Авторизация

ЧIиркъатIаса бахIарзал

                                                

Тарихчи Ибрагьим Ибрагьимовасул «АхIулгохIил къисаби» абураб тIехьалде мугъчIвай гьабун хъвараб.



Падар ГIали


ЧIиркъатIаса Падар ГIали 1839 соналъ АхIулгохIда шагьидлъана ва гьенивго вукъана. Гьев гьитIинав мехалъго Азербайжаналъул ракьалдаса вачIарав вукIиндал, абулеб букIун буго  гьесде Падар ГIалийин. Гьев вукIун вуго хIинкъи гьечIев къарматIав къаркъалаялъул чи. 


Доб заманаяда ЧIиркъатIа росулъа гIемерав чи вукIуна АхIулгохIда Имам Шамилида хьолбохъ рахъун чIун  рагъда.

ГIурусаца ЧIекъдерил росу бухIула ункъго нухалъ. Районалдаго цойги гьечIеб щайихасул хIужраги бугеб, гIемерал росабалъа гIадамал рачIунел мадрасаги жаниб букIараб, имамзабазеги магIарул ритIухълъиялъеги кидаго хилиплъичIеб, гьобол-гьудуласеги адаб-хатир бугеб жамагIат буго чIекъдерил. ЧIиркъатIа росу АхIулгохIалда аскIоб букIиналъ, чIекъдерида гIемераб къварилъи бихьизе гьабуна гIурусазул аскараз.   


Лабазан


Падар ГIалил вас Лабазан, инсул рецIел босизе, бахIарчиго АхIулгохIда вагъула. ГIарадаби гьечIел магIарулаз гIурусазул пушкабазде данде рагъулеб куц ургъула. Бищунго кIудияб бахIарчилъи рикIкIунеб букIун буго пиштIиялда гIарададул гумпара (шар) бачIунеб мехалъ, чалуги бухIулаго. Лабазаница  гьеб чалу бухIун лъугIилалде   гIурусазул гурулъего рехулеб букIун буго.  

Цо нухалъ АхIулгохIда ракьулъе бухъараб рокъобе тIохги борлъун бортун бачIун буго бухIулеб чалуги тIад бугеб гIарадаялъул гумпара. Гьеб рокъор рахчун рукIун руго мюридзабазул руччабиги гIемерал гIисинал лъималги, Гьезул ахIи-хIур бахъун буго ва хехго тIаде щварав Лабазаница сундухъго балагьичIого, къан ккун кверцагун, босун къватIибе кIкIалахъе рехун буго гумпара. Чалу бухIун лъугIидал, жаниб бугеб харде цIа щварабго, бихъ-бихъун унеб букIун буго ва аскIор ругелщинал гIемерал чагIи цадахъго лъукъулел ва чIвалел рукIун руго гьелъ. Гьеб къоялъ гьес хвасар гьарун руго гьел руччабиги лъималги. Гьес гьеб бахIарчияб гьунар гIемер нухалъ такрар гьабун буго. ГIурусазухъе нахъе хьвагIизе щвечIони, гIурулъе яги кIкIалахъе рехулеб букIун буго. Хадуб гьеб хIалтIи руччабазул къокъаялдаги  малъулеб букIун буго, тункIал гулла-хералъул цIезе ва рагъухъабазухъе гьеб босун рекеризеги.


Лабазанил черхалда рукIун руго  гIемерал ругънал. Черхалда къан чIараб гулла букIун буго гьесул. Гьес гьеб бахъизе тунги гьечIо, ахираталъул цIадарабазда жиндие пайдаяб цIайиялъе батизе бугин гьабин. Киналго гъазаваталъул соназ Лабазан вукIун вуго имамасул божарав, цевесев чилъун рикIкIунев, Шамил имам гьечIеб къоялъ гьесул бакI кквезе киналго наибзабаз разилъун цIар чIварав Хунзахъа Ахъбердил божарав гьудуллъун.


Лабазаница жиндирго васасеги цIар кьун буго Ахъбердилавин, кIиабилев васасе гьенивго вукIарав цогияв муридасул ва гьудуласул цIар - ДибирмухIамадин.


Рагъ лъугIун хадубги, херлъидалги годекIанире рачIарал гIисинацаги чIахIияцаги гьесда гьарулеб букIун буго гIурусазул гумпараялъ рухIарал кверал рихьизе гьареян ва рагъда ккарал лъугьа-бахъиназул бицейин. Гьесул жаниса кверал  рукIун руго гIемер рухIиялъ сипат хварал, гIужаз цIакъ хъачI гьарурал ва, рихьани, ракI унтилел гIадал. КъватIиса росабалъацин гIемерав чиясда лъалев вукIун вуго гьев ва рачIунаанила гьел рухIарал кверал рихьизе. Гьес бицунел лъугьа-бахъиназул ва АхIулгохIалъул къисабаца росдал  гIолохъанал гIадамазе цIакъ  рекIее асар гьабулеб букIун буго.


Лабазаница бан буго нусиялда къогогIанасеб сон. Херав, унтарав чи макьилъги-реччалъги гъазаваталъул согIал соналги цере тIамун, босадаса вахъизейин лъугьунев вукIун вуго. Гьес абулеб букIун буго: «Рилълъа, гIолохъаби, гъазаваталде рахъа. Имам нилъехъ балагьун чIун вуго, кумекалъе рахъине ккола».


Вагъдолев вукIун вуго ва цо-цо ракIбакъван, бадиса магIу чвахун лъугьунев вукIун вуго жиндие тIаде вахъине кумек гьабеян, вегун чIезе рес гьечIилан.


Дин тIибитIизабизе Абулмуслим шайих Дагъистаналде вачIунеб мехалъ гьесда цадахъ вукIун вуго анкьго вац. Бищун гьитIинав ГIалисултанил зиярат буго ЧIиркъатIа росулъ. ЖамагIаталъ хIукму гьабула Падар ГIалил Лабазан хIинкъи лъаларев бахIарчияб ракIалъул  мюрид, АхIулгохIалъул гъази, шайихасда аскIов вукъизе мустахIикъав вугин. Падар ГIалил Лабазан вукъула чIекъдерил хабалалъ щайихасда аскIов.


Ахъберди ва ДибирмухIамад


Имам Калугаялда вугеб мехалъ гIурусахъа гьев вахъизе ургъулел рукIун руго магIарулазул цо къукъа. Гьезда гъорлъ рукIун руго Лабазанил кIиявго гIолохъанав васги - Ахъберди ва ДибирмухIамад. Гьезул гьелъул щибго жо ккун гьечIо. Имам асирлъуде ккун шаригIат къинабидал, Лабазанил кIиявго вас гочуна лъарагIазул росулъе, Ахъсаялде.

Ахъбердилас ячуна гьоболасул яс - лъарагIай Ханзадай. Чанго соналъ гьенир гIумру гьабулеб заманалда жаниб Ахъбердил лъималаздаги лъалеб букIун буго лъарагI ва гIурус мацI.


ГIурусазул зулму  тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIун буго. Микьго соналдасан гьел нахъруссуна росулъе. ДибирмухIамадица росулъа ячуна чIужу.

1877 соналъ байбихьана къокъаб шаригIатин магIарулаз цIар лъураб восстание. МагIарулаца нахъеги бахъизе ккана лъалиниса ханжар.

Доб заманаялда Кьохъги Хунзахъги букIун буго гIурусазул аскаразул пост. Лабазанил кIиявго васас - Ахъбердицаги ДибирмухIамадицаги - бетIерлъиги гьабун, гьужум гьабула Кьохъ бугеб посталде ва чIвала гIезегIанго гIурус офицерал, гьезухъа бахъун бачIуна ярагъ.

Гьелдаса хадуб цо чанго соналдасан (советияб заманалда) ГIаркьухъги Данухъги росдада цадахъ ЧIиркъатIа росдал жамагIатги Чачаналде гочинабизе хIукму ккун букIун буго жавабиял кабинетазда.

ЧIиркъатIа росулъ Лабазанил васаздаса цIикIкIун гIурус мацI лъалел чагIи рукIун гьечIо. ХIукму тIубазабизе кверщел жидехъ ругел чагIи росулъе рачIиндал, гьез лъикIаб гьоболлъи гьабула гьезие, сайгъатал кьун, лъикIаб хабар бицун, гIурусазул комиссиялъул чагIазда гочинариялъул суал гьоркъоса бахъизе гьабун буго.


Росдае гIоло бахъараб хIаракат росдада кIочон гьечIо. Росу разилъун, гьазие киналго жамагIат данделъараб бакIалда росдадаса цудагьаб добегIан бугеб ЦIохаб абураб бакIалда хурзал гьаризе ракьги кьун буго. Цадахъ рахъун росугун гьениб гьезие хурзалги гьарун руго. Кьун руго кIиязего цо-цо паранг таманчаги. Жакъаги  нахъе руго гьел нусгоялдасаги сон барал хурзалги, пихъал кьолел ахалги гьезул наслабахъ. ДихIилги (ДибирмухIамад) ва Ахъудиласулги мегъин абула гьелде.


Гьелдаса чанго заманалдасан Ахъудилав паранг мацI лъазабизе Данухъе Саладибирасухъе  хьвадун вуго. ЛъикIго гьеб мацI бичIчIулев Ахъбердилав хIежалдеги ун вуго ЧIиркъатIаса МухIамагIалигун ва цадахъ лъарагIай чIужу Ханзадайги ячун. ХIежалдаса ячIарайго гьелда цIар хисун буго ХIажи-ПатIиматин. Гьей рекIехъе Къуръан лъалей хIафиз йикIун йигилан абула.


Рамазан


Падар ГIалил Лабазанил цIар лъурав Лабазан (МухIамадов Рамазан) ккола ЧIиркъатIа  росулъа районалда тIоцеве вахъарав филологиял гIелмабазул кандидат, поэт, хъвадарухъан, къогогIанасеб тIехьалъул автор. ГIемерав соназ гьев хIалтIулев вуго  Дагъистаналъул мацIазул аслуялъул, гьел лъугьараб куцалъул, нилъер мугIрузда гIемерал миллатал рижараб къагIидаялъул, дуниялъулго мацIаздехун гьезул бугеб хурхеналъул суалазда тIад.


ГIезегIанго соназ цевего гьев хIалтIулев вукIана ДГУялда. Цо вугев вас жиндаса ватIа бокьиларин, жий шагьаралдеги кидаго ячIунарилан чIарай гьелда бухIараб ракIалъ росулъе нахъе гочана Рамазан. ГIолохъанго росги хун, щуго бесдалал хьихьана гьесул эбелалъ. 

Рамазан ккола дир эменги. МагIарухъе вахъунилан киданиги ракIбухIичIин абула гьес. Росулъ гьев хIалтIана гIемерал соназ школалъул директорлъунги, завучлъунги, росдал бегавуллъиги гьабуна 1990 соназда росдал ракьал рикьулел гIанасеб заманалъ. ГьабсагIаталда пенсиялда рокъов вуго, жиндирго гIелмиял хIалтIабазда тIад хIалтIулев.






Автор: Мадина МухIамадова, рахьдал мацIалъул мугIалим, Гъизляралъул «Культура мира» абураб «гимназия-интернат»

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook