун хъачагълъи гьабулел. Цойгидаздаса гьезул тIокIаб жо букIана я хъизан, я лъимал гьечIолъи ва бер къапичIого бокьарав чиги чIван рохьоре ун бажари.


ЦIоралде унел чагIазухъа къайи бахъун, хасел тIамизе Алазаналъул жаниблъиялде унел гIухьбузухъа гIиял тIезарун, гьединаб зулму букIана гIадамазе гьел бандазул.  ВукIинчIо живго лъугьун гьел гъачагъазде данде чIезе кIолев чиги. Гьел дандчIвачIого рукIине батIиял нухал ралагьулел рукIана сапаралъ рахъарал чагIи.


Дове-аниве валагьичIого битIун аслияб нухдасан ЦIоралде ине кIолев чи цо вукIана. Гьевги вукIана Къамилухъа МохIол ХIасанил Иляс абурав чи.  Бицуна гьев вукIанила хIинкъи-къай лъаларев, кутакалда гIужилго речIчIулев, бахIарчияв чийилан. Гьес ругьел битIула бандазул цевехъан МухIамадтIалихъе: «Дие нух къазе ракIалде ккарав чи вачIа дида данде. Цойгидаз гIадин ЦIоралде унеб нух хисизе дида ракIалда гьечIо. Амма рохьорги рахчун нахъасан речIчIи дица рикIкIуна кIудияб хIалихьалъилъун. Бадиса бадиве вагъизе дун хIадурав вуго. Гьениса чIаго нуж тIадруссинги щакаб жо буго», - ян.


МухIамадтIалихъе щола ругьел.  Гьелдаса хадуб гIемераб заман индал живго МухIамадтIалица бицуна,  жинца чанго нухалъ битIун Къамилухъа Илясил рекIеде ишан босун букIанила, амма речIчIичIила. РечIчIизе ракIалъ къабул гьабичIого дица виччан тананила гьевилан.


Бицуна цо нухалъ МухIамадтIалиги Илясги чуяздаги рекIун гьумер битIун дандчIван ругила АхIлъимал абураб бакIалда. Иляс сихIтун МухIамадтIалида аскIосан ун вуго жиндирго нухда. КIикъоялда анцIго метраялъул манзилалдасан чIезеги чIун МухIамадтIалица ишан босун буго Илясиде, дов нахъехун вуссани речIчIизеян. Довги вуссун гьечIо, асги речIчIун гьечIо. Гьединаб букIана мугIрузул кагътида хъвачIеб, гIасрабаца цIунараб ва наслабаз цоцахъе кьураб закон: нахъасан речIчIи бищун кIудияб нахъегIанлъи-къадарлъилъун рикIкIунеб.


Нахъа, лъеберабилел соназ МухIамадтIалил банда тIагIинабуна ЧКялъ. ЦIоралъул рохьахъ сверунги ккун чIвана гьел. ТIоцIеве чIвана МухIамадтIали. Пахрудин тIурун ворчIана. Бахъал ГIабдулмажид нохъодеги тIуризавун сверун ккун вукIана. Гьев рази гьавулев вукIана кверде вачIине, амма гьев мукIурлъичIо – босун пандургун байбихьана кечI ахIизе. Нохъо сверун ккурал чекистал гIодобе биччан ярагъгун лъугIизегIан гIенеккана жидерго тушманасул ахирисеб кочIохъ.


Анкьракьалъул гIолохъабаз гьанжеги ахIула гьеб кечI. Гьелда цIарги буго Бахъал ГIабдулмажидил кечIилан. Гьале гьелъул цо чанго мухъ:


Белокан, Къабагъчол ва ГIалиабад,

Дилъа кьад бох лъечIаб бакIгу бугудай?

Бехе Даначидул чIахIаял рохьал, 

Дилъа дир чу бухьчIаб гъветIгу бугудай?


БолмацIалда гьадин букIина:


Белокан, Хъабахъчол ва ГIалиабад,

Дица хIетIе лъечIеб бакIго бугодай?

Бехе Даначидул чIахIиял рохьал,

Дица чу бухьинчIеб гъветIго бугодай?


Жиндирго ахирисеб пашманаб кочIолъ гьес рехсолел руго гIолохъанлъуда жинцаго тиранщинал бакIал.


ВачIунаро кинго гьев кверде ва чекистаз нохъоде гранаталги рехун тIагIинавула. Гьеле гьедин бергьуна Советияб власть ЦIоралъул рохьабахъ ва Журмуталъул мугIрузда.  Кинабго гьеб бандаялдаса цохIо Пахрудин лъутун ворчIула. Хадув гьевги ккола НКВДялъулаз. Пахрудиница чIварал Гъоркьнуб росулъа гIолохъабазул вацас гьев вичун восула чекистахъа. Абизе ккола Пахрудиница хвел бахIарчиго дандчIванилан. Вичун восарас, бадибе туманкIги битIизабун, гьикъула гьесда:


- Пахрудин, доб дуца дир вацал чIвараб къойищ лъикIаб букIараб, жакъасеб къойищ, - илан.


Бер къапичIого гьес жаваб кьола:


- Доб къоги лъикIаб букIана, жакъаги квешаб гьечIо. Гьеб суал дуца дие кьезе кколаан, яргъид гIуцIарал чекистазги сверун ккун гьаниб гуреб, дурго вацал чIвараб бакIалда, рохьоб.


Гъоркьнусес речIчIун чIвала Пахрудин. Гьеб лъугьа-бахъин ккола Тамара майданалдаса рикIкIад гьечIеб бакIалда, Журмут гIурул рагIалда. Гьенибго хобги буго гьесул. ГIадамаз гьеб бакIалда гьанжеги Пахрудин чIвараб майданилан абула.


Гьаниб абичIого гIоларо гIумруялъ гьев хъачагъас гьабун щинаб квешлъи ва къадарлъи гьеб бакIалда гIемерисел магIарулазе бахIарчиго хвел дандчIваялъ, ай гьесул жиндирго биялъ чуранин абизе бегьула. МагIарулазул цо хасияталъ гIажаиблъизавула дун - бахIарчияб хасияталъул чи вугони, бокьараб хIалихьалъиялдаса тIаса лъугьуна. КигIан кIудияб гIакълу-гьунаралъул чи вугониги, хIинкъарав чи вугони, гьесул къадру-къиматги букIунаро.


Цересел бандитал бахIарзаллъун лъугьине байбихьиялъул мисал буго гьаб. ГIадамаз жакъаги ахIула хвалда цебе хъачагъас ахIараб кечI, кIочон толаро тункIил хIараялде бадиве валагьун цойги бандитас абурал рагIаби. Гьеб гуребги, гьезул хIакъалъулъ хъвала кучIдул.

Гьале цойги  доба заманалъул Анкьракьалъул поэт – УхI МухIама. Гьев вукIана гIага-шагарго гьебго тайпаялъул чи, цIогьор, ккола жаниве, тIурула туснахъалдаса. Гьале эсул жиндир гьудулазаби, пишацоял ЧКялъ чIваялде хъвараб кечI:


БецIал сардал хIалай ккун,

АхIлъимаздеги рахъун,

БахIарзал сверун ккуна

ЧКялъул малгIуназ.

Къокъаялъул цевехъан

МухIаммадтIали чIвана,

Пирхараб пири гIадин

Пахрудин тIагIун ана...


Гьаниб  махщалида бицунеб буго бандазе ахир кин лъурабали. Бандал бахIарзал гьарун руго, чекистал малгIуналлъул ва капурал чагIилъун рихьизарун руго. Гьаб кочIол автор КГБялъухъе щвечIого кин хутIаравали буго кIудияб балъголъи. Чиясул хIинкъи-къай гьечIолъи тIадегIан гьабулеб буго гIакълуялдасаги, къадруялдасаги, чилъиялдасаги, рухIияб рахъалдасаги, хIатта Аллагьасул нух кквеялдасаги. Гьаб кочIолъ чи вуго гIицIго кодоб ярагъ – хвалчен, ханжар, туманкI бугев ва хIинкъи лъаларев чи. ГIадамаз гьеб хасият чиясулъ бищун тIадегIанаблъун гьабулеб бугони – чара гьечIого букIине ккола рагъ. Гьеле гьеб буго бищун хIинкъизе ккараб жо.

ХадурагIи: Байбихьудаго гьанив рехсон вукIарав Къамилухъа Иляс берзукьа ворчIизе тана нилъеца. Нужер суалго бачIинчIищ, щайдай гьадал хъачагъаз речIчIулеб букIинчIеб досда, нахъе къан чIолел рукIаралилан? Сунца Къамилухъа МохIол ХIасанил Илясил гьединаб къадру-къимат букIарабилан?


Гьел лъугьа-бахъинал ккелалдего, къогогIан соналъ цебе ккун букIана цойги лъугьа-бахъин, Анкьракьалда, ЧIар-Белоканалда, хасго гуржиялъ гьев машгьурлъизавураб. Щиб лъугьа-бахъин гьеб букIарабали дица хадуб бицина.


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook