Авторизация

Муниса ГIумар

Муниса ГIумар


ГIенекке, гIадамал, хабар бицизин,

Халкъалда рагIарав багьадурасул.

ЧIахъаял, кIалъаге, гьунар ахIизин,

Гьунар Бичас кьурав цо мунусесул[1].

Эбелалъ гьабураб квенги кваначIо, 

КъвачIиниса бахъун кагIак[2] гурони,

Лъадуца тIамурав боснив вегичIо,

ЧIахIил бусен гьабун, гъотIокь гурони. 

РоцIанщинал къоял ЦIоралда тIамун,

ЦIар ана, ле гъалбацI, дур дунялалда.

ЦIад банщинал сардал гъвелил ракьанда,

Магьи хъахIаб хъирим хъатикьеги ккун.

– Мискиналщиналги бечелъун ругин,

Бахъедила дуца гIарцудул ярагъ.

Бечедалщиназе боцIи гIун бугин,

Вусса, ле, рукъалде, къвал гIебаб гъалбацI.

– Мискиналщиналги бечелъаниги,

Бахъиларо дица хIан гIарцул ярагъ.

Бечедалщиназе боцIи гIуниги,

РакIго сасунаро вижараб росулъ. 

Жиндаго рекъараб къокъаги бачун,

КъачIанила лачен Жаниб ЦIоралде. 

Алхасихъе[3] кIанцIун, ясалги рачун, 

ХIал гIураб давлагун, квер гъураб жогун, 

Гьединаб хIалалда жал рачIинагун,

Борхатаб балагьун гохI ккун батана, 

Гъваридаб кIкIалахъе гъоркьчIел батана.

Гьединаб къоялда къваридго рукIун, 

ВитIун чи анила дове КIкIаратIе, –

Хехлъи гьабе абе Къурбаниласда[4],  

Къварилъи ккун бугин гIолохъабазе.

Хъван кагътал ритIана цIунтIадерихъе, –

Хехлъи гьабе абе цIунтIадерида, 

Гъов Мунуса ГIумар жанив сверанин.

КIаратIаса чапар нахъе щвелелде, 

Чу-ярагъ бахъана гIолохъабахъа.

ЦIунтIа кIкIалахъ арал кагътал щвелелде, 

БетIер къотIанила цо мунусесул.

Ракьда гьорогьайги ГьерекIлил сиял, 

Мунуса ГIумарил бетIер тIад барал!

Зодихъе рахъайги хъахIал хъалаби, 

ХъахIаб итаркIодул малърал хIуларал.

ЦIорго-ЦIор абула – жиб цIорон таяб, 

Чанги цIудул милъир жаниб хIулараб!

Гъвелго-гъвел абула – жиб гъугъан аяб, 

Чанги гъалбацIалъул гожо бортараб 

Къоролай абизе дур лъади гьечIо,

Къороллъаги, ГIумар, бакъ гIарцул ярагъ! 

Бесдалал абизе дур лъимал гьечIо,

Бесдаллъаги, лачен, цIахIил гIаларча!

  


[1] Муни – гьанжесеб Болъихъ мухъалъул росу.

[2] КагIак – сапаразда унелъул бежулеб букIараб чадил тайпа. 

[3] РоцIинабизе кIвечIо щив чи гьевали.

[4] КIкIаратIаса Къурбан – ХVIII гI. ахиралда ХIХ гIасруялъул авалалда цIар арав чабхъадулав ва жамагIаталъул бетIер.

 
 
 
оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий
МашаАллагь,пасих1аб кеч1 буго!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook