Авторизация

ХIасанилав-дибирасул «Имам ГъазимухIамад» къиса. ТIоцебесеб басмаялда рорчIарал гъалатIал ритIизари



Генуса ХIасанилав-дибирас ГъазимухIамад имамасул хIакъалъулъ ХIХ гIасруялдаго магIарул мацIалда хъвараб тарихияб къиса 1992 соналда тIоцебе басмаялда бахъи рохеллъун букIана тарих бокьулезе. Гьеб басма камилаб букIинчIо. Цебего бахъизе кколаан тIехьалъул кIиабилеб, камил гьабураб басма. Россиялъул востоковедениялъул институталда гьабулеб гIелмияб хIалтIуда хурхун, гьанже гьеб масъала тIубаялъеги рес буго. 


Гьединлъидал бицен гьабичIого гIоларо 1992 соналъул басмаялда ругел гIунгутIабазул. Гьеб лъиде бугониги гIайиб гIунтIизаби гуро, гIицIго ишалъе пайда ва тарихалъе бацIцIалъи букIиналъе чара гьечIеб гали буго. Гьеб битIун бичIчIани бакьинаан.

Басмаялда бахъараб тIехьалдаги авторасул кверзул хъвай-хъвагIаялдаги гьоркьоб кIудияб батIалъи буго. Хиса-басиял, къокъ гьариял, гIалатIал цIакъ гIемерал руго тIехьалда, гьел камураб гьумер цониги гьечIо. Гьел киналго гьанир рехсезе хIажалъи гьечIо, амма тарихалъе кIвар бугел бакIал рихьизаричIого кинго бегьуларо. Мурад буго, кигIан бажараниги къокъго, гьезул бицине.


БичIчIизе кумекалъе, тIехьалдаса росарал рагIаби кьола биццатаб (жирный), кверзул хъвай-хъвагIаялдаса – бегизабураб (курсив) ва нижер баяналъул – гIадатияб (обычный) хатIаздалъун. Щибаб баян кьола цин тIохьол гьумер (Гь.) бихьизабун.


Гь. 10. - ГъазимухIамадил инсуца ячанин буго Чайимадариласул МухIамадсултанил Багистан, эбелалъулги гьелъул кIудияв инсулги цIаразулъ гъалатIалгун. БитIун буго гьадин: Цинги ИсмагIилица жиндир вас МухIамадиеги  ячун йиго гендерил росулъ цIар бугеб бацIцIадаб тухумалъул чи Мадайиласул МухIамадсултанил Багисултан абурай яс.    Малачихановасул гIурус таржамаялдаса босун, «мадарисал» абунги батула гьеб «мадайилал» тухум хъван.


Гь. 10. - ГъазимухIамадил тIокIцIар нахъе рехун буго гьанибги цоги гьурмаздаги. Гьей Багисултанилъа гъосие гьаруна лъабго лъимер: ГъазимухIамад абурав васги, Гъозоянги абулаан гьесде (гендерил гIадат буго кинавго ГъазимухIамад абун цIар бугев чиясде Гъозоянниги Гъазиянниги абулеб), Аминат, ПатIимат абурал кIиго ясги. «Гъозо» абун тIокIцIар букIиналъ, масала, мекъи рукIин бихьизабула Хидир Рамазанов, Ахед Агъаев ва цоги гIалимзабаз хъвалел, вукIинесев имамасда цIар Генуса МухIамад букIанин, Ярагъияв устарас имамлъиги тIадкъан, цIаралде цебе «гъази» абунги жубан, гъазават гьабизе витIанин гьевин абулел гIадал, ургъун рахъарал баянал.


Гь. 11. - Залимав, «кинабго росого жиндикь хIинкъарав» ГъазимухIамадил кIудияв эмен МухIамадсултан чIван вуго анцIила щуго сон барав гьитIинав загIипав бесдалав васас абун тун буго ХIаскъил абурав жиндирго яцалъул васас абун бихьизабичIого. «МухIамадсултан чIвай» абун цIияб цIаралда гъоркь кьун буго гьеб харбил хадусеб. Эв чIвай кин кIвараб абун, мекъи лъун буго кин ккараб абураб суал. ЛъачIого, ракIалда гьечIого ккараб иш гьеб букIин бихьизаби буго суалалъул магIна.


Гь.12. - Гьеб магIна бичIчIизе квекIен буго, МухIамадсултан ХIаскъилиде вортанхъи, ХIаскъилица гьабураб къасд гIадал баянал кьурал, гьоркьор риччарал ва хисизабурал бакIал рукIиналъ. Масала, гьадинаб:

ХIаскъилги вукIун вуго ав МухIамадсултание жиндирго лъималаздасаги хирияв вас. ГьитIинго эменги хун хутIун вукIун. гIемерисеб мехалъ жинцаго хьихьулев  вукIун вуго. Дове-аниве арав мехалъги, жиндирго лъималазе босичIого, ав вохизе, асие босулеб букIун буго. Гьебмехалъ  ХIаскъилида ракIалде ккун буго, жинца нижер кавуги бекун рехун букIаго, вуцIун чIун вугев дитIе вортанхъилевги вугин гьанже, нижерго вукIаниги щиб, чияр вукIаниги щиб гьадинав квешав залим, вачIа дица гьадасул хвелареб бакIалда мачIчIалъ ханжар къазабизин, дагьавниги хIинкъуларищан абун. Гьеб мехалъ вортун арав гьас, гIадамаз ккун вугев чиясда, гIадамазда гьоркьосан чIван биччан буго гъоб жиндирго хонжрол жо. Ма, квешаб бакIалде рухъчохьолъе ккун буго гъосда гъоб.

ХIасаниласул мацIалъул хаслъи бихьизабулел рагIабиги дандчIвала гьанир. Масала, хонжрол жо абун буго, ханжарго гIечIеб, гьитIинаб, нус гIадаб жо ХIаскъилил ярагъ букIин бихьизабизе. Ханжар абун, битIун хъваялъ гьеб хаслъи тIагIинабун буго тIехьалда.


Гь. 13. - Гьанибги хадубги "Гьидалав" абураб ГъазимухIамадил инсул тIокIцIар тIехьалда кьолеб буго "гьидалъев" абураб рагIи гIадин. ХIакъикъаталда ХIасаниласул къисаялда цониги бакIалда гьечIо «гьидалъес», «гьидалъев» яги гьеб магIнаялъул цоги рагIи. ГъазимухIамадил инсул МухIамад абураб цIарги хIалтIизабулеб гьечIо гьес, киса кибего Гьидалав абун хъвалеб буго.


Гь. 13. - Гьенибго бихьизабулеб буго гIалимчи Гъарабулатил ГъазимухIамад хваравлъун "гъотIодаса гъоркьеги рехун", ай цогияс чIварав гIадин. ХIасанилас гьадин хъван буго: «Гъов ГъазимухIамад абурав гьитIинав вас, гьитIинго, хъизан ячудасаго, лъимер-жого лъугьинчIого хун вуго, жидерго хурма чIвалаго гъотIодасанги вортун, пунцIукъвачIаги бихъун, кIващ кквезе кIвечIого, щуго-анлъго къоялъ бусадаги хутIун хун вуго».


Гь. 13. - «Гъарабулатил ГъазимухIамадилги Жамалудинасулги къиса», хисизабун цIаргун, «Гъарабулатилги, ГъазимухIамадилги, Жамалудинасулги къиса» абун тIехьалда кьеялъ кIиго чиясул лъабгояв гьавиялъулги яцалъул вас Гъарабулатил ГъазимухIамад живго имам ГъазимухIамадлъун вихьизавиялъулги цебеги хъван букIана («ХIакъикъат» газета, «Гьудуллъи» журнал ва Фейсбук). Гьелдалъун тарихиял тIахьазда тIибитIулеб буго вукIинесев имам ЧIиркъатIа цIалиялъул хIакъалъулъ ва гьесул хIакъикъаталда рукIинчIел мугIалимазул хIакъалъулъ гьересияб баян.


Гь. 14. - Имамасул яцалъул вас, гIемерал саназ гендерил дибирлъи гьабурав, имамзабазул гьалмагъ, Къарахъа МухIамадтIагьирил ва цоги авторазул хIалтIабалъ жив рехсарав машгьурав гIалимчи Гъарабулатил ИсмагIилил хIакъалъулъ баян бугеб бакI тIубанго нахъе рехун буго тIехьалдаса. Гьале гьеб баян: «Гъарабулатил гьав ИсмагIил абурав васасул цин ячун йикIарай чIужуги хун, гьелдаса гьарурал лъималги хун, гьанжего гьанже кIодолъарав мехалъ цоги чIужу ячун, гьелдасанги цо ХIосен абурав вас вукIун гьевги хвана. Гьанже цохIо яс хутIун йиго гьесулги. Живгоги чIаго вуго. Гьаб соналъулъги Генув дибирлъун вуго, амма живгони кIалкъолъи гьечIев чи вуго, вагIза-хабаралъеги щибго пайда гьечIев чи вуго, гьес хутIба гьабулеб, хабар бицунеб мехалъ гIенеккизе аниян кколаро, кьижизе аниян гурони, живго гьанжени цIакъ херлъунги вуго ав пакъир».



Гь. 14. - «Аминатие гьарурал лъимал» хабар хиса-сверун, жубазун къокъ гьабун буго. Имамасул яцалъул вас ГIабдулагьил беццав васасул бицен тIубан кьун гьечIо. Къокъ гьабулаго, живго ГIабдулагьил хIакъалъулъ баяналги нахъе рехун руго. Гьединлъидал хIакъикъаталда ГIабдулагьица борхараб хIеж гьев беццав васас борхараблъун бихьулеб буго. Гьебги «Шамилгун лъабабилеб соналъ хIежалде ун вукIун» абун мекъи хъван буго. «Хадуб гьав ГIабдулагьица цогиги чIужу ячун йикIун йиго, гьелъие гьавун цо гьитIинав васги тун, Шамил ккун лъабабилеб соналъ хIажалде ун вукIаго, хIежги борхун, гьениса нахъвуссун вачIинаго, хункарасул ракьги тун, гьаниве пачаясул ракьалде ворчIараб бакIалда, унтун, нухдаго хвана, рокъовеги щвечIого». Гьев хварав хIажичиги, тIехьалда букIахъе, беццав вас гуревлъи бичIчIулеб буго гьел рагIабаздасанго.


Гь. 15. - ГъазимухIамадие лъикIаб тухумалъул «Чидалил МухIамадгъазил» гурей, «чи Далил МухIамагъазил» яс Шамай абулей йикIанин бицунаго тIехьалда ругел гъалатIазулги бицун букIана цебе рехсарал макъалабазда. МухIамагъази Дал абурав чиясул вас гурев, «Далил» абун тIокIцIар бугев чи вукIине ккола. Гьединлъидал битIараб букIина Далил-МухIамагъази абун хъвазе.


Гь. 15-16. - ГъазимухIамадил хIаракаталдалъун ригьинги лъугьинчIого тIадруссунелъул инсуца гьесде гьабураб хитIаб гьоркьоб биччан буго тIехьалда. Гьес, кьурун нахъги вуссун, ГъазимухIамадидехун абунила, бокьани, вас, гьалъаса эхеде а мун гьагъавги чIван, бокьани гьагъаса эхеве а, гьанжелъигIан кьелин-кьелинги  абун, дунги гуккун, жакъа  нилъее гьабулеб жоялъухъги балагье, бицунеб рагIиялъухъги гIинакке гьагъав хIамилан, жакъа гьагъав чIвачIого щивха чIвалеван.  Гьеб мехалъ ГъазимухIамадица абунила, тIасан гъостIа рекъон, валлагь нилъеца гьев, Бичас биччан батани, дада, живго вижизего вижичIев гIадин гьавилин абун. Гьидалас хадуб абун буго, кIваричIин чIвачIонигиян, «росулъго бищунго лъикIай йихьун цогидай ячинин нилъеца» абун.


Гь. 16. - «ГъазимухIамадил эмен хвей» харбилъ «жиндирго Нури абулев вацгIал хун хутIарай Чакарин» абун мекъи бихьизарун буго «Ханучакарил Нури абулев чиясул чIужу ГIадал Билида» цIар.


Гь. 18. - Эмен хведал ГъазимухIамадица цIали рехун теялъулги бицинчIого, хъван буго "кинго кIун гьечIо тезе" абун. Гьесда эбелалъ абурал рагIаби ва гьев цIалуде тIадвуссинави нахъе росун руго гьениса ва къокъго лъун руго бакI гурелъуб (гь. 21).


Гь. 19. - Сагит абун мекъи кьунги буго ГьаракIуниса СагIидил цIар. Генуса Сагитилас ГъазимухIамадил рахъалъ гьесул суалалъе кьураб жаваб гьоркьоб биччан буго.


Гь. 20.  - "ГъазимухIамадица руччабазда хулжал раччизе гьари" хабар цебехун бачун ва къокъ гьабун буго.  Гьоркьоб биччан буго мутагIиллъун вугев мехалда ГъазимухIамадил кванил хаслъи бихьизабулеб баян.


Гь. 21. - ГъазимухIамад чIужу Билидаса ватIалъиялъул хIужжа гьоркьоб биччан буго. Гьенибго «ГъазимухIамад ансадерица къватIиве гъей» харбилъ, бакI гурелъуб мекъи лъун буго, эмен хварав заманалдаго букIараб, эбелалъ гьев цIидасан цIали гьабизе тIамиялъул баян.


Гь. 22.  - Кузулалъул (Кузулазул) гуро, Гузалалъул (Гузалазул).  ГIайшат гуро, ГIашат (гь.25-ги). ГъазимухIамадил инсуца гьей чIвай, гьелъул эбел цадахъал вацал Унсоколоса рукIин ва цоги баянал гьоркьор риччан руго.


Гь. 23. - Бартиханица (Батирханица) дибирасде тIаде виччачIого ГъазимухIамад кквей гьоркьоса камизе гьабун кьун буго. БатIи-батIиял бакIазда батIи-батIияб куцалда хъван буго гьеб цIар, Бартихан ва Батирхан абун. КIиябго цIар дандчIвала Генуб. Малачихановасул гIурус нусхаялда гIицIго Бартихан буго. Гьев вукIана лъабавго имамасул гьалмагълъун, росдал бетIерлъун, машгьурав гIалимлъун. Доб заманалъул гIемерал хъвай-хъвагIаяздаги рехсон буго гьесул цIар. Батирхан рехсараб бакIги ва имамзабазул заманалда гьединаб цIар росулъ букIиналъул мухIканлъиги гьечIо. Гьединлъидал гьениб Батирханги бугин ккола хъвавулъ гъалатIлъараб Бартиханил цIар.


Гь. 24. - «ГъазимухIамад бакI-бакIалде мутагIиллъун ин» хабаралда гьоркьоб биччан буго КIулзиса ГIалил цIар.


Гь. 25. - "ТIамун лъабго" гуро, "тIамун лъабасго" можорогун ялагьана гьесие бахIарай. Гьев Хичил ГIалил чIужуги кIиго лъимерги Мукракьалдаги рукIин бихьизабун гьечIо тIехьалда.


Гь. 25. - Нугъаязул рахъалдехун мударислъун унаго, нухда гIор бахунелъул ГъазимухIамадил тIахьал риччи ва гьел ракъвазе гьари гьоркьоб биччан буго.


Гь. 25-26. - Гьединго гьоркьор риччан руго ЦIалиялъухъ мухь кьеялъул, ГъазимухIамад унтиялъул, рокъове вуссине гьесие бокьиялъул ва гьес цевего цIализавун вукIарав нугъаязул вас хвеялъул рицунел баянал. Индиралда чIеялъулги рокъове нухда иналъулги бицен къокъ гьабун буго.


Гь. 26. - «ГъазимухIамадие яс гьайи» хабар къокъ гьабун, имамасул яс СалихIатил гIакълу бихьизабулел мисалал гьоркьор риччан руго.


Гь. 26. - "ГъазимухIамадил яс росасе кьей, гьелъул хвел, дурц шагьидлъи" абураб харбида цIар бихьизабун гьечIо, ай гьеб цебесебгун цолъизабун буго.


Гь. 26. - СалихIат хварай заманалъул баян гьоркьоб биччан буго. «АхIулгохI бахъун анлъабилеб моцIалъ...» абурал рагIаби бакI гурелъур лъун руго. Гьел хурхинарун руго ТIагьирил хвалида, хIакъикъаталда СалихIатил хIакъалъулъ хъварал ругониги. Гьей хвана, Унсоколоса жиндирго эбелалъул гIагарав чи, ТIагьирилан абурав лъикIав гIалимчи, цIакъав бахIарчиясе ун цо сон бараб мехалъ, АхIулгохIги бахъун анлъабилеб моцIалъ. ТIагьирги шагьидлъана СалихIат хун анцIабилеб моцIалъ.


Гь. 27. - Генуб шаригIат лъураб сонлъун гьижрияб 1242 соналъул бакIалда бихьизабун буго 1253 (1828) сон. Гьоркьоб биччан буго: Гьеб мехалъ гьесул яс СалихIатги йикIун йиго ункъго сон барай жо.


Гь. 27.  - "ГъазимухIамадил чIужу ПатIимат" харбил цIар кьун гьечIо, гьеб цебесебгун цолъизабун буго. ХIасанилас магъази хъвалеб мехалда ПатIимат чIаго йикIин гьоркьоб биччан буго. Кьурал баяналги араб заманалда кьун руго гьелъул хIакъалъулъ.


Гь. 28. - Генуб росдал гIадатал тIад хъварал кагътал цIуни бихьизабулеб баян гьоркьоб биччан буго.


Гь. 29. - ГъазимухIамадица жиндир сверухълъиялда шаргI гьуин гьаби, гIагарлъиялъе шаргIалдасан кумек гьаби ва цоги баянал кьун гьечIо. Хур сабаблъун гьесул гIагарав чиясул букIараб дагIба гьоркьоб биччан буго.


Гь. 31. - ТIехьалда буго: "...чияр кваралтIа битIун жанаваразейилан". БукIине кколаан: «чияр карул тIа бетIунин жанавуразейилан» Шамайие тагIзир гьаби. Гьаб лъикIаб мисал буго доб заманалда магIарухъ чиллай гьабизе къизикъвачIа гIезабулеб букIиналъе.


Гь. 31. - Руччабазе тагIзир гьабидал, кIиабилей ГъазимухIамадил йикIарай чIужу ГIалигъалбацIиласул Шамай «гаргалей йикIун йиго» абун кьун буго. ХIакъикъаталда руччаби «гаргалел рукIун руго».


(Хадусеб букIине буго) 





Автор: МухIамаднаби Ибрагьимов, Генуб росу

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook