Авторизация

Пача гьечIеб улкаялда гIумру кин гьабулебали бичIчIулеб букIинчIо гIадамазда

Исана 100 сон тIубалеб буго Россиялда ккарал тарихияб кIвар бугеб  ва гIемер халкъазул къисмат хисизабураб инкъилаб бахъаралдаса. Аслияб куцалда киназдаго лъала Октябралъул революция, амма гьелъулго рагIдукь буго, жиндир  тарихияб кIвар цIакъго кIудияб Февралалъул буржуазияб демократияб революция. Гьелъул хIасилалда пачаяс нкар гьабула кверщалидаса ва хисула чанго нус-нус соназ Россиялъул империялда букIара кверщел. Гьеб рагIичIого хутIичIо Кавказалъул халкъаздаги. Дагъистаналда гьеб заманалъул тарихалъул  лъалеб жо буго цIакъго дагь ва гIемерисеб  буго советияб пропагандаялда рекъон бихьизабураб.  Щал рукIарал хIакъикъаталда гьел къояз Дагъистаналъул къо борхизе жидеде тIаде ккарал, кинаб политикиябгун экономикияб ахIвал-хIал букIараб Дагъистаналда – гьеб ва цогидаб цехезе хIукму ккана тарихиял  гIелмабазул доктор, профессор ХIажимурад Доногъода.

 

 

- Февралалъул революция ккелалде Шималияб Кавказалда ва Дагъистаналда хас гьабун, кинаб хIал букIараб?

- 1917 соналъул февраралда ккараб револциялъул хабар Дагъистаналъул тахшагьар Темир-Хан-Шураялде щвана 28 февралалъ, кинаб асарин гьелъ гьабурабин абуни – щибго асар гьабичIо.  Гьеб заманалда Темир-Хан-Шура (гьанже Буйнакск шагьар) букIана  гьитIинабго  ракълилаб, аслияб куцада хIакимлъиялъ гIумру гьабулеб, шагьар. Гьеб заманалда Дагъистаналъул рагъулав губернаторлъун вукIана В.В. Ермолов ва гьесухъе щвараб телеграммаялда букIараб, революция ккеялъул хабар гьесие букIана рокьукъаб ва ракIалдаго букIинчIеб. Гьелъ, гьеб хабар балъго гьабулеб букIана, амма заманго бахъилалде Дагъистаналъул тIолго округазда тIибитIана гьеб хабар.

Цо пуланаб округалъул нухмалъулес  пачаяс кверщалидаса инкар гьабиялъул ва февралалда ккарал лъугьа-бахъиназул хабар щведал, телеграфалда божичIого, губернаторасухъе хъван букIун буго, мукIурав вукIине кколищ гьев пача хисун кверщел кодобе щвараб Временный правительствоялъе ва гьезул амру тIубазе кколищали цIехон. ГьедигIанги божизе захIматал лхугьа-бахъинал рукIана гьел, доб  заманаялъ.

 

- ГIадатияб халкъалъ ва мугIрул интеллигенциялъ кин къабул гьабураб революция ккеялъул хабар?

- Россиялъул империя биххиялъе гIиллалъун ккараб Февралалъул революциялъ  пачалихъиял эркенлъаби щвезе рес букIиналъул хьул лъезе гьабуна гIемерисезул.  ГIадатияб халкъалда гIемерисеб жо гIадлъулеб букIана, бичIчIулеб букIинчIо. Кин пача гьечIого рукIунелали бичIчIизе хахIмалъулеб букIана гIадамазе

Дагъистаналъул интеллигенциялъ  хIаракал бахъана  гьеб тарихияб ресалдаса пайда босизе ва Шималияб Кавказалъул цогидал округазул интеллигенциялда цадахъ байбихьана жалго жидедаго чIарал пачалихъиял гIуцIаби гьариялъе хIалтIизе. Амма гьезда батIа-батIаго бихьулеб букIана гьеб пачалихъияб гIуцIи, тарихалъ жакъа нилъеда гьеб мухIканго бихьизабулеб буго: Диниял хIаракатчагIазда  ва гIалимзабазда  Кавказалъул букIинесеб бихьулеб букIана цо къагIидаялда, мугIрул интеллигенциялда, динияб лъайгун светияб лъай щваразда гьеб бихьулеб букIана батIияб куцалъ. Амма, кин бугониги, гIаммаб хIаракаталдалъун гIуцIцIун букIана  Шималияб Кавказалъул ва Дагъистаналъул магIарулазул  Цолъи (1917-1918с.), хадубккун гьеб сверана МугIрул республикаялде. БатIи-батIиял политикиял ва кватIиса пачалъихъазул къувататал журараб  гIасияб къеркьелъулъ къотIулеб букIана къисмат миллатал гIемераб ракьалъул халкъазул.

 

- Пача рехун хадуб кин Дагъистаналда кверщел билълъинабулеб букIараб?

- 1917 соналъул  9 марталда  Временный тIалъиялъ биххана Гьеб заманалда лъагIан Шималияб Кавказалда букIараб  Кавказалъулаб наместничество ва гьелъул бакIалда гIуцIцIана  Хасаб Кавказалъулаб комитет. Жиндир хIалтIи гьечIого хутIана Дагъистан  областалъул рагъулав губернатор В.В. Ермоловги.

Темир-Хан-Шураялда букIараб гIемер чи вакIарараб  данделъиялда хIукму гьабула  Заманалъулаб исполком гIуцIизе, гьенире рищизе рихьизарула 30 чиги.

Дагъистаналъул тахшагьаралда гIуцIараб  заманалъулаб гражданияб исполкомалде гъорлъе уна  щибаб округалдаса вакилзаби,  гьезда гъорлъ гIемер цIар рагIаралги: ХIоцоса Нажмудин, МахIач ДахIадаев, МухIамад-Къади Дибиров, МухIаммадМирза Мавраев, Б.Саидов, ГIали Каяев, С.Башларов, П. Эмиров, Н.Тарковский ва гьединго Порт-Петровск, Дербент, Темир-Хан-Шура шагьаразул вакилзаби. Заманалдаса  гьезда гъорлъе  жувала эмиграциялдаса вуссарав  Жамалудин Къоркъмасовги.

Гьеб заманалдаса бахъун  байбихьула  жамгIиябгун политикияб керкьей, батIи-батIиял къуватал,  партиял, жамагIатал гъорлъ журараб.

Абизе ккола, исполком гIуцIи тарихияб  кIвар бугеб лъугьа-бахъин кканин Дагъистаналъе. Гьеб исполкомалъул хIалтIи лъикIаб гьечеб куцалда рехсолеб букIаниги хадубккун тарихалда, гьелъул хIалтIи къватIисел пачалихъазул политикаялъул рахъ ккураб букIанин абун, гьелъ кьучI лъуна  Дагъистаналъе эркенлъаби щвеялъе.

 

- Амма гьебго заманалда, нилъеда лъалаха, жеги халат бахъунеб букIана ТIоцебесеб Дунялалъул рагъ, гьениб гIахьаллъи гьабулеб букIана Дагъистаналъул рекIаразул полкалъги.  Кинаб къисмат букIараб гьеб рагъулаб гIуцIиялъул?

 

- БитIараб буго, гьел чIахIиял, кIвар цIикIкIарал лъугьа-бахъиназдаго цадахъ, дагъистаниязги гIахьаллъи гьабулеб букIараб рагъ халат бахъана жеги кIиго цIубачIеб соналъ.  Жеги цIикIкIун абила, кьалул нухаздасан ана  кIиго Дагъисаналъул рекIаразул полк, тIоцебесеб – лъабабилеб Кавказалъул казаказул дивизиялда гъорлъ ва кIиабилеб –«ГIалхулаб дивизия» абун жиб машгьурлъараб.

1917 соналда рагъулал рикьиязда ккарал реформабазул хIасилалда кIиябго рекIаразул полк  жубала Кавказалъул туземний корпусалде ва гьеб корпус битIула Кавказалде. Заманалдаса, рагъулаб гIуцIцIи хIисабалда рекIаразул полк тIагIуна.  Цере рукIана къваридал лъугьа-бахъинал. Дагъистан, Кавказ, Россия, абизе бегьула, тIолго дуниял лъугьунеб букIана цIияб заманалде.



Автор: Алиса Алдашева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook