Авторизация

Чекист Имаммуса ва Къамилухъа Хизри

 

Балъгояб даптар


ХIурматиял «Миллат» казияталъул цIалдолел! Чанго соналъ социалиял гьиназда ва «Дагъистан» журналалъул гьурмазда гIурус мацIалда бахъулеб букIана МухIамад БисавгIалиевасул къисабигун харбаздаса, дневниказдасагун ракIалдещвеяздаса гIуцIараб «Тайная тетрадь» («Балъгояб даптар») абураб проект.


Гьеб цIакъ лъикI къабул гьабуна цIалдолеца гIурус мацIалда. Гьениса харбал рахъана Россиялъул «Литературияб газеталъги», гьелго харбал ун руго Россиялъул прозаялъул антологиялдеги. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, «Миллаталъул» редколлегиялъ хIукму гьабуна «Балъгояб даптар» щибаб номералда авар мацIалдаги кьезе. Гьалда тIасан нужерго пикраби, дандерижиял ратани, гьезие бакI батила казияталъул гьурмазда.


Адабгун, «Миллат» казияталъул редколлегия


 

Чекист Имаммуса ва Къамилухъа Хизри


- Къамилухъа Хизрил хIакъалъулъ дида рагIун букIана. Абрекищ дов вукIарав, чуялрикъищали, бер къапичIого бокьараб жо гьабулев, чанкIкIарав чи вукIанилан бицуна.


- ВукIанаха гьединав чи. Жамалудинасул Хизрийилан абулаан гьесда къармадерица. Гьеле гьеб дуца абураб гIадав чи вукIанин ккола. Киналго доб заманаялъул абрекалго гIадинав, цоцазде дандего кколарел хасиятазул инсан. Цо-цо бакIалда бахIарчилъиги къадру-ассги цоги бакIалда хъачагълъи, - йиланги абун, байбихьана инсуца гьесул хIакъалъулъ бицине.


- Гъенеколоб вукIун вуго МухIамадибирилан ресалда вугев цо чи, жиндирго хIалалаб бацIцIадаб магIишаталда. Жиндирго боцIи-малалдаса закагIатги бахъун, мискиназда кверги чIван, парахат, росдаса рикIкIада гьечIеб бакIалда, колода гIумру гьабун вукIуна гьев. Цо роцIцIараб ихдалил къоялъ, жиндирго хурив хIалтIилев вукIарав гъенеколосесда вихьула Журмут гIор чIван эхеде вачIунев рекIарав. Гьав цо лахIзаталъ лъалхъун гьесухъ валагьула. Дов нухдасаги сверун, битIун гьасде тIаде вачIинев вукIуна. Гьеб чIегIеркьераб айгъиралъул берцинлъиялъги хехлъиялъги хагазавурав векьарухъанасул кIал букIуна гьакIкIан хутIун. Гьасда аскIобе щолагоги чу букIуна цIер гIадин кенчIелеб. Халатал бохдулги, карачелахараб рачIгун жалги, берцинаб чорхол къалиб ва ракьалда кьабулел щанкIлазул чвархъиги букIуна чол.  Чодул хIаталдаса араб къуватгун жигаралъ гьав тIуванго асир гьавула.  Кьесерухъа жиндирго гьобол гьев чода рекIарав чи вукIин хадув гурони вихьуларо гъенеколосесда. Гьикъа-бакъарун, кверал рачун, къвалал ран, гьас гьобол рокъове вачуна. Гьоболасда цебе квен-тIех лъун бахъинегIанги, чIезего кIвечIого, МухIамадибир чодухъ валагьизе къватIиве векерула. Гьоболасе гьедигIан  рекIеего гIоларо гъенеколосесул жиндирго чодехун бугеб тIасан борчIараб бербалагьи.  Гьав, цо гьечIел жалазда божулев чиги вукIун, бер ккеладай жиндир чодаян хIинкъизеги бачIуна. Гьеб пикруялъ тIамун, гьас нуцIихъанги ваккун гъенеколосесде ахIула:


- Инехъин бугоха дир чу дихъа бахъун. Жеги цониги нухалъ, цогидасе кутакалда бокьараб жо, дие хутIичIо. Дуца берги ракIги лъунаха дир чода. Гьанже гьеб яги къамилухъез бикъун уна, яги кьурулъан бортула, яги цоги щиб букIанги ккун - дие хутIи щакаб жо буго. Дица дуе кьезе ккезе буго гьеб. Гъенеколосев гьеб хабаралдаса кутакалда вохула ва загIипаб гьаркьидалъун гьикъула:


- КигIаналде?..


- Азербайджаназул доба ЦIабулан росулъ дица гьалъухъ 15 куй кьун букIана. Жеги лъицаниги кьун букIинчIо гьениб гьединаб багьа чодухъ. Амма гьаб батIияб чу бугоха. Дудаго бихьанаха гьалъул хехлъиги гьалаглъиги, тIадежоялъе юргъаги. Чода рекIарал гIадин рукIунаро, лъеделел ругел гIадин рукIуна гьелда рекIингун. Гьаб бичизеги дие бокьун гьечIо, амма гьел дур берал дие дагьалги цIакъ рекIее гIолел гьечIо.


- Жакъаго кьела дица дуе 15 куй, - йилан абула МухIамадибирица.


- Жакъа къваригIун гьечIо дие. Дун Кьесерухъе ине ккола, тIадвуссун вачIун ЦIоралде унаго, цойги чуги бачун, гьаб дица дуе тела. Доб цояб чодаги рекIун, куйдулги цере къотIун дун ина Белоканалде. Дуца хIадурун теха. Мун Аллагьасукьа хIинкъулев лъикIав чи вукIинги дида лъала, квешал куйдулги дуца кьеларо, – ян кьесерав чодеги вахун воржун уна жиндирго нухда.


ХIасил калам, босула гъенеколосес гьеб чу. Кинабниги Анкьракьалда ва Журмуталда цIар ун букIуна гьеб киназдасаго бергьунеб хехаб юргъачуялъул.  Цо роол сордоялъ МухIамадибирил колол кIалтIа кIетIола гьобол. Гьев вукIуна дов Жамалудинасул Хизри. Хважаинасе цIакъ рекIее гIоларо гьев ахIичIев гьобол вачIин. Хизрица МухIамадибирида гьарула Кьанаде ун вуссинегIан чу кьейилан. КигIан бокьичIониги, кьеларилан абизе кIоларо асда. МегIер гIалахалда тIад ярагъгун тирулев, батIиязухъа жо бахъулев чиясда данде вахъине кIолев гIадав гIамалалъул чи вукIунаро МухIамадибир. Чода барахщунги вукIуна. КьечIогоялдаса кьей зарар гьечIеблъунги рикIкIун, ахIичIев гьоболасул гурхIел-рахIмуялде хьулгун кьола.


КъотIи-къаялда рекъон Хизрица чу кIиго къоялдасан хважаинасухъе тIадбуссинабизе кколаан. Амма гьев кIиго анкьидасанги вачIинчIо, кIиго моцIидасанги вачIинчIо. Бижанщинаб къоялъ пакъир гъенеколосев щолаан Къамилухъе, гьасул чугун Хизри вуссун гьечIищали цIехезе. Хизрийилан абуни чегIеркьераб юргъачодаги рекIун Анкьракьалда, ЧIарада, Кьесерухъ, Къарахъ ругел щинал росаби сверулев вукIуна. Киналго гьесул чода рухIдалъун рукIуна. Хаслихълъиги щун мугIрузде тIоцебесеб гIазу барабго вуссуна Хизри Къамилухъе. Тухумалъул кIудиявги семун, цо лъалхъичIого хважаинасухъе чу щвезабизе витIула Хизри. Вилълъуна щвезабизе, хаселалъ чу кваназабизе жоги гьечIелъул асул.


Чодул тIукъбузул гьаркьихъе къватIиве кIанцIарав МухIамаддибирида унев Хизри мугъзадасанги лъала, амма цо дагьаб добегIан гъотIода бухьараб жиндирго чу аскIове вилълъаниги лъаларо. ЧохIоца квиналъги хIалакълъиялъги хьабалухъ гIучIал рикIкIун бажарулеб хIал букIуна гьеб пакъиралъул. Бакъуде данде кенчIелеб букIараб чодул жалалъулги рачIалъулги бакъуцаги бухIараб цо щибали лъалареб жо хутIун батула. Бохдул ратула гъарималъул бакI-бакIалдасан ругъналги лъун, цоялда тIикъвагицин батуларо. Вихьудаса Хизри тIерхьаравго МухIамадибирида магIу кквезе кIоларо. Чода къвалги бан гIодобе бетIерги къулун хутIула гьев лъикIаланго заманаялъ.  Циндаго чуги биччан тун, кIиябго кверги эхеде борхун, гьес гьарула, гьаб къо мацI лъалареб хIайваналда чIезабурав ва гьабгощинаб гIазаб жиндие кьурав гьав хъачагъасда Аллагьасул ццин бахъагиян.  


- Щибха ккараб? Бахъанищ Хизрида Аллагьасул ццин?


- Цо дагьаб заманалдасан чIвана гьев. Дов дица бицун букIарав ЧIохъа чекистас чIвана. Имаммуса букIана гьесда цIар. НКВДялъулаз сардилъ рукъги сверун ккун, кодоб ярагъ гьечIев вачун ана. Бицуна, гьесул  гIорхъи-рахъ гьечIолъи чIалгIун, рихун, жалго къамилухъел рохунцин рукIанила гьев ккун вачун иналдасайилан. Кверазда маххалги ран, щуго яргъид гIуцIцIарав НКВДшникас вачун унев вукIуна Хизри ЛъаратIе. Цо Къамилухъа гьесул тушманас НКВДялъулаазда абула, воре, ярагъ гьечIилан, гIин тIамичIого нужеца гьев чи тоге, бокьараб иш гьабизе нахъе къалев чи гуроян. Гъенеколобе щолаго цо чекистасде тIаде кIанцIула Хизри, ярагъ бахъизе хьулгун. Гьениб цогидаз  речIчIараб жоялъ чIвала.


Рогьалил заман букIанин абула. Кьижун вукIарав гъенеколосев тункIил гьаркьихъе рокъоса къватIиве кIанцIула. Гьасда рихьула цо жаназаялда сверун лъугьарал яргъид гIуцIцIарал гIадамал. Гьелги чуяздеги рахун уна, жаназа доба бегун хутIула.  БичIчIанищ киб гьеб ккарабали? Гьагъале гьадаб Хизрица чу бачун араб ва тIад буссун гъотIода бухьараб бакIалда. Гьадаб МухIамаддибир Хизрида Аллагьасул ццин бахъагийилан гьардараб бакIалда. Гьари къабуллъараб къагIида бугоха.


- Чекист Имаммусал щибха ккараб?


- Имаммуса вукIана вахIшияв ва хIалихьатав чи. Хадуб гьесул ккараб дида лъаларо. ЧIохъиязул мацIалда Хизри чIваялъул хIакъалъулъ гьес гьадин абун буго: «Валлагь хIвечIу болгьон белэр багьичIого»  (Валлагь хвечIо болъон, бетIер борлъичIого). Дос гIемерал батIи-батIиял чагIи чIвана.


ВукIун вуго цойги бечедав, квер биччарав ва сахаватав чIохъияв, жиндирго гIиял рехъабиги ругев. Азербайджаналъул гIорхъода нилъер Журмуталъул мучIдул росулел рукIун руго дос ижараялъ, жиндирго гIиял кваназаризе. Колхозазе гIиял рахъизе байбихьигун, гьав данде чIунищ вукIаравали. Къокъ гьабун бицани, Имаммусаги чекисталги гьасда хадур лъугьун буго. Я цIех-рех гьабичIого, я диван къотIичIого, чIван вуго Имаммусаца гьев жиндирго росулъа чи. ЧIварав гIечIого, пударилев веццарилевги вукIун вуго: «ГьарунхIажиявги витIана анцIил белэрлъи гьубузи хIабалъи» - ян. (ГьарунхIажиявги витIана анцIил бетIерлъи гьабизе хабалъе), - илан. Гьев вукIун вуго Имаммусаца чIварав анцIабилев чи.


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook