Къо-мех лъикI, «Миллат» .., миллат...
ХIурматиял магIарулал!
Нижеда ракIалда букIинчIо гьаб къагIидаялда нужергун къо-лъикI гьабулеб къо тIаде бачIинилан. Амма бачIана аб, я нижеца гьарун, я нужеда казият чIалгIун гуро бачIараб аб, ТIадегIанав Аллагьасул хIукмуялдалъун бачIана. Гьесул къудраталдалъун гурони гIучIги багъаруларо я зобалазда, я ракьалда.
«Миллат» казият къватIибе бачIаралдаса микьгогIан сон сверана. Гьаб бижун букIана 2011 абилеб соналъул ихдал…
Бижунги букIана МухIу ГIалиевги хисун, тIад вуссун гIурусаз МухIамадсалам МухIамадов бетIерлъун витIун вачIарабго. Гьев тIаса вищун вукIана ункъго магIарулавги гъоркь тун. ХIалуцараб, хIалкъараб, нилъер миллат жакъа бугелдасаги гIемераб гIодобегIан гьарурал сонал рукIана гьел. КъватI-къватIазда бомбабиги лъун рахъулел кьвагьиязги, гъоркьчIелги гьабун маскаби ххурал гIадамаца цогидал гIадамал чIвайги лъугьун букIана гIадатияб ишлъун. Лъица щиб чйвалев вугеб лъалеб хIал букIинчIо. МагIарулазул сахаздаса сахал васал гIужие гъолел рукIана. ГIадилгерейги чIван гьесул тахбакI чияца араб, МухIу хисун гьесда цере ханлъуда рукIарал рачIараб, магIарулазул лебалалщинал васал цоцаца чIаралел рукIана гIарцул, политикиял ва цогидал суалал роцIцIине кIоларого. Гьеб мехалда миллат цолъиялъулги, аралъул хIасил гьабизеги, букIинеселъул хIисаб гьабизеги, жакъасеб къоялъе хIакъаб ва мустахIикъаб къимат кьезеги хIажалъана эркенаб, лъиданиги бачIеб басма - "Миллат" газета. Гьединаблъун букIинеги букIана газета гьал соназдаго.
Газеталъ гIуцIараб "СанагIат гьечIел суалал" абураб рубрикаялъе жавабал кьечIев ва нижгун гара-чIваричIев магIарулазул дагьавниги рагIарав политик яги хъулухъчиго хутIун ватиларо. Цо-цо мехалда республикаялъул гIурус мацIалда риччалел газетал "Новое дело", "Черновикалъ" гIурус мацIалде руссинеги гьарун рахъулаан гьел гара-чIвариял, "Миллат" газеталдаса росанаян абун. МухIамадсаламил заманалда гьаб газеталъ тIамуна тIалъи жибгун кIалъазе ва рорхарал масъалабазе жавабал кьезе, гьединал мисалал гIемерал руго. МухIамадсалам МухIамадов хъулухъалдаса ун хадув бетIерлъун Рамазан ГIабдулатIипов вачIаралдасаги хIажат букIана гьадинаб басма тIалъиялъухъе халкъалъул тIалабал щвезаризеги гьесда данде республикаялда лъазабураб информационияб рагъулъ магIарулазда хIакъикъат бичIчIизабизеги. 2017 абилеб соналъул хаслихъе Дагъистаналда тIалъи хисана. Гьаниве витIун вачIана МВДялъул генерал В.Васильевги гьесда цадахъго премьер А.Здуновгун хъазан-татаразул къапилабиги. Республикаялда ккана кIудиял кадровиял ва политикиял хиса-басиял. Туснахъ гьарун Лефортовоялде ана бащдалдасаги цIикIкIун Дагъистаналъул хIукумат. Жанир лъуна премьергун вице-премьерал, министралгун шагьаразул ва районазул бутIрул ва цогидал гIемерал жавабиял хIалтIухъаби. ТIубараб республика букIана битIахъе жазмуялде ккун боххун, гьелги жанир ун, гьезухъа бахъараб гIарац жидее кьелин. "Миллат" газеталъ рагьун хъвана гьел чагIи туснахъ гьари гьеб хIалалъ роххизе ккараб иш гурин. Гьел гIадамал Москваялда лъачIого цIогьодичIин, гьеб рагъги коррупциялъулгун низам цIуниялъул рагъ гурин, коррупциялъулгун коррупциялъул рагъ бугин. Пайда щиб, хъваралъул хIисаб гьабизе кколеб бакIалда, гьел макъалабазул копиял гьарун, цоял ХъахIаб рокъоре, цоял КГБялъухъе ритIун, хIалтIулел руго магIарулазул мацIихъаби.
Цоги къагIидаялъ жо кколарого, Максим Шевченко тIамуна Васильевасде "Ютубалда" бугеб жиндир каналалдасан В.Васильевасухъе хитIаб гьабизе "Миллат" газеталдаса БисавгIалиевас магIарулал гIурусазда данде чIезе ахIулел ругин. Аллагьасе рецц, битIахъе закон хвезабиялъул хIужа батичIо гьезул цIех-рехалда ва мацIихъабазул анищал хIорлъана. Амма Россиялъ къо бахъанагIан эркенаб рагIуе гIурхъичIвай гьабулеб буго. "Яровоялъул пакет" абун цIар щвараб цо инжитаб къанун баккана бокьараб, тIаса-масаго диниял, миллиял яги социалиял темаби хасал къокъабазда хъинтIараб жо борчIани, миллионазул гIакIаби, хIатта туснахъ гьариялде гIагарараб тамихI бихьизабулеб. ТIаса бер босичIого "доносал" хъвалел магIарулазул мацIихъабиги ругеб, тIалъиялъ законалги къвакIизарураб заманаялъ ритIухълъиялъе гIоло къеркьей бигьаяб жо гьечIолъиялда бан, газеталъул тарих гьалда лъун лъугIизе толеб буго.
МАП (Межрегиональное агентство подписки) абураб Москваялда бугеб цо гIуцIиялъ араб соналдаса нахъе нужеца подписка гьабураб гIарцудаса нижее цо капек бачIун гьечIо. Гьезулгун диваналъул процесс байбихьизе буго гIагараб заманаялъ. КIиабилеб бащдаб лъагIалие нужее кьезе хутIараб гIарац почтаялъ тIадбуссинабула нужехъе, нижее кколеб, диваналъ МАПалдасаги бахъун, гьезул бахъизе жо батани, бачIилин хьулалда руго. Гьединаб хIилла - рекIкI цIикIкIараб, кумек дагьаб, магъалабаца гъанкъулеб, мацIихъаби гьарзаяб, закон къвакIараб, къватIиса нухмалъиялъ зурулеб заманалда щивха вукIинев магIарулазул газеталъе кумек гьабизе хIадурарав чиги? Гьев валагьизе нижги рахъунаро, жалго рачIине хIадурарал чагIи миллаталда гьоркьорги гьечIо.
Амма нижер коллектив жеги хун гьечIо, гъорлъан цо-цоял камуниги. Ургъулел руго цоги цебехун букIинчIеб цIияб творческияб проекталда тIад. Интернет-радио бугониги, "Ютюбалда" хасаб канал бугониги, интернет-СМИ бугониги, рагьизе ният буго. Рес буго Аварпресса.ру сайталде хъвадаризеги. Жакъа кинабго гIалам телефоназда жанибе иналда бан, цIияб заманаялъул тIалабаздаги данде кколеб, гIемераб гIарацги харж гьабизе кколареб, улкаялда ва Дагъистаналда лъугьа-бахъунеб жо нужеда бичIчIизабулеб цо сурсат рагьила, Аллагьасул хIукму батIияб батичIони.
Гьаб газеталъул гьурмазда ахирисеб микьго соналъ щибаб рузман къоялъ гIемерал пайдаял, цIализе гъира балел макъалабазда цадахъ редакция ва хъвалев чи мекъи ккарал, гIисинлъарал, илбисалъ къосинавурал бакIал рорчIун ратиялдаги щибниги щаклъи гьечIо. ЧIагоял чагIилъидал, кин мунагьалдаса рорчIилел? Мунагьаздаса цIунарал чагIи цохIо аварагзаби гурони гьечIеб мехалда. Гьединлъидал, хириял диналъул вацал, магIарулал, гьарула, Аллагьасе гIоло, нижер мунагьаздаса ва хатIабаздаса тIаса лъугьа нуж. Жинда ссалат-салам лъеяв Аварагас абунги буго: "ХIакълъунго Аллагь тIаса лъугьуна жалго тIаса лъугьунезда", - абун. Дун киназдаго тIаса лъугьарав вуго, нужги тIаса лъугьа нижехъа рорчIарал санагIат гьечIел хъвай-хъвагIаяздаса. Гьаб газета къаялъе сабаблъун ккана гIицIго финансовиял, политикиял ва цогидал рахъал гурелги, цо нижехъе гьоболлъухъ вачIарав исламияв гIалимчиясул рагIабиги: "Гьаниб бугеб хъвай-хъвагIай гъибаталде ккеялдеги хIинкъи буго", - ян гьес кьураб кантIизариялъ. Жакъа гIалам, суждаялдаса борхичIого ккарал мунагьаздаса тавбу гьабун, Аллагьасда гьардолеб мехалда нижеца гIарац кьун гъибаталде ккезе рес бугеб жо къватIиб биччай ахIмакълъи букIинарищха? Аллагьас нилъер щивасе гIакълуги, сабруги, кантIиги кьеги хIакъаб нух тIаса бищизеги, гьенисан таричIого церехун инеги, гьеб нухда даимлъизеги. Харбалги лъикIал рагIаги. Амин.
Автор: МухIамад БисавгIалиев
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала