Авторизация

ХIикматаб жо буго макьу

Цо лах1заталъ кьижун кканиги халатаб лъугьа-бахъин бихьула. Макьида х1укму гьабуге, ай божугеянги абулаан умумуз. Лъица щиб абуниги, г1емерал сонал аниги бахъараб сурат г1адин к1оченч1ого цебе бугеб, дирго цо макьу бицина жакъа нужее. Гьеб макьилгун хурхен бугеб лъугьа-бахъин бицинин цебеккун.


Макьие цебераг1и. Журналистикаялда гъорлъе лъугьиналде дун йик1ана Мах1ачхъалаялъул №81 ясли-ахалда тарбияч1ужулъун х1алт1улей. Ихдалил сессиялде рач1арал ДГУялда ц1алулел нижерго районалдаса ясалгун тира-сверулел рук1ана шагьаралъул паркалда. Гьенирго ричулел ратун т1оцересел ихдалил т1угьдулги росана нижго берцинлъиялъе кодор кквезе)). Ленинил майдан къот1ун унаго щвана Ц1адаса Х1амзатил памятникалда цере. «Дун Х1амзатие саламги т1угьдулги кьезе ина»-ян екерана паматникалъухъе, хадур релъулел ясалги тана. Аск1ое г1агарлъун памятникалда цебе т1угьдул лъолаго г1ажаибго ц1унц1рахана черх. Ихдалил бакъул къоялдаса дир бук1араб аваданлъи лъахъвана рек1елъа. «Ясал, х1икматаб асар лъугьана рак1алъе, памятникалда гъоркь живго Х1амзат вукъун вугеб кинигин..»


Макьу. Дирго рокъое щвелалде ватулев вуго Х1амзат. Бец1абго рукъги буго, рокъоб къайи-ц1аги дида лъалареб басриябго буго. Х1амзат вуго пикрабалъ гордухъе балагьун. Гьесда дун йихьулей гьеч1ин кколеб буго дида. Дие ц1акъ бокьун буго пашманго г1адин вихьулевХ1амзатие щибниги лъик1лъи гьабизе. -Х1амзат, дица гьабсаг1ат квен гьабила.. –Баркала, щибго гьабизе ккеларо.. –Дун гьабсаг1ат яч1ина-, ян екерулей йиго тукаде. Щив божилев дихъе живго Ц1адаса Х1амзат вач1ун вук1анин, фотоаппаратги балагьизе ккелаян буго дир пикру. Гьеб алатги кибалиго батун сурат бахъизе гъираялда рокъое щведал рагьухъе батараб нуц1ихъан гар-гар раг1ана. Ц1акъ гьаругьин жание лъугьана. Гьезда дун йихьулей гьеч1о. Нуц1ихъе мугъги кьун Х1амзатида цее эхетун к1алъалей ятулей йиго бец1аб шал ч1варай йорхатай г1адай ч1ужуг1адан. -Дада, нилъ кват1улел руго, рилъинарищ?-ин. –Рилъина, гьабсаг1ат Пат1имат яч1ине ккола..


Дида кколеб буго дун яч1инег1ан ч1ун вугин Х1амзатин. Амма гьезда дун йихьулей гьеч1о. Гьебсаг1ат екерун яч1ана 12-13 сон барай г1адай яс, горбониб пионеразул галстукги буго, бот1рода квербац1ц1ги гьеч1о. –К1удада, рилъа, рач1унел руго, рач1унел руго!,-ян ах1ана гьелъ рази-ракиго. Дида бич1ч1улеб буго гьелдаги дун йихьулеб гьеч1олъи. Гьел лъабалго цадахъ къват1ире рахъана, хаду-хадуй дунги. Ц1акъ бокьун бук1ана лъазе гьел унеб бак1 (сурат бахъизе щвеч1олъиялъулги бук1ана зах1мат). Цере-цере гьалги хадуй дунги щвана г1ат1идаб, халатаб, ц1акъ берцинаб г1урчинаб майданалде. Дагьаб рик1к1адег1ан, гьанжего-гьанже рещт1араб, хъах1аб вертолетги бихьулеб бук1ана. Гьелдаса гъоркье лъугьун рач1арал г1адамазул къокъаялдаса бат1аги т1ун  берцинго рет1а-къарай к1иго ч1ужуг1адан Х1амзатида данде рач1унел рук1ана. Гьезул цоялда бук1ана х1икматго берцинаб г1урчинаб гормендо. Аск1оре г1агарлъарабго лъана гьей г1адан Расул Х1амзатовасул хъизан Пат1имат йик1ин. Гьей йихьарабго Х1амзат разиго гьимана.  Вертолеталдаса рещт1аралгун живго Расулги вихьулев вук1ана, амма гьев гьеб гурулъго ч1ана. Х1амзатида халлъана хадуй лъугьун дунги яч1уней йик1ин: – Мун нижгун яч1унге, дир яс, ниж ине ккола. Мун гьагъаб нухккун а,- янги абун гьес кверги бит1ун дун кваранихъе бугеб нухде йит1ана. Х1амзатица бихьизабураб нухде гали т1амурабго дир х1ет1е тамахаб ракьулъе жанибе ккана, гьеб бугоан ц1ибахъараб, жеги машина яги г1адан хьвадич1еб нух.. Лъуг1ана макьу.  


..Гьоркьоб г1емер заман иналде камуна Расулил Пат1имат, дунго ккана ц1ияб нухде-журналистикаялъул, хъвадарулел чаг1азул мухъилъе, бицунел раг1ун гурелги рихьунги лъана Ц1адаса Х1амзатил васал-Расул, Х1ажи. Щвана Ц1ада музеялде, гьениб батана, доб макьилъ бихьараб рак1а-рахариялъул рукъ, Х1амзатил Мух1амадил гьит1инго хварай яс, пионеразул галстук барай Пат1ил сурат. Лъана Советазул х1укуматалъ шаг1ир Ц1адаса Х1амазат вукъараб бак1.


Х1икматал жал руго макьаби. Лъаларо щаяли, киноялъул цого сериялъухъ балагьулей г1емер цеве т1амула, гьурмада т1убан роххел сварав к1удияв Расул.. Амма лъала нилъер щивас ц1алун кьураб дуг1а-альх1амалъ Ц1адаса Х1амзатиеги Х1амзатил Расулиеги зарал гьабунгут1и.

Аллагь гурх1аги нилъеда киназдаго.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий
Унго ,макьу буго хасаб дуниял)Аллагьас мунагьал чураги,гьаб макъалаялда рехсарал-щиназул.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook