Авторизация

НакIкIазухъ росдал тарихалъул тIанчал

Гьаб къокъаб тарих хъвана ГIабдуллагьил МахIамадица, жив 1913 соналъ НакIкIазухъ росулъ гьавурав ва 1992 соналъ хварав. Нижехъе гьеб щвана кириллалъ цо даптаралда жаниб хъван, копи бахъараб къагIидаялъ.

 

Нилъ кколаСугъралъ росдал тIел. НакIкIазухъ росу гIуцIизе байбихьана 1798 соналъ. Минабиразе байбихьана. Ракьги ккола сугъулдерил росдал. Нилъ ккола сугъул. Ракьалъул чIарал бетIергьаби рукIун гьечIо (байтулмалалъул ракь абун цIар лъун буго).Гьелъул магIнаги буго бетIергьан гьечIеб.

 

Лъицаха гьеб хIалтIизабулеб букIараб 1798 соналде щвезегIан?

Къоло ункъосоналъ гIурус пачаясде данде вагъарав цевехъан, Шамил имамасул чуязе херхъвалеб бакI, роол заманалдаса хадуб сугъулдерил гIи-боцIи бугел чагIазул, ай хIакимзабаз мунпагIат босулеб букIун буго. МучIдузде къотIулеб букIун буго хасало ва ихдал.

 

1885 соналдаса байбихьун щиб ккараб хиса-баси?

Сугъулдерил жамагIаталъ хIукму гьабун буго росулъ мискинал гIадамал 10 соналъ НакIкIазухъ росулъе ритIизе. Зукъудухъ рагIал тун тIадехун кьолеб букIун буго гьел чагIазе ракь - мунпагIат босизелъун, айцодагьал бечелъизе рукIине. ЖамагIаталъ гьединго хIукму гьабун буго 10 сон ун хадур гьел чагIи нахъе, Сугъралъе, рачине, мискиназул кIиабилеб къокъа добе битIизе.

 

НакIкIазухъе ритIизе ккани, лъидасан ритIулел рукIарал?

Сугъулдерил росулъ нилъгун цадахъ лъабго батIияб тIел буго. Гьелда абула тухумилан.

1. ТIадехунел

2. Падарал

3. Къелдер

Гьезда жанирги руго рикьалаби: ХIажил рукъ, Шанхаби, МаламахIанлал, ГIабадишал,ГIабдулагьабал, БакъисгIалал, Къурма Мусалал ва гь.ц. Гьел тухумаздасан цо-цоялдасан лъабго-ункъо рукъ, жиб-жибалдасан мискинал рищун ритIулел рукIунруго (заман - 10 сон) НакIкIазухъе.

 

Гьел тухумал кисан рачIарал?

1. Шанхаби абулеб тухумалъул байбихьи-рачIин Гулаб-Хуслиб [гьанжесел тумазул росаби – Кулива Хъусрахьиб] абулеб бакIалдаса буго.

2. Падарал абулеб тухумалъул рачIин - ЦIоралдаса (гьанжесеб Азарбижаналъул магIарул росаби).

3. Къелдерги кIиго батIияб тухум буго: цо тайпа Къелеса, цогиял бусурманлъарал гуржиял:Гергилал (Георгиял).

 

ТIоцере сугъулдерил ракьалда щал рукIарал?

ГIабдугьабал ваМалла-МахIанлал. ГIабдугьабал рукIун руго Чина хъитIава КIудаб нохъо абулеб бакIалда, НакIкIазухъ гIорда. Мала МахIандилал – Идибабулеб бакIалда. Гьеб кIиябго тIел кисан бачIараб абураб суалалъе жаваб: цояз Хунзахъанин, цояз ЦIекIосанин абулеб буго.

 

ЧакалгIилазул баян.

ГецIер рукIунруго лъабго вац:

1. Баича.Гьесдаса БацIада – СагIдулал.

2. Ича.Гьесдаса Сугъралъ – Загьралал.

3. Чагу.Гьесдаса Рилъаб – ТIинамухIамадилал.

 

1890–1892соназда тIоцере НакIкIазухъе ритIарал чагIазул рукъзалги риххизарун рачун ругогьел Сугъралъе. Цо чи толев вукIун вуго вехе вачIинчIого, гIадлу гьабизе таравкIудияв хIисабалда. КIудиял рукъзал разе, цIорол гордал лъезе бегьулеб букIунгьечIо, щай абуни эхеве вачIине ккани, данде чIелин абун.

1918 соналъул17 октябралда НакIкIазухъа бехе бачун буго кIиабилеб къокъаялъул 34 цIараки (хъизан-цIа). Ицум живго тун вуго, хъизан унтун букIун буго. Киналго рарал бакIал (эхетарабщинаб мина-рукъ) щущазарун, киналго бихьинал рачун ун, ахIун Сугъралъегин, жанир тIамун руго. ГIагарас гIагарасул рукъ биххулеб букIун буго. Гьеб дида дагьго лъала. Гьелъие бетIерлъи гьабулел чагIи рукIана ГIабдулагьхIисул МахIама ва ИсмагIил АхIма. 

 

Росуги минабиги риххун ругел гIадамаз кинаб яшав гьабулеббукIараб, кир гьел рукIарал?

Сугъралъ минабугел гIадамал жиде-жидерго минабазде ана, гьечIел чагIи нохъабазда, къаралазулкуллабахъе, Щуланире, БацIаде, Гъунире, Салануб абулеб ругъеждерил бакIалде,рахъ-рахъалъ щущан рукIана. КIиго соналъ я бекьараб хур гуро, тIубан боцIигилъугIун, къавуда унти щун гIемерисел гIадамазул ретIел букIана хизимтуруталдасан букъараб. Унти букIана гьумер кваналеб, хъасдей-хъирис букIана тIаса унареб.

 

Церехун рехсанщинал захIмалъаби чIамурал росуцоязе гIумругьабизе гIилла щиб ккараб?

ТIоцебесеб дунялалъул рагъ лъугIун хадуб 1917 соналъ ГIурус пачалихъалда бергьана Октябралъул хIуригат. ТIаса рехана пача. Ракьал росдал гIадамазе (рекьарухъабазе), фабрикал хIалтIухъабазе (захIматчагIазе) хIалтIизе щвана. Нилъ дагь-дагьккун ракIарана росулъе.1920-1921 соназда рагъги лъугIун букIинчIо, росу гIуцIизе байбихьана.

 

Нахъеги кинал захIмалъаби рукIарал сугъулдерил бечедазнилъее гьарулел?

Ракьал хIалтIизариялъе Октябралъул инкъилабалъ кьурал ихтиярал хвезариялъе кIудияб кIиго дандечIей гьабуна. Масала: Зукъудухъ рагIал тун тIадехун гурого нужер ихтияр гьечIин абун гIи-боцIи биччалаан, гьелдаги тIубачIо нилъер мурад. Щибха ккараб?

Байбихьана судалдасан иш тIокIкIинабизе. Ракьазул идара букIана гIуцIун МахIачхъалаялда. Гьенире ун кIиго нухалда комиссия бачIана Болъикь гохIил рагIалде. Гьелъие цебехъанлъи гьабизе ва диваналде хьвадизе хасал чагIи тана 39 цIаракиялда гьоркьоса:

1.               Чупалав.

2.               ГIумала МухIамадил ГIабдуллагь.

3.               Сагитасул МухIамад.

4.               ГIабдуразакъил ГIали.

5.               АхIмадил Хадижа.

Церехун рехсарал чагIи унаан хIукуматалъул идарабазде гъорлъе. 39 цIаракиялдаса 0,4 (400) килограмм нахул бакIарулаан. ГIарзахъваралъухъги гьеб нахудасан кьолаан, нухда эхеде росиялъулги, нухда харжгигьелдалъун тIубазе кколаан. Кваназе гьечIеб квен, ретIизе гьечIеб ретIел,мискинаб хIукумат, бекьичIеб хур - боцIи гьечIеб росдал агьлуялда гIемер къобихьана.

 

Бергьана нилъ

Диваналъуллъабабилеб хIукму гьабуна НакIкIазухъ росдае гIурхъи чIвазе росдал магIардасан чвахулеб гIоралъ, ай Шугинуб кIалтIу тун. Гьелъие кIудияб кумек гьабуначIохъдол росдал хъулухъчагIаз. Гьел рукIана хIукуматалъул хъулухъазда МахIачхъалаялда, Гъунир ва цоги бакIазда. БоцIдол ва маградерил хасал гIадамазги гьабулеб букIана нугIлъи НакIкIазухъ росу нижеда росулъун батанинабун. РукIана нилъерго НакIкIазухъа гIадамазда гьоркьорги Сугъралъа хIакимзабазе чарлъулелги, ай гъозул рахъ ккурал, гьел чагIи хвачIо гьанир.

Самурский вачIана Болъикь гохIде цадахъ ЧIохъаса ГIабдулбари абулев таржамачиги вачун. Нилъер рахъалдасан вукIана ГIабдуразакъил ГIали, сугъулдерил вакил ГIабдухIалим. ЛъугIел ккана судалъул хIукмуялдалъун 18 цIараки тIадеги битIизе НакIкIазухъе. Цо соналъ хурги бекьун гьел нахъруссун Сугъралъе ана. Вагьабил ГIали абулев чияс бокьги рукъги бан букIана.

 

Тухумазул хIакъалъулъ цоги баян

Сугъралъ росулъжанибго лъабго тIел буго:

1.               ТIадехунел

2.               Падарал

3.               Къелдер

Гьеб лъабабго тухумалда жанир цоял гIемерал, цогидал дагьал рукIун, цоцаде тIаде журан руго (бащадго рукIине гIадин).

1.               Къелдерилал жидедаго жалго руго, амма кIиго батIиял руго:гуржиял, бусурманлъун, тIаде журан руго къелдерида. Гвергилал, ай нахъабусурманлъарал гуржиял.

2.               ТIадехунел абулаан ХIажирукъ абулел чагIазда. Гьезде тIадежуран руго Шанхаби ва Малла-МахIандилал, ГIабадишал. ТIадехунезулва Шанхаби жураразул тIел ГIунтIибги буго.

3.               Падарал – гьезде тIадеги журан руго ГIабдугьабал,ЧакалгIалилал, ва гь.ц. Нахъа тIаде рачIаралги, масала, Агъалал, Ягъанлал вагь. ц. Гьезул цо тIел Шитлибги буго.

 

Щайха кIудиял тухумазде тIаде гьитIинал тухумал журалел рукIарал? Щай абуни цебехун букIунбуго шаргIияб, ай динияб гIадат. КIиго тухумалда жаниб «би» «цIа» гIадаб иш кканани, Къуръан кьучIалде лъун, босун гьедулел рукIана. Гьедизе ккани, 50 чи къваригIунев вукIун вуго. Чи чIвани, цIогь гьабуни ва руччаби чагIигун гьоркьоб ишалъе цоги цогидалги лъугьа-бахинал кканиги, 18 соналдаса тIадехун гIумру бугел 50 чиясдаса дагьго чи бегьуларелъул, гьелъие гIоло цо-цоязда тIаде журанчи гIезе къваригIун.

Щайха Сугъралъ нилъгун цадахъ лъабго тухум гьабураб? КIиго тухумалда гьоркьоб кьал ккани, лъабабилеб тухум маслихIат, ай, рекъел ккезабизе гьоркьор лъугьизе цIаралъ.Дибир, ай росдал гIалимлъун толев вукIун вуго цIикIкIараб лъай бугев чи (къади).Гьесул ихтияралда цо къадар ракьалъулги букIунеб буго мажгиталъе. Цо-цо тухумалдасан цо-цо чи ккезавулев вукIун вуго мухIканлъуде, ай диван гьабизе ккани. Цо чи росдал катиблъунги толев вукIун вуго, ай секретарлъун, хIукмухъвазе.

 

Щал чи рукIарал гъунисел Шамилил заманалда? 


Гъунисел абулеб букIун буго гъунисезда, щайгурелъул сверун кисанго рагьараб кьурул гъунибукIун. Гьанже Гъунибан тола. 1859 соналъул 25 августалда Шамил кверде восана Гъуниб магIарда Барятинский абулев НикIалайил рагъул бетIерас. Гьев кверде восун вуго пачаясул рагъухъабазда Гъуниб магIарде рахине нух бихьизабун. Гьелъухъ хиянатчагIазе (жасусзабазе) гIемераб гIарац-меседкьуна. Гуребани гьедигIан хехго Шамилил рагъухъабаз биччан тезе рес букIунгьечIо Гъуниб. Машгьурав магIарулазул цевехъан Шамил вагъун вуго 24 сонги 5 моцIалъги пачаясул хIукуматалде данде. Щай абуни Дагъистан лъиданиги бараб гьечIеблъун букIине. ЦIар рагIарав рагъул цевехъан хIисабалда Шамилил цIаррагIун букIун буго хасго Аврупаялдаги.

Шамил асиргьавун хадуб, гьанжесеб Гъуниб районалъул ракьалда гIурус пачаясул буюрухъалда рекъон, цIикIкIараб гIарацги хвезабун гьаруна щулалъаби, хъалаби, рахъана шагьранухал. Ай, солдатаз гIоразда тIад кьоял рана, щулалъаби, сангаралгьаруна, щулиял къедал рана, кIиго каву лъуна: цо - Гъунире жанире лъугьунеб,цо – магIарде унеб бакIалда.

Гьелъие гIиллалъун букIана Шамил асир гьавун хадубги пачаясул хIукуматалъе дагъистанияздаса хIинкъи тIагIун букIинчIолъи.

БахIарчиял магIарулаз гьоркьосан къотIичIого гьарулел рукIун руго пачаясул аскаразде данде гьужумал. Гьелъие гIоло Гъуниб районалдаги жидерго рагъул аскарал, рикьиял, постал лъун рукIана Гъуниб, Сулдерил почалда, Къородисезул кьотIа.

1862 соналдаса байбихьана ЧIегIераб ралъдадаса 4920 футалъ (1435 метралъ) борхалъиялда бугеб Гъуниб килиса базе. Килисаялда аскIоб лъуна гIарас. Гьелда аскIор лъун руго Шамилил рукIарал гIарадаби. 17483 гъурущ тIад харжги гьабун лъугIизабун буго офицерзабазе 4 рукъ (плигелал). 

1860-1862 соназ проект бахъун лъугIизабуна жидер халалъи 113 верст, ялъуни 120 км., бугебШурагьиб–Гъуниб шагьранух. ТIубан Гъуниб щулалъиялде нух бахъун лъугIизабунбуго 1879-1898 соназда. Доб заманалда Гъуниб хъалаялда букIана тIадегIанав император ва кIудияв князь Владимир Александревичасул цIаралда бугеб 83-аб. Лъелазул Самурски полкалъул цо батальонва Дагъистаналъул хъалаязул гIарадачагIазул цо рота, чотIахъабазул кIи-кIи къокъа, гьединго жидерго ихтияралда ругел 6 чотIахъабазул почалъулги телеграпалъулги рикьиял.

Шамил асиргьавуна 1859 соналъул 25 августалда. Хадуб пачаяс гъунисел Дагъистаналда тIиритIизаруна: Манасалде, ГьаркIасунире, Рохьоб хъалаялде. миллатги хисана. Гьениб батIа гьабун бихьизабун буго 516 десятин ракьул, ялъуни 563,5 га цебеккараб, хIалтIизабичIеб, къачIачIеб ракьул.

 

Сулдерил поч

Сулдерилщулалъи гIурусаз бан рагIалде бахъинабуна. Гьелда цIарги доб заманалда букIанакьода аскIоб бугеб Гергил (Георгиевский) хъала абун. Цоялдаса цогидалде инебегьулеб, нухалги ругеб бакI букIана гьеб. Гарнизоналъулазе кваранабрахъалдасан гIурухъе лъел цIезе ине хIинкъи гьечIеб бакI букIана гьеб. Гьебщулалъи цIунун букIун буго 6-абилеб Кубаналъул пластун баталионалъул цонусилазул гарнизон. ГIорда тIасан бараб кьо, гIурусазул аскаразде тIадекIанцIизелъун, 1844 соналъ Шамилица биххизабун букIун буго. Гьенир рукIун ругопочалъул рукъзалги. Гьеб гьитIинабго росу (слободка) 1879 соналде щвезегIан хунбукIун гьечIо.

 

1937 соналдаса байбихьун нилъер росдае гIоло гьабурабхIалтIи 

1937 соналдаихдал байбихьана росулъе шагьранух бахъизе. Гьеб ишалъе кумек гьабуна Гъунибнухал гьарулезул бетIерлъун вукIарав Къулдуев Имам-Мусаабулев чияс. Гьеб заманалде, ай 1932-33 соназде щвезегIан хIалтIизе кколаан 6къоялъ (трудповинность). Гьеб захIматкъо тIадаб букIана кинасдаго –хIукуматалъул нухда хIалтIизе ине ГIанаде, Гьордалъе ине кколаан. 1954-1955соназда Мусаев ХIажил кумекалдалъун Сугъралъан ток бачана НакIкIазухъе,кормосовхоз Сугъулдерилгун данде гьабуралдасан.


Автор: ГIабдуллагьил МахIамад

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
orosib,Кьолбол гъунисел гьанже маг1арухъ хут1ун гьеч1ин абизе бегьула,Жибго Гъуниб росдада доб мехалъги,гьанжеги абула "Х!убикь"ан жалго кьолбол гъунисел Имам Шамиль асир гьавун хадуб ,гочизарун руго,лъараг1лълъиялде,ва жакъа эзул наслабаз г1умру гьабула Буйнакск мухъалъул ,Гьарк1ас,ва Манасул росабалъ,ва гьединго,Нахъбак1 мухъалъул Дилим росулъ,эзул мац1ги релъараб буго Гъуниб мухъалъул Ругъжаб росдал мац1алъул сверелалда! blush 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook