Авторизация

Къородаса наиб Багъатар

 

 



Къорода ва гьелда сверухъ росабалъ вукIарав имам Шамилил наиб - Къородаса  Багъатар (яги Багьадур, Багъатур, Богъатар). Бажарарав ва таваккалав нухмалъулев. 

Гьесул хIакъалъулъ чIванкъотIарал баянал ратулел гьечIо жеги тарихияб ва популярияб литератураялда. ГьанжелъагIан лъалеб букIинчIо мухIканго щиб росулъа  гьев наиб кколев вукIаравалигицин. 


Шамил имамасул наибзабазул хIакъалъулъ рагIа-ракьанде щун тIоцебе монография хIадурарав тарихчи Юсуп Дадаевас хъвалеб буго: «Багъатар Шамилил наиблъун вукIиналъе нугIлъи гьабулеб цохIо документ буго (басмаялда бахъараб). Гьеб ккола 1847 соналда Багъатарица  Гъази-ГIалихъеги Юзбашихъеги битIараб кагъат. Къо-моцIги гьеб кагъат битIулеб росу-ракьалъул цIарги бихьизабун гьечIо гьес».


Гьадинаб магIнаялъул кагъат кколаан гьеб:

«ХIурматиял гьудул-гьалмагъзаби – Гъази-ГIалидеги Юзбашидеги наиб Багъатарил рахъалдаса салам буго.

Хадубго лъазабулеб буго нужер росдал гIадамаз тункIихер баччизе къайи хIадуризе кколиланги. Метер, гьатIанкъоялъ, Шамилихъе гьеб тункIихерги босун ине бокьун буго дие. Нужеца дихъе метер радал хехлъи гьабун нужерго чи ГIамириласул вас Давудги витIе. КъваригIун вуго. Тана». 

«Наибы и мудиры Шамиля» абун Юсуп Дадаевасул монография къватIибе бачIун хадуб 2012 соналъул 4 февралалда МахIачхъалаялда халкъазда гьоркьосеб конференциялда МухIамад Абакаров цевевахъана гIандалаз Кавказалъул рагъда гьабураб гIахьаллъиялъул докладгун.  


Гьебго соналъ басмаялда бахъана гьесул гIелмияб макъалаги. Чанго батIияб бакIалъа хIужабиги данде гьарун, авторас гьенир рехсон руго цереккун лъалел рукIинчIел Кавказалъул рагъул гIахьалчагIазул цIарал. Гьединго тIатинавун вуго ГIандаллъиялъул 15-явго наиб. Гьезул цояв ккола дов Къородаса наиб Багъатарги.

Гьелдаса кIиго сон ун хадуб «ГIандалал» абураб альманахалда «Военная история» абураб рубрикаялда гъоркь бахъана гьесулго гIелмиябгун цIех—рехалъул макъалаги «Андалал в 20-50 годах XIX века в контексте народно-освободительной борьбы народов Северо-Восточного Кавказа под руководством 3-х Имамов Дагестана».


Масала, тIарикъаталъул шайих Жамалудин ал-ХIусайниясул вас Гъазигъумекиса саййид ГIабдурахIманица Дагъистаналъулги Чачанлъиялъулги гIадамазул хIакъалъулъ хъвараб ракIалдещвеязул тIехьалда гьечIин ккола гьев Багъатар наибасул бицен.  

Гьединлъидал РАНалъул «Восточная литература» абураб басмаялъул сайталдаги кибха гьеб букIинеб? (Жибго гьеб тIехьалъул электронная версия буго гьениб). Амма тексталъул факсимилеялда буго Багъатарил цIар.


Щибха гьелъул магIна?

Гьеб тIехь басмаялда бахъулаго, ургъунгойищ, яги цо тохал-хал гьабичIогойищали, 219-са байбихьун 254-лде щвезегIан тIанчал гьоркьор риччан руго.

МухIамадсагIид СагIидовас гIарабалдаса буссинабураб гьеб бетIер тIубанго бахъун буго 1996 соналда «Наш Дагестан» журналалда.


ЧIохъ росдал хIакъалъулъ Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица гьадин хъвалеб буго: «ЧIохъ росу буго борхатаб гохIда. Шамилица кодобе босилалде гьеб кутакалда бечедаб росу букIана. ЧIохъ росу бахъулаго гьадинал камиял ккана: Болъихъа наиб ХIажиясул къокъаялдаса 13 чи чIвана, 20 чи лъукъана. 

КIаратIаса наиб ГъалбацIдибирасул къокъаялдаса лъабго чи чIвана, 16 чи лъукъана. 

Бекьилъа наиб МухIаммадил къокъаялдаса  чIвана 10 ва лъукъана 20 чи. НурмухIаммадил къокъаялдаса – 14-яв чIвана, I4-яв лъукъана, КъебедмухIаммадил къокъаялдаса чIвана щуго, лъукъана 21. Хунзахъа МухIаммадил къокъаялдаса – 15 чи чIвана, 28 чи лъукъана. Инхоса СагIитил къокъаялдаса – 9 чи чIвана, 16 чи лъукъана. 

Кинавниги чIвана 69, лъукъана 135 чи. Имам Шамилил тIехьалдаги буго гьелъул хIакъалъулъ. Гьонодаса ГIумарилги, Гьидалъа ГъазимухIаммадилги, Къородаса БагъатарилгиГьоцIалъа ХуданатилмухIаммадилги къокъабазулъ кинал камиял ккаралали лъаларо. Амма нижер аскаразе кIудияб ками ккола гьеб». 


Лъалеб букIахъе, ичIго къоялъ рагъги гьабун, 1845 соналъул 25 февралалда Шамилица ЧIохъ росу мукIур гьабуна. Гьеб заманалдехун Багъатарги наиблъун вукIана.    


Имам Шамил асир гьавизегIан Багъатар наиблъун вукIараблъи хIакъаб буго (1859 соналъул 25 маялде щвезегIан). Гьелъие нугIлъи гьабула Къорода къадилъун вукIарав Сугъралъа ГIумарихъе Шамилица хъвараб кагъаталъ: 


«Шамилихъа гьесул вац ГIумарихъе. Аллагь разилъаги дудаса. Хадуб. Унголъунги Багъатарида тIад къараб гьир кутакалда кIудияб буго. Дун намуслъун вуго рукъалъул хIалтIиги рехун тун, кIвахI гьечIого нилъее хъулухъалда чIун вугев гьесукьа. Гьанже дица дуе буюрулеб буго - Багъатарил рокъоб хIалтIи хIалтIи гьабизе Къородаса чанго чи валагье вагъизе гьунарги гьечIев, жиндирго гьабулеб кIудияб пишаги гьечIев. Нилъее гIоло гьесул жиндирго хIалтIи чIун хутIулеб бугелъул. I275 сон, шаввалалъул 22 (25 май,  1859)».


Багъатар наибасул хIакъалъулъ дагьа-макъабго бицен дандчIвала Къородаса журналист МухIамад Къебедовасул тIехьалда – «Къорода ва къородисел: тарих ва рукIа-рахъин».  

«Цо къватI Гьонода, кIиго къватI - Къорода» абураб бутIаялда ГIамирхан ГIамирханов абун цо кIудияв чияс бицунеб буго ригь араб мех букIанила гьев наиб Багъатарил. Гьеб мехалда чIагIа гьекъон дагьав кеплъарав гьесда тIасан Шамилиде гIарз бахъизе журанила росуцоял.


Амма гьесул вас Юсупица абунила жив инин инсул тIагъурги босун Шамилихъе, кинабго бицине. Имамас, тIаде къабул гьавун гьев Юсупгун, гьикъа-бакъаранила. БичIчIанила имамасда жиндир наибасул бугеб хIал. Гьеб мехалда жиндирго аскаралда гIарцул иш тIубалев чиги ахIун, Багъатарие гIарцул сайгъат гьабунила Шамилица.

Гьелдаса дагьабго заман индал, Юсупица лъади ячуна. Гьесие ясги гьаюла. Амма гьелдаса хадуб цойги нухалда ригьин гьабизе хъван букIун буго  къисматалъ Юсупие.  Гьейги Гьонодаса ячуна – МухIамад – Амин наибасул гIагарай яс. Гьейги гьадав ГIамирхан абурав чиясул тухумалъул гIадан йикIуна.

Къородаса чIужуялъе гьаюрай Юсупил яс кьола ИсмагIилилазул тухумалъул чиясе.

Гьединлъидал ИсмагIилил вас ХIажияс цIакъ чIухIадго абулила Гьонода жиндир 80-ниги цинагIал вугилан.

Тарихалъе гIураб кьучI гьечIониги, гьеб хIужаялъги тасдикъ гьабула Къорода Багъатар абурав наиб вукIин.

Къородисезда лъалел тIокIал батIиял биценал яги хIужаби гьечIо гьесул хIакъалъулъ. ГIемерисезда лъалевгицин ватичIо гьединав чи наиблъун вукIараблъи.

Гьединго лъалеб гьечIо гьев вукъараб бакIги.



1886 соналда гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон, Къорода ватана Багъатар абун цIар бугев ичIго чи. Гьезул ригьалъухъ балагьун, доб мехалда наиб Багъатарил букIараб ригьалъул чи гьенив гьечIо. Гьеб заманалдехун чIагоги вукIун ватиларо гьев. 

Гьезул сияхIалда Юсупин цIар бугев Багъатарил васги гьечIо. Яги гьеб хъвай-хъвагIай гьабулеб мехалда Юсуп росулъ вукIун ватиларин, живго Багъатарги хун вукIун ватилин тезе бегьила.

№48Гирайлав, Багъатарил вас, 35 сон, (I886 с.); 

№49: МухIамад-ГIали, Багъатарил вас, 49 сон, 

№72: Къебед, Багъатарил вас, 33 сон; 

 №II6: ХIажияв, Багъатарил вас, 40 сон; 

№I35: МухIамад, Багъатарил вас 62 сон; 

№I4I: Багъатар, Багъатарил вас, 43 сон; 

№23I: ХIажимухIамад, Багъатарил вас, 30 сон. 


Гьезул кинав наибБагъатарил васлъун, яги гIагарав чилъун вукIине бегьулебали, лъалеб гьечIо. Лъалев чияс «Миллаталде» яги дихъе хъвани бокьилаан.

ТIадехун хъваралда рекъон, Гьонодаса гIаданги ячун Багъатарил вас Юсуп гочун вуго Гьоноде. ИсмагIилил вас ХIажияс, жиндир Гьонода 80 вацгIал, яцгIалзаби ругилан бицун букIараб хабарги ракIалде щун, дица цIех-рех гьабуна гьелъул. ХIакъикъаталдаги, 1886 соналъ Гьонода хъизамазул хъвай-хъвагIай гьабулеб мехалъ хъван батараб баяналда рекъон, Багъатарил вас Юсуп вуго гьеб сияхIалда. Гьелда рекъон, чIванкъотIун абизе бегьула нижеда батараб баян тарихиял хIужабазде мугъчIвайги гьабун хъвараб бугилан. Гьенив бицен гьабулев Юсупги ккола Шамил имамасул вукIарав наиб Багъатарил вас, вукъунги гьев Гьонода вукъун вуго. Гьелъ буго нилъеда гьесул хоб Къорода батичIебги.


Ахиралдаги гьаниб тIаде жубазе бегьула Багъатар абураб цIар букIана киназдаго лъалев магIарул хъвадарухъан ХIажиев Багъатаридаги (1951-1978). Амма Шамилил наибасул наслуялъул чи гьев вукIараблъи тасдикъ я гьесул гIага-божараз, я росуцояз гьабулеб гьечIо.


Автор: МухIамад Абакаров – «ВатIан» абун ХицIиб майданалда бараб республикаялъул мемориалияб комплекса-музеялъул директор E-mail : magomedabakarow@mail.ru

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook