Авторизация

Кьохъа Султ1анмух1аммад-х1ажи

                                                                      Мух1амадрасул Г1умаров

Кьохъа Султ1анмух1аммад-х1ажи (1907 -2000)

Г1алимчи, факъигь, жакъа Дагъистаналда ругел г1емерал к1удиял г1алимзабазулги муг1алим Султ1анмух1аммад-х1ажи гьавуна Кьохъ росулъ 1907 соналъ.  Гьесул инсуда ц1ар буго Х1ажияв Дибир. Султ1анмух1аммад гьит1инго вук1адго эменги хун бесдалъана.  Гьелдаса хадуб кинабго тарбия эбелалъ кьуна лъималазе.   Т1оцебе г1елмуялъул дарсал гьесие ц1алана к1удияв вац (доб заманалда машгьурав г1алимчи) Мух1амадица. Эбелалъул аманаталда рекъон ва гьелъ кьураб к1варалъ Султ1анмух1амадица г1елму ц1алиялъул нухда гали лъуна.  Доб заманалда маг1аруллъиялда билълъараб къаг1идаялда Султ1анмух1аммадги росулъа росулъе ун бат1и-бат1иял г1алимзабазда цеве ц1алана. Гьел руго Г1орот1аса Сулайман; Гьандихъа Гьит1иномух1аммад; Болъихъа Муртазаг1али -къади; Ансалт1аса Г1исалав; Чачаналъе гочарав Т1андоса Нурмух1аммад – живги «Ибну Х1ажаразе» баян хъварав Кьорошиса Халилил мутаг1ил; Гьигьалъа Х1усайнияв – свалат салам лъеяв  Аварагасул наслуялъул чи; Дагъистаналда машгьурав г1алимчи Хъазанищалдаса Абу Супян;  Салт1аса Узун-х1ажиясул мутаг1ил, Макка-Мадиналда ц1аларав, Салт1аса Кьохъе гочарав Ах1мад-х1ажи; Кьохъа Г1умар-дибир. Гьел гурелги г1емерал росабалъе щун вуго гьев г1елму т1алаб гьабулаго.

Живго Султ1анмух1аммад-х1ажиги кколев вуго Дагъистаналъул бергьарал г1алимзабазул наслуялъул чи. Гьесул т1оцеве рехсолев к1удяв эмен ккола Кьохъа Салман (Кабир). Гьев вук1ун вуго Ширваналда ва Персиялда г1елму ц1аларав чи. Гьенив ц1алулаго Салманица хъвараб т1ехьги буго нахъе ц1унун.  Салманил вас Г1али вук1ун вуго г1алимчи – Г1ободаса Шаг1бан-къадил муг1алим. Г1алил вук1ун вуго к1иго вас – Г1абдулкъадир ва Салман.  Гьав Салман ц1алана Г1обода Шаг1бан-къадиясда цеве.  Гьесдаго цадахъ Г1обода ц1алулел рук1ана нахъа жидер г1емлуялъ Дагъистан ц1езабурал Къудукьа Мусалав ва Мох1оса Дамадан. Шаг1бан-къадиясул яс Пат1иматги йик1ун йиго бергьараб г1елму бугей г1адан. Гьей кьола Кьохъа Салмание росасе. Гьев кколев вуго Султ1анмух1аммад-х1ажиясул щуабилев к1удияв эмен. Салманил вац Г1абдулкъадирги вук1ана г1елму-лъай бугев чи. Гьев х1алт1ун вуго К1арат1а ва Хуштада къадилъун. Г1абдулкъадирилги вук1ана Салман абун ц1ар бугев вас – заманалда рекъараб г1елму бугев г1алим.

Султ1анмух1аммад-х1ажияс г1елму ц1алун буго г1умруялъул 42 соналде вахинег1ан хъизан-рукъалде вуссинч1ого ва щибго дунялалъул маг1ишаталде к1вар кьеч1ого. Киг1ан зах1малъаниги ц1али рехун тун гьеч1о. Гьесул эбел ц1акъ кьварарай г1адан йик1ун йиго ва г1елмуялъул хиралъи лъан васада лъазабун буго жий хун йигилан раг1аниги мун дарсги гьоркьоб къот1изабун нахъе вач1унгейилан.

   Советазул х1укуматалъ диналда данде рагъ гьабулел соназдаги  Султ1анмух1аммад-х1ажияс г1елму малъи гьоркьоб къот1изе теч1о. Гьес жиндирго рокъоб балъго г1елму малъулел мутаг1илзабазе ресал гьарун рук1ана. Росдае  шарг1алда рекъараб х1алалъ рук1ине нухал малъулел рук1ана.  Гьеб гьесухъа г1емерисеб нухалъ бажаризеги бажарана. Масала колхоз гьабун киналго ракьал цере кковухъе рикьулел мехалъ, гьесул малъиялда рекъон, хиса-басун щивасухъе  жинди-жиндир хур-ах щолеб х1ал гьабуна. Гьелъ цониги хурул г1орхъалаби хвеч1ого колхозал риххараб мехалда миркалъул бет1ергьаби разиго хут1ана. Ц1акъ к1вар кьун гьаруна гьес жамг1иял х1алт1абиги. Гьесул т1адч1еялдалъун ва жигаралдалъун росулъе к1иго бак1алдасан лъим бачана, кьо ва больница бана, мажгит рагьана, мадраса бана.

1990-абилел соназул авалалдаго гьес росдае имамлъи гьабун, къват1иса ругониги г1алимзабиги кумекалъе рачун, росулъ гьит1инав-к1удияв, ч1ужу-лъималда киназдаго бит1ун Къуръан ц1ализе ва как базе малъана.

Гьев кидаго вук1ана росдае г1акълучи. Г1иц1го Кьохъа г1адамазе гуревги   т1олго маг1аруллъиялъего машгьурлъана шарг1алъул х1укмаби къот1улев къади х1исабалда. Кинаб бугониги зах1матаб суал гьикъун гьесухъе ц1акъ г1емерал г1адамал рач1унаан. Х1атта жалго г1алимзабиги х1ажатал рук1ана Султ1анмух1аммадиде. Гьесул раг1ухъ г1енеккулаан, гьесул х1укму лъицаго хвезабулароан. Чачан рахъалдасан Дагъистаналде т1аде къачагъал к1анц1ун рагъ байбихьараб мехалъ гьес ц1акъ к1удияб х1алт1и гьабуна рекъел ц1униялъе ва рагъ къот1иялъе. Гьесухъе чанги нухалъ рач1ун рук1ун руго дол питна бекьулел г1адамал гъазават гьабизе ккун бугин, гьелъие фатва кьейилан. Гьес, г1елмуялъул кьуч1ал далилаздалъун, гъазаваталъе цониги шарт1 гьеч1ин абун  баяналги кьун нахъч1ван руго.

 Гьесухъ г1елму ц1аларал г1емерал г1алимзаби жакъа жалгоги дин т1ибит1изабулел руго. Гьезда гьоркьоса к1игояв вахъана шарг1иял г1елмабазул доктораллъун: Кьохъа Сагитав ва Гъодобериса Ах1мад. Гьесул машгьурал мутаг1илзаби руго Миг1арсоса Т1агьа, Буртунаялдаса Анварбег, Килалъа Г1умарасх1аб, Г1ободаса Мангуев Мух1амад, Рахат1аса Г1исалав, Муниса Бадрудин, Кьохъа Ах1мад (ясалъул вас), ва г1емерал цогидалги.  Султ1анмух1аммад-х1ажияс нахъе тун буго ц1акъ къиматал т1ахьал данде гьарураб библиотека.  Гьелъул жеги сиях1  гьабун лъуг1ун гьеч1о. Гьесул мутаг1илзабаз дагьаб цебе данде гьабун къват1ибе биччан буго муг1алимасул х1акъалъулъ жидерго ва росуцоязул рак1алдещвеязул т1ехь.

   


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook