Авторизация

МагIарул мацIалда «Дербенд - Наме». ЦеберагIи

Ахираб заманалда гIалимзабаз цIакъго кIудияб кIвар кьолеб буго нилъер рухIияб бечелъиялъул цIех-рех гьабиялде. Хасго хIаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул тарихалда, гIадатазда, умумузул гIумру-яшавалда хурхарал, квералъ хъван гьез нахъе тарал хъвай-хъвагIаязул цIех-рех гьабизе. Гьелдаго цадахъ тIадчIун бицунеб буго имамзабазулги Кавказалъул рагъазул тарихиял хIужабазулги. Гьеб бицине рекъарабги мустахIикъабги буго, щайгурелъул Кавказалъул халкъазда бихьана гIемераб гIакъубаги, ракъиги, къварилъиги.

Гьединго бицунеб буго  Кавказалъул рагъазда цебесеб ва хадусеб заманаялъул хIакъалъулъги. Амма  къанагIат гурони рехсолеб гьечIо нилъер цIакъго цебесеб тарих. Хасго мукъсанал баянал руго бусурман дин тIибитIизегIан Дагъистаналдаги магIаруллъиялдаги букIараб ахIвал-хIалалъулги гьеб заманалъул гIадамазул гIумру-яшавалъулги хIакъалъулъ.

Нилъеда лъала,  хIуригат бахъизегIан Дагъистаналъул кинабниги тарих гIараб хъвай-хъвагIаялъул кьучIалда букIараблъи. Гьеб тарих нилъеда лъазе рес гьечIо гIараб хъвай-хъвагIаялдасан   гурони. Гьединлъидал нилъ раккизе ккола гIараб, ялъуни гIажам тIахьазде.

Инкъилаб ккезегIан, Дагъистаналда кинабгIаги маданият, хъвай-хъвагIай букIинчIилан чIезабизе хIаракат бахъулел чагIи гIемер рукIана магIарулаздаги цогидал миллатаздаги гьоркьор. Гьелде тIадеги, гьез дагъистаниял, хасго магIарулал, рихьизарулел рукIана жагьилчагIи рукIарал гIадин. Гьединаб маданиятги, хъвай-хъвагIайги, гIалимзабиги рукIинчIел ратани,  кисаха  бачIараб жакъа нилъеда бихьулебги батулебги бугеб, рикIкIунги цIалунги хIал кIолареб рухIияб бечелъи? Къудукьа Мусал МухIамад, ГIободаса ШагIбан-къади, ГIаймакиса Абубакар, ГьаракIуниса СагIид, Хунзахъа Дибир-къади  ва цогидалги гIалимзаби гьечIищ магIарул бечедаб маданияталъе нугIзаллъун.

ГьанжелъегIан нилъер гIалимзабаз гьарурал гIелмиял цIех-рехазул хIасилалда рекъон, жакъа тIолго дунялалда лъала дагъистаниязул гъваридаб гIелмуялъул ва бечедаб рухIияб адабияталъул ирс.  Дагъистаналъул ГIелмияб централъул Тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталда бугеб Квералъ хъварал асаразул фондалда цIунун ругел хIалтIабаздасан бихьулеб буго, Дагъистаналъул гIалимзаби гIицIго диналъул хIаракатчагIи рукIинчIеллъи. Гьел рукIана диналъул церехъабилъунги, шагIирзабилъунги, тарихчагIилъунгиги. Гьеб кинабго цадахъ бачинеги бажарулеб букIана гьезухъа. Гьеб гуребги,  хадуб гьел гIалимзабаз цохIо гIараб мацIалда гурелги,  жидерго рахьдал мацIаздаги хъвалел рукIана тарихиял асарал, кучIдул,  харбал ва гь.ц. 

ГIараб алфавитги кьочIое босун, магIарул гьаркьазе данде кколедухъ  тIоцебе алфавит гIуцIана, машгьурав гIалимчи Харахьиса ТIайгибца. Гьанибги бокьарав чиясул суал бачIине бегьула,  гIарабалъ хъвачIого щай гьез магIарулалъ хъвалеб букIарабилан.   Щайгурелъул, гIараб мацIалда цIализеги хъвазеги  лъалел чагIи Дагъистаналда, хасго магIарухъ, гIемер рукIинчIо. ГIараб цIализеги, гьеб бичIчIизеги къваригIунеб букIана батIи-батIиял гIалимзабахъе,  росабалъа росабалъе хьвадун гIемерал соназул цIали. Доб захIматаб заманалда киназулго рес букIинчIо гIелму тIалаб гьабун росабалъа росабалъе хьвадизе. Киназго бекьизе кколаан хур, хьихьизе кколаан боцIи –  хIаракат бахъулаан хъизан бакъичIого букIине.  Халкъалда динги лъазе, гьелъул аслуги битIун бичIчIизе ургъараб букIана гIажам хъвай-хъвагIай. Къуръан цIализе лъалев чиясухъа бажарулеб букIана гIажамалъ хъвараб жо цIализеги.

Ахирияб анцIго соналде щвезегIан, гIажамалъ  хъварал асаразде кIудияб кIварго кьолеб  букIинчIо. ТIоцебе гьезде кIвар буссинабурав чи вугин абизе бегьула, мунагьал чураяв ГIободаса Сиражудин ХIайбуллаев. Гьес дандеги гьарун, гIажам хъва-хъвагIаялдаса кирилицаялдеги рачун,  къватIире риччана рикIкIен гIемерал гьединал мажмугIал. Хасго кIудияб кIвар гьес кьолеб букIана литературиял асаразде. Амма тарихиял тIахьал гьединаб къагIидаялъ къватIире риччалев чи къанагIат гурони вукIинчIо. ЦIакъго къанагIат гурони гьечIо гьел жакъа къоялдаги.

Гьединал тарихиял асараздаса цояблъун ккола «Дербент-наме», яги гьелъул бетIералда хъвараб «Дагъистан гIарабаз   бахъиялъул тарихалъул тIехь» –  كتاب تواريخ فتح الداغستان.   Гьеб буго къокъ гьабун гIарабалдаса магIарул мацIалде буссинабураб тарихияб асар.

XVIII-абилеб гIасруялдаса байбихьун, гIараб мацIалда гьеб тарих хъварав чи щивали  чIезавизе хIаракат бахъулеб букIана гIемерал гIалимзабаз. ЦIикIкIарасел гIалимзабазул пикруялда рекъон, «Дербент-наме» хъварав чилъун рикIкIунев вуго, гьанжесеб Хасавюрт районалъул Эндирей росулъа МухIаммад Аваби Ахъташи абурав гIалимчи.  Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб  буго 1727 соналда, машгьурав гIалимчи  Ф.З. Байерица «Дербенталъул буцур» абураб макъалаялдаги. Гьединго гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго Г.-Ю. Клапротицаги. Гьел кIиялго тарихчагIазул макъалабазда рехсолел хIужаби тасдикъ гьарулел руго Дагъистаналъул машгьурав гIалимчи ГI.М. ГIалиханов-Аварскиясги.  Гьесги  гIараб мацIалда гьеб тарихияб асар хъварав чилъун чIезавулев вуго  дов тIадехун рехсарав МухIаммад Аваби Ахъташи абурав гIалимчи.

ТIоцебе магIарул мацIалда хъвараб гьаб тарихияб асаралъул хIакъалъулъ бицен батула ГIамри ШихсагIидовасги, Тимур Айтберовасги, ХIасан Оразаевасги данде гьабураб «Дагъистаналъул тарихиял хъвай-хъвагIаял»  абураб тIехьалда [Дагестанские исторические сочинения. М., 1993. Гь. 180].  Т. Айтберовас гьениб хъвалеб буго, гьеб тарихияб асаралъул магIарул таржама ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадил китабханаялда бугилан. ЦохIо гьеб тарих гуребги,  гьеб мажмугIалда жанир рукIин рихьизарулел руго цоги батIи-батIиял тарихиялги,  хундерилги гъази-гъумекдерилги ханзабазул насаб чIезабиялъул хIакъалъулъги хъвай-хъвагIаялги.  Гьелда хурхун цо гьитIинаб баянги кьезин.

XX-абилеб гIасруялъул 80-абилел соназда, мунагьал чураяв ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадица гьеб мажмугI бачIун буго живго хIалтIулеб Тарихалъул, мацIазул ва адабияталъул институталде босун. Гьелдаса жидеего суратал рахъун  фотокопиял гьарун руго Тимур Айтберовасги ГIамирхан ГIисаевасги. 2011 соналъ, дица магIарул мацIалда хъварал тарихиял хъвай-хъвагIаязул цIех-рех гьабулеб бугин бициндал, ГI. ГIисаевас дихъе росун рачIана цо гьитIинабго чIегIераб кагътилъ жемарал суратал. Гьел ругоан доб мехалъ, гьадаб мажмугIалдаса рахъарал «Дербент намеялъул» суратал. Гьеб мажмугIалда бугеб колофон [Колофон – тIехьалъул ахиралда букIунеб, авторасул цIарги, хъвараб бакIалъул баянги бихьизабураб бакI] цIалидал,  дун цIакъ вохана.  Гьеб хъварав чи вугоан дирго кIудияв инсулги кIудияв эмен, кIиябго ХIарамалъул хIажи ЗанатIа росулъа (гьанжесеб Шамил район) Думаласул вас ГIабдурахIман.   ГIабдурахIман-хIажица гьеб мажмугI сайгъат гьабун хъван буго: «Къурайшиязул тухумалъул чи, жиндир кьибилги нилъер Аварагасул инсул вацасдасан бугев ГIалихъилич Чупановасе» – абун. Гьеб тарихияб хъвай-хъвагIаялъул мажмугIалъул тIамчазул халалъи буго 17см., гIеблъи – 11 см. Кинабниги буго 34 сурат (тIамач). Хъван буго берцинаб Дагъистаналъул «насх» хатIалъ, бечедаб магIарул мацIалъ, хундерил диалекталда.  Гьеб тарихияб асаралда цин гIараб мацIалда кьолеб буго цо-кIиго рагIи, гьелдаго хадуб  таржамаги гьабулеб буго магIарул мацIалде. ГIараб рагIаби гъоркьан хIучч цIан ратIа гьарун  руго. Гьеб мажмугI хъвараб кагъатги буго Россиялъул фабрикаялъ къватIибе биччараб.   

Цойги, гьеб «Дербент-наме» асаралъул тIоцебесеб гьумералда буго, хIалица гурони цIализеги бажарулареб,  магIарул мацIалда хъвараб цоги гьадинаб хъвай-хъвагIайги: «МухIаммад гьавуна, Шамхаласул вас, тарих гьадин бугеб заманаялъ  – мухIаррам моцIалъул къоло микьабилеб итни къоялъ радал, бакъ баккулеб мехалъ – 1304 сон».  Гьеб кколеб буго 1886 соналъул 26 ноябрь.  Гьениб, кинав Шамхаласул вас МухIамадил бицунеб бугебали якъинго бихьизабулеб гьечIо. Гьаб асаралда, тарихиял хIужабазде данде кколарел бакIал, гъалатIал ратизеги рес буго. Гьединал гIунгутIаби ратаниги нижеца цо хIарп хисизабичIого, тIадежураял гьаричIого, бугеб къагIидаялъ кьолеб буго къватIибе.  

ГIабдурахIман-хIажиясул гIумруялъул хIакъалъулъ цIакъго мукъсанал гурони баянал гьечIо. Гьев гьавун вуго гьанжесеб Шамил районалъул ЗанатIа росулъ 1834-абилеб соналъ.  ТIоцебе гьев цIализавун, гIелмуялде гьуинлъи бижизабун буго  жиндирго эмен Думалас. Гьев Думалавги, бицанихъе, вукIун вуго магIаруллъиялдаго цIар рагIарав тохтур ва гIалимчи. Гьесдаса хадув  ГIабдурахIман-хIажи кив ва лъида цеве цIаларавалиги лъазе кIвечIо. Живго ГIабдурахIман-хIажи вукIун вуго жиндир заманалда бергьарав гIалимчи. Гьесул китабханаялда букIун буго лъабнусгоялдасаги цIикIкIун гIараб тIехь. ЦIикIкIарасеб къадар тIахьазул  рухIун руго,  Килалъ абураб колода вукIарав гIалимчи ХIамзал МухIумихъе цIализе кьун рукIарал, гьесул  ригьалда цIа ккеялъул хIасилалда. РухIичIого хутIараздаса лъебергоялдасаги цIикIкIун тIехь жакъаги буго гьесул ирсилаз нахъе цIунун. Гьезда гьоркьор руго цо-цо басмаялда кьабун  рахъарал тIахьалги, амма цIикIкIарасеб къадар жиндирго квералъ хъварал руго. Гьенир руго Къуръанал, тафсирал, хIадисал ва фикъгьиялъул тIахьал. МагIарул мацIалда хъвараб цо макьаби къотIулеб тIехьги буго гьезда гьоркьоб.   

КIудияв инсуца бицунаан, ГIабдурахIман-хIажи вукIун вугин  Хунзахъ вукIарав наиб Гьонодаса ГIалихъиличил [ГIалихъилич Чупанов – 1860-1890 соназда Хунзахъ пачаясул наиблъун вукIарав чи] лъимал цIализарулев. Гьелъухъ, ГIалихъиличица гьесие щибаб къоялъ цо-цо гIиялъажоги кьолеб букIун бугилан. Бицен букIин  гурони,  цоги батIияб хIужаги букIинчIо гьеб мухIкан гьабулеб. Гьаб тарихияб асаралъул колофоналъул баяналда рекъон гьедин букIараблъи гьанже ракIчIун, чIванкъотIун абизеги рес кьолеб буго.

 Хунзахъа ун хадув ГIабдурахIман-хIажи хIалтIун вуго Бунахъск районалъул ТIаса Жунгут росдал къадилъунги. Гьесул рукIана лъабго лъимал – кIиго васги (МухIума, Жамалудин) цо ясги – ПатIина. АнцIго соналдаса, херав ГIабдурахIман-хIажи нахъвуссун вуго гьанжесеб Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росулъе. Гьений ригьнада йикIана гьесул яс ПатIина,  хвезегIан гьелъул бербалагьиялда кьоркьги вукIана. 1908-абилеб соналъ гьениб Аллагьасул къадарги щун, ГIабдурахIман-хIажи вукъун вуго ГохIтIахабалалъ абураб  бакIалда.   

Гъоркьехун рехсараб тарихияб асар чанабилеб соналъ хъварабали бицараб бакIги батичIо. Дир хIисабалда, гьеб букIине ккола,  гIага-шагарго, XIX-абилеб гIасруялъул 70-80-абилел соназда.

Гьес нахъе тарал цо-цо тIахьазул колофоназул баяназда бихьизабухъе, гьев гочинавун Саратов губерниялъул «Малый Дагъистан» абураб росулъе витIун вукIун  вуго. Сундуе гIоло ва кинаб гIайиб ккун витIун вукIаравали бицунеб бакIги гьечIо. Дир хIисабалда, 1877 соналъ, къокъаб шагигIаталъул заманалъ, гьес гIахьаллъи гьабун батизе буго гьеб багъа-бачариялда. Гьелъул хIасилалда, гIемерал дагъистаниялгун цадахъ ГIабдуррахIман-хIажиявги витIун вукIине ккола Саратов губерниялъул «Малый Дагъистан» абулеб  росулъе.

Гьанже нилъ нахърусина  «Дербент-наме» абураб  тарихияб асаралде. Щиб ва сундул хIакъалъулъ гьениб бицен гьабулеб бугебали къокъабго баян кьезин: 

1. ТIоцебе байбихьулеб буго, сасанидазул шагь Къавад тIоцевесесулги,  Хосров тIоцевесев Ануширванилги  хазаразул хакъанилгун букIараб гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ баяналдаса.

2. Сасанидаз Дагъистаналда ралел рукIарал буцуразул баян; гьез яшав гьабулеб букIараб бакI; Азербайджданалъулги  Шималияб  Кавказалъулги шагьаразде батIи-батIиял халкъаз гьижра гьабиялъул баян.

3. Салманги РабигIги Дербенталде рачIин; гьез гьабураб рагъалъул хIакъалъулъ биценал; цIар рагIарал бусурбабазул  церехъаби Дагъистаналда чIваялъул баян.

4. Муслим Дербенталде вачIин 64/683-84 сс.; гьез Дербент шагьар сверун кквей; Дербенталъул буцур бихизаби.

5. Муслим кIиабизе Дербенталде вачIиналъул баян.

6. ГIарабазул цевехъан ГIабдулгIазизица гьарурал рагъазул хIакъалъулъ.

7. ЖаррахIил вас  Абу ГIубайдил  Дагъистаналде чабхъен  103/721-22 сс.; ЖаррахIил аскаралдаги хазаразул цевехъан Пашанекил аскаралдаги  гьоркьор ккарал рагъал; Анжи хъалаялда ккарал рагъазул баян.

9. ГIабдулмаликил вас Абумуслимил Дербенталде чабхъен 115/733-34 сс.; Дербент шагьар анкьго бутIаялде бикьи; Дербенталда цIиял мажгитал, каваби ва цогидал къадал рай; Гъумукъ бахъи ва гьенив тIоцевесев бусурманав бетIер  –  Шагьбал тей; Хайдакъалдеги Табасараналдеги гьарурал чабхъенал, гьенир бетIерлъда ХIамзаги Масумги тей; Шагьбал ханасулги, Дербенталъул бетIерасулги нухмалъиялда гъорлъе унел ракьазул бицен; цIиял тарал бутIрузе бачIунеб букIараб хараж-магъалоялъул баян.


Автор: Жамал МаламухIамадов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook