Авторизация

Гектараздасаги кIудиял сантиметрал


Гектараздасаги кIудиял сантиметрал


Гъизляр мухъалъул ракьалги Чачан Республикаялъул къасдалги


2019 соналъул марталъул ахиралда ва апрелалъул авалалда цIидасанги хIалуцана Шималияб Кавказалъул республикабазда гьоркьор гIорхъабазул суалал. Дагъистаналъул рахъалда дандги бачIого, Гъизляр мухъалъул анцIидаса цIикIкIун гектар Чачан Республикаялъул ракьулаб, кадастралъулаб хъвай-хъвагIаялде босун батун, ахIи-хIур багъарана. Гьедин, дандиялги хIачIого, ракьал кагътиде росизе бегьуларилан лъазаби гьабуна Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъ ва ХIукуматалъ. Амма… гьеб лъазаби хIикматаб куцалда чанго сагIаталдасан гьел идарабазул сайтаздаса тIагIана. 


Кьалул ракьа – Сунжаялъул район


Шималияб Кавказалъул республикабазда гьоркьор ругел гIорхъабазул суалаз халкъазул багъа-бачари цIикIкIана 2018 ва 2019 соназда. 26-27 марталда Магас шагьаралда тIобитIана Ингушетиялъул ракь Чачан Республикаялда гъорлъе бачиналда, ракьалъул суалал халкъалъул референдум гьечIого тIуразе изну кьолеб законопроекталда дандечIун ва Ингушетиялъул бетIер Юнус-бег Евкуров хъулухъалдаса ин тIалаб гьабураб кIудияб митинг. Гьелда гIахьаллъи гьабуна къоазаридасаги цIикIкIун чияс.


Гьединго 2018 соналъул 4-абилеб октябралдаги аза-азар чи вахъун вукIана Ингушетиялда митингалде, Сунжаялъул районалъул ракьал кодоса иналда дандечIей загьир гьабизе. 26-27 марталда гIуцIараб митингалда гIадамазда ва Росгвардиялъул хIалтIухъабазда, полициялъулазда гьоркьоб тунка-гIуси ккана. Низам цIунулел хIалтIухъабазде бакIалги кодобе щварабщинаб жоги речIчIулел гIадамазул видеороликаз цIун буго интернет. Гьеб кьаба-тунки погонал раразул гIайибалдалъун кканилан кIалъаял гьарурел руго дандечIаразул церехъабаз. МитингчагIаз къан букIана федералияб нухги. Митинг гIуцIаразул рахъккуна чанги погонал раразги. Гьединлъидал, цоги регионаздаса низам цIунулел ва аскариял рачIун руго Ингушетиялде, бронетехникагун, ярагъгун.


3 апрелалда разигьечIезул церехъаби чанго сордо-къоялъ жанир тIамуна. Гьел халкъияб багъа-бачариялъул нухмалъулел ккола Ингушетиялъул тейпазул советалъул кIудияв Малсаг Ужахов, гьебго идараялъул гIахьалчи АхIмад Барахоев, Ингушазул миллияб цолъиялъул кимитетатлъул гIахьалчи Муса Малсагов, республикаялъул жанисел ишазул министрлъун вукIарав АхIмад Погоров, гьединго Барах Чемурзиев, Муса Малсагов, Багьавудин Хаутиев, Зарипа Саутиева ва гь.ц. Изну гьечIого митинг гьабунилан ва гъалмагъиралъе гIиллалъун ккун ругилан, гIакIабиги къотIана гьезул чангиязда тIад.


Дунялалъулго халкъиял информациялъул алатаз хъвалеб ва бихьизабулеб буго Ингушетиялда бугеб ахIвал-хIал. Цо-цо цIех-рехчагIазни гьеб тунка-гIуси пачалихъалъул цолъиялъе хIинкъи бугеб ишлъун, МугIрузул Гъарабагъалъул гIадаб масъалалъун лъугьине бегьулеб дандечIейлъун рикIкIунеб буго. Гьез абулеб буго, Москваялъ, цо-цо регионазе цIикIкIун ихтиярал кьун, цогидал рикIкIинчIого, Кавказго кьалде ахIулеб бугиланцин.


Цо-цо мадугьалзабазул макьаби ва маргьаби


Гьаб макъала нилъеца байбихьана Гъизляр мухъалъул ракь жидехъего бахъизе Чачан Республикаялъул вакилзабаз гьабураб ишалъ борчIизабураб хъуялдасан. Интернеталда, хьверд гIадин, рукIунел анцI-анцI Дагъистанги магIарулалги рихарал ва нилъ какулел эливашал жидерго гIарщица жалго кIвекIулел рукIаян тезе бегьилаан, мадугьалихъ бугеб республикаялъул официалиял нухмалъулез ракьул суалазда сверухъ тIекълъабиги гъалатIалги риччалел гьечIелани.


Мадугьалзабазул цо-цо «жамгIиял хIаракатчагIазул» кIалъаязухъ ралагьидал, гьез, Европаялъул улкабаздеги лъутун ва гьанирго рукIун, «Ютубалдасан» тIиритIизарулел бугьтаналъул ва гьерсазул гъогъол гохIал халлъидал, огь, нужеда Аллагь гурхIаялилан абизе бачIуна гьезда. Сулахъалде щвезегIанги, гьеб бахун, Каспиралъдал рагIаллъудаги жидер ракьал рукIанилан маргьаби ччухIулел руго гьел пакъирзаби.


Хъачагъал рачахъаралдаса 20 сон тIубаялде – ракьал рахъи?


Отпускалде ун вукIарав Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильев гIорхъабазул суалалъул цIидасан ахIи бахъиндал, хIалтIуде тIадвуссанилан баянал руго тIиритIизарун. Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъ ва ХIукуматалъ гIорхъабазда тIасан гьабураб хитIаб республикаялъул официалиял сурсатаздаса нахъе бахъизабун буго. Гьеб суал кин рагIалде бахъинебали лъаларо. Киназдаго цоги нухалда бихьана Чачан Республикаялъул тIалъи, цоги регионазул мурадалги хIисабалде росичIого, жидее бокьухъе карта лъутIа-къотIизе хIадур букIин.


Машгьурав жамгIияв хIаракатчи, тарихиял гIелмабазул кандидат, публицист ШагIбан ХIапизовас Дагъистаналъул нухмалъулезда цебе суал лъолеб буго, «цохIониги сантиметр Дагъистаналъул ракьул кьеларилан» абурал рагIаби ритIухъ щай гьаруларелилан. Гьесул баяназда рекъон, Болъихъ ва ЦIумада мухъаздаги, Гъизляралдаго гIадин, жидеего бокьухъе ва, Дагъистаналда дандбачIого, ракьул хъвай-хъвагIай гьабизе хиял лъун буго мадугьалзабазул. Гьел харбаз цIакъ рахIат хвезабун буго республикаялъул халкъазул.


Исана Россиялда кIодо гьабулеб буго 1999 соналда изну гьечIого яргъид гIуцIарал хъачагъал Дагъистаналде тIаде кIанцIаралдаса ва нахъе гъуралдаса 20 сон тIубай. «Ичкериялъул» церехъабазул мурадал тIуразе ва мадугьалихъ ругел республикабазул ракьал рахъизе Чачан Республикаги биччан, кIодо гьабизе ракIалдейищ ккун бугеб гьеб тарихилан суалал раккулел руго.


Ахазукь кIкIуял


ГIадатиял рекьарухъабазул, хурухъабазул, ахихъабазул, гIияхъабазул, боцIухъабазул гIумру кинха бугеб? КIудияб политикаялда гьоркьореги лъугьинчIого, хурги бекьун, бокьги бахъун, нигIматал гIезарулел руго гьел. Пачалихъалдаса щолеб бицинегIанасеб кумекги гьечIо гьезие. Къоялдаса къоялде цIикIкIунел ва кIодолъулел налогал гурони. Хьиндаллъиялда ахал тIегьан ругоан. ТIегьарал гъутIбуз хъахIлъизарун руго гIодорлъаби. ТIогьодаго пихъ цIоречIого букIине, ахакь цIаял ракун, кIкIуял гьарулел ругоан ахихъаби.


ЦIи-цIиял гIуцIиял рачIунел руго магIарухъеги щвезегIанги, жидеего гIарац бакIаризе багьанабиги ургъун. Масала, Дагъистаналъул чанго районазда, гьездаго гьоркьоб мугIрузул мухъаздаги, тендер бергьун буго Казбек Царикаев абурав Шималияб Осетиялдаса чиясул «Дагэкосити» абураб ОООялъе. Гьезул вакилзаби гIадамазухъе ва идарабазухъе хьвадулел руго, нужеца жидее гIарац кьезе къотIаби хъвайилан. Кьищниялъул жеги гьез бакIарараб ва баччун араб жоги гьечIо. Гьединал фирмабазул нухмалъулезда кьищниялъул ханзабиян цIар лъун бугоан «Рен ТВ» каналалъ.


МагIарулазул цIараз рохизеги гьаруна араб анкьалда нилъ. ЦIумада мухъалдаса академик АсхIаб АсхIабовасе щвана «ВатIаналъе гьабураб хъулухъалъухъ» абураб орденалъул тIоцебесеб даражаялъул медаль. Гьединго кIиабилеб апрелалда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул тахшагьаралъе цIар кьурав пачалихъияв ва жамгIияв хIаракатчи МахIач ДахIадаевас 137 тIубаялъул хIурматалда кIудияб тадбир. Гьеб ишалда гъорлъ гIахьаллъана МахIачхъалаялъул мэр Салман Дадаев, Унсоколо мухъалъул бетIер ГIиса НурмухIамадов ва цогидалги.


Нилъ рокьуларезул бокьобе гIазу багиян аби буго магIарулазул. Амин!


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +9
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook