Авторизация

Эртугрулихъ бергьараб гIищкъуги Тургутлъун лъугьарав Шамилги

 Эртугрулихъ бергьараб гIищкъуги Тургутлъун лъугьарав Шамилги


РакIбацIцIадго мукIурлъулищ? Жакъа къоялда гIемерал дагъистаниялгун чачанал унтараб щокълъиха дидеги бахун бугеб. ЦIарги буго гьеб унтиялда «Эртугрул»ан. ХIинкъуге, гьеб рагIи я хъами гуро, я квешаб магIна жиндилъ бугеб гIаламат гуро. Исламияб дунялалда Эртугрулин рагъулав цевехъан вукIун вуго 1198-1281 соназ. ГIусманияб пачалихъалъе кьучI лъурав хIаракатчилъун рикIкIине бегьула гьев, дов машгьурав ГIусманил эмен вукIинги хIисабалде босун. Гочунел туркменазул цо къавмалъул бетIерасул, ай жидерго тарихияв багьадурасул хIакъалъулъ тIадегIанаб даражаялъул киносериал бахъун буго турказ гьеб цIаралда гъоркь.ХIал хъублъизецин бачIана гьезулъ, жидерго арабги, ислам тIибитIизабиялда жидер церехъабаз ккураб бакIги махщалида загьир гьабураб куц бихьиялъ.Унго-унголъунги щулияб иман, кIутIбузда ва рекIелъ шагьадатгун гъазаваталда холел лебалал рагъухъаби, къамартIал, чергесал чуял…-МухIаммадил (сваляллагьу тагIала гIалайгьим вассалам) умматалъул рекIел тIеренал чIчIваби туркIизарулебщинаб бакIарун буго гьеб фильмалде сценаристаз. Бусурбанаб инсанияталъго жигараб «хъатчIваялдалъун» къабул гьабураб тарихияб лъугьа-бахъиналъул цебелъеялъ мукIур гьабун буго СагIудияги, Францияги, Казахстангун цойгидал бакIалги, гьай-гьай, рухIияб рахъалъ Туркиялде гIагараб, Шималияб Кавказги. «Щив кколев Эртугрул?» ан гIажаиблъун гьикъулеб бугоан социалияб гьиналда мугIрузул улкаялъул унго-унгояв патриот, машгьурав тарихчи ХIажимурад Доногъоца. ГIумруялъ имамзабазулги наибзабазулги бахIарчияб нух машгьур гьабулев, миллияб хаслъи цIуниялде ахIи балеб бугев гьесул жанисеб разилъунгутIи гургинлъарал бералгун, хучарал кьунсрулгун, гьесул гIакъилаб гьурмадеги загьирлъараб куц цебеги бачIун, дие кеп щвана. Гьевха, хIурматияв ХIажимурад, гIолилаз «Жив МухIамад гурин, Эртугрул (Тургут, Бамсы, Самса…..-киналго досул рагъухъаби) вугин цоцазда гьоркьоб чIезабулев, диниял хIаракатчагIаз пуланаб сериялда гьес бицанин далилал рачунев, аслив героясул бахIарчилъиялъ, загIипаб бащалъилъун рикIкIине бегьулелщиназул жиндихъ хIасрат бергьарав, микьго гIасруялъ цеве вукIарав туркав. ДагIба гьечIеб хIужа-адаб гьабизе рекъаравги мустахIикъавги инсан. Жеги мацI лъаларел лъималцин рукIуна сериалалъул героязухъего гьабулел, хвалчабаздагун чIорбутIазда рагъилел. Гучаб хIалтIи гьабун буго турказул «болливудалъ» жидерго тарих машгьурги тIадегIанги гьабиялда сверухъ. ХIасил, багьадурлъиялъулъ, исламалъе гIоло рухI бичизе хIадурлъиялъулъ гьесдаса нахъекъай букIинчIел жидералго кIочон тун-дагъистаниялги асираллъун рахъун руго лебалаб кайы къавмалъул. Живго Турциялъул президент Эрдоганил хасаб бербалагьиялда гъоркь бахъараб фильмалда, узухъда, кинабго бихьизабун буго мухIканго, дурусго: рукIа-рахъин, ретIа-къай, ярагъгицин кьалул махI бахъараб, тушбаби гъуриялъ лъадарараб бихьула гьениб. ГIелин гьанже мадугьалзабазе гьабураб реклама. Иргаялда-нилъеего гьабизесеб критика. Щай? Щай нилъеда нилъерго бахIарчияб тарихгун кIолареб гIолеб гIелалъул рекIелъе къокъиднухал рахъизе, жив «Шамил гурин, Тургут вугилан» абулев гIоркьиласда имамасул цIар жинда букIиналъул бугеб кIваралъулги къадруялъулги бичIчIизабизе?  Щай, Италиялъ I959 соналъ бахъараб кьурдухъабазул дахIалгун паркъ-паркъараб хъахIаб чухъа тIад ретIарав, (гьеб ретIинегIан наиб цIоко тIад бигъун хьвадилаан, дир пикруялда) НухIбикагун хъархъалъ гьагал пишаби гьарулев вихьизавураб гурого, Кавказалъул гъалбацIин, Аллагьасул хвалченин жинде абулеб букIарав наиб ХIажимурадил къисмат, гIумру бихьизабураб (доб гьанжегIагар бахъараб магIнаяб клип хутIизегIан) нилъер гьечIеб? Щай, доб гIиндаги мацIалдаги бан бугеб сериалалъухъ балагьизе байбихьидал, гIусманиязул киналго ханзабазул, рагъулал тунка-гIусиязул, гьезул тушбабазул, ирсилазул балагьун-цIалун лъазабурай дидаги дида релъараздаги рагIа-ракьанде щун лъалареб Кавказ персаздаса эркен гьабурав, гьаниб шиизм тIибитIиялъе нухал къарав ХIажи Даудил (лезгияв), лъарагIалги магIарулалги, даргиялги, чачаналги, кабардиялги, карачаевцалги цолъизаризе кIун букIарав цого-цо чи, 118 соналъ гуржияз Шималияб Кавказалъул рахъалдехун, тIаде кIанцIизеяли щай гурин, бер рехизе къасд бижулареб хIал гьабурав шайих СултIан МутIил (лъарагIав)? Дица ургъунго макъалаялда рехсолел гьечIо магIаруллъиялъул имамзаби, миллатчIужу йигин хIукму къотIичIого букIине. Дагъистаналъул СалахIуддинилан жинда дунялалда цIар лъурав имам Шамил гIоларищ цо мисал? 220 сон баялъул юбилеялдегIаги магIна-гIин бугеб, дунялго хIайран гьабураб льугьа-рихьиялде хьулги божилъиги буго дирни. «Эртугрул» унти тIибитIизабураб къагIидаялдаса мисалги босун!Макъалаялда тIадехун рехсарал бунтчагIилъунги, хъачагъалллъунги, пачаясе мутIигIлъи гьечIел гъалмагъирчагIилъунги рихьулел ратани, щай бегьулареб гIадиллъиялъул рахъалъ цIар арал магIарул (хундерил гуро, Авариялъул) ханзабазул асар гьабуледухъ, техникиял цIилъабазул кумекалдалъун, бихьизабизе? ТIахьал гIезегIан руго, амма гьел цIалулел къо бахъанагIан дагьлъулел руго. Гьединлъидал хIасилги кколеб гьечIо. ХIажат ругоан батIи-батIиял къагIидаби. Бадиб магIу ххулизабулел, ракI тIуркIизабулел, квешаб унтиялъул эпидемия кинниги, цоцазде циндаго шавкъ бахинабулел. Могоро гьечIо нилъер ярагьунеб, иш мурадалде щвезабулеб. Кинабго тIаса-масагояб, ракI унтичIеб, рихьдае, рецц-бакъалъе гьабулеблъун буго. Бегьуларо гьедин. Бегьулеблъун нужеда бихьулеб батани, хутIилаха нилъги мацI бекизабулеб цIаралъул эртугрулаллъунги, чияца гIинккун рачараллъунги.

Р.S. Гьаб макъалаялъул магIна кинго буссараб гьечIо турказул «Эртугрул» сериалалде данде. Гьездехун пунани, дагъистаниязул цо сабру лъугIарас Тургутил (сериалалда гIощтIод вагъулев гъази) аслияб алат нодо бакьулъ речIчIиялда хIинкъиги бугелъулха авторалъул.Хъвай-хъвагIаялдалъун дие гьикъизе бокьун букIана гIицIго цо суал: «Нилъерабго кIочон, чияр босулеллъун лъугьиналда хIинкъи бихьуларищ, дидаго гIадин, нужедаги, гьанир рехсарал гIадал икрамчагIи дандчIвайдал?»-ан.

ФАТИМА МУХIАМАДОВА.  


Автор: ФАТИМА МУХIАМАДОВА.

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Бугеб куцалъ пропаганда гьеч1они,гьедин дур абухъе гьеб бук1иналда щибго г1ажаиблъи гьабизе кколеб жо гуро Фат1има-Ханум)Цох1о макъалаби хъван ,жо кьоларо,нилъерго тун чияр босич1ого тун бук1ине,бугеб х1алалъ х1алт1изе ккола,телевидение,радио,казият-журналал,мактаб ва гь.ц.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook