Авторизация

МухIамад БисавгIалиевасул нухги хатIги

МухIамад БисавгIалиевасул нухги хатIги


МухIамад БисавгIалиев. МагIарулазда лъикI лъала гьеб цIар. Къогоялдасаги цIикIкIун соналъ аваразул публицистикаялда жаниб жиндирго рагIи абулеб буго гьес. БисавгIалиев ккола хIакъалда хIакъабилан абулев, чIегIералда чIегIерабилан абулев, хъахIалда хъахIабилан абулев, битIараб калам гьабизе хIинкъуларев, магIарул халкъ хирияв журналист ва хъвадарухъан.


МухIамад БисавгIалиевасда ракIалдасан лъала Расул ХIамзатовасул асарал, гьесда лъикI бичIчIула шагIирасул гъваридаб, бечедаб, такрарлъи гьечIеб, дунялалдаго машгьураб рухIияб ирс. Хасго мухIканго ва щвалде щун БисавгIалиевасда лъала ХIамзатовас гIумрудул ахирал соназда хъварал кучIдул, поэмаби ва цоги асарал. Чанго соналъ Расул ХIамзатовасул кумекчилъунги хIалтIана МухIамад. Жиндир асарал ракIалдасан лъалев, гьезул магIна бичIчIулев гIолохъанчи ватиялдаса вохун вукIана ХIамзатил Расул. КIудияв шагIирас васигаталдаги хъван буго жиндир асаразул цIех-рех гьабизе, басмаялда рахъичIел мухъал къватIире риччазе жинца МухIамад БисавгIалиевасда божилъи гьабулилан.


Расул ХIамзатовасго гIадин, магIарул халкъалъги божилъи гьабуна БисавгIалиевасда. Гьес гьеб божилъи ритIухъги гьабулеб буго.

МухIамад БисавгIалиевасда кIочонаро жиндир эмен ИсмагIилил дарсал, гIураб Анкьракьалъул дарсал ва магIарул халкъалъул дарсал. Гьединлъидалин гьесул щибаб макъалаялда, щибаб хабаралда, къисаялда жаниб бугеб магIаруллъи, нилъер миллаталъул бахIарчияб тарих, халкъалда хъинтIулелщинал суалаздехун ракIунтараб бербалагьи.


Чанго соналъ «ЛъаратIа» казияталъул бетIерав редакторлъунги хIалтIун, БисавгIалиевас хIукму гьабуна эркенаб, лъидаго бачIеб, рагьараб, батIи-батIиял пикрабазе бакI кьолеб, нилъер халкъалъул араб заманги жакъасеб къоги бихьизабулеб цIияб информациялъул алаталъе кьучI лъезе – 2011 соналда къватIибе бачIана «Миллат» басмаялъул тIоцебесеб номер.


Гьале ичIабилеб сон сверулеб буго, щибаб анкьалда «Миллат» казият магIарулазухъе щолеб бугелдаса. Гьеб анцIгогIан лъагIелалда жаниб халкъалъухъе щун буго «Миллаталъул» ункънусгогIан номер. Гьеб ккола аза-азар макъала, нус-нус кIвар бугел суалал, нилъер тарихалъул лъаларел рукIарал гъатал, цIалдолезул кагътал, дандерижиял, бахIсал, гара-чIвариял, аналитикиял цIех-рехал, сапаралъул очеркал, анцI-анцI жанразул асарал, къисаби, кучIдул, харбал.


Пачалихъалъул ва цоги гIуцIабазул кумек гьечIого, жибго жиндицаго хIебтIулеб тIоцебесеб миллияб казият Дагъистаналда гIуцIизе гьунар гIурав чи ккола МухIамад БисавгIалиев. Гьесда бажарана «Миллат» казияталда сверухъ нилъер халкъалъул ургъел бугелщинал гIадамал данде гьаризе.


МухIамад БисавгIалиевасул харбал ва къисаби рахъана Дагъистаналда ва республика бахун къватIирехун. Гьес къватIибе биччазе хIадурун буго прозаялъул тIехьги. ЦIалдолез ва литературоведаз лъикI къабул гьуруна МухIамадил асарал. Россиялъул халкъазул адабияталъул антологиялдаги, «Литературияб газеталдаги», цоги басмабаздаги рахъана гьесул харбал.


«Хвелгун дандчIвай» абураб асар гьадин байбихьулеб буго:


«Гьеб букIана 1946-абилеб соналъул кватIараб хасалихълъи. НекIсияб Анкьракьалъул ЧIурмутI жамагIаталдаса гIадамал унел рукIана ЦIоралде. Жеги Кавказалъул мугIрузул балалъа Алазаналъул жаниблъиялде бугеб нух гIазуца къан букIинчIо. ГIадамал унел рукIана хасалие нахърателалъе ролъ, нарт, цIам ва цогидаб хIажатаб жоялда хадур. Ана ЦIоралде цо Лъодок боялдаса (лъебелав) чиги, цадахъ кумекалъе чIужуги ячун. Цо кьерхараб хасалихълъиялъул къоялъ, хадуй чIужуги гьаюн, Белоканалъул базаралде ана гьев цIоросаролъул ханжу босизе магIарухъе ине. Базаралда азул магIарухъе сапар бухьине бугеб нигат бичIчIарав цо ЧIарахъ росулъа херас бетIералъ ишан гьабуна бакътIерхьул рахъалдасан рачIунел накIкIазде:


– ГIазу базехъин буго… Нуж магIарухъе инеян къачIалел чагIи ратани, гьаб бураналъ нужеда дандчIвай гьабизе буго, ЖохIолъ мугIрул габурлъи нахъа телелде. ГIазу бан хадуб доб борхалъи лъиданиги босизе кIвечIо, – ян.


Белоканалдагун ЧIурмутIалда гьоркьоб буго КIудияб Кавказалъул мугIрузул бал, гьениб тIогьазда гIазу букIуна рии камилаб мехалдацин. Херас кьураб гIакълуялъухъ лъебелав гIенеккичIо. Къасд тIамуна магIарухъе ине, мугъзада гьиргун, хадуй чIужуги гьаюн. ИнчIого бегьулеб хIалги букIинчIо. МагIарухъ чияр цIобалда тун рукIана гIисинал лъимал, гьел ралагьун чIун рукIана ЦIоралдаса квен-тIехгун эбел-эмен руссиналъухъ. Рос-лъадул мугъзада рукIана бащдаздаса ханждал цIурал хъапал, цогидаб чIилда-гъилди ва лъималазе сайигъатал. Унел рукIана гьел хъван балеб гIазуда ва гIазул бураналда данде. Хьул букIана къалъуде гьури чучлъилин ва сухъмахънух тIубан къан батиларин. Амма, мугIрул балалъе гIагарлъанагIан, борхалъуда гьури ва гIазу тIадеги кутаклъулел рукIана. Щобазда ва кIкIалазда лъукъараб жанаваралъухъего рурудилеб гьорол ва бураналъул сас къотIулеб букIинчIо. Лъебелав лъадигун лахIзаталъ цо щобил руссен бугеб бакIалда лъалхъана. Халгьабуна нахъа тараб нухлул ва ахада тараб ЦIоралъул…»


МухIамад БисавгIалиев вуго гIумру ва гьунар цIубараб ригьалда. МагIарулазул ва Дагъистаналъул адабияталда, журналистикаялда, маданияталда жаниб жиндирго хаслъиги, нухги, хатIги буго гьесул. Тавпикъ кьеги МухIамадие цIи-цIиял асараз гIадамал рази гьаризе, нилъер халкъалъул адабият ва жамгIияб гIумру церетIезаризе.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +13
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook