Авторизация

Гьаб векалъул тарих

     Гьаб векалъул тарих хадуб магIарухъ:

 Хунзахъги ЦIадаги цIалулеб мехалъ,

Дир, цIар киб букIинеб чIваралъ, хваралъищ,

 Я хабар лъачIого тIагIаразулъищ?

 Гьелъул ургъел гуро гьабсагIат бугеб,

Дир пикраби руго мугIрул халкъалъул.

Цoxlo рохел буго, дида гьеб лъала,

 Мун даим хутIизе буго, Дагъистан.

 ЧIваразулъги гуро, хваралъги гуро,

Я хабар лъачIого тIагIаралъ гуро;

 ТIагъурги ханжарги магIидаги бан,

 Мун бихьула дида даим чIагояб.

Доб Петербургалда пача тIуркIарав,

 Гьундулъ бусада гъорлъ шагьал сорорал,

— МагIарулас даим жиндирго тIохда,

ТIаргъикьанги бахъун, цIалеб хъалиян.

ХинкIал цIикIкIаразул гуро цIар бугеб,

ЦIогьал руго, МахIмуд, бахIарзал гьанже.

 Нусго грамм гьекъей, миллион бикъи,

— Гьале гIумруялъул гIакълу гьабсагIат.

Гьезул цо жидерго мафия буго,

Жанисан хIалтIулел мекъи кверазул,

Гьал карьеристазул режиссеразул,

Гьал гьерсихъабазул дирижеразул.

Гьал хъамалчагIазул тамадабаца

Тун гьечIо кIал чIвачIеб цохIониги бакI.

БацIазул машгьурал тренеразул

 Махщелалъул кутак, кадрабазул гуч!

Киналго цоцазде тIаде гьусулел

Гьерсил шефповарал, цо гьаз кьолеб квен!

Кинабго Дагьистан бикъананиги,

 Бищунго ракъарал чагIиян ккола.

Огь, гьал художникал хиянаталъул,

 Хадур гIунтIуларел гьазул суратал!

 Гьал композиторал нусго квешлъидал,

 Кутакаб музыка мацIихъабазул.

 Цо-цо мехалъ ккола, гьаз ккун бугилан

Республикаялъул кварил рагIалин,

Гьазда данде чIолеб къуват лъаларин,

Гьаз кодой босичIеб кибго бакI гьечIин...

 ...ХинкIал цIикIкIаразул цIар гуро бугеб,

 ЦIогьал руго, МахIмуд, гьанже бахIарзал.


Автор: Расул Х1амзатов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook